bible
ra
🌐 Language
English
Español
Français
Deutsch
Português
Italiano
Nederlands
Русский
中文
日本語
한국어
العربية
Türkçe
Tiếng Việt
ไทย
Indonesia
All Languages
Home
/
Avar
/
Avar Инжил Магӏарул [Avaric]
/
Luke 5
Luke 5
Avar Инжил Магӏарул [Avaric]
← Chapter 4
Jump to:
Chapter 1
Chapter 2
Chapter 3
Chapter 4
Chapter 5
Chapter 6
Chapter 7
Chapter 8
Chapter 9
Chapter 10
Chapter 11
Chapter 12
Chapter 13
Chapter 14
Chapter 15
Chapter 16
Chapter 17
Chapter 18
Chapter 19
Chapter 20
Chapter 21
Chapter 22
Chapter 23
Chapter 24
Chapter 6 →
1
Аллагьасул калам рагІизе гІащикъал гІадамазул кІудияб руккел букІана цо нухалъ гъункун гьесда сверухъе бакІарун. ГІиса гьебмехалъ Геннесарет абулеб хІорил рагІалда вахъун чІун вукІана.
2
ХІорил рагІалда кІиго раса бихьана ГІисада. Русбуздаса къватІире рахъун ччугІихъабаз жидерго гьин чурулеб букІана.
3
Симонил расаялъуве лъугьун ГІисаца гьесда гьарана раса дагьаб жанибегІан бачейилан. Росонив гІодов чІун гІадамазе вагІза-насихІат гьабизе лъугьана гьев.
4
ВагІза-хабар лъугІидал, Симонида абуна: — Добе хІорил гъварилъудегІан расаги бачун, рехе дурго гьин.
5
Симоница гьесие жаваб гьабуна: — Я, НасихІатчи! Нолъ сордо рогьинегІан хІалтІаниги, цохІониги ччугІа кквечІо нижеца. Амма дур рагІи гІадахъ босун дица гьин рехила.
6
Гьес малъухъе гьабидал, гьезие хІаталдаса ун гІемераб ччугІа щвана. Гьин тІутІун унеб букІана ччугІил бакІлъиялъ.
7
Доб цояб росонир рукІарал гьалмагъзабаздеги ишан гьабуна гьез кумекалъе рачІайилан. РачІун дозги кумек гьабун, кІиябго раса ччугІил цІезабуна. Давлаялъул гІемерлъиялъ лъадалъе тІерхьун ине дагьалъ хутІана гьел русби.
8
Гьебмехалъ Симон-Пётрица, ГІисал накабазда цеве чІун, суждаги гьабун, абуна: — Я, БетІерчІахъад! Дида аскІоса нахъе а мун! Дун вуго мунагьазул цІурав чи!
9
Абиларищ, гьевги гьесда цадахъ гьин рехаралги кутакалда хІинкъун рукІиндал, ккураб ччугІил гІемерлъи бихьун.
10
Гьеб ишалъ гьединго кутакалда хІинкъизаруна Симонил гьалмагъзабилъун рукІарал Зебедайил васал Якъубги Иоаннги. Цинги ГІисаца Симонида абуна: — ХІинкъуге! Гьанжеялдаса нахъе дуца, ччугІа гуреб, гІадамалин кквезе ругел.
11
КІиябго раса хІорил рагІалде цІараб мехалъ, кинабго жоги гьениб тун, гьел ГІисада цадахъ уна.
12
Гьале ГІиса цо шагьаралда вугеб мехалъ, гьев вихьаравго, кІалагъоркье ккана ва гьардезе лъугьана тІолабго черх барасалъ бацарав цо чи: — Я, БетІерчІахъад! Дуе бокьани, дуда кІолаха дун вацІцІалъизавизе!
13
ГІебеде битІун гьесда кверги хъван, ГІисаца абуна: — Дие бокьун буго мун вацІцІалъизе. ВацІцІалъе мун! ГьебсагІат барасалдаса сахлъана гьев чи.
14
Живго сахлъизавиялъул хабар лъиданиги бицунгейилан лъазабуна ГІисаца гьесда: — Мусал къануналда рекъон, мунго вацІцІалъун вукІин гІадамазда лъазе, кашишасухъеги ун, гьесда дурго черх бихьизабе ва мунго вацІцІалъиялъухъ къурбанги хъвезабе.
15
Бугониги, ГІисал хІакъалъулъ хабар халкъалда гьоркьоб дагьабги цІикІкІун тІибитІана. Гьесухъ гІенеккизеги ва жалго сахлъизаризеги рачІунаан халкъалъул руккалаби.
16
Гьевин абуни, гІадан-чи гьечІеб бакІалде ун, Аллагьасе гьари-дугІаялда вукІунаан.
17
Цо къоялъ ГІисаца вагІза-насихІат гьабулеб мехалъ, гьесухъ гІинтІамун чІаразда гьоркьор рукІана Галилеялъул щибаб росулъа, Ягьудиялдаса, гьединго Иерусалималдаса рачІарал фарисеял ва диниял гІалимзаби. Унтарал сахлъизаризе кІолеб БетІергьанасул къудраталъ къвал бан вукІана гьев.
18
Гьале цо чагІаз туртида лъун восун вачІана палижалъ ккурав чи. ГІисада цеве лъезе гьев чи рокъове жаниве восизе хІаракат бахъулеб букІана гьез.
19
Амма гІадамазул гІемерлъиялъ нуцІихъан восун бажаричІого, тІохги бичун, гьенисан туртида лъовухъего рукъ бакьулъе ГІисада цеве тІаса гъоркье виччана гьез гьев.
20
Гьев восун рачІарал гІадамазул божи бихьун, ГІисаца абуна: — Мунагьаздаса вацІцІалъана, гьудулав чи, мун.
21
Дол диниял гІалимзабиги фарисеялги жалго жиделъго гаргадизе лъугьана: — Гьединал гІасиял-пасикъал рагІаби абизе ккани, гьавго щив чи! ГІицІго Аллагьасда гурони, лъида кІолеб инсанасул мунагь чуризе?
22
ГІисал хІалада лъана гьезул пикраби. Гьес гьикъана: — Щай нужеца нужерго рекІелъе гьединал пикраби риччалел?
23
Кинаб бигьаяб: «Мун мунагьаздаса вацІцІалъана», — ян абизейищ, яги: «ТІаде вахъун, вилълъанхъе», — ян абизейищ?
24
Амма нужеда лъан букІа: ГІадамил Лъимадул ихтияр буго гьаб ракьалда гІадамазул мунагьал тІасалъугьун тезе. Цинги ГІисаца унтарасда абуна: — Дица дуда абулеб буго: тІаде вахъа, дурго малиги босун, рокъове а.
25
Ралагьун гІадамалгун, гьебсагІат тІаде вахъана гьев, живго тІад лъун вукІараб турутги босун, рокъове ана, Аллагьасе реццги гьабулаго.
26
ГІажаиблъун-хІикмалъун лъугьун, киназго Аллагьасе рецц гьабуна. ХІинкъиялъ къвал бан ругел гьез абулеб букІана: — Тамашаяб иш бихьана жакъа нилъеда! — ян.
27
Гьениса къватІиве вахъун унаго, нухлул хІакъ бакІарулеб бакІалда гІодов чІун вихьана ГІисада Левий абулев гьеб ишалъе тІамурав чи. — Дида цадахъ вилълъа, — ян абуна гьесда ГІисаца.
28
БукІаралъуб букІарабги тун тІаде вахъун, гьесда цадахъ ана Левий.
29
Жиндирго бакІалда Левийица кІудияб гьоболлъи гьабуна ГІисае. Гьенир рукІана гІемерал магъало бакІарулел чагІиги ва гьебго тайпаялъул цогидал гІадамалги.
30
Фарисеялги гьезул мазгьабалъул диниял гІалимзабиги ГІисал муридаздехун гъулгъудизе лъугьана: — Щай нуж гьал магъало бакІарулел чагІаздаги цогидаб мунагь-хІакъалъул агьлуялдаги цадахъ гІодор чІун квана-гьекъолел?
31
Гьезие жаваб гьабун ГІисаца абуна: — Сахазе гурев тохтир хІажалъулев, унтаразейин.
32
Муъминзаби ахІизе гуро дунги вачІун вугев, мунапикъзаби тавбуялде ахІизейин.
33
Гьез ГІисада абуна: — ЯхІял муридал гІемерисеб мехалъ кІал ккун рукІуна, какал ралел рукІуна, фарисеязулазги гьабула гьединго. Гьал дуралин абуни квана-гьекъолел руго.
34
ГІисаца гьезда абуна: — БахІарав аскІов вугебгІан мехалъ гьес берталъе ахІарал гьудулзабазда квана-гьекъечІого кІал ккун рукІайилан абизе бегьилищ нужеца?
35
РачІина бахІарав гьезухъа вахъун арал къоялги, гьеле гьебмехалъ кквела гьез кІалги.
36
Цинги гьес гьезие гьадинаб мисал бачана: — ЦІияб ратІлидасаги бахъун басрияб ратІлида рукъи баларо лъицаниги. ЦІияб ретІелги хвела, басриялдаги цІияб рукъи рекъеларо.
37
Лъицаниги тІоларо басрияб рахълъеналъубе цІияб чагъирги. ЦІияб чагъиралъ гьеб багьизабила. Гьебмехалъ чагъирги гІодобе чвахун ина, рахълъенги хвела.
38
ЦІияб чагъир тІезе ккола цІияб рахълъеналъубе.
39
Басрияб чагъиралда тІаде гьебсагІатго цІияб чагъир гьекъезе лъиениги бокьуларо. Басриябго лъикІаб бугилан абула гьес.
← Chapter 4
Jump to:
Chapter 1
Chapter 2
Chapter 3
Chapter 4
Chapter 5
Chapter 6
Chapter 7
Chapter 8
Chapter 9
Chapter 10
Chapter 11
Chapter 12
Chapter 13
Chapter 14
Chapter 15
Chapter 16
Chapter 17
Chapter 18
Chapter 19
Chapter 20
Chapter 21
Chapter 22
Chapter 23
Chapter 24
Chapter 6 →
All chapters:
1
2
3
4
5
6
7
8
9
10
11
12
13
14
15
16
17
18
19
20
21
22
23
24