bible
ra
🌐 Language
English
Español
Français
Deutsch
Português
Italiano
Nederlands
Русский
中文
日本語
한국어
العربية
Türkçe
Tiếng Việt
ไทย
Indonesia
All Languages
Home
/
Avar
/
Avar Инжил Магӏарул [Avaric]
/
Luke 20
Luke 20
Avar Инжил Магӏарул [Avaric]
← Chapter 19
Jump to:
Chapter 1
Chapter 2
Chapter 3
Chapter 4
Chapter 5
Chapter 6
Chapter 7
Chapter 8
Chapter 9
Chapter 10
Chapter 11
Chapter 12
Chapter 13
Chapter 14
Chapter 15
Chapter 16
Chapter 17
Chapter 18
Chapter 19
Chapter 20
Chapter 21
Chapter 22
Chapter 23
Chapter 24
Chapter 21 →
1
Иерусалималъул Мукъадасаб Рокъоб вагІза-насихІат гьабулев, Рохалил хабар бицунев ГІиса вугеб мехалъ, гьенире рачІана чІахІиял кашишзаби, диниял гІалимзаби ва чІухІби-хІакимзаби.
2
Гьез гьесда гьикъана: — Гьаб хІалтІи гьабизе ихтияр бугебищ дур? Лъица дуе гьеб ихтияр кьураб? — абун.
3
ГІисаца гьезда абуна: — Дицаги кьела нужее цо суал. Бице:
4
лъадалъ ччун рахъун гІадамал рацІцІад гьаризе ихтияр ЯхІяе кисан щун букІараб: зобалаздасанищ яги гІадамаздасанищ?
5
Цоцазда гьоркьоб хабар ккана гьезул. «Зобалаздасан букІанин абуни, гьес абила гури, щайха нуж ЯхІяда божичІелилан.
6
ГІадамаздасан букІанин абуни, тІолабго халкъалъ ганчІица чІвала нилъ, ЯхІя гьез авараглъун рикІкІунев вугелъул».
7
Кисан гьеб ихтияр букІарабали жидеда лъаларилан кьуна гьез жаваб.
8
ГІисаца гьездаги абуна: — Дица нужедаги бицинаро лъил ихтияралдалъун гьаб иш гьабулеб бугебали.
9
Цинги гьес, халкъалдехун вуссун, мисал бачун, гьадинаб хабар бицине байбихьана: — Цо чияс цІолбол ах гьабун буго. Цинги ахихъабазухъе ижараялъе гьеб ахги кьун, гьев чи къватІиве ун вуго ва гІемераб заманаялъ гьенив чІун вуго.
10
ЦІибил барщараб мехалъ, гьес дол ижарачагІазухъе цо рагьтІател витІун вуго жиндие кколеб бутІа кьейин абейилан. Доз гьев рагьтІател вухун вуго ва чІового нахъе хъамун вуго.
11
Цоги рагьтІател витІун вуго дос. Вухун-кьабун, инжит гьавун доз гьевги чІового нахъе хъамун вуго.
12
Лъабабилевги витІун вуго дос. Доз гьев лъукъ-лъукъун къватІиве рехун вуго.
13
Щибдай дица гьабилебилан ракІалде ккун буго ахил бетІергьанасда. «Дица гьезухъе витІила дирго вокьулев вас. ГьесулгІаги хІурмат гьабилеб батила доз».
14
Гьев вихьараб мехалъ, дол ижарачагІаз цоцазда абун буго: «Гьале гурищ ирсилав, рачІа гьав чІвазе, — ирсги нилъеего хутІизе».
15
Ахикьа къватІивеги рехун, чІван вуго доз гьев вас. Гьанже гьел ижарачагІазе щибдай гьабила ахил бетІергьанас?
16
ВачІинеги вачІун, чІвала гьес гьел, ахги цогидазухъе кьела. Харбихъ гІенеккараз абуна Аллагьас цІунагийилан.
17
— Гьедин батани, — ян гьикъана ГІисаца, гьезухъги валагьун, — ТІехьалда хъван бугеб гьадинаб калимаялъул магІна щибали лъалищ нужеда: «Къадалъ лъезецин ярагьунарилан къадахъабаз нахъе рехараб гамачІ битІахъе цололъ лъун буго»?
18
Гьеб ганчІиде вортаравщинавги щущан ине вуго, бортун бачІун гамачІ тІад речІчІаравги чІинтІизе вуго.
19
Диниял гІалимзабазе ва чІахІиял кашишзабазе бокьун букІана, гьебсагІатго кквезеги ккун, ГІиса жанив тІамизе, амма халкъалъукьа хІинкъун тана. Гьеб мисал ГІисаца жидер рахъалъ бачараб букІин бичІчІана гьезда.
20
Цинги ГІисада хадуб хал кквезе лъугьана гьел ва жасусал ритІана, жалго рацІцІадал чагІи ругеб ххвел гьабун, ГІисал кІал таризабизе кІоларищали хІалбихьеян. Ккун вачун сардарасда кодове кьун, гьес ГІисае тамихІ гьабизе гІураб гІайиб-хатІа балагьизе бокьун букІиндалха гьезие.
21
Гьел жасусаз ГІисада гьикъана: — Я, МугІалим! Нижеда лъала дур рагІиги вагІзаги ритІухъаб букІин. Гьурмахъ балагьун иш гьабулеб гІамалги дур гьечІо, Аллагьасул хІакъаб нух буго дур малъиги.
22
Бице нижеда, къануналда рекъон, къайсарасе магъало кьезе бегьулебищ нижеца яги бегьуларебищ?
23
Гьезул хІилла-макру бичІчІун, ГІисаца абуна: –
24
Цо динар бихьея дида. Лъил суратги хъвай-хъвагІайги гьалда бугеб? Къайсарасул бугилан абуна гьез.
25
— Гьедин батани, къайсарасулаб къайсарасе кье, Аллагьасулаб Аллагьасе кье, — ян абуна ГІисаца гьезда.
26
Гьедин жасусазухъаги бажаричІо гІадамал ругеб бакІалда ГІисахъа рагІи бахъизе. Гьесул жавабалъ хІикмалъизарун, руцІцІун чІана гьел.
27
Цинги ГІисахъе рачІана къиямасеб къоялъ хварал тІаде рахъине рукІиналде инкар ккун чІарал саддукеял абулел гІадамал. Гьез ГІисада абуна:
28
— Я, МугІалим! Мусаца нилъее бихьизабун буго: цо пуланав чиясул вац хвани, гьесдасан лъимерги нахъе хутІичІони, гьесул вацас яче абе жиндирго хварав вацасул лъади, дов хварав вацасул наслу къинчІого букІине.
29
Масала, анкьго вац вукІун вуго. ЧІужу ячун хадув, лъимер гьабилалдего хун вуго кІудияв вац.
30
Гьесул чІужу ячун йиго хадусев вацас, гьевги хун вуго.
31
Лъабабилевги хун вуго. Гьедин цо-цоккун хун, анкьавго вацасул рижи лъугьун гьечІо.
32
Ахиралда хун йиго гьезул йикІарай чІужуги.
33
ХІасил, гьей анкьго росасул лъадилъун йикІарай гІадан къиямасеб къоялъ лъил чІужулъун йикІине йигей? Гьезие жавабалъе ГІисаца абуна:
34
— Дуниялалъул рукъалъул бихьиназ лъудбиги рачуна, руччаби россабазеги уна.
35
Амма къиямасеб къоялъ тІаде рахъун ахираталъул рукъалъе мустахІикълъаразул я лъудби, я росал рукІине гьечІо.
36
ТІокІалъ хвезеги холаро гьел, малаикзабазда бащалъулелъул гьел ва хваралъуса гьес чІаголъизарурал Аллагьасул лъималлъунги кколелъул.
37
ЦІа рекІун бугониги, бухІунго лъугІулареб хъархъилъан жинда рагІанин: «Дун вуго Ибрагьимил Аллагь, ИсхІакъил Аллагь, Якъубил Аллагь!» — абун БетІергьанас ахІулеб гьаракьилан бицунеб бакІалда, Мусацаги бихьизабулеб буго хварал чІаголъизе ругилан.
38
Аллагь — гьев хваразул Аллагь гуро, чІагоязул Аллагь вуго, гьесие киналгоги чІагоял ругелъул.
39
Гьебмехалъ цо-цо диниял гІалимзабаз абуна: — Я, МугІалим! ЦІакъ лъикІ абуна дуца, — ян.
40
ТІокІаб лъилниги бахІарчилъи гІечІо ГІисада щибниги гьикъизе.
41
Гьес гьезда абуна: — Давудил вас вугин МасихІилан щай абулеб?
42
Туркабазул Хирияб ТІехьалда (Забуралда) Давудица жинцаго абулеб бугогури: «ТІадегІанав Аллагьас дир БетІергьанасда абуна: „Дир кваранаб рахъалда гІодов вукІа,
43
дица дур тушбаби дур хІатІал лъураб бакІалда цере чІезаризегІан“».
44
Гьедин Давудица жинцаго гьесде жиндир БетІергьанилан абулеб бугони, Давудил вас кин гьев кколев?
45
ТІолабго халкъалда рагІиледухъ абуна ГІисаца жиндирго муридазда:
46
— Воре, гьал диниял гІалимзабаздаса цІунун чІа нуж. Гьезие бокьула халатал гІабабиги ретІун хьвадизе, базаркъотІноб халкъалъ жидеего салам кьезе, синагогабазда жанир киназдасаго церегІан гІодор чІезе ва гьоболлъухъ кванил тІотІода нахъа бищунго хІурматияб бакІ кквезе.
47
Росал хун хутІарал къоролзабазул боцІи-рикъзи кванала гьез ва рихьдаего халатал дугІаби гьарула. Гьеб кинабго цІикІкІун гьабунагІан гІасияб букІине буго гьезие тамихІ.
← Chapter 19
Jump to:
Chapter 1
Chapter 2
Chapter 3
Chapter 4
Chapter 5
Chapter 6
Chapter 7
Chapter 8
Chapter 9
Chapter 10
Chapter 11
Chapter 12
Chapter 13
Chapter 14
Chapter 15
Chapter 16
Chapter 17
Chapter 18
Chapter 19
Chapter 20
Chapter 21
Chapter 22
Chapter 23
Chapter 24
Chapter 21 →
All chapters:
1
2
3
4
5
6
7
8
9
10
11
12
13
14
15
16
17
18
19
20
21
22
23
24