bible
ra
🌐 Language
English
Español
Français
Deutsch
Português
Italiano
Nederlands
Русский
中文
日本語
한국어
العربية
Türkçe
Tiếng Việt
ไทย
Indonesia
All Languages
Home
/
Avar
/
Avar Инжил Магӏарул [Avaric]
/
John 9
John 9
Avar Инжил Магӏарул [Avaric]
← Chapter 8
Jump to:
Chapter 1
Chapter 2
Chapter 3
Chapter 4
Chapter 5
Chapter 6
Chapter 7
Chapter 8
Chapter 9
Chapter 10
Chapter 11
Chapter 12
Chapter 13
Chapter 14
Chapter 15
Chapter 16
Chapter 17
Chapter 18
Chapter 19
Chapter 20
Chapter 21
Chapter 10 →
1
Гьениса унаго ГІисада ватана эбелалъ гьавуралдасаго бецав цо чи.
2
ГІисада муридаз гьикъана, гьев чиясул мунагь букІунищ яги гьесул эбел-инсул мунагь букІунищ эбелалъул ургьивго гьев бецав вугев.
3
ГІисаца абуна: — Я гьев чиясул, яги гьесул эбел-инсул мунагь букІун гуро гьев бецлъарав, Аллагьасул къудрат гьесдалъун загьирлъизе бецлъана гьев.
4
Дун витІарав Аллагьас тІадкъараб иш, бакъ цебе букІаго, тІубазе ккола нилъеца. ТІаде щолеб буго лъиданиги щибниги гьабизе кІолареб сордо.
5
Гьаб дуниялалда дун вугебгІан заманаялъ гьаб дуниялалъе Нур ккола дун.
6
Гьединги абун, ГІисаца ракьалде туна, хІацІуца хІурги буцун, гьеб бахана бецасул беразда.
7
Цинги ГІисаца гьесда абуна: — ШилоахІ («Чапар» абураб магІна ккола гьелъул) хІавузалъухъеги ун, гьумер чуре дурго, — ян. Гьениб гьумер чурарабго беразда канлъиги бихьун, тІадвуссун вачІана гьев чи.
8
Гьесул мадугьалзабазги къватІахъ гьарделев гьев вихьаразги цоцазда гьикъулеб букІана дова садакъа гьарулев вукІарав бецав чи гурищ гьавилан.
9
Уйилан абулеб букІана цо-цояз, цогидаз абуна дов гурин, досда релълъарав чи вугилан. Жив вугин гьевилан абуна гьес.
10
— Кинха дуда канлъи бихьараб? — ан гьикъана гьез гьесда.
11
Гьес жаваб кьуна: — Цо ГІиса абулев чияс жиндирго хІацІуца буцун хІур бахана дир беразда. Цинги гьес дун ШилоахІ хІавузалъухъе гьумер чуризе витІана. Гьениб гьумер чурарабго, дир беразда канлъиги бихьана.
12
Гьев чи кив вугевилан гьикъидал, жинда лъаларилан абуна гьес.
13
Бецав вукІун канлъи бихьарав гьев чи фарисеязухъе вачана гьез.
14
(ХІацІуца хІурги буцун, гьесул беразда ГІисаца канлъи бихьизабураб къо шамат къо букІана.)
15
Фарисеязги гьикъана гьесда дур бецал беразда канлъи кин бихьарабилан. Гьес гьезда бицана хІацІуца буцун хІур баханин дос жиндир беразда ва гьумер чурараб мехалъ канлъиги бихьанилан.
16
Цо-цо фарисеял гаргадизе лъугьана шамат къоялъул къанун цІунуларев гьев Аллагьасдасан вачІарав чи гурилан. Цогидаз абуна мунагь-хІакъ тІад бугев чиясда гьединаб мугІжизат бихьизабизе кин кІолебилан. Гьединаб дагІба-къец ккедал,
17
дов бецав вукІун канлъи бихьарав чиясда гьикъана гьез нахъеги: — Дур бецал беразда канлъи бихьизабурав чиясул хІакъалъулъ щиб дуца абилеб? Авараг вугин довилан кьуна гьес жаваб.
18
Ягьудиязе бокьун букІинчІо бецав вукІун гьев чиясда канлъи бихьанилан абураб жоялда божизе. Хадув чи витІун гьесул эбелги эменги ахІана гьенире.
19
Цинги гьезда гьикъана: — Эбелалъул ургьисаго бецав вукІанилан нужеца бицунев гьав чи нужер васищ? Гьасул беразда канлъи кин бихьарабали лъалебищ нужеда?
20
Эбелалъги инсуцаги абуна нижеда лъала гьев чи нижер вас вугевлъи ва эбелалъул ургьисаго бецав вукІаравлъиги.
21
Амма гьесда гьанже канлъи щай бихьулеб бугебалиги ва лъица гьев сахлъизавуравалиги нижеда лъаларо. Гьесда жиндаго гьикъе. Балугъав чи вуго, жинцаго бицине биччанте. (
22
Ягьудиязул чІухІби-хІакимзабазукьа хІинкъун абуна гьаз гьедин: гьез лъазабун букІиндалха, ГІисал рахъалъ МасихІ вугин гьевилан абурав чи синагогаялъуве виччазе гьечІилан.
23
Гьединлъидалин гьаз абураб жидер вас балугъав чи вугин, гьесда жиндаго гьикъейилан.)
24
Ягьудияз нахъеги аскІове ахІун, гьесда абуна: — Аллагьасда цебе гьереси бицунге! Нижеда лъарабин мун сахлъизавурав чи мунагьазул цІурав чи вугевлъи.
25
Гьес абуна: — Дида лъаларо мунагьазул цІурав чи вугевищ гьев яги гьечІевищали. Дида лъала цо жо: дун бецав вукІаравлъи ва гьанже дида канлъи бихьулеб бугеблъиги.
26
Нахъеги гьикъана гьесда: — Щиб дос дуе гьабураб? Кин дос дур беразда канлъи бихьизабураб?
27
Гьес жаваб кьуна: — Дица бицунеб мехалъ гІенеккунищ нуж рукІинчІел? Цоги нухалъ гьелъухъ гІенеккун щай нужее? Яги досул муридаллъун лъугьинейищ нужееги бокьун бугеб?
28
— Нижни Мусал муридал руго. Мун вуго досул муридлъун лъугьун! — ан тІаделъана гьесде фарисеял.
29
— Нижеда лъала Мусада Аллагь кІалъаравлъи, довин абуни, киса-щивалицин лъаларев чи вуго.
30
Бецав вукІун канлъи бихьарас абуна гьезда: — ХІикматаб жо буго нужеда дов киса-щивали лъалеб гьечІолъи. Амма дос дир беразда канлъи бихьизабуна.
31
Нилъеда лъала мунагь-хІакъалъул агьлуялъухъ Аллагь гІенеккуларевлъи. Аллагь гІенеккула жиндие мутІигІав, жиндир амру тІубазабулев чиясухъ.
32
Киданиги рагІун букІинчІо эбелалъул ургьисаго бецав чиясда лъицаниги канлъи бихьизабун бугилан.
33
Дов чи Аллагьасдасан вачІарав вукІинчІевани, щибго гьабун бажарилароан досухъа.
34
Эбелалъ гьавуралдасаго мунагьазул цІурав дуцагийищ нижее гІакълу кьолеб бугебилан, ццин бахъун, къватІиве гъуна гьез гьев.
35
Гьез къватІиве гъун вугилан рагІидал, ГІисаца гьев чи валагьана ва ГІадамил Лъимада мун божулищилан гьикъана.
36
Гьес жаваб кьуна: — Я, БетІерчІахъад, гьесда божизе ккани, цин гьев лъазе ккеларищ?
37
ГІисаца гьесда абуна: — Гьев дуда цевеги вихьана ва гьабсагІат дуда кІалъалевги вуго.
38
— Я, БетІерчІахъад, дуда божула! — ян абуна гьев чияс ва гьебсагІат ГІисада цеве суждаялда чІана.
39
ГІисаца абуна: — Гьаб дуниялалде дун суд гьабизе вачІун вуго: бецазда канлъи бихьизе, канлъи бихьулелал бецлъизе.
40
Гьедин абулеб мехалъ аскІор рукІарал цо-цо фарисеяз гьикъана жалги бецалищха ругелан.
41
ГІисаца гьезда абуна: — Нуж бецал рукІаралани, нужее мунагь букІинароан. Канлъи бихьулилан нужеца абулеб бугелъул, мунагь тІаса инаро нужедаса.
← Chapter 8
Jump to:
Chapter 1
Chapter 2
Chapter 3
Chapter 4
Chapter 5
Chapter 6
Chapter 7
Chapter 8
Chapter 9
Chapter 10
Chapter 11
Chapter 12
Chapter 13
Chapter 14
Chapter 15
Chapter 16
Chapter 17
Chapter 18
Chapter 19
Chapter 20
Chapter 21
Chapter 10 →
All chapters:
1
2
3
4
5
6
7
8
9
10
11
12
13
14
15
16
17
18
19
20
21