bible
ra
🌐 Language
English
Español
Français
Deutsch
Português
Italiano
Nederlands
Русский
中文
日本語
한국어
العربية
Türkçe
Tiếng Việt
ไทย
Indonesia
All Languages
Home
/
Avar
/
Avar Инжил Магӏарул [Avaric]
/
John 10
John 10
Avar Инжил Магӏарул [Avaric]
← Chapter 9
Jump to:
Chapter 1
Chapter 2
Chapter 3
Chapter 4
Chapter 5
Chapter 6
Chapter 7
Chapter 8
Chapter 9
Chapter 10
Chapter 11
Chapter 12
Chapter 13
Chapter 14
Chapter 15
Chapter 16
Chapter 17
Chapter 18
Chapter 19
Chapter 20
Chapter 21
Chapter 11 →
1
ХІакълъун абулеб буго дица нужеда: нуцІихъан гурони, цогидаб бакІалдасан гІиял чолониве лъугьарав чи ккола цІогьор яги хъачагъ.
2
НуцІихъан вачІуна гьезул вехь.
3
ВорчІухъанас гьесие нуцІа ричІула, чахъабазда гьесул гьаракь рагІула. Цо-цоккун щибалъул цІарги ахІун, вехьас чахъаби чолониса къватІире риччала.
4
Жиндирго киналго чахъаби къватІире риччараб мехалъ, вехь рехъада цеве вилълъуна, чахъабиги гьесда хадур уна, гьезда гьесул гьаракь лъалелъул.
5
Амма цогидав чиясда хадуб унаро рехъен, гьесда аскІоса лъутула чахъаби, чияр гьаракь гьезда лъаларелъул.
6
Гьеб мисал бачун, ГІисаца сундул хІакъалъулъ бицунеб бугебали бичІчІичІо гьезда.
7
ГІисаца цоги абуна: — ХІакълъун абулеб буго дица нужеда: дун вуго чахъабазул чолол кІалтІа бугеб нуцІа.
8
Дун вачІиналде рукІарал киналго руго цІогьалги хъачагъалги. Гьединлъидал чахъаби гьезухъ гІенеккичІо.
9
Дун вуго нуцІа. Гьеб нуцІа рагьаравщинав хвасарлъила, жанивеги ина, къватІивеги вачІина, квине жоги щвела.
10
ЦІогьор вачІунаро — бикъизе, чІвазе, хвезабизе гурони. Дун вачІун вуго гІумру кьезе, гьарзаяб гІумру кьезе.
11
Дун вуго лъикІав вехь. ЛъикІав вехьас чахъабазе гІоло рухІги кьола.
12
[12-13] Амма мухьдахъ ккурав вехь вехь гуро, чахъаби чияр ругелъул. БацІ рехъалъе бачІунеб бихьани, рехун гІиги тун, лъутун уна гьев. БацІ рехъалъ речІчІула, гІи рахъ-рахъалде лъутизабула, мухьдахъ ккурав вехьасе гьезул ургъел гьечІелъул.
14
Дун вуго лъикІав вехь. Дида дирго чахъабиги лъала, дирго чахъабазда дунги лъала.
15
Гьелдаго релълъун, дир Инсуда дунги лъала, дида Эменги лъала. Дица дирго рухІги кьела чахъабазе гІоло.
16
Гьеб рехъалъ гьечІел цоги чахъабиги руго дир. Гьелги рачине ккола дица дирго рехъалъе. Гьелги гІенеккизе руго дир гьаркьихъ. Гьебмехалъ букІина цого рехъен ва цохІо вехьги вукІина.
17
ЦІидасан нахъе щвезелъун дица дирго рухІ кьолеб бугелъулин Инсуе дун вокьулев.
18
Лъицаниги тІамулев гьечІо дун дирго рухІ кьезе. Дицаго кьолеб буго дица гьеб. Дир ихтияр буго рухІ кьезеги, кьуни — гьеб нахъе босизеги буго дир ихтияр. Гьедин амру гьабуна дие Инсуца.
19
Гьеб рагІидал, ягьудиязул нахъеги дагІба-рагІи ккана.
20
ГІемерисез абулеб букІана жундуз бетІер сверизабун бугин гьесул, гьесухъ гІенеккиго щайин нужеейилан.
21
Цогидаз абулеб букІана жундуз ккурав чи гІадин кІалъалев гьечІин. Жундузда кІолебищин бецал беразда канлъи бихьизабизе.
22
ТІаде щвана Иерусалималда ЦІилъиялъул байрам тІобитІулеб къо. Хасало заман букІана гьеб.
23
Мукъадасаб Рокъове вачІун, Сулайманил рагъида дове-гьаниве хьвадулев вукІана ГІиса.
24
ТІаде гурун рачІун, ягьудияз гьесда абуна: — КидалъагІан дуца ниж щакдаризе тІамилел? Мун МасихІ ватани, рагьун абе нижеда!
25
ГІисаца абуна: — Дица абунагури нужеда, амма нуж божичІо. Дир Инсуца тІамун, дица гьарулел ругел ишаз нугІлъи гьабулеб бугогури дие.
26
Дир рехъадул чахъаби гурелъул, божулел гьечІо нуж.
27
Дир чахъабазда дир гьаракь рагІула, дида гьелги лъала ва гьел дида хадурги рачІуна.
28
Дица гьезие абадияб гІумруги кьола. Гьел абадул абадиялъго хвезе гьечІо ва лъиданиги кІвеларо гьел дида кодоса рахъизе.
29
Дихъе гьел кьурав дир Эмен вуго бищунго хІалкІолъи кІудияв БетІергьан. Лъиданиги кІвеларо гьел дир Инсуда кодоса рахъизе.
30
Дир Эменги дунги — цого руго.
31
Гьебмехалъ ягьудияз ГІисада речІчІизе нахъеги ганчІал кодоре росана.
32
ГІисаца гьезда абуна: — Дир Инсул амруялдалъун гІемерал лъикІал ишал гьаруна дица нужеда цере. Гьел ишазул кинабаб сабаблъунха нужеца дида ганчІал речІчІизехъин ругел?
33
Ягьудияз гьесие жаваб кьуна: — Дуца гьабураб лъикІлъиялъухъ гуро нижеца дуда ганчІал речІчІизехъин ругел. Аллагьасде дандечІарал гІасиял-пасикъал рагІабазухъ речІчІулел руго. Инсан вугониги, дуцаго мунго Аллагьлъун рикІкІунев вуго.
34
ГІисаца гьезда абуна: — Нужер къануналда хъван гьечІищ гьадинаб калима: «Дица абуна нуж аллагьзаби ругилан».
35
[35-36] ТІухьдузда хъван бугеб хисизабизе бегьуларо. Бичасул калам рещтІаразда БетІергьанасцин аллагьзабийилан абун буго. ВацІцІадав илчилъун гьавун, гьес дуниялалде витІарав Дун Аллагьасул Вас вугилан абурал дир рагІаби Аллагьасда дандечІарал ругин абизе кин нужеда кІолеб?
37
Дир Инсуца гьабулеб иш дицаги гьабулеб гьечІеб батани, божуге нуж дида.
38
Дир Инсуца гьабулеб иш дицаги гьабулеб бугелъул, дида божичІони, дир ишаздагІаги божа. Гьебмехалъ лъала ва бичІчІила дилъ дирго Эмен вукІин ва дирго Инсулъ дун вукІин.
39
ГІиса кквезейилан лъугьана нахъеги ягьудиял, амма гьезда кодоса ворчІана гьев.
40
ГІиса нахъеги Иорданалъул добцояб рахъалде, ЯхІяца гІадамал лъадалъ ччун рахъулел рукІараб бакІалде, ана ва гьенив чІана.
41
Гьениреги гІемерал гІадамал рачІана ГІисада хадур. Гьез абулеб букІана: — ЯхІяца цониги мугІжизат бихьизабичІо, амма гьав Чиясул хІакъалъулъ гьес абураб щибаб рагІи битІараб букІун буго.
42
Гьенире рачІаразул гІемерисез ГІисаде иман лъуна.
← Chapter 9
Jump to:
Chapter 1
Chapter 2
Chapter 3
Chapter 4
Chapter 5
Chapter 6
Chapter 7
Chapter 8
Chapter 9
Chapter 10
Chapter 11
Chapter 12
Chapter 13
Chapter 14
Chapter 15
Chapter 16
Chapter 17
Chapter 18
Chapter 19
Chapter 20
Chapter 21
Chapter 11 →
All chapters:
1
2
3
4
5
6
7
8
9
10
11
12
13
14
15
16
17
18
19
20
21