bible
ra
🌐 Language
English
Español
Français
Deutsch
Português
Italiano
Nederlands
Русский
中文
日本語
한국어
العربية
Türkçe
Tiếng Việt
ไทย
Indonesia
All Languages
Home
/
Avar
/
Avar Инжил Магӏарул [Avaric]
/
Luke 6
Luke 6
Avar Инжил Магӏарул [Avaric]
← Chapter 5
Jump to:
Chapter 1
Chapter 2
Chapter 3
Chapter 4
Chapter 5
Chapter 6
Chapter 7
Chapter 8
Chapter 9
Chapter 10
Chapter 11
Chapter 12
Chapter 13
Chapter 14
Chapter 15
Chapter 16
Chapter 17
Chapter 18
Chapter 19
Chapter 20
Chapter 21
Chapter 22
Chapter 23
Chapter 24
Chapter 7 →
1
Пуланаб шамат къоялъ ГІиса унев вукІана цо хурзабахъан. Хуриса ретІун тІоралги хъатинир кІвекІун, хІалухъадул мугьал кунел рукІана гьесул муридаз.
2
Гьенир рукІарал фарисеяз гьезда абуна: — Шамат къоялъ гьабизе гьукъараб иш щай нужеца гьабулеб? — ан.
3
ГІисаца гьезие жавабалъе абуна: — Унго, цІаличІебищ нужеца, живгоги цадахъ рукІаралги ракъун хутІидал, Давудица щиб гьабурабали?
4
Аллагьасул рокъове жанивеги лъугьун, гьениса босун Давудица жинцагоги кванан буго, цадахъ рукІаразеги кьун буго гІицІго кашишзабаз гурони кваназе гьукъараб чед.
5
ГІисаца гьезда абуна: — Шамат къоялъул ихтияр ГІадамил Лъимадухъ буго!
6
Цоги шамат къоялъ ГІиса халкъалъе вагІза-насихІат гьабизе синагогаялъуве ун вукІана. Гьенив вукІана кваранаб квер бакъварав цо чи.
7
ГІисада хадуб мухІканго хал ккун чІун рукІана диниял гІалимзабиги фарисеялги, гьес гьев чи сахлъизавилародайилан. Шамат къоялъ гьабураб хІалтІийилан ГІисаде гІайиб гІунтІизабизе бокьун букІана гьазие.
8
Гьазул пикруги бичІчІун, ГІисаца дов квер бакъварав чиясда абуна: — ТІаде вахъун рукъ бакьулъе вачІа, — ян. ТІаде вахъун, рукъ бакьулъе вачІана дов чи.
9
ГІисаца гьезда абуна: — Дица нужеда цо жо гьикъила: шамат къоялъ лъикІлъи гьукъун бугебищ, квешлъи гьабизе изну бугебищ? Чиясул рухІ хвасар гьабизейищ кколеб, яги гьев хвезавизейищ кколев?
10
Гьезда берги речІчІизабун, ГІисаца дов чиясда абуна: — Квер гІебеде битІе, — ян. Гьес абухъе гьабуна дов чияс ва кверги сахлъана.
11
Ццидаца гьалаглъарал гьез цоцазда дандбалеб букІана ГІисае щибдай гьабун лъикІилан.
12
Гьел къоязда ГІиса Аллагьасе тІагІаталъе цо магІарде вахана ва тІубараб сордоялъго гьари-дугІаялда вукІана.
13
Нахъисеб къоялъ радал ГІисаца жиндирго муридал аскІоре ахІана ва, тІаса вищун, анцІила кІигоясда чапарзабийилан цІар лъуна. Гьел рукІана:
14
Пётрилан гьес тІокІцІар кьурав Симон, гьесул вац Андрей, Якъуб, Иоанн, Филипп, Бартоломей,
15
Матфей, Фома, Алфейил вас Якъуб, Зелотилан тІокІцІар бугев Симон,
16
Якъубил вас Ягьуда ва хадув ГІисае хилиплъарав Ягьуда Искариот.
17
Жиндирго муридазда цадахъ магІардаса гъоркье рещтІун, авлахъалде щвана ГІиса. Гьев сверун ккуна муридазул руккелалъ ва тІолабго Ягьудиялдаса, Иерусалималдаса, хІорил рагІалда ругел Тиралъул ва Сидоналъул улкабаздаса рачІарал таманал гІадамазги.
18
Гьел рачІун рукІана ГІисал вагІза-насихІаталъухъ гІенеккизеги, унта-щокълъиялдаса гьес рорчІизаризеги. Хъубал жундузул гІазабалъулъ рукІарал гІадамалги сахлъизаруна ГІисаца гьенир.
19
ГІисада квер хъвазегІаги щвелародайилан тІаде гьунун бачІунеб букІана халкъалъул руккел, — гьесдасан бачІунеб букІиндалха киналго унтарал сахлъизарулеб цо къуват-рухІ.
20
ТІаса бер босичІого муридазухъги валагьун, ГІисаца байбихьана: — Гьардарал гурищ нуж, мискинал-пакъирал, нужее бугелъул Аллагьасул ПарччахІлъи.
21
Гьардарал гурищ нуж, гьанже ракъун ругелал, Аллагьас нуж гІорцІизаризе ругелъул. Гьардарал гурищ нуж, гьанже гІодилел ругелал, нуж релъанхъизе ругелъул.
22
ГІадамил Лъимер сабаблъун нуж халкъалда рихиндал, нуж нахъе рачахъидал, инжит-хІакъир гьаридал, нужеда квешаб цІар чІвайдал, — гьебмехалъги гьардарал гурищ нуж.
23
Гьеб къоялъ роха нуж, рохун кІанцІезе лъугьа нуж, зобалазда кІудияб шапакъат щвезе бугелъул нужее. Цересел аварагзабаз гьазул умумуздасанги хІехьарабин гьеб кинабго.
24
Балагьги гІазабги гурищ нужее, бечедал, гьанибго лъикІаб гІумру бугелъул нужер.
25
Балагьги гІазабги гурищ нужее, гьанже гІорцІун ругелал, нуж ракъизе ругелъул. Балагьги гІазабги гурищ нужее, гьанже релъанхъилел ругелал, магІу тІун гІодизе ругелъул нуж.
26
Балагьги гІазабги гурищ нужее, киназго нужее рецц-бакъ гьабулеб бугеб мехалъ! Цересел гьересиаварагзабазе гьазул умумузги гьабурабин гьедин рецц-бакъ.
27
Дихъ гІенеккун ругел нужеда абулеб буго дица: нужерго тушбаби рокьа, нуж рокьуларезе лъикІлъи гьабе.
28
Нужее нагІана кьолездаги баркат лъегиян абе, нуж къабихІ гьаруралги дугІадулъ рехсе,
29
Дур кІаркьен чІварасда цебе цояб кІаркьенги ккве, дудаса чухъа-гужгат бахъарасе гурде бахъизеги квалквал гьабуге.
30
Гьараравщинасе гьарарабги кье, кьурабги нахъе тІалаб гьабуге.
31
Цогидаз дуего гьабизе бокьулеб жо дуца гьезиеги гьабе.
32
Нужго рокьулелал нужее рокьиялъул кири кинаб букІинеб? Мунагь-хІакъалъул агьлуялъеги рокьулелъул жалго рокьулелал.
33
Нужее лъикІлъи гьабулесе бецІун гьабулеб лъикІлъиялъулги кири кинаб букІинеб? Мунагь-хІакъалъул агьлуялъгицин гьабулелъул гьебго жо.
34
Нахъе кьеялде хьул лъун чияхъе къарзалъе кьураб боцІул кири кинаб букІинеб? Мунагь-хІакъалъул агьлуялъги кьолелъул цоцахъе къарзалъе боцІи, тІаса бекичІого, камичІого тІадбуссине букІиналда ракІги чІун.
35
Нужеейин абуни нужерго тушбаби рокьа, садакъаби гьаре, нахъе щвеялъул пикру гьабичІого къарзалъе боцІиги кье. Гьебмехалъ кири гІемерлъила нужее, ва ТІадегІанав Аллагьасул васаллъун лъугьина нуж. Жидее гьабураб лъикІлъи лъаларезеги квешазеги лъикІлъи гьабулевлъун вугелъул гьев.
36
Нужер Эменго гІадин гурхІел-рахІму бугеллъун рукІа нужги.
37
Нужеца чияда гІайиб чІваге, — Аллагьас нужедаги гІайиб чІваларо; нужеца тамихІалде цІаге, — нужги тамихІалде цІаларо. Нуж тІасалъугьа, — нужедаги тІасалъугьина.
38
Нужеца кье, — нужееги кьела. Дагьабги цІикІкІун жанибе инелъун хьвагІезабун, цинги бугІун ва бетІер гьабун цІезабураб хІалалаб сахІалъ борцун бала нужер квенчІелтІе. Кинаб сахІалъ нужеца борцаниги, гьединабго сахІалъ борцине буго нужееги.
39
Гьадинаб мисалги бачана ГІисаца гьезие: — Цо бецав чиясухъа бажариладай цоги бецав чи квер ккун вачине? КІиялго цадахъ гвандинире рортилародай гьел?
40
Жиндирго мугІалимасдаса тІадегІанав вукІунаро мутагІил. Амма, цІалун вахъараб мехалъ, бокьарав чи ващалъула мугІалимасда.
41
Дурго бадиб бугеб чІалу бихьичІого, дур вацасул бадиб бугеб сум щай дуда бихьулеб?
42
Яги дуда кин кІолеб: «Ворея, вац, дур бадиса сум бахъизе биччай!» — ян гьесда абизе, дурго бадиб бугеб чІалуги бихьичІого? Ле, ххвелал гьарун ругьунав чи, цин дуца дурго бадиса чІалу бахъе, цинги бичІчІила дуда вацасул бадиса сум кин бахъилебали.
43
ЛъикІаб гъотІода тІад турараб пихъ букІунаро, турараб гъотІода тІад лъикІаб пихъги букІунаро.
44
Пихъихъ балагьун лъала гъветІ батІа гьабизе. Зазида тІад инжир барщуларо, гІинтІидул хъархъидаса цІибил бетІуларо.
45
ЛъикІав чияс жиндирго рекІелъ бугеб лъикІаб хазинаялъул гъансиниса къватІибе лъикІлъи босула, квешав чиясин абуни квешаб хазинаялъул гъансиниса къватІибе квешлъи босула. РакІ цІун тІасан араб гурони гьесул кІалалъ бицунарелъул.
46
«Я, БетІерчІахъад! Я, БетІерчІахъад!» абун щай нужеца диде ахІулеб, дица абураб жо нужеца гьабулеб гьечІеб мехалъ?
47
Дида аскІове вачІун, дир рагІабазухъ гІенеккарав ва гьел тІуразарурав чи лъида релълъуневали мисал бачина дица нужее:
48
гьев релълъуна тІалде щвезегІан гъваридго кьучІги бухъун, мина барав чиясда. Щун бачІараб гІурул лъим речІчІаниги, щущан инчІо гьеб, щулаго бан букІиндал.
49
Амма дихъ гІенекканиги, дица абухъе гьабуларев чи релълъуна, кьучІго бухъичІого, ракьалда тІад мина барав чиясда. Щун бачІараб гІурул лъим речІчІарабго, доб мина биххана, щущан ун, чІудби хутІана.
← Chapter 5
Jump to:
Chapter 1
Chapter 2
Chapter 3
Chapter 4
Chapter 5
Chapter 6
Chapter 7
Chapter 8
Chapter 9
Chapter 10
Chapter 11
Chapter 12
Chapter 13
Chapter 14
Chapter 15
Chapter 16
Chapter 17
Chapter 18
Chapter 19
Chapter 20
Chapter 21
Chapter 22
Chapter 23
Chapter 24
Chapter 7 →
All chapters:
1
2
3
4
5
6
7
8
9
10
11
12
13
14
15
16
17
18
19
20
21
22
23
24