bible
ra
🌐 Language
English
Español
Français
Deutsch
Português
Italiano
Nederlands
Русский
中文
日本語
한국어
العربية
Türkçe
Tiếng Việt
ไทย
Indonesia
All Languages
Home
/
Avar
/
Avar Инжил Магӏарул [Avaric]
/
John 17
John 17
Avar Инжил Магӏарул [Avaric]
← Chapter 16
Jump to:
Chapter 1
Chapter 2
Chapter 3
Chapter 4
Chapter 5
Chapter 6
Chapter 7
Chapter 8
Chapter 9
Chapter 10
Chapter 11
Chapter 12
Chapter 13
Chapter 14
Chapter 15
Chapter 16
Chapter 17
Chapter 18
Chapter 19
Chapter 20
Chapter 21
Chapter 18 →
1
Муридазе гьеб хабар бицун бахъарабго, зобалаздеги валагьун, ГІисаца абуна: — Я, дир Эмен! Дир болжал тІаде щвана. Дурго Вас машгьурлъизаве, гьес мунги машгьурлъизавизе.
2
ТІолабго гІаламалда тІад ихтияр кьуна дуца гьесие, дуца жиндихъе кьуралщиназе Васас абадияб гІумру насиблъизабизе.
3
Абадияб гІумру ккола ХІакъав ва Цогояв Аллагь мунги ва дуца витІарав МасихІ ГІисаги лъай.
4
Дуца тІадкъараб ишги тІубазабун, дица гьаб ракьалда мун машгьурлъизавуна.
5
Я, дир Эмен! Гьаб дуниял бижилелдего, дун дуда аскІов вукІараб мехалъ, дир букІараб машгьурлъиялдалъун машгьурлъизаве гьанжеги дуца дун.
6
ГІаламалда гьоркьоса дуца дихъе кьурал гІадамазе рагьана дица дур цІаралъул хІакъикъат. Гьел дур рукІана, цинги гьел дуца дихъе кьуна ва гьел дур рагІухъ гІенеккана.
7
Гьанже гьезда лъана дуца дие кьурабщинаб дудасан бугеблъи.
8
Дуца дихъе кьурал рагІаби дица гьезие кьуна, гьез гьел къабулги гьаруна. ХІакълъунго гьезда бичІчІана дун дудасан вачІарав вукІин ва дун дуца витІун вукІиналдаги божана.
9
Гьезие гІоло гьарулеб буго дица дуда. Дуниялалда ругел киналго гІадамазе гІоло гуреб, дуца дихъе кьуразе гІолойин, гьел дур ругелъул.
10
Дир ругелщинал дур руго, дур ругелщинал дирги руго. Гьезулъги машгьурлъана дун.
11
Дун гьанже гьаб дуниялалда вукІинаро, амма гьалги гьаб дуниялалда тун вачІунев вуго дун духъе. Я, дир Илагьияв Эмен! Нилъ цого ругел гІадин, гьелги цого рукІинаре, дуца дие кьураб дур цІаралдалъун.
12
Дун гьезда цадахъ вугеб мехалъ, дица гьел хвалде ине риччачІого цІунана дуца дие кьураб дур цІаралдалъун. Цо чи хутІизегІан цІунана. Гьев хвалде ана, гьелъул хІакъалъулъ ТІехьалда хъвараб ритІухълъизе кколеб букІиндал.
13
Гьанже дун духъе вачІунев вуго. Дун дуниялалда вугебгІан заманаялъ дица гьаб гьазда бицунеб буго, дидаса бугеб гьазул рохел тІаса камунгутІизе.
14
Дица дур рагІи гьазухъе кьуна ва гьаб гІаламалда рихана гьал, дун гьаб дуниялалъул чи гурев гІадин, гьалги гьаб дуниялалъул чагІи гурелъул.
15
Гьаб гІаламалда гьоркьоса гьал нахъе рачейилан гуро гьарулеб бугеб, гьанир гьал илбисалдаса цІунеян гьарулеб буго дица.
16
Дун гьаб дуниялалъул чи гурев гІадин, гьалги гьаб дуниялалъул чагІи гуро.
17
ХІакъаб къудраталдалъун дуца гьал дуе хъулухъалъе ратІа гьаре. Дур рагІи хІакъаб буго.
18
Дуца дун гІаламалъухъе витІарав гІадин, дица гьалги гІаламалъухъе ритІулел руго.
19
Дуе хъулухъалъе дуца дун ватІа гьавуна, хІакъаб къудраталдалъун гьалги ратІа гьаре.
20
ЦохІо гьазул рахъалъ гуребги, гьазул рагІудалъун диде иман лъезе бугелщиназул рахъалъги гьарулеб буго дица:
21
Я, дир Эмен, гьал цолъун рукІаги мун дилъ вугев гІадин, — дун дулъ вугев гІадин, гьалги нилъелъ рукІине риччанте, — дун дуца витІун вукІиналда гІалам божизе.
22
Дуца дие кьураб машгьурлъи дица гьазиеги кьуна. Дунги Мунги гІадин цолъун рукІине риччанте гьалги.
23
Дун гьазулъ вукІина, мун дилъги вукІина, риччанте гьал тІубанго цоцалъ цолъун рукІине ва гьелдалъун гІаламалда лъазе дун дуца витІун вукІаравлъиги ва дун гІадин дуе гьал рокьулеллъиги.
24
Я, дир Эмен! Гьанир дуца дихъе кьурал гІадамал гьенирги дида аскІор рукІине бокьун буго дие. Дуниял бижилелдего вокьулев вукІиндалха дуе дун. Дуца дун машгьурлъизави гьазда бихьизе.
25
Я, дир РитІухъав Эмен! ГІаламалда мун лъачІо, амма дида лъала мун, гьаздаги лъана дун дуца витІаравлъи.
26
Дур хІакъалъулъ рагьун бицана дица гьал гІадамазда, хадубккунги бицина, дуца дие кьураб рокьи гьазиеги гІахьалаб букІине ва дун гьазулъ хутІизе.
← Chapter 16
Jump to:
Chapter 1
Chapter 2
Chapter 3
Chapter 4
Chapter 5
Chapter 6
Chapter 7
Chapter 8
Chapter 9
Chapter 10
Chapter 11
Chapter 12
Chapter 13
Chapter 14
Chapter 15
Chapter 16
Chapter 17
Chapter 18
Chapter 19
Chapter 20
Chapter 21
Chapter 18 →
All chapters:
1
2
3
4
5
6
7
8
9
10
11
12
13
14
15
16
17
18
19
20
21