bible
ra
🌐 Language
English
Español
Français
Deutsch
Português
Italiano
Nederlands
Русский
中文
日本語
한국어
العربية
Türkçe
Tiếng Việt
ไทย
Indonesia
All Languages
Home
/
Avar
/
Avar Инжил Магӏарул [Avaric]
/
Luke 12
Luke 12
Avar Инжил Магӏарул [Avaric]
← Chapter 11
Jump to:
Chapter 1
Chapter 2
Chapter 3
Chapter 4
Chapter 5
Chapter 6
Chapter 7
Chapter 8
Chapter 9
Chapter 10
Chapter 11
Chapter 12
Chapter 13
Chapter 14
Chapter 15
Chapter 16
Chapter 17
Chapter 18
Chapter 19
Chapter 20
Chapter 21
Chapter 22
Chapter 23
Chapter 24
Chapter 13 →
1
Аза-азар чи гІахьаллъарал чІахІиял руккелал гьарун рачІунел рукІана гІадамал гьеб заманалда ГІисада аскІоре. Цоцаца мерхьиналде ккун букІана гьезул иш. ГІисаца цин жиндирго муридазда абуна: — Вореха, фарисеязул реччеялдаса, ай гьезул кІигьумерчилъиялдаса цІуне нужго.
2
Щайгурелъул тІатинчІого цониги бахчараб жоги хутІулареб, загьирлъичІого щибниги балъгояб жоги букІунареб.
3
Гьединлъидал сардил бецІлъухъе нужеца абураб жо, бакъул канлъухъе къватІибе рагІун батулеб; рокъоб жаниб нужеца лъилниги гІинзукье щурараб рагІи, тІохаздасан киназдаго лъазабун батулеб.
4
Дица нужеда абулеб буго, дир гьудулзаби: инсанасул черх чІвазе гурони, тІокІаб щибниги гьабизе кІоларезукьа нуж хІинкъуге.
5
Дица малъила нужеда лъикьа хІинкъизе кколелали. Нуж хІинкъа чІван хадур нуж жужахІалъуре рехизе кІолев Аллагьасукьа. Гьеле гьесукьа хІинкъаян абила дица нужеда.
6
КІиго пахьул шагьиялъухъ гурищ щолеб щуго къадако? Амма гьезул цонигияб кІочон толаро Аллагьасда.
7
Нужер бетІералда чан рас батаниги, гьелги рикІкІунин ругел. Нуж хІинкъуге, киналго къудкуздаса хириял руго нуж.
8
Гьале дица нужеда абулеб буго: гІадамазда цебе дир рахъ ккурав чиясул, Аллагьасул малаикзабазда цебе, ГІадамил Лъимацаги рахъ кквезе бугебха.
9
ГІадамазда цебе диде инкар гьабурав чиясдаса, Аллагьасул малаикзабазда цебе, дицаги инкар гьабила.
10
ГІадамил Лъимада данде рагІи абурав бокьарав чиясдаса Аллагь тІасалъугьина, амма Илагьияб РухІалда бугьтан лъурав чиясе тІасалъугьин букІине гьечІо.
11
Синагогаялъуреги рачун, чІухІбуздаги чІахІиял хІакимзабаздаги цере нуж рахъун чІезарураб мехалъ, гьезда щибдай бицинаян, щиб жавабдай кьела гьезул суалазеян ургъел ккоге нужее;
12
гьеб лахІзаталда Илагьияб РухІалъ малъилелъулха нужеца щиб бицине кколебали.
13
ГІадамазда гьоркьосан вахъун, цо чияс абуна ГІисада: — Я, МугІалим! Инсул ирсалъул дие кколеб бутІа кьеян абе дир вацасда.
14
ГІисаца гьесда абуна: — Ле, нужее суд гьабизе ва нужер ирс бикьизе тІамурав чийищ дун?
15
Цинги халкъалдехун абуна: — Ворегиха, хъантІиялдаса цІуне нужго! Щайгурелъул дуниялалъул боцІи-рикъзи гьарзаго бугониги, гьелда бараб гьечІо инсанасул гІумру.
16
Хадуб ГІисаца гьезие, мисал бачун, бицана: — Цо бечедав чиясул хуриб бижун букІун буго бакІарун хІалкІоларебгІан гІемераб хІалухъен.
17
Гьес жиндаго абун буго: «Щибдай дица гьабила. Гьеб хІалухъен базе гІураб бакІ гьечІогури дир».
18
Цинги гьес хІукму гьабун буго: «Гьа, гьанже лъана дица щиб гьабилебали. Дирго царгъалги риххун, чІахІиял царгъал гьарила ва тІолабго хІалухъенги цогидаб бечелъиги гьезда жанибе буссинабила.
19
Цинги дица дирго напсалда абила: „Я, дир напс! Гьале чанго соналъе гІураб бечелъи буго дур. РахІаталда кванай, гьекъе, кеп гьабе дурго гьанже!“»
20
Амма Аллагьас абун буго гьесда: «Я, гІабдал! Къаси дур рухІ бахъизе буго! Лъие хутІулеб дуца бакІарараб бечелъи?»
21
Жиндиего хазина бакІарулев, амма Аллагьасда цеве мискинав чиясул къадар гьединаб букІуна.
22
Цинги жиндирго муридазда ГІисаца абуна: — Гьединлъидалин дица нужеда абулеб: щибдай кваналаян чохьое гІологи, щибдай ретІинаян чорхое гІологи хъалхъадуге.
23
Квандаса цебесеб буго рухІ, ратІлидаса цебесеб буго черхги.
24
Гъудузухъ ралагье нуж: гьез я бекьуларо, я лъилъуларо, я царгъахъе баларо. Аллагьас хьихьун руго гьел. Амма хІанчІаздаса гІемерго хириял руго нуж.
25
Лъида кІвезе бугеб, кигІан хъалхъаданиги, жиндирго гІумру цо къоялъниги халалъизабизе.
26
Гьеб гьитІихІинабгицин гьабун бажаруларел нуж кІудияб гьабизеян щай лъугьунел?
27
ТІугьдузухъ ралагье нуж. Я хурир хІалтІуларо гьел, я кун дургъуларо гьез. Амма гьале дица нужеда абулеб: жиндирго машгьурлъиялъул завалалдагицин Сулайман парччахІасул букІинчІо бокьараб тІогьол гІадинаб ретІел.
28
Я, ле — божи дагьаб уммат! Жакъа гІалахалда бугони, метер цІадабе рехулеб тІегь-хералдагицин Аллагьас гьединаб берцинаб ретІел ретІунеб мехалъ, кигІан берцинабдай нужер букІинеб!
29
Гьединлъидал щибдай кваналаян, щибдай гьекъелаян нужеего гІакъуба кьоге,
30
гьеб кинабго бугелъул Аллагь лъалареб халкъалъги тІалаб гьабулеб жо. Нужер Инсуда лъала нужее гьеб хІажалъулеблъи.
31
Нужеца гІамал гьабе Аллагьасул ПарччахІлъиялде рорчІизе, цогидаб хутІарабщинаб гьес нужее тІадеги кьела.
32
ХІинкъуге, гьитІинаб рехъен! ЦІоб лъун, нужер Инсуца нужее ПарччахІлъи кьезе бугебин.
33
Нужерго боцІи-рикъзиги бичун садакъаби гьаре. Багьулареб-бихъулареб таргьа-къвачІа гьабун те, зобалазда бугеб турулареб-холареб хазина къачІан те. Гьеб хазина зобалазда я цІогьорас бикъуларо, я ицица кваналаро.
34
Нужер хазина бугеб бакІалда букІине бугелъул нужер ракІги.
35
Нуж ретІа-къан къачІан рукІа, рекІун чирахъалги те.
36
Берталъе ун тІадвуссун вачІарав рукъалъул бетІергьанас кавуда тункидал, гьебсагІат гьев жаниве виччазе хІадурго чІарал рагьтІателал гІадин рукІа нуж.
37
Гьардарал гурищ, жидерго бетІергьанасда живго вачІинегІан рорчІуда чІун ратарал рагьтІателал. ХІакълъун абулеб буго дица нужеда, гьес жинцаго гьезие гІоло рачел къазе буго, кванил тІутІ тІибитІизе буго ва квана-гьекъезе гІодор чІезаризе руго.
38
Гьардарал гурищ, кида вачІаниги: сордо бащалъараб мехалъ, яги радакье вачІаниги, рорчІуда чІун гьесда ратарал рагьтІателал.
39
Рукъалъул бетІергьанасда лъалеб бугони цІогьор вачІунеб заман, гьес цІогьор жаниве ворчІизе виччаларевлъи лъай нужеда.
40
Гьединлъидал нужги хІадурго рукІа, ракІалдаго гьечІеб заманаялъ вачІине вугелъул нужехъе ГІадамил Лъимер.
41
Гьебмехалъ Пётрица абуна: — Я, БетІерчІахъад! Нижеейищ дуца гьеб мисал бачунеб бугеб, яги кинабго халкъалъейищ?
42
ТІадегІанав ГІисаца абуна: — РагьтІателазе бетІерлъи гьабеян ва гьезие ригь-ригьалда ва роцада квен-тІехги чІезабеян тарав рагьтІател,
43
гьесул бетІергьан тІадвуссун вачІараб мехалда ритІухъго ва цІодорго хІалтІулев ватани, — гьардарав гурищ гьединав рагьтІател.
44
ХІакълъун абулеб буго дица нужеда: бетІергьанас гьединав рагьтІателасда божун тела жиндир тІолабго магІишат.
45
Амма гьедин тарав рагьтІател, жиндир бетІергьан тІадвуссун вачІине гІезегІан заман бугин ракІалдеги ккун, жинца тІалаб гьабизе кколел рагьтІателалги гъаравашалги рухизе-кьабизе лъугьани ва квана-гьекъон къоял тІамулел ругони, щиб ккелеб?
46
Гьесда ракІалдаго гьечІеб къоялъ ва вачІиниланго ккечІеб сагІаталъ тІаде рехун вачІина гьесул бетІергьан. КІихІи хъвалхьина гьес гьев рагьтІател, — иман гьечІесул можоро бахъараб гІадин ккела гьесул иш.
47
БетІергьанасул амру-буюрухъги жинда лъалеб букІаго, хІадурго чІун гьеб тІубазабичІев рагьтІателасда цІал гІемер щвела.
48
БетІергьанасул амру-буюрухъ лъалеб букІинчІев, амма вухизе кколеб иш гьабурасда цІал дагьаб щвела. ГІемераб кьун букІарасдаса гІемераб тІалабги гьабила, божи цІикІкІун букІарас жавабги цІикІкІун кьезе ккела.
49
Ракьалде цІа рещтІинабизе вачІун вуго дун, гьанжего гьеб цІа рекІун бугебани кигІанха дие бокьилеб букІараб!
50
Дица гІор бахине ккола. КигІан кІудияб ургъелха дида чІван бугеб, кидадай гьеб тІубалаян.
51
Ракьалде рекъелги босун дун вачІаравиланищ нужеда кколеб бугеб? Гурилан абулеб буго дица, рикьи ккезабизе вачІун вуго дун.
52
Гьанжеялдаса нахъе, цо хъизаналда щуго чи вугони, гьезул рикьи кьела: лъабгояв кІигоясда данде вукІина, кІигояв лъабгоясда данде вукІина.
53
Гьединабго рикьи ккун, эмен васасда дандечІела, вас инсуда дандечІела; эбел ясалда дандечІела, яс эбелалда дандечІела; якьад нусалда дандечІела, нус якьадалда дандечІела.
54
ГІисаца халкъалде хитІаб гьабун абуна: — БакътІерхьудасан накІкІул парча баккани, цІцІадае бугилан абула нужеца. Гьеб къоялъ цІцІадги бала.
55
Къилбаялъул гьури пуйзе байбихьани, бакъул бухІи цІикІкІинин абула нужеца. БагІарараб бачІуна гьеб къо.
56
Ле, гьересишайихзаби, зоб-ракьалъул хиса-басиялда хадур гІунтІула нуж, амма гьанже кинаб заман бугебали щайха нужеда лъалареб?
57
Нужедаго щай лъалареб ритІухъаб нухдасан хьвадизе?
58
Масала, дурго дагІбадулавгун судалде унев вугони, дове щвелалдего хІаракат бахъе рекъел-бакъалдалъун гьев тІаса вихьизавизе. Гурони, гьес мун судиясухъе вехъерхъила, судияс мун гІеласухъе кьела, гІелас мун гвандиниве рехила.
59
Гьале дица дуда абулеб буго: дур ахирисеб шагьи-пара кьун налъи бецІичІого, гвандиниса къватІивеги ворчІиларо мун.
← Chapter 11
Jump to:
Chapter 1
Chapter 2
Chapter 3
Chapter 4
Chapter 5
Chapter 6
Chapter 7
Chapter 8
Chapter 9
Chapter 10
Chapter 11
Chapter 12
Chapter 13
Chapter 14
Chapter 15
Chapter 16
Chapter 17
Chapter 18
Chapter 19
Chapter 20
Chapter 21
Chapter 22
Chapter 23
Chapter 24
Chapter 13 →
All chapters:
1
2
3
4
5
6
7
8
9
10
11
12
13
14
15
16
17
18
19
20
21
22
23
24