bible
ra
🌐 Language
English
Español
Français
Deutsch
Português
Italiano
Nederlands
Русский
中文
日本語
한국어
العربية
Türkçe
Tiếng Việt
ไทย
Indonesia
All Languages
Home
/
Avar
/
Avar Инжил Магӏарул [Avaric]
/
John 18
John 18
Avar Инжил Магӏарул [Avaric]
← Chapter 17
Jump to:
Chapter 1
Chapter 2
Chapter 3
Chapter 4
Chapter 5
Chapter 6
Chapter 7
Chapter 8
Chapter 9
Chapter 10
Chapter 11
Chapter 12
Chapter 13
Chapter 14
Chapter 15
Chapter 16
Chapter 17
Chapter 18
Chapter 19
Chapter 20
Chapter 21
Chapter 19 →
1
Гьеб дугІа лъугІун хадуб, жиндирго муридалгун цадахъ, ГІисаца Кедрон лъар бахана. Гьеб рахъалда букІараб цо ахикье ун, муридазда цадахъ гІодов чІана.
2
Гьесие хилиплъарав Ягьудадаги лъалаан гьеб бакІ. Жиндирго муридалгун ГІиса чанги вачІунаан гьениве.
3
Гьединлъидал Рималъул рагъухъабиги чІахІиял кашишзабазги фарисеязги ритІарал Мукъадасаб Рукъалъул хъаравулзабиги рачун вачІана Ягьуда гьениве. Гьезухъ букІана ярагъги, канлъуе бакараб канги, чирахъалги.
4
Гьениб жиндие ккезе бугебщинаб цебеккунго лъалев ГІисаца, данде ун, гьезда гьикъана: — Щив нужеца валагьулев вугев? — абун.
5
— Назареталдаса ГІиса валагьулев вуго, — ян жаваб кьуна гьез. — Дун вуго Дов, — ан абуна ГІисаца. Хиянатчи Ягьудаги вугоан гьезда гьоркьов.
6
Жив Дов вугилан ГІисаца абидал, киналго нахъегІан къана ва ракьалда гІодор ккана.
7
Нахъеги гьикъана гьезда щив валагьулев вугевилан. Гьез абуна Назареталдаса ГІиса валагьулев вугилан.
8
ГІисаца абуна: — Дица абунагури нужеда дун Дов вугилан. Дун валагьулев вугев ватани, гьал нахъе риччай.
9
(Гьедин гьес абуна жинцаго дугІадулъ рехсараб гьадинаб калима ритІухълъизе: «Дуца дихъе кьуразул цонигияв хвалде ине виччачІого цІунана дица».)
10
Гьебмехалъ Симон Пётрица хвалчен лъалиниса бахъана ва цохІо хьвагІаралъ цо рагьтІателасул кваранаб гІин къотІана. (Бищунго кІудияв кашишасул гьев рагьтІателасда цІар Малх букІана.)
11
— Дуца хвалчен лъалиниб лъе, — ян абуна ГІисаца Пётрида. — Дир Инсуца дихъе кьураб лълъар гьекъечІого бегьилищ дица?
12
Гьебмехалъ азарилбетІерасги, Рималъул рагъухъабазги, ягьудиязул Мукъадасаб Рукъалъул хъаравулзабазги, кквезеги ккун, вухь-вухьана ГІиса.
13
Цин гьев вачана гьеб соналъ бищунго кІудияв кашишлъун вукІарав Кайафал вакьад Гьаннал бакІалде.
14
Гьев Кайафа вукІана тІолабго халкъ хвеялдаса цо чи хвей лъикІилан добмехалъ ягьудиязе гІакълу кьурав чи.
15
ГІисада хаду-хадур рачІунел рукІана Симон Пётрги цоги муридги. Гьев мурид кІудияв кашишасда лъалев чи вукІиндал, ГІисада хадув гьесул азбаралъуве лъугьана.
16
Пётр къватІивехун кавудахъ чІун вукІана. Цинги кІудияв кашишасда лъалев дов мурид къватІиве вачІана ва, кІалтІа хъаравуллъиялда йикІарай ясалдаги абун, Пётрги азбаралъуве виччазавуна.
17
Гьебмехалъ гьей ясалъ Пётрида гьикъана: — Гьадав чиясул муридцин гурищ мунги? Гурилан абуна Пётрица.
18
Квачараб сордо букІана гьеб. Лагъзадерицаги Мукъадасаб Рукъалъул хъаравулзабацаги азбаралъуб цІа бакана. Пётрги чІана гьезда аскІов цІадухъ.
19
КІудияв кашишас ГІисада цІехолеб букІана гьесул муридазулги ва гьезда малъараб диналъулги хІакъалъулъ.
20
ГІисаца гьесда абуна: — Дица халкъалъе хабар бицунаан киназдаго бихьун, киназдаго рагІун. Ягьудиял ракІарараб бакІалда синагогаялъуб яги Мукъадасаб Рокъоб гьабулаан дица вагІза-насихІат. Балъго дица лъиданиги щибниги бицунароан.
21
Дида щай дуца гьеб гьикъулеб? Дихъ гІенеккун рукІаразда гьикъе щиб дица бицунеб букІарабилан. Гьале гьаздаги лъала щиб дица бицарабали.
22
ГІисаца гьедин абидал, аскІов вукІарав Мукъадасаб Рукъалъул цо хъаравулас кІаркьен чІвана гьесул: — Гьединищ дуца кІудияв кашишасе жаваб кьолеб бугеб? — анги абун.
23
ГІисаца гьесда абуна: — Дица мекъи абулеб бугеб батани, дуца гьал киназдаго цебе гьеб мекъи букІин чІезабе. Дица битІараб бицунеб бугеб батани, дуца дида кьабиялъе гІилла щиб?
24
Вухь-вухьун вугев ГІиса бищунго кІудияв кашиш Кайафал бакІалде вачейилан амру гьабуна гьебмехалъ Гьаннаца.
25
Симон Пётр хинлъизе цІадухъ вахъун чІун вукІана. — Мунги досул муридищ? — ан гьикъана цояс. Гурилан нагІадала ккуна гьес.
26
КІудияв кашишасул цо рагьтІателас (гьев вукІана Пётрица гІин къотІарасул гІагарав чи) Пётрида гьикъана: — Дова ахикь гьадасда цадахъ дида вихьарав чи гурищ мун?
27
Жив гьенив вукІинчІилан нахъеги нагІадала ккуна Пётрица. Гьеб параялда хІелеко гІегІедана.
28
Кайафал бакІалдасаги ГІиса вачана сардарасул кІалгІаялде. ХъахІлъи балеб букІана. Жалго хъублъизе бокьичІого, ягьудиял кІалгІаялъуре лъугьинчІо, Пасхаялъул хирияб кванде ине кколел рукІиндалха гьел.
29
Живго Пилат вачІана къватІиве. Гьев чиясде нужеца гІунтІизабулеб бугеб гІайиб-хатІа щибилан гьикъана гьес.
30
Гьав такъсирчи вукІинчІевани, нижеца духъе вачинароанилан жаваб кьуна гьесие ягьудияз.
31
Пилатица абуна: — Вачун нужерго къануналда рекъон къотІе гьесие хІукму. Ягьудияз абуна чи чІвазе къотІизе жидер ихтияр гьечІилан.
32
(Гьеб гьедин ккана живго кин холевали ГІисаца цебеккунго бицун букІарабги ритІухълъизе гІоло.)
33
Гьебмехалъ Пилат кІалгІаялда жаниве лъугьана. ГІисаги вачун вачІана гьениве. — Мунищха кколев жугьутІазул парччахІ? — абун гьикъана гьесда Пилатица.
34
ГІисацаги данде суал кьуна: — Дудаго ракІалде ккунищ дуца гьедин абулеб бугеб, яги цогидазищ дуда дир хІакъалъулъ гьедин бицараб?
35
Пилатица жаваб кьуна: — Дун жугьутІавиланищ дуда ккарав? Дур халкъалъги чІахІиял кашишзабазги кьуна мун дихъе. Щиб дуца гьабураб?
36
ГІисаца жаваб кьуна: — Дир ПарччахІлъи гьаб дуниялалда гуро бугеб. Гьанив дун ПарччахІ вукІаравани, дир нукарзаби дун цІунун рагъилаан, ягьудиязул хІакимзабаз дун кверде восизе виччалароан гьез. Амма гьанже дир ПарччахІлъи гьаниб гуро бугеб.
37
Пилатица абуна: — Кин бугониги мун ПарччахІ рагІулаха. Уйищ? — Дуца абулеб бугоха дун ПарччахІ вугилан. Дун гьавуна ва гьаб дуниялалде вачІана хІакъабщиналъе нугІлъи гьабизе. ХІакъабщинаб бокьулев кинавго чиясда рагІула дир гьаракь.
38
«ХІакъабщиналъул» магІна щибилан гьикъана Пилатица. Цинги гьев ягьудиязухъе къватІиве ана. ГІиса хъанчида вазе хІукму гьабула — Досда щибниги гІайиб-хатІа батулеб гьечІо дида, — ян абуна гьес гьезда. —
39
Пасхаялъул хІурматалда цо туснахъ къватІиве виччалеб гІадатги цІунун, гьадав «жугьутІазул ПарччахІ» нахъе виччазе бокьилищ нужее?
40
— Гьев виччаге, Барабба виччай! — ян ахІана гьез. (Барабба вукІана хъачагъ.)
← Chapter 17
Jump to:
Chapter 1
Chapter 2
Chapter 3
Chapter 4
Chapter 5
Chapter 6
Chapter 7
Chapter 8
Chapter 9
Chapter 10
Chapter 11
Chapter 12
Chapter 13
Chapter 14
Chapter 15
Chapter 16
Chapter 17
Chapter 18
Chapter 19
Chapter 20
Chapter 21
Chapter 19 →
All chapters:
1
2
3
4
5
6
7
8
9
10
11
12
13
14
15
16
17
18
19
20
21