bible
ra
🌐 Language
English
Español
Français
Deutsch
Português
Italiano
Nederlands
Русский
中文
日本語
한국어
العربية
Türkçe
Tiếng Việt
ไทย
Indonesia
All Languages
Home
/
Avar
/
Avar Инжил Магӏарул [Avaric]
/
Luke 2
Luke 2
Avar Инжил Магӏарул [Avaric]
← Chapter 1
Jump to:
Chapter 1
Chapter 2
Chapter 3
Chapter 4
Chapter 5
Chapter 6
Chapter 7
Chapter 8
Chapter 9
Chapter 10
Chapter 11
Chapter 12
Chapter 13
Chapter 14
Chapter 15
Chapter 16
Chapter 17
Chapter 18
Chapter 19
Chapter 20
Chapter 21
Chapter 22
Chapter 23
Chapter 24
Chapter 3 →
1
Гьеб букІана кинабго халкъалъул хъвай-хъвагІай гьабейилан Август къайсарил амру бачІараб заман.
2
Сириялда сардарлъун Квириний таралдаса хадуб халкъалъул тІоцебесеб хъвай-хъвагІай букІана гьеб.
3
Жиде-жидер шагьаралде хъвай-хъвагІаялъе унел рукІана гІадамал.
4
Галилеялъул Назарет шагьаралдаса вахъун Юсупги ана Ягьудиялда бугеб Бетлегьем абулеб Давудил шагьаралде хъвай-хъвагІаялъе, гьев вукІиндал Давудил наслу-зурияталъул чи.
5
Цадахъ ячун йикІана гьесие магьари лъурай, лъимер гьабизе мех щварай Марямги.
6
Гьале гьадаб шагьаралде щвараб мехалъ, лъимер гьабизе хІара чІвана гьелда.
7
Марямица гьавуна жиндирго тІоцевесев вас. Петералда гьезие рещтІине бакІ щун букІинчІелъул, кьуща-рущан цо руссниб лъуна гьелъ лъимер.
8
Сардилъ жидерго рехъен цІунун рорчІуда чІарал гІухьби рукІана гьенир цо гІалахалда.
9
Гьезухъе рещтІана Бичасул малаик. БетІергьанасдасан бачІараб гвангъараб нуралъ къалъ-къалъизаруна гьел гІухьби, гІасияб хІинкъиялъ къахІан ккуна гьел.
10
— ХІинкъуге, — ян абуна гьезда малаикас. — ТІолабго гІаламалъего гІахьалаб кІудияб рохел бицине вачІун вуго дун нужехъе.
11
Давудил шагьаралда жакъа гьавуна жинца нуж хвасар гьаризе вугев ТІадегІанав МасихІ.
12
Гьелъие гІаламатги буго нужее: руссниб лъун батила нужеда кьущараб лъимер.
13
Цойидасанго зобалаздасан малаикзабазул бо рещтІана гьев малаикасда аскІоб. Аллагьасе рецц гьабулаго гьез ахІулеб букІана:
14
— ТІадегІанал зобалазда — Аллагьасе рецц! ГІодоб ракьалда — разилъаразе рекъел!
15
Малаикзаби зодире тІадруссун роржун индал, гьал гІухьбуз цоцазда абуна: — БетІергьанасдасан нилъехъе бачІараб гьаб хабаралъул хІакъикъат лъазе, Бетлегьемалде рилълъине рачІа, — ян.
16
ГІедегІун доре щведал, гьазда Марямги ятана, Юсупги ватана, руссниб лъун Лъимерги батана.
17
Лъимер бихьарабго, гІухьбуз бицана малаикасдасан гьеб Лъимадул хІакъалъулъ жидеда рагІарабщинаб.
18
Гьеб рагІанщинав чи хІикмалъизавуна гІухьбузул хабаралъ.
19
Марямицани гьел киналго рагІаби хазина гІадин рекІелъ цІунана, ва гьелъул пикрабазда йикІунаан гьей.
20
Малаикас жидеда бицухъе иш ккун батидал, бихьаралъухъги рагІаралъухъги Аллагьасе тасбихІги реццги гьабулаго нахъруссун ана гІухьби.
21
Микьго къо байдал, Васасе сунат гьабураб мехалъ, гьесие кьуна эбелалъул ургьив гьев хулилалдего малаикас абун букІараб ГІиса абураб цІар.
22
Мусал къануналда рекъон, лъимер гьабун хадуб гьел рацІцІад гьаризе кколел къоял тІаде щведал, гьез Вас Иерусалималде вачана БетІергьанасе назру гьавун кьезе.
23
(БетІергьанасдасан бугеб къануналда рекъон тІоцебе гьабураб бихьинаб рижи БетІергьанасул назрулъун рикІкІунаан.)
24
Гьебго къануналда рекъон, къурбаналъе хъвезе кколаан кІиго рохьил микки яги кІиго миккидул тІинчІ.
25
Доб заманаялда Иерусалималда вукІана Симеон абурав цо чи. Гьев вукІана жиндилъ иманги варагІги бугев, Исраилил халкъ хвасарлъиялъухъ урхъарав чи. Илагьияб РухІ жинде гІагарлъарав чиги вукІана Симеон.
26
Илагьияб РухІалъ гьесие илгьам гьабун букІана Бичасул МасихІ вихьичІого гьев хвезе гьечІилан.
27
Илагьияб РухІалъин гьев доб къоялъ Мукъадасаб Рокъовеги вачун вачІарав. Эбелалъги инсуцаги гьитІинав вас ГІисаги вачун вачІана гьениве, къануналъул гІадат тІубазабизе.
28
Симеоница, гьевги кодове вачун, Аллагьасе реццги гьабун, гьадин абуна:
29
[29-32] — Я, дир БетІергьан, дун дур лагъ, дур къотІи тІубан, гьанже парахатго къадаралде щолев вуго, дирго беразда бихьидал дуца хІадурун букІараб хвасарлъи. Гьаб буго киналго халкъал кантІизарилеб Нур ва дурго Исраилил халкъалъул къадру-рецц!
33
Симеоница васасул хІакъалъулъ абурал гьел рагІабаз гІажаиблъизаруна Юсупги Марямги.
34
Симеоница гьезие дугІа гьабуна ва гьесул эбел Марямида абуна: — Гьале гьаб Лъимер сабаблъун Исраилил халкъалъул гІемерисел гІодор ккела ва гІемерисел тІаде рахъина.
35
Дурги рекІелъ ханжар къазе буго. Гьаб Лъимер лъугьина Аллагьасул гІаламатлъун, амма гІемерисез гьелда дагІба базе буго, гьелдалъун гІемерисезул рекІелъ ругел къасдал загьирлъила.
36
Гьений йикІана Ашерил наслуялъул Пенуэлил яс ХІаннат, жиндилъ кашпу-карамалъи бугей, цІакъго херай гІадан. Анкьго соналъ гурони росасда цадахъ гІумру тІамичІо гьелъ.
37
Гьелдаса хадуб ункъоялда ункъо сон къороллъуда арай гьей, къасиги къадги кІал ккун, какал ран, кидаго Мукъадасаб Рокъоса къватІие яхъинчІого, БетІергьанасе тІагІат-гІибадаталда чІун йикІана.
38
Гьебмехалъ, аскІоеги ячІун, Аллагьасе реццги гьабун, гьеб Лъимадул хІакъалъулъ бицана гьелъ Иерусалим хвасарлъиялъухъ урхъун рукІаралщиназда.
39
БетІергьанасдасан бугеб къануналда рекъон кинабго ишги тІубазабун, гьел Галилеялде, жидерго Назарет шагьаралде, тІадруссана.
40
Вас кІудияв гІолев вукІана, гІолохъанлъиялде вахунев вукІана, гІакълу цІубалеб букІана. Аллагьасул баркат бессун букІана гьесулъ.
41
Щибаб соналъ гьесул эбелги эменги унаан Иерусалималде Пасхаялъул байрамалде.
42
АнцІила кІиго соналде ГІиса вахиндалги, гІадаталда рекъон, Иерусалималде байрамалде ана гьал, гьевги вачун.
43
Байрамалъул къоял индал, ал тІадруссана, гьитІинав ГІиса Иерусалималдаго чІана. Юсупидаги васасул эбелалдаги лъачІо гьев гьенив чІаравлъи.
44
Цогидазда цадахъ ун ватилин гьевилан тана гьаз. Цо къойил нух тедал, гІага-божаразда гьоркьов гьев валагьизе лъугьана гьал.
45
Гьевги ватичІого, тІадруссун гьев валагьизе Иерусалималде ине ккана.
46
Гьале лъабабилеб къоялъ гьазда гьев Мукъадасаб Рокъов ватана мугІалимзабазда гьоркьов, гьезухъ гІенеккун ва гьезда цІехолдулев.
47
ГІенеккаралщинал хІикмалъизарун рукІана гьесул гІакъиллъиялъ ва жавабазул камиллъиялъ.
48
Гьев вихьидал, гІажаиблъун хутІана Юсупги Марямги. Эбелалъ гьесда абуна: — Я, дир лъимер, дуца нижее гьабураб щиб? Гьав дур эменги дунги чІезе къадар тІагІун рукІана мун валагьулел.
49
Гьес гьазда абуна: — Дун валагьиго щай нужее букІараб? Нужеда лъачІебищ дун дирго Инсул рокъов вукІине кколевлъи?
50
Амма гьазда бичІчІичІо гьел рагІабазул магІна.
51
Вахъун гьазда цадахъ Назареталде вилълъана гьев ва гьазие мутІигІлъун чІана. Амма гьесул эбелалъ рекІелъ цІунун рукІана гьел рагІаби.
52
Сонал анагІан, ГІисал черх цІубалеб букІана, гІакълу камиллъулеб букІана, Аллагьасулги гІадамазулги рокьи цІикІкІунеб букІана гьесдехун.
← Chapter 1
Jump to:
Chapter 1
Chapter 2
Chapter 3
Chapter 4
Chapter 5
Chapter 6
Chapter 7
Chapter 8
Chapter 9
Chapter 10
Chapter 11
Chapter 12
Chapter 13
Chapter 14
Chapter 15
Chapter 16
Chapter 17
Chapter 18
Chapter 19
Chapter 20
Chapter 21
Chapter 22
Chapter 23
Chapter 24
Chapter 3 →
All chapters:
1
2
3
4
5
6
7
8
9
10
11
12
13
14
15
16
17
18
19
20
21
22
23
24