bible
ra
🌐 Language
English
Español
Français
Deutsch
Português
Italiano
Nederlands
Русский
中文
日本語
한국어
العربية
Türkçe
Tiếng Việt
ไทย
Indonesia
All Languages
Home
/
Avar
/
Avar Инжил Магӏарул [Avaric]
/
Luke 21
Luke 21
Avar Инжил Магӏарул [Avaric]
← Chapter 20
Jump to:
Chapter 1
Chapter 2
Chapter 3
Chapter 4
Chapter 5
Chapter 6
Chapter 7
Chapter 8
Chapter 9
Chapter 10
Chapter 11
Chapter 12
Chapter 13
Chapter 14
Chapter 15
Chapter 16
Chapter 17
Chapter 18
Chapter 19
Chapter 20
Chapter 21
Chapter 22
Chapter 23
Chapter 24
Chapter 22 →
1
Мукъадасаб Рокъоб садакъаде гІарац лъолеб бакІалде бечедал чагІаз гІемераб гІарац рехулеб бихьана ГІисада.
2
Бащдаб капекалъул багьаяб кІиго пахьул гІарац гьенибе рехулей цо мискинай къоролайги йихьана гьесда.
3
ГІисаца абуна: — ХІакълъун абулеб буго дица нужеда: гьай мискинай къоролалъ киназдасаго цІикІкІун гІарац кьуна садакъаде.
4
Цогидаз садакъа гьабуна жидерго боцІи-рикъзи тІокІлъун, долъин абуни, жиндиего хІажат букІаниги, садакъаде кьуна жиндирго бетІербахъиялъе хутІун букІарабщинаб.
5
Мукъадасаб Рукъалъул хІакъалъулъ цо-цояз абулеб букІана, унго, гьалъул къадазулъ лъун ругел ганчІазул берцинлъи бихьуларищилан, бечедал сайигъатаз гьаб чІухІизабун бугеб куцилан. ГІисаца абуна:
6
— Гьаб кинабго нужеда бихьулебщинаб, ганчІида лъураб гамачІ хутІичІого, кІалагъоркье чІварал къоял рачІине руго.
7
— Я, МугІалим! Кида гьеб букІине бугеб? — ан гьикъана гьез гьесда. — Гьеб къо тІаде щвеялъул гІаламат бице нижеда.
8
ГІисаца абуна: — Воре, къосинаризе гурин нуж! Чанги вукІине вугелъулха, жив дун вугилан ва ахирзаман щванилан абун вачІунев чи. Гьезда хадур унге нуж.
9
Рагъ-кьалги тунка-гІусиги гІемерлъун бугилан рагІани, гьелдасаги хІинкъуге нуж. Гьеб цебеккунго лъугьине ккола, амма ахирзаман гьедигІан хехго тІаде щоларо.
10
Цинги гьес абуна: — Цо халкъ цоги халкъалде, цо ханлъи цоги ханлъиялде тІаде кІанцІила.
11
Кутакалда ракь багъарила, бакІ-бакІалда унта-щокълъи баккила, ракъи тІаде щвела, балагьал рещтІина ва зобалаздасан чІахІиял гІаламатал загьирлъила.
12
Гьеб кинабго ккелалде, дун сабаблъун нужеда хадур лъугьина, кквезеги ккун, синагогабазде рачина, суд гьабила, гвандинире рехила, парччахІзабазда ва наибзабазда цере чІезарила.
13
Гьебмехалъ рес ккела нужее, дир муридал ругилан нугІлъи гьабизе.
14
Кин гьезие жаваб кьелебали цебеккунго ургъел чІвазе кколареблъиялда ракІчІезабе нужеца.
15
Щаян абуни, нужеда дандечІезе ва данде кІалъазе нужер киналго дагІбадулазухъа бажарулареб пасихІлъиги гІакъиллъиги кьела дица нужее.
16
Нужее хилиплъила хІатта нужер эбел-эмен ва вацал, нужер гІагарал чагІи ва гьудулзаби. Цо-цоял чІвазеги чІвала нужер.
17
Дун сабаблъун киналго гІадамазда рихина нуж.
18
Амма нужер бутІруздаса цо расги бортизе гьечІебха.
19
Нужерго сабруялдалъун нужерго рухІал хвасар гьаре.
20
Боял рачІун, Иерусалим сверун ккун бихьараб мехалъ, лъала нужеда гьеб шагьар чІунтулеб заман гІагарлъулеб букІин.
21
Гьеле гьебмехалъ мугІрузде лъута абе Ягьудиялда ругел гІадамал. Шагьаралда жанир ругелал гьениса къватІире тІурун аян абе, шагьаралдаса къватІирехун ругелал жанирего лъугьунгеян абе.
22
Щаян абуни, гьел ругелъул къисас босулел къоял, гьелдалъун ритІухълъизе бугелъул Илагьиял ТІухьдузда хъварабщинаб.
23
Вай, къинал руччабазе ва каранда хахулел лъимал ругел улбузе букІинаха дол къояз кІудияб къварилъи-гІазаб! ЦІакъ кІудияб балагь бачІина гьеб ракьалде, Аллагьасул ццин рещтІина гьеб халкъалде!
24
Хвалчабаз бутІрул къотІаралги рукІина, киналго улкабазде асирлъун рачун аралги рукІина. Аллагь лъалареб халкъалъул къуват лъугІараб заман тІаде щвезегІан, гьелъ хІатІикь мерхьина Иерусалим.
25
Бакъ-моцІалъул ва цІвабзазул гІаламатал загьирлъила, ракьалдайин абуни, ралъдал хъудиялъ ва карачалабазул кутакаб хъуялъ хІинкъизарурал халкъал цІакъго рихха-хочун лъугьина.
26
Дуниялалде рещтІине ругел балагьазухъ ралагьун чІеялъги хІинкъиялъги гІадамал гІакълуялдаса ина. Щаян абуни, къвакІарал зобал гьаргьадизе ругелъул.
27
Гьебмехалда вихьила накІкІул парчаялда тІад гучалда ва кІудияб къудраталда ГІадамил Лъимер вачІунев.
28
Гьел гІаламатал загьирлъаралго, нуж тІаде рахъа ва бетІер эхеде борхун ралагье — нужее тархъанлъилъидал бачІунеб бугеб.
29
ГІисаца гьезие гьадинаб мисал бачана: — Инжиралъул гъотІохъ яги цогидал гъутІбузухъ ралагье нуж.
30
Гьел гъутІби гІурччинлъун рихьараб мехалъ, нужеда лъалагури рии тІаде щолеб букІин.
31
Гьелдаго релълъун, гьал дица рицарал гІаламатал загьирлъараб мехалъ, нужеда лъала Аллагьасул ПарччахІлъи гІагарлъулеб букІин.
32
ХІакълъун абулеб буго дица нужеда: дуниялалда гьаб наслу букІаго лъугьине буго гьеб кинабго.
33
Зобалги ракьалги тІагІаниги, дир рагІаби нахъе хутІизе руго.
34
Воре, гьекъолдун, пасалъун ва магІишаталъул тІалаб-агъаз гьабун, ракІ бицалъизе биччаге, тохлъукьего гьеб къоялъ нужее къор гъезе гурин.
35
Гьеб къо тІаде бачІине бугелъул тІолабго гьаб ракьалда тІад бугеб кинабго махлукъаталде!
36
Гьединлъидал рорчІуда чІа! Кинабго гьеб ккезе бугелдаса хвасарлъизеги ва къиямасеб къоялъ ГІадамил Лъимада цере чІезе кІвезеги кидаго гьари-дугІаялда рукІа.
37
Гьел къоязда Мукъадасаб Рокъове вагІза-насихІат гьабизе вачІунаан ГІиса. Сордо базе гьев Зайтуналъул магІарде тІадвуссунаан.
38
Щибаб къоялъ радалго бачІунаан Мукъадасаб Рокъобе гьесухъ гІенеккизе халкъ.
← Chapter 20
Jump to:
Chapter 1
Chapter 2
Chapter 3
Chapter 4
Chapter 5
Chapter 6
Chapter 7
Chapter 8
Chapter 9
Chapter 10
Chapter 11
Chapter 12
Chapter 13
Chapter 14
Chapter 15
Chapter 16
Chapter 17
Chapter 18
Chapter 19
Chapter 20
Chapter 21
Chapter 22
Chapter 23
Chapter 24
Chapter 22 →
All chapters:
1
2
3
4
5
6
7
8
9
10
11
12
13
14
15
16
17
18
19
20
21
22
23
24