bible
ra
🌐 Language
English
Español
Français
Deutsch
Português
Italiano
Nederlands
Русский
中文
日本語
한국어
العربية
Türkçe
Tiếng Việt
ไทย
Indonesia
All Languages
Home
/
Avar
/
Avar Инжил Магӏарул [Avaric]
/
Revelation 19
Revelation 19
Avar Инжил Магӏарул [Avaric]
← Chapter 18
Jump to:
Chapter 1
Chapter 2
Chapter 3
Chapter 4
Chapter 5
Chapter 6
Chapter 7
Chapter 8
Chapter 9
Chapter 10
Chapter 11
Chapter 12
Chapter 13
Chapter 14
Chapter 15
Chapter 16
Chapter 17
Chapter 18
Chapter 19
Chapter 20
Chapter 21
Chapter 22
Chapter 20 →
1
Гьелдаса хадуб кІудияб руккелалъул гІадинаб гьаракьалдалъун зодисан ахІулеб рагІана дида: «Гьаллелуя! Нижер Аллагьасухъ буго хвасарлъиги, цІар-реццги, къудратги,
2
гьесул хІукму ритІухъабги хІакъабги бугелъул. ХъахІбалъиялдалъун гьаб ракь хъублъизабурай хъахІбаялъе гьес судги гьабидал! Ва Аллагьасул лагъзадерил бидухъ гьелдаса къисасги босидал!»
3
Цоги нухалъ ахІулеб рагІана: «Гьаллелуя! Гьелъул кІкІуй абадул абадиялъго эхеде ине буго!» — ян.
4
Къоло ункъавго хІакимасги ункъабго рухІчІаголъиялъги кІалагъоркье речІчІун сужда гьабуна тахида тІад гІодов чІарав Аллагьасе. Гьез абуна: «Амин! Гьаллелуя!» — ян.
5
Тах бугеб рахъалдасан цо гьаракьалъ ахІулеб рагІана: «Гьесул киналго лагъзадерица, гьесукьа хІинкъулелщиназ — гІисиназги чІахІиязги — рецц гьабе нилъер Аллагьасе!» — ян.
6
КІудияб руккелалъул гІадинаб яги кутакаб чвахелоялъул гІадинаб гьаракьалдалъун ахІулеб рагІана дида: «Гьаллелуя! Нилъер къудратав БетІергьан Аллагь парччахІ вугелъул!
7
Нилъ роха-хинлъун разиго рукІина ва гьесие рецц гьабила, КьагІрил бертадул къо тІаде щун бугелъул ва гьесул бахІарайги къачІа-кІатІан йигелъул!»
8
Гвангъараб ва бацІцІадаб тІеренаб дарайдул ретІел кьун буго гьелъие. (Гьеб дарай ккола Аллагьасул халкъалъул ритІухъал ишал.)
9
Довго малаикас дида абуна: «Хъвай: гьардарал гурелдай гьеб КьагІрил берталъе ахІарал гІадамал», — ан. Цоги гьес абуна: «Гьаб буго Аллагьасул хІакъаб рагІи!» — ян.
10
Гьесул хІатІазда цеве кІалагъоркье речІчІун, гьесие сужда гьабизехъин букІана дица. Гьес дида абуна: «Гьеб бегьуларебха! ГІисае нугІлъи гьабулел дур вацазулги дурги гьалмагъ вуго дун. Аллагьасе гьабе дуца сужда. ГІисае нугІлъи гьабиги Аллагьасул рагІудасан бачІараб бугебха!»
11
Зоб рагьун бачІун бихьана дида. Гьале хъахІаб чу; гьелда рекІун вуго РитІухъавиланги ХІакъавиланги жинде абулев, битІараб хІукмуги къотІулев, рагъдаги бергьунев чи.
12
ЦІадул мацІал гІадинал руго гьесул берал, гьесул ботІрода гІемерал тажалги руго, жиндаго гьесда гурони, лъиданиги лъалареб цІарги хъван буго гьесул надалда.
13
Гьесда буго бидулъ ччураб ретІел; гьесда цІарги — Аллагьасул рагІи.
14
ХъахІал чуяздаги рекІун, малаикзабазул боял рачІунел руго гьесда хадур. Гьезда тІад буго чІухІараб ва бацІцІадаб хъахІаб ретІел.
15
Гьесул кІалдиса къватІибе бачІунеб рагІиги релълъуна халкъаздаса бергьине хьвагІулеб рекІараб хвалченалда. Гьес гьел маххул тІилица рехъаде рачине руго. Къудратав Аллагьасул ццидалги жазаялъулги чаналъуб чагъир гьабизе цІибил мерхьина гьес.
16
Гьесул ратІлидаги хьолбодаги: «ПарччахІзабазулги ПарччахІ, тІадегІаназулги ТІадегІанав», — абун цІар хъван буго.
17
Дида вихьана бакъуда тІад чІарав малаик. Зоб бакьулъан роржун унел киналго хІанчІазде гьес ахІана: «Аллагьасул кІудияб кванде рачІа киналго цадахъ:
18
парччахІзабазулги, рагъул церехъабазулги, къо-асс бугезулги, чуязулги, гьезда рекІаразулги, киналго уздензабазулги лагъзадерилги — гІисиназулги чІахІиязулги гьан кваназе!» — ян.
19
Дида рихьана данделъун, чода рекІарасдаги гьесул боялдаги данде рагъизе къачІан, жанаварги, дуниялалъул парччахІзабиги, гьезул боялги.
20
Жанавар асирлъун ккуна, гьелдаго цадахъ ккуна, гьеб жанавар бугеб бакІалда гІаламатал рихьизарун, жинца гІадамал къосинарурав гьересиаварагги. Гьес къосинарулаан жанаваралъул гІуж лъурал ва гьелъул сураталъе сужда гьабурал гІадамал. Жанаварги гьересиаварагги чІагого рехана цІадулги чІабтІилги хІоринире.
21
Цогидал чІвана чода рекІарасул кІалдисан бачІараб хвалчаца. Ва киналго хІанчІаз гІорцІизегІан кванана гьезул гьан.
← Chapter 18
Jump to:
Chapter 1
Chapter 2
Chapter 3
Chapter 4
Chapter 5
Chapter 6
Chapter 7
Chapter 8
Chapter 9
Chapter 10
Chapter 11
Chapter 12
Chapter 13
Chapter 14
Chapter 15
Chapter 16
Chapter 17
Chapter 18
Chapter 19
Chapter 20
Chapter 21
Chapter 22
Chapter 20 →
All chapters:
1
2
3
4
5
6
7
8
9
10
11
12
13
14
15
16
17
18
19
20
21
22