bible
ra
🌐 Language
English
Español
Français
Deutsch
Português
Italiano
Nederlands
Русский
中文
日本語
한국어
العربية
Türkçe
Tiếng Việt
ไทย
Indonesia
All Languages
Home
/
Avar
/
Avar Инжил Магӏарул [Avaric]
/
John 13
John 13
Avar Инжил Магӏарул [Avaric]
← Chapter 12
Jump to:
Chapter 1
Chapter 2
Chapter 3
Chapter 4
Chapter 5
Chapter 6
Chapter 7
Chapter 8
Chapter 9
Chapter 10
Chapter 11
Chapter 12
Chapter 13
Chapter 14
Chapter 15
Chapter 16
Chapter 17
Chapter 18
Chapter 19
Chapter 20
Chapter 21
Chapter 14 →
1
ЖугьутІазул Пасха тІаде щолеб букІана. Дуниял тун жиндирго Инсухъе ине заман гІагарлъулеб букІин лъалеб букІана ГІисада. Гьаб дуниялалда жинда божарал муридал рокьулаан гьесие. Гьале гьезде бугеб жиндирго рокьи тІубанго бихьизабула гьес.
2
Сардилъ кваназе гІодор чІун рукІана. (Гьелде щвелалдего Симонил вас Ягьуда Искариотил рекІелъе илбисалъ лъугьинабун букІана ГІисае хилиплъиялъул пикру.)
3
ГІисада лъалаан сундулго кверщел Инсуца жиндихъе кьун бугеблъи, жив Аллагьасдасан вачІаравлъи ва гьесухъе тІадвуссуневлъи.
4
ХІарччида нахъаса тІаде вахъун, ГІисаца халгІат тІаса рехана, рачлихъ квербацІцІ бухьана.
5
Цинги, тІарсинибе лъимги тІун, жиндирго муридазул хІатІал чуризе ва рачлихъ бухьун бугеб квербацІцІалъ гьел рацІцІине лъугьана ГІиса.
6
ХІатІал чуризе ГІиса аскІове вачІараб мехалъ, Симон Пётрица абуна: — Я, БетІерчІахъад, дир хІатІал чуризехъинищха мун вугев?
7
— Дица гьабулеб бугеб жоялъул магІна дуда гьанже бичІчІуларо. Хадуб бичІчІила дуда гьеб, — ан абуна ГІисаца гьесда.
8
Пётрица абуна: — Киданиги риччаларо дица дуда дир хІатІал чуризе. ГІисаца абуна: — Дица гьанже дур хІатІал чуричІони, дида аскІоб бакІ букІине гьечІо дуе.
9
Симон Пётрица абуна гьебмехалъ: — Гьедин батани, БетІерчІахъад, хІатІал гурелги, квералги чуре дир, бетІерги чуре.
10
ГІисаца абуна: — Чвердон вачІарав чиясул хІатІал гурони чуризе кколаро. Черх гьесул бацІцІадго букІуна. Нуж рацІцІадал руго, амма киналго гурелха.
11
ГІисада лъалеб букІана щив жиндие хилиплъизе вугевали. Гьединлъидал абуна гьес нуж киналго гурин рацІцІадал ругелилан.
12
Гьезул хІатІалги чурун, халгІатги ретІун, нахъеги гьезда аскІов гІодов чІараб мехалъ, ГІисаца абуна: — Дица нужер хІатІал чуриялъул магІна лъалищ нужеда?
13
Нужеца дида абула МугІалимилан ва ТІадегІанавилан. БитІараб буго гьеб. Гьединав чи вуго дун.
14
Гьедин дица, нужер МугІалимас ва ТІадегІанас, нужер хІатІал чурулел ругони, нужецаги чуризе ккола цоцазул хІатІал.
15
Дица нужеда мисал бихьизабулеб букІана, дица нужее гьабураб нужецаги гьабизе.
16
ХІакълъун абулеб буго дица нужеда: жиндирго бетІергьанасдаса тІадегІанав вукІунаро гьесул лагъ. Жив витІарасдаса тІадегІанав вукІунаро гьесул чапарги.
17
Гьардарал гурищ нуж, гьеб бичІчІани, гьедин гьабизеги гьабуни!
18
Дица нужер киназулго хІакъалъулъ гуро абулеб бугеб. Дида лъала дица щал тІаса рищаралали. Амма ТІехьалда бугеб гьадинаб калимаги ритІухълъизе биччанте: «Дида цадахъ чед кварас квер борхана дида данде».
19
Гьанже дица бицун толеб буго нужеда, дица бицухъе ккараб мехалъ, дун Дов вукІиналда нуж божизе.
20
ХІакълъун абулеб буго дица нужеда: дица витІарасде иман лъурав чи ккола диде иман лъурав чи. Диде иман лъурав чи ккола дун витІарасде иман лъурав чи.
21
Гьел рагІаби абураб мехалъ, ГІисал хІал хисана. Гьес лъазабуна: — ХІакълъун абулеб буго дица нужеда: нужер цояв дие хилиплъила.
22
Лъил хІакъалъулъдай ГІисаца гьеб абулеб бугебилан рихха-хочун цоцахъ ралагьана муридал.
23
ГІисае вокьулев цо мурид кваналев вукІана гьесул каранда цеве чІун.
24
Симон Пётрица гьев муридасде ишан гьабуна лъил хІакъалъулъ бицунеб бугебали дуца гьикъейилан.
25
ГІисал карандеги гьетІун, гьес гьикъана: — Я, БетІерчІахъад, щив гьев?
26
ГІисаца жаваб кьуна: — СуркІиниб ччун дица чадил кесек кодобе кьурав чи вуго гьев. Босун, суркІинибги ччун, чадил кесек гьес кьуна Симонил вас Ягьуда Искариотихъе.
27
Гьеб чадил кесек кодобе босарабго, Ягьудал чорхолъе илбис лъугьана. Гьебмехалъ ГІисаца гьесда абуна: — Дурго гьабулеб иш дагьаб хехго гьабе, — ян.
28
Амма кваналел рукІаразул цонигиясда бичІчІичІо щай ГІисаца гьедин абурабали.
29
ГІарац жаниб лъураб таргьа Ягьудахъ букІиндал, цо-цоязда ккана байрамалде къваригІараб-тараб босизе яги цо мискинчиясе садакъа кьезе айилан абулеб бугин.
30
Чадил кесекги босун, Ягьуда вахъун къватІиве ана. Сордо нахълъараб заман букІана гьеб.
31
Ягьуда къватІиве аравго, ГІисаца абуна: — ГІадамил Лъимер машгьурлъана гьабсагІат. Гьесдалъун Аллагьги машгьурлъана.
32
Гьесдалъун Аллагь машгьурлъун вугелъул, живго ГІадамил Лъимерги машгьурлъиларищ Аллагьасдалъун. Аллагьас цІакъ хехго машгьур гьавила гьев.
33
Дир хириял лъимал, нужеда аскІов гІемераб мехалъ хутІиларо дун. Дун валагьулел рукІина нуж. Дица ягьудияздаги абуна дун унеб бакІалде нужеда рачІине кІоларилан, гьединго нужедаги абулеб буго гьанже: «Нужеда рачІине кІолеб бакІ гуро доб дун унеб бакІ».
34
Цо цІияб амру гьабила дица нужее: цоцазе рокьа нуж. Дие нуж рокьарал гІадин рокьа нуж цоцазеги.
35
Нуж цоцазе рокьулел рукІиналдасан киназдаго лъала нуж дир муридал рукІин. Симон Пётрица гьикъана: — Я, БетІерчІахъад! Киве инехъин мун вугев?
36
ГІисаца гьесие жаваб кьуна: — Гьанже дун унев вугеб бакІалде дуда вачІине кІвезе гьечІо. Цинги нахъа вачІина мун.
37
Пётрица гьикъана: — Я, БетІерчІахъад, гьанже щай кІолареб дида дуда хадув вачІине? Дуе гІоло дица рухІги кьела.
38
ГІисаца абуна: — Дие гІоло рухІ кьезе хІадурав чийищха мун? ХІакълъун абулеб буго дица дуда: хІелеко бахъиналде лъабцІул инкар гьабила дуца дидаса.
← Chapter 12
Jump to:
Chapter 1
Chapter 2
Chapter 3
Chapter 4
Chapter 5
Chapter 6
Chapter 7
Chapter 8
Chapter 9
Chapter 10
Chapter 11
Chapter 12
Chapter 13
Chapter 14
Chapter 15
Chapter 16
Chapter 17
Chapter 18
Chapter 19
Chapter 20
Chapter 21
Chapter 14 →
All chapters:
1
2
3
4
5
6
7
8
9
10
11
12
13
14
15
16
17
18
19
20
21