bible
ra
🌐 Language
English
Español
Français
Deutsch
Português
Italiano
Nederlands
Русский
中文
日本語
한국어
العربية
Türkçe
Tiếng Việt
ไทย
Indonesia
All Languages
Home
/
Avar
/
Avar Инжил Магӏарул [Avaric]
/
John 2
John 2
Avar Инжил Магӏарул [Avaric]
← Chapter 1
Jump to:
Chapter 1
Chapter 2
Chapter 3
Chapter 4
Chapter 5
Chapter 6
Chapter 7
Chapter 8
Chapter 9
Chapter 10
Chapter 11
Chapter 12
Chapter 13
Chapter 14
Chapter 15
Chapter 16
Chapter 17
Chapter 18
Chapter 19
Chapter 20
Chapter 21
Chapter 3 →
1
КІиго къоялдасан Галилеялъул Кана абулеб шагьаралда бертин букІана. ГІисал эбелги йикІана берталъ.
2
Берталъе ахІана ГІисаги гьесул муридалги.
3
Кинабго чагъир гьекъон бахъараб мехалъ, эбелалъ ГІисада абуна берталъ чагъир лъугІун бугилан.
4
ГІисаца гьелда абуна: — Я, дир эбел, дида щай дуца гьеб абулеб бугеб? Дирго иш гьабизе жеги болжал щун гьечІогури.
5
Амма эбелалъ бертадул иш тІубазабулел рукІарал гІадамазда абуна гьас малъараб гьабейилан.
6
Гьениб букІана рацІцІалъизариялъул гІадат тІубазабизе жугьутІаз лъим жанибе тІолеб гамачІ бекІкІун гьабураб анлъго рагІ. Щуго-анлъго къали унаан щибаб рагІалъубе.
7
ГІисаца гьезда абуна гьел рагІал лъадал цІезареян. Симсимун лъадал цІезабуна гьез гьеб анлъабго рагІ.
8
Пурччби цІезарун тамадаясухъе гьебги босун айилан абуна ГІисаца гьел бертадул иш тІубазабулел гІадамазда. Босун щвезабуна гьез гьеб.
9
Тамадаяс гьелъул хІалбихьизе цин жинцаго гьекъана. Чагъир батана гьеб. Амма киса гьеб бачІарабали гьесда лъалароан. Гьеб лъалаан дол гІадамазда.
10
Гьебмехалъ, ахІун аскІовегун, тамадаяс бахІарасда абуна: — Кибгоги берталъ цин лъикІаб чагъир кьола гьекъезе, цинги гІадамал мехтидал, квешабги бахъула цебе. Дуцайин абуни гьанжелъагІан тун букІун буго бищунго лъикІаб чагъир.
11
Гьедин гьениб — Галилеялъул Кана шагьаралда — бихьизабуна ГІисаца тІоцебесеб мугІжизат. Загьирлъизабуна жиндирго къудрат. Муридалги божана ГІисада.
12
Цинги ГІисаги, гьесул эбелги, вацалги ва муридалги Капернаумалде ана. Чанго къо бана гьез гьениб.
13
ЖугьутІазул Пасха тІаде щолеб букІиндал, ГІиса Иерусалималде ана.
14
Мукъадасаб Рокъове лъугьиндал, ГІисада гьенир ратана къурбаналъе хъвезе гІи-боцІиги маккалги ричулел гІадамал, жидерго столазда нахъа гІодор чІун ругоан гІарац хисулел чагІиги.
15
ЦІалаца гІадин квар-гІарщалъ рухулаго гьел гІадамалги гІи-боцІиги къватІире гъуна ГІисаца, гІарац хисулел чагІазул столалги кІалагъоркье чІвазарун, гІарац гІодобе щущазабуна.
16
Маккал ричулел чагІазда гьес абуна: — Нахъе босе гьаб кинабго. Дир Инсул рукъ базаралде сверизабуге, — ян.
17
Гьебмехалъ ГІисал муридазда ракІалде щвана: «Дур рукъалъухъ бергьараб хІасраталъ вухІулев вуго дун», — абун ТІухьдузда хъван бугеб калима.
18
Гьенир рукІарал ягьудияз ГІисада гьикъана: — Дуца кинаб гІаламаталдалъун нижеда бихьизабилеб гьеб киналъего дур ихтияр букІин?
19
ГІисаца гьезие жаваб кьуна: — Нужеца гьаб Мукъадасаб Рукъ биххизабе, цинги лъабго къоялда жаниб дица гьеб цІидасан бала.
20
Гьесие жавабалъе ягьудияз абуна: — Гьаб Мукъадасаб Рукъ базе кІикъоялда анлъго сон къваригІана. Лъабго къоялда жаниб бан бажарилищ духъа гьеб?
21
Гьеб Мукъадасаб Рукъалъул мисалалда ГІисаца бицунеб букІун буго жиндирго черхалъул хІакъалъулъ.
22
ГІиса хваралъуса вахъараб мехалъ ракІалде щвана муридазда гьесул гьел рагІаби. Гьебмехалъ божана гьел ТІухьдузда хъван букІаралдаги ГІисаца жидедаго бицун букІаралдаги.
23
Иерусалималда ГІиса Пасхаялъул байрамалда вугеб мехалъ, гьесдасан загьирлъарал гІаламатал рихьун, гІемерал гІадамал божана гьесда.
24
Амма ГІиса лъиданиги божизе кколароан. Гьел киналго щал кколелали лъалеб букІана гьесда.
25
Пуланав чи гьадинав-додинав вугилан лъицаниги бицинчІониги, жиндаго лъалаан лъида щиб ракІалда бугебали.
← Chapter 1
Jump to:
Chapter 1
Chapter 2
Chapter 3
Chapter 4
Chapter 5
Chapter 6
Chapter 7
Chapter 8
Chapter 9
Chapter 10
Chapter 11
Chapter 12
Chapter 13
Chapter 14
Chapter 15
Chapter 16
Chapter 17
Chapter 18
Chapter 19
Chapter 20
Chapter 21
Chapter 3 →
All chapters:
1
2
3
4
5
6
7
8
9
10
11
12
13
14
15
16
17
18
19
20
21