bible
ra
🌐 Language
English
Español
Français
Deutsch
Português
Italiano
Nederlands
Русский
中文
日本語
한국어
العربية
Türkçe
Tiếng Việt
ไทย
Indonesia
All Languages
Home
/
Avar
/
Avar Инжил Магӏарул [Avaric]
/
Luke 7
Luke 7
Avar Инжил Магӏарул [Avaric]
← Chapter 6
Jump to:
Chapter 1
Chapter 2
Chapter 3
Chapter 4
Chapter 5
Chapter 6
Chapter 7
Chapter 8
Chapter 9
Chapter 10
Chapter 11
Chapter 12
Chapter 13
Chapter 14
Chapter 15
Chapter 16
Chapter 17
Chapter 18
Chapter 19
Chapter 20
Chapter 21
Chapter 22
Chapter 23
Chapter 24
Chapter 8 →
1
ГІенеккун букІараб халкъалъе гьабулеб вагІзаги лъугІизабун, гьениса вахъун ГІиса Капернаумалде вачІана.
2
Гьенив Рималъул рагъухъабазул цо нусилбетІерасул гьесие цІакъ хирияв рагьтІател вукІана кутакаб унтиялъ хвалил боснов лъун.
3
ГІиса вуссун вугин рагІидал, гьес жугьутІазул чІахІиял чагІи ритІана жиндир рагьтІател сахлъизавизе вачІаян гьесда гьаризе.
4
ГІисахъе рачІун кутакалда гьардезе лъугьана гьел, дуца кумек гьабизе мустахІикъав чи вугин гьевиланги абуна.
5
Гьесие нилъер халкъ цІакъ бокьулила, нижер гьаниб синагогагицин гьес бараб бугила.
6
ГІиса гьезда цадахъ ана. Досул бакІалде щолел рукІаго, нусилбетІерас данде жиндирго гьудулзаби ритІун рачІана вачІинчІониги кІваричІилан ГІисада лъазабизе, ТІадегІанав ГІиса къавулъе лъугьинегІанасеб къадруялъул чи гурин живилан абизе.
7
Духъе вачІине мустахІикъав чиги гурин жив, жиндир рагьтІател сахлъизе кІолеб къуваталъул цо рагІи абеян гьаризе ритІун ругоан гьес гьел.
8
Живги вугила тІадехун ругезул амру тІубазабулев, жиндир ихтияралда ругел рагъухъабазе рагІудалъун амру-буюрухъ гьабулев чи. Айилан цоясда абуни, гьев унила. ВачІайилан цогидасда абуни, гьев вачІунила. Пуланаб иш тІубазабейилан рагьтІателасда абуни, гьес тІубазабулила.
9
Гьединал рагІабаз гІажаиблъизавуна ГІиса. Жиндаго хадуб бачІунеб букІараб халкъалдехун вуссун, гьес абуна: — Гьале дица нужеда абулеб буго: Исраилил халкъалда гьоркьобгицин лъилниги дандчІвачІо дида гьединаб божи-иман.
10
НусилбетІерас ГІисахъе ритІарал гІадамал тІадруссун рачІиналде, рагьтІател сахлъун ватана.
11
КватІичІого ГІиса ана Наин абулеб шагьаралде. Муридалги рукІана цадахъ. Халкъалъул руккалабиги рачІана гьесда хадур.
12
Шагьаралъул кавудахъе щолеб мехалъ, гьале къватІибе босун бачІунеб батана цо хварав чиясул мали. Гьев вукІана эбелалъул цохІо вугев вас, гьей эбелги къоролай йикІана. ГІезегІанго халкъ букІана хвел букъизе унеб.
13
Гьей эбел йихьидал, ракІ гурхІун, ТІадегІанав ГІисаца: — ГІодуге! — ян абуна гьелда.
14
Цинги аскІове ун, хварасул молода квер хъвана. Мали босун унел рукІарал гІадамал лъалхъана. ГІисаца гьебмехалъ абуна: — Ле, гІолохъанчи! Дица дуда тІаде вахъаян абулеб буго.
15
Хварав чи тІаде ворхана ва кІалъазе лъугьана. Гьедин чІаголъизавун, ГІисаца гьев гІолохъанчи гьесул эбелалъухъе кьуна.
16
Кутакаб хІинкъиялъ къвал бан рукІана гьел киналго, Аллагьасе рецц гьабулаго, гьез абулеб букІана: — КІудияв авараг рещтІун вуго нилъехъе, жиндирго халкъалъе кумекалъе лъугьун вуго Аллагь.
17
ГІисал хІакъалъулъ хабар тІибитІана тІолабго Ягьудиялдаги сверухъ ругел бакІаздаги.
18
ЯхІяда жиндирго муридаз бицана гьеб киналъулго хІакъалъулъ.
19
КІиго муридги тІаде ахІун, ЯхІяца гьел ТІадегІанав ГІисахъе ритІана: «Мунищ дов нижехъе вачІине кколев чи, яги цогидав вачІинегІанищ ниж ралагьун чІезе кколел?» — абун гьикъизе.
20
ГІисахъе рачІун, гьез абуна: — ЯхІя аварагас ниж ритІана: «Мунищ дов нижехъе вачІине кколев чи, яги цогидав вачІинегІанищ ниж ралагьун чІезе кколел?» — абун гьикъизе.
21
(Гьеб заманаялде щвезегІан ГІисаца гІемерал гІадамал сахлъизарун рукІана унта-щокълъиялдаса, хъубал жундуздаса ва гІемерал бецал чагІазда канлъиги бихьизабун букІана.)
22
ГІисаца гьезие жавабалъе абуна: — Инеги ун, нужеца ЯхІяда бице нужеда рагІарабги бихьарабги: бецазда канлъи бихьулеб бугин, бохдулъа ракъварал рилълъанхъулел ругин, барасалъ унтарал рацІцІалъулел ругин, гІинкъазда рагІи рагІулеб бугин, хварал чІаголъулел ругин, мискинзабазда Рохалил хабар бицунеб бугин.
23
Дир рахъалъ щакдаричІев чи талихІав вугиланги абе.
24
Гьел ЯхІял чапарзаби нахъе араб мехалъ, ГІисаца гІадамазда бицана ЯхІял хІакъалъулъ: — Щиб бихьизе нуж добмехалъ гІицІаб авлахъалде ун рукІарал? Гьороца хьвагІезабулеб муцІи бихьизейищ?
25
Щив вихьизе ун рукІарал? Беричаб ратІлилъ вугев чи вихьизейищ? ЧІухІараб ретІел ретІарал ва бечедаб яшавалда ругел гІадамал парччахІзабазул кІалгІабазухъ руго.
26
Щив вихьизеха ун рукІарал? Авараг вихьизейищ? Аварагасдасагицин кІудияв чи вихьизе ун рукІанилан абулеб буго дица нужеда!
27
Гьесул хІакъалъулъин ТІухьдузда хъван бугеб: «Гьале, мун вачІиналде дуе нух къачІазе дирго илчи вуго дица цеве витІулев».
28
Дица нужеда абулеб буго: эбелалъ чехь къинлъун гьаруразда гьоркьов ЯхІя аварагасдаса кІудияв чи гьечІо. Амма Аллагьасул ПарччахІлъиялда ругезул бищун гьитІинавгицин гьесдаса кІудияв вуго. (
29
ЯхІял вагІза рагІарал киналго гІадамаз, хІатта магъало бакІарулел чагІазги, лъадалъ ччун рахъизарун, Аллагьасул Нух ритІухъ гьабуна.
30
Амма фарисеязги диниял гІалимзабазги лъадалъ ччун рахъизе инкар ккуна ва жидее бугеб Аллагьасул амру къабул гьабичІо.)
31
Сунда данде кквелел дица гьаб заманаялъул гІадамал, лъида релълъун гьел ругел?
32
«Нижеца зурма пуна — Нуж кьурдизе рахъинчІо! МагІил бакънал рачана — Нуж гІодизе лъугьинчІо!» — ян къотІноре рахъун цоцазде ахІдолел лъималазда релълъуна гьел.
33
ВитІун вачІана я чед кунарев, я чагъир гьекъоларев ЯхІя авараг. Нужеца абуна гьев шайтІабаз ккурав чи вугилан.
34
ВачІана кваназеги кваналев, гьекъезеги гьекъолев ГІадамил Лъимер. Нужеца абулеб буго: «Гьале чехьквеш, гьекъолдухъан, магъало бакІарулел чагІазулги мунагь-хІакъалъул агьлуялъулги гьудул», — абун.
35
Амма Аллагьасул ГІакъиллъиялда рекъон хьвадулел гІадамаз бихьизабула Аллагьасул ГІакъиллъиялъул ритІухълъи.
36
Цо фарисеяс гьоболлъухъ ахІун, гьенив кваналев вукІана ГІиса.
37
Гьале гьеб шагьаралдаса цо мунагьал гІемерай гІадан, ГІиса гьев фарисеясул бакІалда вукІинги лъан, махІгьуинаб нахул цІун щагІил сурахІигун, ячІана.
38
Гьесда нахъехунги чІун, гІодулаго магІица гьесул хІатІал риччизаруна гьелъ, жиндирго ботІрол расуца рацІцІана гьел, убачал гьарулаго доб махІгьуинаб нахги бахана гьесул хІатІазда.
39
Гьеб бихьидал, ГІиса кванде ахІарав фарисеясда ракІалде ккана, гьав чи авараг вукІаравани, гьасда лъалаанин кинай гІаданалъ жинда квер хъвалеб бугебали. Мунагьазул цІурай гІаданлъидалха гьей йигей.
40
Гьебмехалъ ГІисаца гьесда абуна: — Симон! Цо дуда бицине жо буго дир. — Бице, дир МугІалим, — ан абуна Симоница.
41
ГІисаца бицана: — Къарзалъ гІадамазухъе гІарац кьолев цо чиясул вукІун вуго кІиго налъулав. Цояс гьесие кьезе букІун буго щунусго динар, цогидас — кІикъоялда анцІго динар.
42
Налъи бецІизе гьезул рес гьечІолъи бихьун, кІиясего хІалал гьабун тун буго гьес. Гьанже дуца бице дида: кинасе гьев цІикІкІун вокьилев?
43
Симоница жаваб гьабуна: — Дида ракІалде ккола, цІикІкІун гІарац нахъе кьезе букІарасе цІикІкІун вокьилин абун. ГІисаца абуна: — БитІун ракІалде ккун буго дуда.
44
Цинги гъой чІужугІаданалдехун вуссун, гьес Симонида гьикъана: — Дуда йихьулищ гьай гІадан? Дун дур рокъове лъугьараб мехалъ дир хІатІал чуризе лъим кьечІо дуца. Гьалъ жиндирго магІица чурана дир хІатІал, жиндирго ботІрол расуца ракъвазеги гьаруна гьел.
45
Саламалъул убач гьабичІо дуца дида, гьалъин абуни дун гьаниве вачІаралдаса нахъего убачазул цІезарулел руго дир хІатІал.
46
Салам гьабун нах бахинчІо дуца дир бетІералда, гьалъин абуни дир хІатІазда бахунеб буго бищунго махІгьуинаб нах.
47
Гьединлъидал дица дуда абулеб буго: гьелъул мунагьал цІикІкІун чуридалин гьелъие дун цІикІкІун вокьулев вугев. Мунагьал дагь чурулесе дагь гурони вокьуларо.
48
Дой гІадамалда гьес абуна: — Мун мунагьаздаса яцІцІалъана, — ян.
49
Цадахъ кваналел рукІаразда ракІалде ккана: — Гьавго щив, гІадамал мунагьаздасацин рацІцІад гьаризе кІолев, чи?
50
ГІисаца дой гІадамалда абуна: — Дурго божи-иманалъ хвасар гьаюна мун. Гьанже а дурго.
← Chapter 6
Jump to:
Chapter 1
Chapter 2
Chapter 3
Chapter 4
Chapter 5
Chapter 6
Chapter 7
Chapter 8
Chapter 9
Chapter 10
Chapter 11
Chapter 12
Chapter 13
Chapter 14
Chapter 15
Chapter 16
Chapter 17
Chapter 18
Chapter 19
Chapter 20
Chapter 21
Chapter 22
Chapter 23
Chapter 24
Chapter 8 →
All chapters:
1
2
3
4
5
6
7
8
9
10
11
12
13
14
15
16
17
18
19
20
21
22
23
24