bible
ra
🌐 Language
English
Español
Français
Deutsch
Português
Italiano
Nederlands
Русский
中文
日本語
한국어
العربية
Türkçe
Tiếng Việt
ไทย
Indonesia
All Languages
Home
/
Avar
/
Avar Инжил Магӏарул [Avaric]
/
John 12
John 12
Avar Инжил Магӏарул [Avaric]
← Chapter 11
Jump to:
Chapter 1
Chapter 2
Chapter 3
Chapter 4
Chapter 5
Chapter 6
Chapter 7
Chapter 8
Chapter 9
Chapter 10
Chapter 11
Chapter 12
Chapter 13
Chapter 14
Chapter 15
Chapter 16
Chapter 17
Chapter 18
Chapter 19
Chapter 20
Chapter 21
Chapter 13 →
1
Пасха тІаде щвезе анлъго къо хутІараб мехалъ, ГІиса вачІана гьес хваралъуса вахъинавурав Лазарил росулъе Бетаниялде.
2
Гьениб гьесие къасиялде квен къачІан букІун, Марта гьезда цебе квен-тІех лъолей йикІана, Лазарги вукІана ГІисадаги гьалбадеридаги цадахъ кваназе гІодов чІун.
3
Берцинаб махІалъул цІакъго хирияб нахул гелавкаги босун ячІун, Марямица ГІисал хІатІазда бахана гьеб ва жиндирго ботІрол расуца рацІцІана гьел. Гьеб нахул цІакъаб гьуинаб махІалъул цІуна рукъ.
4
Гьесул муридлъун вукІарав ва хилиплъизе вугев Ягьуда Искариотица абуна:
5
— Гьеб нах бичун букІарабани, лъабнусго динар щвелаангури ва мискинзабазе садакъаде кьезе бегьилаан гьеб.
6
(Мискинзабазул ургъел ккун гуро Ягьудаца гьедин абураб. ЦІогьор вукІана гьев. Киназулго гІахьалаб гІарац жаниб лъураб таргьа Ягьудахъ букІана, гьеб гІарацгицин ккезабулаан гьес жиндирго чвантинибе.)
7
— Гьей жийго те, — ян абуна ГІисаца. — Дун хабалъ вукъулеб къоялде нахъе лъун тун букІун буго гьелъ гьеб нах.
8
Мискинзаби кидаго ратила нужеда аскІор. Дунин абуни, кидаго гуро нужгун вукІунев.
9
ГІемерал ягьудиязда лъана ГІиса Бетаниялда вугевлъи. Гьел гьенире рачІунел рукІана ГІиса вихьизе гуребги, хваралъуса гьес вахъинавурав Лазар вихьизеги.
10
Гьев Лазар чІвазеги хІукму гьабун букІана чІахІиял кашишзабаз,
11
гьев сабаблъун гІемерисел ягьудияз, жалги рехун тун, ГІисаде иман лъолеб букІиндал.
12
Нахъисеб къоялъ ГІиса Иерусалималде вачІунев вугилан рагІана байрамалде ракІарун рукІарал гІадамазда.
13
Чамасдакил гъутІбузул гІурччинал гІаркьалабиги кодор ккун ана гьел ГІисада данде. Гьадинаб туркиги ахІулеб букІана: — Гьошанна! БетІергьанас витІун вачІунев вугесда баркат лъеги! Исраилил халкъалъул ПарччахІасда баркат лъеги!
14
Цо кІудияб кІерт батун, гьелда рекІана ГІиса, ТІухьдузда хъван бугеб гьадинаб калима ритІухълъизе:
15
— Сионил яс, мун хІинкъуге, ХІамил кІартида тІадги рекІун, ВачІунев вугевин дур ПарччахІ!
16
(Гьебмехалъни муридазда бичІчІун букІинчІо гьелъул магІна. Амма ГІисае Аллагьасдасан машгьурлъи щвараб мехалда ракІалде щвана гьезда ТІухьдузда гьесул хІакъалъулъ гьедин хъван букІараблъиги, гьеб ритІухълъизе гІадамаз гьебщинаб жо гьабураблъиги.)
17
Гьес Лазар, хабалъа къватІиве ахІун, хваралъуса вахъинавулев вихьарал гІадамаз гьелъул хІакъалъулъ бицунеб букІана.
18
Гьеб мугІжизаталъул хабар рагІун букІиндалин гьедигІан гІемераб халкъ ГІисада данде бачІунеб букІараб.
19
Гьединлъидал фарисеяз цоцазда абулеб букІана: — Балагье, нилъее пайда бахинчІо! ТІолабго халкъ досда хадуб унеб буго!
20
Байрамалъул къояз Иерусалималде зияраталъ грекалги рачІун рукІана.
21
Галилеялъул Бетсаида шагьаралдаса Филиппихъе ун, гьел греказ гьарана: — Я, бетІерчІахъад! ГІиса вихьизе бокьун буго нижее.
22
Андрейихъе ун Филиппица гьесда бицана гьеб. Цинги Андрейицаги Филиппицаги ГІисада бицана.
23
ГІисаца гьезда абуна: — ГІадамил Лъимер машгьурлъизе заман щун буго.
24
ХІакълъун абулеб буго дица нужеда: хуриб хьараб ролъул мугь ракьулъе ккун хвечІони, гьеб жибго цохІо хутІула гьениб. Амма гьеб ракьулъе ккун хвани, гьелдасан лъугьараб ролъул тІорода гІемерал мугьал рижула.
25
Жиндирго гІумру хирияв чи гьелдаса махІрумлъила. Амма гьаб дуниялалъул рокъоб жиндирго гІумру рихарасе абадияб гІумру насиблъила.
26
Дие хъулухъ гьабизе бокьарав чи дида цадахъ вилълъа. Дун вугеб бакІалда вукІине ккола дие хъулухъ гьабурав чиги. Дие хъулухъ гьабурав чиясул хІурмат гьабила дир Инсуцаги.
27
Гьанже дир ракІ къварид буго. Амма дица щибилан абилеб? Я, дир Эмен, рухІ бахъулеб сагІаталдаса хвасар гьавейиланищ? Гьелъие гІололъидал дун гьаниве щун вугев. Я, дир Эмен, дурго цІар машгьурлъизе гьабе!
28
Гьебмехалъ зобалаздасан гьаракь рагІана: — Дир цІар машгьураб буго, жеги цІикІкІун машгьурлъизеги гьабила.
29
Гьениб букІараб халкъалдаги рагІана гьеб гьаракь. Цояз абуна зоб гъугъалеб гьаракь бугилан. Цогидаз абуна малаик вукІанин ГІисада кІалъалев.
30
ГІисаца гьезда абуна: — Гьадаб гьаракь дида рагІизе гуро зобалаздасан бахъараб, нужеда рагІизейин.
31
Гьаб дуниялалъе суд гьабулеб къо буго жакъа. Дуниялалъулго кверщелчи къватІиве вачахъулеб къо буго жакъа.
32
Цинги дун, ракьалдаса ворхизавун, борхатаб бакІалде вахинавидал, дица дидаго хадур цІазе руго киналго.
33
(Гьедин ГІисаца абуна кинаб хвалдалъун живго холевали бичІчІизе.)
34
Гьебмехалъ гІадамаз гьесда абуна: — «ГІадамил Лъимер, ракьалдаса ворхизавун, борхатаб бакІалде вахинавизе вугилан» щайха дуца абулеб бугеб? Щив кколев гьев ГІадамил Лъимер? Къануналдаса цІалулеб рагІана нижеда МасихІ нижгун абадиялъго хутІулилан.
35
ГІисаца гьезда абуна: — Жеги дагьаб заманаялъ Нуралъул канлъи нужгун хутІизе буго. Гьеб канлъи букІаго, хьваде нуж ракьалда, бецІлъи тІаде гІунтІилалде. БецІлъуда хьвадулесда лъаларо киве унев вугевали.
36
Гьеб Нур нужгун бугебгІан заманаялъ, гьелда божа, нужго Нуралъул гІадамаллъун лъугьине. Гьединги абун, ГІиса нахъе ана ва гьезда аскІоса тІагІана.
37
Чан мугІжизатха ГІисаца гьезда бихьизабураб, амма гьел ГІисада божичІо.
38
Гьеб кинабго ккана Ишая аварагасул калима ритІухълъизе: «Я, БетІергьан, нижеца бицаралде иман лъурав чи вугевищ? Лъие загьирлъараб Бичасул къудрат?»
39
Гьединлъидалин гьел божичІел. Ишая аварагас цоги бакІалда гьадин абулебги буго:
40
«Бичас гьел гІадамал бецлъизаруна, ГанчІил ракІал лъуна гьезул чурхдузулъ: Бецлъарал беразда бихьунгутІизе, ГанчІилал ракІазда бичІчІунгутІизе. Гуребани, диде руссинаан гьел, Сахлъизарилаан цинги дица гьел».
41
ГІиса машгьурлъулевлъи цебеккунго бихьун букІиндал абуна Ишаяца гьедин.
42
Бугониги, — цо-цо чІухІби-хІакимзабазгицин иман лъун букІана ГІисаде. Амма балъго гьабулеб букІана гьез гьеб, фарисеяз синагогаялдаса махІрум гьарилилан хІинкъун.
43
Аллагьасул хІурмат-цІаралдаса гьезие гІадамазул хІурмат-цІар хиралъана.
44
ГІисаца халкъалде ахІулеб букІана: — Дида божулев чи ккола, цохІо дида гуреб, хІакълъунго дун витІарав Аллагьасда божулев чи.
45
Дун вихьулев чиясда дун витІарав Аллагьги вихьулев вуго.
46
Дун вуго — Нур. Дун ракьалде вачІун вуго дида божарав цониги чи бецІлъуда хутІунгутІизе.
47
Дихъ гІенекканиги, дир рагІи рекІелъ цІуничІесеги суд дица гуро гьабизе бугеб. ГІадамазе суд гьабизе гуро дун вачІун вугев, гьел хвасар гьаризе вачІун вуго.
48
Дунги дир рагІиги нахъчІварав чиясе суд дир рагІуца гьабизе буго къиямасеб къоялъ.
49
Дунго лъикІав лъугьун абураб рагІи гьечІелъул дир, дун витІарав дир Инсуца бихьизабуна дида щиб абилебалиги, щиб бицинебалиги.
50
Дида лъала гьес бихьизабуралъ абадияб гІумруялде рачунеблъи. Инсуца дида абураб гурони, абулеб гьечІо дица нужедаги.
← Chapter 11
Jump to:
Chapter 1
Chapter 2
Chapter 3
Chapter 4
Chapter 5
Chapter 6
Chapter 7
Chapter 8
Chapter 9
Chapter 10
Chapter 11
Chapter 12
Chapter 13
Chapter 14
Chapter 15
Chapter 16
Chapter 17
Chapter 18
Chapter 19
Chapter 20
Chapter 21
Chapter 13 →
All chapters:
1
2
3
4
5
6
7
8
9
10
11
12
13
14
15
16
17
18
19
20
21