bible
ra
🌐 Language
English
Español
Français
Deutsch
Português
Italiano
Nederlands
Русский
中文
日本語
한국어
العربية
Türkçe
Tiếng Việt
ไทย
Indonesia
All Languages
Home
/
Avar
/
Avar Инжил Магӏарул [Avaric]
/
John 5
John 5
Avar Инжил Магӏарул [Avaric]
← Chapter 4
Jump to:
Chapter 1
Chapter 2
Chapter 3
Chapter 4
Chapter 5
Chapter 6
Chapter 7
Chapter 8
Chapter 9
Chapter 10
Chapter 11
Chapter 12
Chapter 13
Chapter 14
Chapter 15
Chapter 16
Chapter 17
Chapter 18
Chapter 19
Chapter 20
Chapter 21
Chapter 6 →
1
Гьелдаса хадуб жугьутІазул цо байрамалде Иерусалималде вачІана ГІиса.
2
Иерусалималъул «ГІиял кавудахъ» буго жугьутІазул мацІалда Бетцата абулеб цо хІавуз. ЧІахІиял хІубалги чІван гьабураб щуго рагъиги буго гьеб хІавузалда сверун.
3
Гьел рагъабазда регун рукІунаан унтаралги, бецалги, рекъалги, палижалъ ккуралги гІемерал гІадамал.
4
[4-5] Гьенив вукІана лъебералда микьго соналъ унтарав цо чи.
6
ГІисадаги вихьана гьев. Халат заманаялъ унтарав чи гьев вукІин лъайдал, ГІисаца гьесда гьикъана сахлъизе бокьилищилан.
7
Унтарас жаваб кьуна: — Я, бетІерчІахъад! Лъим гьелчараб мехалъ, дун хІавузалъуве вегьизе чи гьечІо дида цадахъ. Дунго гьениве лъугьинилан кида тІаде ворханиги, цогидав ккун ватула дидаса цеве.
8
ГІисаца гьесда абуна: — ТІаде вахъа! Дурго турутги босун, рокъове а, — ян.
9
ГьебсагІатго сахлъана гьев чи. Жиндирго турутги босун унев вукІана. Гьеб букІана шамат къо.
10
Гьединлъидал ягьудияз гьесда абуна жакъа шамат къоялъ дуца турут кодоб ккун баччизе бегьуларилан.
11
Жив сахлъизавурав чияс турутги босун айилан абунин жиндайилан жаваб кьуна гьес.
12
— Турутги босун айилан лъица дуда абураб? — ан гьикъидал,
13
жаваб кьун бажаричІо гьесухъа. Гьесда лъалеб букІинчІо дов щивали. Гьенир рукІарал гІадамазул руккалилъе лъугьун ун вукІана ГІиса гьебмехалъ.
14
Цинги ГІисада гьев чи Мукъадасаб Рокъов ватана. — Гьелеха, сахлъун вуго мун гьанже, — ян абуна гьесда ГІисаца. — Мунагьалдаса цІунун чІа гьанжеялдаса нахъе, дагьабги квешаб ккезе гурин дуе.
15
Инеги ун ягьудиязда бицана гьес ГІисаца сахлъизавунин живилан.
16
Гьелдаса хадуб, шамат къоялъ гьединаб иш гьабунилан, ГІисае рахІат толеб букІинчІо ягьудияз.
17
ГІисаца гьезда абуна: — Дир Инсулги гьечІо чІараб сагІат, дунги гьесда релълъун вуго.
18
Шамат къоялъул къанун хвезабураб гІечІого, гьес Аллагь жиндирго эменлъун рикІкІунев вугилан, Аллагьасда живго ващалъизавулевги вугилан, гьез гьанже дагьабги цІикІкІун хІаракат бахъулеб букІана ГІиса чІвазе.
19
Гьелда дандеги ГІисаца абуна: — ХІакълъун абулеб буго дица нужеда: живго лъикІав лъугьун Васасда щибниги гьабизе кІоларо, Инсуца гьеб иш гьабулеб гьесда бихьулеб гьечІони. Инсуца гьабураб гьабула Васасги.
20
Инсуе вас вокьула, ва Инсуца гьесдаги рихьун гьарула жиндирго киналго ишал. Дагьалги кІудиял ишал рихьизарила Инсуца гьесда, гьебмехалъги гІажаиблъила нуж.
21
Инсуца гІадамал хваралъуса рахъинарун, чІаголъизарулел гІадин, Васасги чІаголъизарула жиндиего чІаголъизаризе бокьарал чагІи.
22
Инсуца лъиениги суд гьабулеб гьечІо, суд гьабизе ихтияр гьес Васасухъе кьун буго.
23
Инсуе бокьун бугелъул Жиндирго гІадаб къадру-къимат гІадамаз васасулги гьабизе. Васасул къадру-къимат гьабуларев чияс гІаламалъухъе гьев витІарав Инсулги къадру-къимат гьабизе гьечІо.
24
ХІакълъун абулеб буго дица нужеда: дир рагІухъ гІенеккарав ва дун витІарав Аллагьасда божарав чиясе абадияб гІумру насиблъула, суд гьабичІого, тамихІ гьечІого ворчІана гьев хваразулъа чІагоязулъе — абадияб гІумруялъулъе.
25
ХІакълъун абулеб буго дица нужеда: Аллагьасул Васасул гьаракь хвараздаги рагІулеб ва гьеб рагІараб мехалъ гьел тІаде рахъунеб заман бачІина, бачІунго буго гьединаб заман.
26
Инсухъ буго инсанасда рухІ лъезабиялъул кверщел. Гьес Васасухъеги кьун буго инсанасда рухІ лъезабизе кверщел.
27
Суд гьабизеги ихтияр кьун буго Васасе — гьев ГІадамил Лъимер вугелъул.
28
Нуж хІикмалъуге гьелда, киналго хабалъ ругезда Аллагьасул Васасул гьаракь рагІулеб заман бачІине буго:
29
лъикІлъиялда хьвадаразе, хваралъуса рахъиндал, гІумру насиблъила, квешлъиялда хьвадаразе, хваралъуса рахъиндал, тамихІ насиблъила.
30
Дунго лъикІав лъугьун дида щибниги гьабизе кІоларо. Аллагьасухъ гІенеккун гьабулеб буго дица суд. Дир судги ритІухъаб буго, — диего бокьухъе гурелъул дица суд гьабулеб бугеб, дун витІарав Аллагьасе бокьухъелъидал.
31
Дицаго диего гьабулеб нугІлъи — гьеб кьучІаб букІинаро.
32
Амма вуго дир хІакъалъулъ бицунев цоги НугІ. Дида лъала дир хІакъалъулъ Гьесул нугІлъи кьучІаб бугеблъи.
33
Дир хІакъалъулъ цІехезе нужеца ЯхІяхъе гІадамал ритІун рукІанагури. РитІухъаб нугІлъи гьабуна гьесги.
34
ГІадамазул нугІлъи къваригІарав чи гуро дун. Нуж хвасарлъизе гІоло бицунеб буго дица гьелъул.
35
ЯхІя вукІана гІадамазе бакараб ва канлъи кьолеб чирахъ гІадинав чи. Цо дагьабго заманаялъ гьелъул канлъиялдаса рохизе бокьун букІана нужее.
36
ЯхІяца гьабураб нугІлъиялдасаги кІудияб нугІлъи буго дихъ, нуж божизаризе кІолеб. Дица тІуразареян Инсуца дида тІадкъарал ва гьанже дица тІуразарулел ругел ишаз жидецаго нугІлъи гьабула дир хІакъалъулъ. Дун Инсуца витІун вукІиналъе нугІлъи гьабула гьез.
37
Дун витІарав дир Инсуцаги нугІлъи гьабулеб буго дие пайдаялъе. Нужеда лъиданиги я рагІичІо, я вихьичІо гьев киданиги.
38
Гьесул рагІиги нужер рекІелъ хутІуларо, гьес витІарасда божулел гьечІелъул.
39
Нужеца ТІухьдул цІалула, гьелдалъун нужее абадияб гІумру насиблъилилан ракІчІун бугелъул. Гьеле гьел ТІухьдузги нугІлъи гьабула дир хІакъалъулъ.
40
Абадияб гІумру насиблъизе букІине дихъе рачІине кинго бокьулеб гьечІо нужее.
41
ГІадамазул рецц-бакъ къваригІарав чиги гуро дун.
42
Амма дида нуж лъала ва нужер рекІелъ Аллагьасде рокьи гьечІеблъиги лъала.
43
Дир Инсуца витІун вачІарав дун нужеца къабул гьавулев гьечІо. Живго вахъун цо пуланав чи вачІани, нужеца гьев къабул гьавила.
44
Цоцазул рецц бокьулел нуж гІадинал гІадамаз иман лъелищ, цохІо Аллагьасдасан щолеб баркат тІалаб гьабулеб гьечІелъул нужеца.
45
Амма нужеда ракІалде ккоге Инсуда цере дица нужеда гІайиб чІвалилан. Сундулго рахъалъ нужеца хьул гьабулев Мусацагицин гІайиб чІвала нужеда.
46
ХІакълъун нуж Мусада божулел рукІаралани, дидаги божилаан нуж. Гьесги хъван тун букІиндалха нужее дир хІакъалъулъ.
47
Гьес хъваралда божуларел нуж, дица бицаралда божилищ?
← Chapter 4
Jump to:
Chapter 1
Chapter 2
Chapter 3
Chapter 4
Chapter 5
Chapter 6
Chapter 7
Chapter 8
Chapter 9
Chapter 10
Chapter 11
Chapter 12
Chapter 13
Chapter 14
Chapter 15
Chapter 16
Chapter 17
Chapter 18
Chapter 19
Chapter 20
Chapter 21
Chapter 6 →
All chapters:
1
2
3
4
5
6
7
8
9
10
11
12
13
14
15
16
17
18
19
20
21