bible
ra
🌐 Language
English
Español
Français
Deutsch
Português
Italiano
Nederlands
Русский
中文
日本語
한국어
العربية
Türkçe
Tiếng Việt
ไทย
Indonesia
All Languages
Home
/
Avar
/
Avar Инжил Магӏарул [Avaric]
/
John 20
John 20
Avar Инжил Магӏарул [Avaric]
← Chapter 19
Jump to:
Chapter 1
Chapter 2
Chapter 3
Chapter 4
Chapter 5
Chapter 6
Chapter 7
Chapter 8
Chapter 9
Chapter 10
Chapter 11
Chapter 12
Chapter 13
Chapter 14
Chapter 15
Chapter 16
Chapter 17
Chapter 18
Chapter 19
Chapter 20
Chapter 21
Chapter 21 →
1
Анкьил тІоцебесеб къоялъ хъахІлъи балалдего яхъун Магдалаялдаса Марям ГІисал хабаде щвана. Хабал нохъодул кІалтІаса гамачІ нахъе гиризабун батана гьелда.
2
Екерун ун гьелъ Симон Пётридаги ва ГІисае вокьулев вукІарав дов муридасдаги бицана ТІадегІанав ГІиса хабалъ гьечІин, гьениса восун кив гьев лъуравалиги лъаларин нижеда.
3
ГьебсагІат рахъун Пётрги дов муридги ГІисал хабаде ана.
4
КІиялго цадахъ рекерулел рукІана гьел, амма дов мурид тулакав вукІун, Пётридаса цеве щвана гьениве.
5
Жаниве къулун валагьидал, мусрал рихьана гьесда гьенир, амма нохъоде гьев лъугьинчІо.
6
ТІаде щун хабал нохъоде лъугьарав Пётридаги рихьана гьенир мусралги
7
ГІисал бетІер бухьун букІараб квербацІцІги. Гьеб квербацІцІ мусраздаса батІаго гура-сурун лъун бугоан.
8
ТІоцеве гьениве щварав дов муридги лъугьана жаниве. ГІисал хоб чІобого бихьидал, божана гьев.
9
ГІиса хваралъуса вахъинилан ТІухьдузда бихьизабун букІаралъул магІна жеги бичІчІун букІинчІо гьезда.
10
Цинги гьел муридал рокъоре ана.
11
Дой Марям хутІана къватІиехун яхъун чІун гІодулей. Цинги гІодулаго гьейги къулана хабалъе.
12
ГІисал жаназа букІараб бакІалда къаданив гІодов чІун цояв, хІатІаахада гІодов чІун цогияв — хъахІаб гІабаги ретІарав кІиго малаик вихьана гьелда.
13
Гьез Марямида гьикъана: — Йо, чІужугІадан, щай мун гІодулей йигей? Гьелъ абуна: — Дир ТІадегІанав гьаниса нахъе восун ун вуго, кив гьев лъуравалиги лъалеб гьечІо дида.
14
Гьединги абун нахъехун юссиндал, ГІиса ватана нахъа чІун. Амма гьелда лъачІо гьев ГІиса вукІин.
15
ГІисаца гьикъана: — Йо, чІужугІадан, щай мун гІодулей йигей? Щив дуца гьанив валагьулев вугев? Ахихъан ватилин гьевилан ккун, Марямица абуна: — Я, бетІерчІахъад, дуца гьасул жаназа хабалъа бахъараб батани, киб гьеб лъурабали бице. Дица нахъе босила гьеб.
16
— Марям! — абун, цІар ахІун, кІалъана гьелда ГІиса. — Я, Раббуни! — ян ахІана Марямица кьурун гьесдехун юссун (МугІалим абураб магІна буго жугьутІ мацІалда гьеб рагІул.)
17
ГІисаца гьелда абуна: — Воре, дуца дун ккун чІезавуге, жеги дун дирго Инсухъе щун гьечІин. Гьанже дир вацазухъе ун, дуца гьезда бице ГІисаца абунин, дирги нужерги Инсухъе, дирги нужерги Аллагьасухъе тІадвуссун унев вугин дун.
18
Инеги ун Магдалаялдаса Марямица муридазда бицана жиндаго ТІадегІанав вихьиялъулги ва гьес жинда бицаралъулги хІакъалъулъ.
19
Анкьил тІоцебесеб гьебго къоялъул маркІачІумехалъ ягьудияз жидеего зарал гьабилилан хІинкъун, нахъасан нуцІаги рахан муридал ругеб мехалъ, жаниве лъугьун, ракълида хутІагийилан саламги кьун, рукъ бакьулъ вахъун чІана ГІиса.
20
Цинги гьес жиндирго квералги хьибилги рихьизаруна гьезда. ТІадегІанав ГІиса вихьиялдаса рохана муридал.
21
— Ракълида хутІаги! — ян такрарги гьабун, ГІисаца гьезда абуна: — Дир Инсуца дун витІарав гІадин, дица нужги ритІулел руго.
22
— Гьаб Илагьияб РухІ къабул гьабе, — янги абун, цинги пуна ГІисаца гьезда тІаде: –
23
Нужеца чурараб мунагь Аллагьасги чурила гІадамазул. Нужеца чуричІеб гьесги чуриларо.
24
АнцІила кІигоязда гьоркьоса «КІилъилав» абун тІокІцІар бугев мурид Фома вукІинчІо ГІиса вачІараб мехалъ гьезда аскІов.
25
ТІадегІанав ГІиса вихьанин жидедаян бицана цогидал муридаз Фомада. Амма гьес абуна, гьесул кверазда магІазул ругънал жиндаго рихьизегІан, магІаз лъурал ругъназда килищги хъвазегІан, хочоца лъураб ругънада кверги хъвазегІан, жив божиларилан.
26
Микьго къоялдасан, нуцІаги нахъасан рахан, гьенирго данделъун рукІана муридал. Фомаги вукІана гьенив. Рукъ бакьулъ вахъун чІун, ракълида хутІагийилан салам кьуна ГІисаца гьезие.
27
Цинги гьес Фомада абуна: — Бихьея, дур килищ кье дир кверазда ругел ругъназда хъвазе, дур кверги кье дихъе дир хьолбода бугеб ругънада лъезе. Дун чІаго вукІиналда щаклъуге, божа мун гьелда.
28
— Я, дир БетІергьан! Я, дир Аллагь! — ан абуна гьесда Фомаца.
29
ГІисаца гьесда абуна: — Дун вихьун, божана мун дида. Гьардарал гурищха дун вихьичІониги божулел гІадамал!
30
Гьаб тІехьалда хъвачІел цогидалги гІемерал хІикматал ишал гьаруна ГІисаца, жиндирго муридазда цадахъ гьев вукІараб заманаялда.
31
Амма гьаб хъвана гьев ГІиса Аллагьасул Вас МасихІ вукІиналде нужеца иман лъезе бокьун ва гьелдалъун нужее абадияб гІумру насиблъизеги бокьун.
← Chapter 19
Jump to:
Chapter 1
Chapter 2
Chapter 3
Chapter 4
Chapter 5
Chapter 6
Chapter 7
Chapter 8
Chapter 9
Chapter 10
Chapter 11
Chapter 12
Chapter 13
Chapter 14
Chapter 15
Chapter 16
Chapter 17
Chapter 18
Chapter 19
Chapter 20
Chapter 21
Chapter 21 →
All chapters:
1
2
3
4
5
6
7
8
9
10
11
12
13
14
15
16
17
18
19
20
21