bible
ra
🌐 Language
English
Español
Français
Deutsch
Português
Italiano
Nederlands
Русский
中文
日本語
한국어
العربية
Türkçe
Tiếng Việt
ไทย
Indonesia
All Languages
Home
/
Avar
/
Avar Инжил Магӏарул [Avaric]
/
John 11
John 11
Avar Инжил Магӏарул [Avaric]
← Chapter 10
Jump to:
Chapter 1
Chapter 2
Chapter 3
Chapter 4
Chapter 5
Chapter 6
Chapter 7
Chapter 8
Chapter 9
Chapter 10
Chapter 11
Chapter 12
Chapter 13
Chapter 14
Chapter 15
Chapter 16
Chapter 17
Chapter 18
Chapter 19
Chapter 20
Chapter 21
Chapter 12 →
1
Бетания шагьаралдаса Лазарилан абулев цо чи унтун вукІана.
2
Гьеб Бетаниялда яшав гьабун рукІана цо Марям абулей гІаданги гьелъул яц Мартаги. Гьеле гьей Марямицайин ГІисал хІатІазда махІ гьуинаб нах бахараб ва жиндирго ботІрол расуца гьел ракъвазарурал. Гьелъул вац вукІана Лазар.
3
Яцаз ГІисахъе ругьел битІана: «Я, БетІерчІахъад, дуе хирияв чи унтун вуго», — ян.
4
Гьеб ругьел бачІиндал, ГІисаца абуна: — Гьеб унтуца Лазар холаро. Гьеб буго Аллагь машгьурлъизе ва Аллагьасул Васас живго гьелдалъун машгьурлъизавизе Лазариде тІамураб унти.
5
Марямги, гьелъул яцги, Лазарги цІакъ рокьулаан ГІисае.
6
Гьев унтун вугилан рагІидалги, кІиго къоялъ гьенивго чІана ГІиса.
7
Цинги гьес муридазда абуна Ягьудиялде тІадруссине кколилан.
8
Муридаз абуна: — Я, Рабби, Ягьудиялда дуда ганчІал речІчІизехъин рукІаралдаса гІемер заман инчІогури. Гьениве тІадвуссине щай дуе бокьун бугеб?
9
ГІисаца абуна: — Цо къоялъе букІуна анцІила кІиго сагІат. Къад сапаралде вахъарав чи хІетІе тункун гІодов кколаро, нухда гьесие канлъи букІунелъул.
10
Амма сардилъ сапаралде вахъарав чиясул хІетІе тарула, нухда канлъи букІунарелъул.
11
Цоги гьес абуна: — Нилъер гьудул Лазар кьижун ккун вуго. Гьев вигьинавизе инехъин вуго дун.
12
Муридаз абуна: — Я, БетІерчІахъад, кьижун ккарав ватани, мадар лъугьина гьесул.
13
ГІисаца абулеб букІана Лазар хун вугилан, амма муридазда бичІчІана гьадинго кьижун ккун вугилан абулеб бугилан.
14
Гьебмехалъ ГІисаца рагьун бицана гьезда Лазар хванилан.
15
— Нужер талихІ ккана дун дова вукІинчІолъи, гьанже нужее рес ккела дида божизе. Рилълъа доре.
16
«КІилъилав» абун тІокІцІар бугев Фомаца цогидал муридазда абуна: — Рилълъа МугІалимасда цадахъ, гьев хваралъур хвезе!
17
ГІиса Бетаниялде щведал, Лазар хабалъ вукъаралдаса ункъо къо бан батана.
18
Иерусалималдаса Бетаниялде лъабго километр гурони букІинчІо.
19
Мартахъеги Марямихъеги вацасул зигараялъ Иерусалималдаса рачІарал гІемерал ягьудиялги рукІана гьенир.
20
ГІиса вачІунев вугилан рагІидал, Марямги магІирокъойго тун, Марта ана гьесда данде.
21
Мартаца ГІисада абуна: — Я, БетІерчІахъад, мун гьанив вукІаравани, хвелароан дир вац!
22
Амма гьанжеги ракІчІун лъала дида дур кинаб букІаниги гьари-дугІа Аллагьас нахъчІвалареблъи.
23
Дур вац хваралъуса вахъине вугилан абуна гьелда ГІисаца.
24
Мартаца абуна къиямасеб къоялъ гьев тІаде вахъуневлъи жиндаги лъалин.
25
ГІисаца гьелда абуна: — Дицайин хварал рахъинарулел, дицайин чІаголъизарулел. Дида божарав чи хваравги чІаголъила.
26
Гьаб дуниялалда вугевщинав дида божулев чи абадул абадиялъ хвезе гьечІо. Гьелда мун божулищ? — ан гьикъана ГІисаца.
27
Гьелъ жаваб кьуна: — Я, БетІерчІахъад, дун божана дуниялалде вачІине вугев Аллагьасул Вас МасихІ мун вукІиналда.
28
Гьединги абун, рокъое ана Марта. Цогидаздаса балъго гьелъ Марямида абуна МугІалим вачІун вугин ва гьес мун ахІулей йигин.
29
ГьебсагІат ГІисада аскІое ине гІедегІун къватІие яхъана Марям.
30
Росулъеги лъугьинчІого, Марта жинда данде ячІараб бакІалда чІун вукІана ГІиса.
31
Марям гІедегІун къватІие яхъун уней йихьидал, зигараялъ рачІун рукІарал ягьудиязда ккана вацасухъ гІодизе хабаде уней ятилин гьейилан. Гьелги ана Марямида хадур рахъун.
32
ГІисада аскІое щведал, гьесул хІатІазда цее кІалагъоркье речІчІун, Марямица гІодилаго абуна: — Я, БетІерчІахъад, мун гьанив вукІаравани, хвелароан дир вац!
33
ГІодулей Марямги гьелда цадахъ гІодулел гІадамалги рихьун, цІакъго ракІбакъван, къварилъахъдана ГІиса.
34
— Кив нужеца гьев вукъарав? — ан гьикъана ГІисаца. — Я, БетІерчІахъад, вилълъа дудаго бихьизабизе, — ян абуна гьез.
35
ГІиса гІодана гьебмехалъ.
36
ГІиса гІодулев вихьидал, гІадамаз абуна Лазар гьасие вокьулев вукІун вугеб куц бихьуларищилан.
37
Бецасда канлъи бихьизабурав чиясда Лазар хвалдаса ворчІизавизеги кІвелаанилан абуна цо-цояз.
38
Дагьабги ракІбакъван, ГІиса Лазарил хабаде ана. Хоб букІана нохъода жаниб, кІалтІа гамачІги букІана.
39
ГІисаца абуна гьеб гамачІ нахъе босейилан. Хварасул яц Мартаца абуна: — Я, БетІерчІахъад, Лазар вукъаралдаса ункъабилеб къо буго, махІ бахъун батила.
40
ГІисаца гьелда абуна: — Дица абичІищ дуда, мун божани, Аллагьасул хІалкІолъи бихьилин дудаян.
41
ГамачІ нахъе босана. Зобалаздеги валагьун, ГІисаца абуна: — Я, дир Эмен, дица дуе рецц гьабулеб буго гьари-дугІа дуда рагІаралъухъ.
42
Дида лъалаан дир гьари-дугІа дуда кидаго рагІизе букІин. Дица гьадин абулеб буго дун дуца витІаравлъи гьанир дида аскІор ругезда лъазе.
43
Цинги ГІисаца ахІана: — Лазар! КъватІиве вачІа! — ян.
44
Кверазда ва бохдузда мусралги жемухъего хабалъа къватІиве лъугьун вачІана Лазар. КвербацІцІалъ бухьун гьумерги букІана гьесул. — Гьасдаса мусрал риче, — ян абуна ГІисаца, — ва рокъове ваче.
45
Марямихъе зигараялъ рачІун рукІун ГІисал гьеб мугІжизат бихьарал гІемерал ягьудияз гьесде иман лъуна.
46
Амма цо-цояз, фарисеязухъе ун, бицана ГІисаца гьениб бихьизабураб мугІжизаталъул хІакъалъулъ.
47
Гьебмехалъ чІахІиял кашишзабиги фарисеялги тІадегІанаб судалъе данделъана. Гьез абуна: — Щибдай нилъеца гьабун лъикІ? Гьадав чияс гІемерал мугІжизатал рихьизарулел руго халкъалда.
48
Додин виччан тани, кинабго халкъ досда хадуб ина. Цинги Рималъул боги бачІун, нилъер Мукъадасаб Рукъги щущазабила, халкъги гъурун тІагІинабила.
49
Гьеб соналъ бищунго кІудияв кашишлъун вукІарав Кайафаца абуна: — Нужеда щибниги лъалеб гьечІоха.
50
Нужеца пикру гьабулеб гьечІо тІолабго халкъ хун тІагІинабиялдаса халкъалъе гІоло цо чи хвезавиго лъикІаб букІиналъул.
51
Кайафал жиндирго гІакълу хадуб гІунтІун абурал рагІаби рукІинчІо гьел. Гьеб соналъ бищунго кІудияв кашишлъун вукІиндал, кашпу-карамалъи щунин гьес абураб халкъалъе гІоло ГІиса хвезе вугилан.
52
ЦохІо халкъалъе гІоло гуревха. ТІолабго дуниялалда щущан ругел Аллагьасул лъимал данде ракІариялъе гІоло хвезе вуго ГІиса.
53
ГІиса чІвазе хІукму гьабуна гьеб къоялъ гьез.
54
Гьединлъидал гьанже тІатун хьвадулев вукІинчІо гьев Ягьудиялъул ракьалда. Гьениса вахъун, жиндирго муридалги рачун, ГІиса ана гІицІаб авлахъалъул рагІалда бугеб Эфраим абулеб шагьаралде.
55
ЖугьутІазул Пасха тІаде щолеб букІана. Улкаялъул киналго бакІаздаса гІемерал гІадамал Иерусалималде рачІунел рукІана Пасха тІаде щвелалде жалго рацІцІалъизариялъул гІадат тІубазабизе.
56
Гьез ГІиса валагьулев вукІана. Мукъадасаб Рокъоре лъугьиндал, гьез цоцазда цІехолеб букІана: — ГІиса вачІинадай Пасхаялъул байрамалде? Дидани вачІинин кколаро. Дуда кин кколеб?
57
ЧІахІиял кашишзабазги фарисеязги буюрухъ кьун букІана нагагь ГІиса вугеб бакІ лъарав чияс жидеда лъазабеян, жидеца гьев, ккун вачун, жанив тІамизе вугилан.
← Chapter 10
Jump to:
Chapter 1
Chapter 2
Chapter 3
Chapter 4
Chapter 5
Chapter 6
Chapter 7
Chapter 8
Chapter 9
Chapter 10
Chapter 11
Chapter 12
Chapter 13
Chapter 14
Chapter 15
Chapter 16
Chapter 17
Chapter 18
Chapter 19
Chapter 20
Chapter 21
Chapter 12 →
All chapters:
1
2
3
4
5
6
7
8
9
10
11
12
13
14
15
16
17
18
19
20
21