bible
ra
🌐 Language
English
Español
Français
Deutsch
Português
Italiano
Nederlands
Русский
中文
日本語
한국어
العربية
Türkçe
Tiếng Việt
ไทย
Indonesia
All Languages
Home
/
Avar
/
Avar Инжил Магӏарул [Avaric]
/
Luke 23
Luke 23
Avar Инжил Магӏарул [Avaric]
← Chapter 22
Jump to:
Chapter 1
Chapter 2
Chapter 3
Chapter 4
Chapter 5
Chapter 6
Chapter 7
Chapter 8
Chapter 9
Chapter 10
Chapter 11
Chapter 12
Chapter 13
Chapter 14
Chapter 15
Chapter 16
Chapter 17
Chapter 18
Chapter 19
Chapter 20
Chapter 21
Chapter 22
Chapter 23
Chapter 24
Chapter 24 →
1
Гьел киналго, ГІисаги вачун, рахъун Пилатихъе ана.
2
Гьениб гьез ГІисаде гІайиб гІунтІизабулеб букІана, жидер халкъ дандечІеялде гьусулев ва къайсарасе магъало кьогеянги жив МасихІ -ПарччахІ вугиланги абулев ватанин гьевилан.
3
Пилатица ГІисада гьикъана: — Мунищха кколев жугьутІазул ПарччахІ? ГІисаца жаваб кьуна: — Дуца абулеб бугоха гьедин.
4
ЧІахІиял кашишзабаздаги халкъалдаги Пилатица абуна гьав чиясе тамихІ гьабизе гІураб гІайиб жинда батулеб гьечІилан.
5
Амма гьез тІаса ричІичІого абулеб букІана гьес халкъ багъа-бачаризабулеб бугин, тІолабго Ягьудиялдаго, хІатта Галилеялдаса бахъараб гьанибе щвезегІан, гьес жиндирго насихІат гьабулеб букІанин.
6
Галилеялъул цІар бахъулеб рагІидал, Пилатица гьикъана Галилеялдасацин гурищ гьав чийилан.
7
Гьеродил вилаяталдаса вукІин лъайдал, Пилатица ГІиса витІана гьел къоязда Иерусалималде вачІун вукІарав Гьеродихъе.
8
ГІиса вихьаравго, Гьерод цІакъ вохана. Цебего бокьун букІана гьесие ГІиса вихьизе, гІемерал харбал рагІулел рукІиндалха гьесул хІакъалъулъ. Цо хІикмат жиндаги бихьизабилародаян хьулги букІана Гьеродил.
9
Гьеродица гІемерал суалал кьуна ГІисае, амма гьес цонигиялъе жавабцин кьечІо.
10
Гьенир рахъун чІун чІахІиял кашишзабазги диниял гІалимзабазги гІасилъун-ццидахун ГІисаде гІайибал гІунтІизарулел рукІана.
11
Гьеродицаги гьесул рагъухъабазги ГІиса гІад-хочІие гьавун, инжит-хІакъир гьавун чІухІараб ретІел ретІана гьесда ва тІадвуссун Пилатихъе витІана.
12
Цебеккун цоцазда гьоркьоб тушманлъи букІарал Гьеродги Пилатги гьеб къоялдаса нахъе гьудулзабилъун лъугьана.
13
ЧІахІиял кашишзабиги, чІухІби-хІакимзабиги, цогидал гІадамалги ахІун, Пилатица гьезда абуна:
14
— Гьас халкъ дандечІеялде гьусулеб бугилан вачун вачІун вуго нужеца гьав чи дихъе. Гьале дица нужги ралагьун цІех-рех гьабидал, дида гьав чиясда батичІо нужеца гьасде гІунтІизарурал гІайибазул цонигияб.
15
Гьеродидаги батичІо, гьединлъидал дос гьав тІадвуссун нилъехъе витІун вачІана. ЧІвазе къотІизе гІураб цониги такъсирги гьас гьабун гьечІо.
16
ЦІалацаги вацІун, нахъе виччала дица гьав.
17
[17-18] Амма халкъалъ цо кІалдисан гІадин ахІулеб букІана: — Гьев чІвазе витІе! Барабба кье нижехъе! — ян.
19
Барабба вукІана, шагьаралда цо питнаялда гІахьаллъиялъул ва чи чІваялъул такъсир тІад чІун, гвандинив тІамун вугев чи.
20
ГІиса нахъе виччазе бокьун нахъеги халкъалдехун кІалъана Пилат.
21
Амма гІадамал ахІдезе лъугьана: — Хъанчида вазе витІе гьев! Хъанчида вазе витІе! — ян.
22
Лъабабизеги абуна Пилатица гьезда: — Гьас гьабураб квешлъи щиб? ЧІвазе гІураб гІайиб батичІо дида гьасул. Гьединлъидал, цІалацаги вацІун, нахъе виччала.
23
Амма, кутакаб ахІи-хІур багъаризабун, тІадчІун гІадамаз гьарулеб букІана ГІиса хъанчида вазе витІейилан, ва гьезул ахІи-хІур бергьана.
24
Пилатица хІукму гьабуна гьезул гьари къабул гьабизе:
25
питнаялда гІахьаллъанилан ва чи чІванилан гвандиниве рехун вукІарав чиги, гІадамазул гьариялда рекъон, къватІиве виччан, ГІиса гьезул ихтияралде кьуна.
26
Гьев вачун унаго, гьесда хадуб хъанч баччизабуна хуриса вачІунев вукІун данде ккарав Киренеялдаса цо Симон абулев чиясда.
27
ЦІакъ гІемераб халкъ букІана ГІисада хадуб бачІунеб, хасго руччаби рукІана гІодилел ва магІаби гьарулел.
28
Нахъвуссун гьезухъги валагьун, ГІисаца абуна: — Я, Иерусалималъул руччаби! Нуж дихъ гІодуге! Нуж гІоде нужехъго ва нужер лъималазухъ.
29
«Чехь къинлъун лъимер гьабичІел, керен кьун гьеб хахизабичІел руччаби гьардарал гурищ!» — ан нужеца абулел къоял рачІине руго.
30
ТІаде рортун ниж гъоркь ккезареян мугІрузда гьардела гІадамал гьебмехалъ, щущан ун ниж щинкІизареян гохІазда гьардела.
31
ГІурччинаб гъветІалъе гьадинал ишал гьарулел ругони, — бакъвараб гъотІое щибдай гьабила!
32
КІиго хъачагъги вукІана гьесда цадахъ тамихІалъе вачун унев.
33
«Гвангвара» абулеб бакІалде щведал, ГІиса хъанчида вана; цояв кваранаб рахъалда, цогидавги квегІаб рахъалда — дов кІиявго хъачагъги вана хъанчида.
34
ГІисаца абуна: — Я, дир Эмен! Гьазда тІасалъугьа мун. Жидецаго гьабулеб бугеб жо гьазда лъалеб гьечІо, — ян. Рагъухъаби рукІана, можоро тІамун, гьасул ретІел жидедаго гьоркьоб бикьулел.
35
Халкъ балагьун чІун букІана. ЧІухІби-хІакимзаби гьасда тІад релъанхъулел рукІана: — Аллагьас тІаса вищарав МасихІ вугев ватани, живго хвасар гьавеян абе, цогидал хвасар гьарулин досилан абулеб букІанин.
36
Рагъухъабазги гІад-хочІ гьавулев вукІана гьев. АскІоре ун, цІекІаб чагъир бегьулеб букІана гьесухъе.
37
— Мун жугьутІазул парччахІ ватани, мунго хвасар гьаве! — ян абулеб букІана.
38
«Гьав вуго жугьутІазул парччахІ» абун греказул, румазул ва жугьутІазул мацІалъ тІад хъвараб хъарщиги букІана гьесул бетІералда тІадехун хІобода чІван.
39
Гьесда цадахъ хъанчида варав цо хъачагъас ГІиса инжит-къабихІ гьавулев вукІана: — Мун МасихІ гурищ? Гьаха, мунгоги нижги хвасар гьаре, — ян.
40
Цогидав хъачагъас, досул кІал къазабун, абуна: — Мун АллагьасукьагІагийищ хІинкъуларев? Дуеги гьебго тамихІлъидал бугеб!
41
Нилъее тамихІ битІун гьабулеб буго, нилъеца гьабуралда рекъон къотІун бугелъул нилъее судги. Амма гьас щибго квешлъи гьабичІо.
42
ГІисадехун гьес абуна: — Я, ГІиса, ПарччахІлъун мун вачІараб мехалъ, дунги ракІалде щва дуда, — ян.
43
ГІисаца гьесда абуна: — ХІакълъун абулеб буго дица дуда: жакъаго дида аскІов алжаналъувин мун вукІине вугев!
44
Къалъулеб гІужалда бакъ ккуна. Къалъудаса лъабго сагІат инегІан тІолабго дуниял бецІлъана.
45
Мукъадасаб Рукъалъул бищунго хирияб рокъоб бигъун букІараб пардав бакьулъа бихъун ана.
46
Цо гучаб гьаракь гьабун ахІана ГІисаца: — Я, дир Эмен! Дуда кодобе кьолеб буго дица дирго рухІ! Гьедин абун хадуб гьесул рухІ босун ана.
47
Гьеб бихьарав Мукъадасаб Рукъ цІунулел рагъухъабазул нусилбетІерас, Аллагьасе рецц гьабун, абуна: — ХІакъикъаталдаги вацІцІадав чи вукІун вуго гьав.
48
Гьеб киналъухъго балагьизе бачІун букІараб тІолабго халкъги, гьениб ккараб жо бихьидал, бухулаго керенгун, тІадбуссун ана.
49
ГІиса лъалев вукІарал киналго гІадамалги Галилеялдаса рахъарал гьесда цадахъ рукІарал руччабиги нахъегІан чІун ралагьун рукІана.
50
[50-51] Гьале Ягьудиялъул Ариматея шагьаралдаса Аллагьасул ПарччахІлъиялде хьул лъурав Юсуп абулев цо лъикІав ва ритІухъав чи (тІадегІанаб судалда гьоркьове унев вукІаниги, гьев разилъун вукІинчІо гьелъ гьабураб хІукмуялдаги гьеб тІубазабиялдаги), —
52
Пилатихъе ана ГІисал жаназа кьеян гьаризе.
53
Хъанчидаса бахъун, хІебтил мусрудулъги жемун, кьурулъ бикІун хІадурун букІараб жеги щивниги чи лъечІеб хабалазул нохъода букъула гьесул жаназа.
54
Гьеб букІана рузман къо, тІаде щолеб букІана шамат сордо.
55
Галилеялдаса рахъарал ГІисада цадахъ рукІарал руччабиги ана Юсупида хадур ва гьездаги бихьана гьеб хобги хабалъ гьев лъураб куцги.
56
Цинги тІадруссун рокъоре щведал, ГІисал мусруялда бахине махІгьуинаб нах хІадурана гьез. Къануналда рекъон, шамат къоялъ парахат чІана.
← Chapter 22
Jump to:
Chapter 1
Chapter 2
Chapter 3
Chapter 4
Chapter 5
Chapter 6
Chapter 7
Chapter 8
Chapter 9
Chapter 10
Chapter 11
Chapter 12
Chapter 13
Chapter 14
Chapter 15
Chapter 16
Chapter 17
Chapter 18
Chapter 19
Chapter 20
Chapter 21
Chapter 22
Chapter 23
Chapter 24
Chapter 24 →
All chapters:
1
2
3
4
5
6
7
8
9
10
11
12
13
14
15
16
17
18
19
20
21
22
23
24