bible
ra
🌐 Language
English
Español
Français
Deutsch
Português
Italiano
Nederlands
Русский
中文
日本語
한국어
العربية
Türkçe
Tiếng Việt
ไทย
Indonesia
All Languages
Home
/
Avar
/
Avar Инжил Магӏарул [Avaric]
/
Luke 4
Luke 4
Avar Инжил Магӏарул [Avaric]
← Chapter 3
Jump to:
Chapter 1
Chapter 2
Chapter 3
Chapter 4
Chapter 5
Chapter 6
Chapter 7
Chapter 8
Chapter 9
Chapter 10
Chapter 11
Chapter 12
Chapter 13
Chapter 14
Chapter 15
Chapter 16
Chapter 17
Chapter 18
Chapter 19
Chapter 20
Chapter 21
Chapter 22
Chapter 23
Chapter 24
Chapter 5 →
1
Илагьияб РухІалъ цІурав ГІиса Иорданалдаса тІадвуссана ва гьеб РухІалъ гьев гІицІаб авлахъалде вачана.
2
Гьениб кІикъого къо бана ГІисаца. Илбисалъги хІалбихьана гьев къосинавизе. Гьебщинаб заманаялъ богІоллъи кІалдибе босичІо. КІикъого къо индал, ракъул хІал бергьана гьесие.
3
Илбисалъ гьесда абуна: — Мун Аллагьасул Вас ватани, гьаб ганчІие амру гьабе чедлъун лъугьайилан.
4
ГІисаца гьелъие жаваб кьуна: — ТІехьалда хъван буго: «ЦохІо чадица гуребин чиясе чІаголъи кьезе бугеб».
5
Цинги борхалъуде вачун, гьенисан цохІо лахІзаталда жаниб дуниялалъул киналго пачалихъал рихьизаруна гьесда.
6
Гьелъ абуна: — Гьал киналго пачалихъазул парччахІлъиги къудратги кьела дица дуе, гьеб киналъулго ихтияр дихъе щун бугелъул. Диего бокьарасе кьела дица гьеб.
7
Дуца дие сужда гьабуни, гьеб кинабго дур букІине буго!
8
ГІисаца жаваб кьуна: — ТІехьалда хъван буго: «ЦохІо Аллагьасе — дурго БетІергьанасе гурони сужда гьабуге. ЦохІо гьесие гьабе гІибадат!»
9
Илбисалъ ГІиса Иерусалималде вачун, Мукъадасаб Рукъалъул сиялда тІад лъуна ва гьесда абуна: — Мун Аллагьасул Вас ватани, гьаниса гъоркье кІанцІе!
10
ТІехьалда хъван бугелъул: «Аллагьас малаикзабазе амру гьабун буго мун цІунейилан»
11
ва: «Гьез мун кодов ккун восила, ганчІидацин дур хІетІе тункичІого букІине».
12
Гьелъие жавабалъе ГІисаца абуна: — «Дурго БетІергьан Аллагьасул хІалбихьуге», — янги абун буго ТІехьалда.
13
ГІисал хІалбихьун лъугІарабго, санагІатаб заман тІаде щвезегІан, гьесда аскІоса нахъе ана илбис.
14
Жиндилъ Илагьияб РухІ цІубарав ГІиса цинги Галилеялде тІадвуссана. ТІолабго сверухълъиялдаго гьасул хІакъалъулъ хабар тІибитІун батана.
15
Гьезул синагогабазде ун, гьас вагІза гьабуна, халкъалда гьоркьоб гьасул цІар машгьурлъана.
16
Жиндиего тарбия-лъай щвараб Назарет шагьаралде вачІана ва гьенивги, кидаго гІадин, шамат къоялъ синагогаялъуве ун, минбаралде вахана гІадамазе Илагьияб ТІехь цІализе.
17
Ишая аварагасул ТІехь кьуна гьесухъе. Гьадинаб калима бугеб бакІги батун, цІалана гьес:
18
«Дилъ БетІергьанасул РухІ буго, гьес дие ихтияр кьуна мискиназда Рохалил хабар бицине. Гьес дун витІана асирлъуда ругезда нуж тархъанлъанилан лъазабизе, нужеда канлъи бихьанилан бецаздаги лъазабизе, зулмуялда гъоркь ругелалги хвасар гьаризе,
19
Аллагьасул рахІмат рещтІунеб мех тІаде щолеб бугиланги лъазабизе».
20
Цинги Илагьияб ТІехь гьес, дандеги чІван, динияб хъулухъалъул чиясухъе кьуна, ва насихІат гьабизе гІодов чІана. Синагогаялъур данделъарал киназулго берал гьесдехун руссун рукІана.
21
Гьебмехалъ ГІисаца байбихьана: — Жакъа гьеб калимаялъухъ гІенеккун нуж рукІаго, ритІухълъана гьелда рехсараб амру.
22
ГІадамазе гьеб рекІее гІуна ва гьел гІажаиблъизаруна ГІисал кІалдисан рачІарал баркат бугел рагІабаз. Амма гьез абуна: — Юсупил вас вуго гурищ гьав?
23
ГІисаца гьезда абуна: — Гьайгьай, «тохтирас цин живго сахлъизавизе ккола», — ян кици тІамила нужеца дие. «Капернаумалда дуца гьабунилан нижеда рагІарабщинаб иш гьаниб инсул ракьалдаги гьабе», — янги абила нужеца дида.
24
Хадуб гьес абуна: — ХІакъаб рагІи буго нужее: цониги авараг рикІкІунаро жиндирго инсул ракьалда.
25
[25-26] ХІакълъун абулеб буго дица нужеда: Иляс аварагасул заманаялда, лъабго соналъги анлъго моцІалъги зодисан цІадал къатІра тІинкІичІого тІолабго ракьалде гІасияб ракъи рещтІараб мехалъ, Исраилил халкъалда гьоркьор гІемерал къоролзаби рукІаниги, Сидон улкаялъул Царепат шагьаралдаса цо къоролалъе гІоло гурони витІун вукІинчІо Аллагьас Иляс.
27
Элиша аварагасул заманаялда, барасалъ унтарал гІадамал Исраилил халкъалда гьоркьор гІемер рукІаниги, Сириялдаса цо Наъман абулев чи гурони, вацІцІалъизавичІо гьес.
28
Гьеб рагІарабго синагогаялъур рукІарал гІадамал ццидаца гьалаглъизаруна.
29
ТІаде рахъун гьез ГІиса шагьаралдаса къватІиве вачана жидерго шагьар тІад бараб магІарда бугеб кьурулъа гъоркье рехизейилан.
30
Амма, гІадамазул руккалилъа ворчІун, нахъе ана ГІиса.
31
Цинги Галилеялъул шагьар Капернаумалде ана ва шамат къояз гьезие вагІза гьабизе лъугьана.
32
ГІисал вагІзабаз хІикмалъизарун рукІана гьел. Цо хІалкІолъи жиндилъ бугев чияс гІадин малъулеб букІана гьес.
33
Синагогаялъув вукІун вуго хъубаб ва квешаб женалъ ккурав цо чи.
34
— ВахІ! Нижедасан дуе къваригІараб щиб, Назареталдаса ГІиса! — ян ахІдезе лъугьана гьев. — Ниж гъуризе вачІун вуго мун! Дида лъала мун щивали, мун вуго Аллагьасул мукъадасав илчи!
35
Амма ГІисаца жен чІезабуна: — КІал къай дуца! Нахъе а мун гьесул чорхолъа! — янги абун. Синагогаялъул бакьулъ гьев чиги гІодов ккезавун, гьесие щибго заралги гьабичІого, гьесул чорхолъа къватІибе ана жен.
36
Киналго гІажаиблъун хутІана. Цоцада гаргадулел рукІана гьел: — Гьесул рагІабазул магІна щиб? Гьесулъ буго жундузе амру гьабизе кІолеб хІалкІолъиги къудратги, гьелги инсанасул чорхолъа къватІире лъугьунел руго.
37
Сверухълъиялда киса-кибего тІибитІана ГІисал хІакъалъулъ хабар.
38
Цинги, синагогаялъуса къватІиве лъугьун, Симонил бакІалде ана ГІиса. Кутакаб цІа-каналъул унтуца бусаде ккун ятана Симонил якьад. Гьей сахлъизаеян гьарана ГІисада.
39
ТІаде къулун гьес гьелъул цІа-кан инабуна. ГьебсагІат тІаде яхъун якьад гьазие квен-тІехалда квалквадизе лъугьана.
40
Бакъ тІерхьунеб гІужалъ гІадамаз гьесухъе рачун рачІана батІи-батІиял гІузрабаз унтарал чагІи. ТІад квер лъун, гьел киналго сахлъизаруна гьес.
41
Гьебмехалъ гІемерисезул чорхолъа жундул нахъе унел рукІана: «Мун Аллагьасул вас вуго!» — янги ахІулаго. Гьезда лъалеб букІиндал ГІиса МасихІ вугевлъи, гьез гьеб бицунгутІизейин ГІисаца гьел руцІцІун чІезарулел рукІарал.
42
Сордо рогьарабго шагьаралдаса къватІиве вахъун, ГІисаца нух босана гІадан-чи гьечІеб бакІалде. Халкъалъул руккелал гьев валагьизе рахъана. Гьесда хадур гъедал, гьел гьардана гьениса нахъе унгейилан.
43
Амма ГІисаца гьезда абуна: — Аллагьасул ПарччахІлъиялъул хІакъалъулъ Рохалил хабар бицине цогидал шагьараздеги ине ккола дун, гьелъие гІололъидалха дун витІун вугев.
44
Гьедин, Ягьудиялъул синагогабазде ун, вагІза-насихІатал гьаруна гьес.
← Chapter 3
Jump to:
Chapter 1
Chapter 2
Chapter 3
Chapter 4
Chapter 5
Chapter 6
Chapter 7
Chapter 8
Chapter 9
Chapter 10
Chapter 11
Chapter 12
Chapter 13
Chapter 14
Chapter 15
Chapter 16
Chapter 17
Chapter 18
Chapter 19
Chapter 20
Chapter 21
Chapter 22
Chapter 23
Chapter 24
Chapter 5 →
All chapters:
1
2
3
4
5
6
7
8
9
10
11
12
13
14
15
16
17
18
19
20
21
22
23
24