bible
ra
🌐 Language
English
Español
Français
Deutsch
Português
Italiano
Nederlands
Русский
中文
日本語
한국어
العربية
Türkçe
Tiếng Việt
ไทย
Indonesia
All Languages
Home
/
Avar
/
Avar Инжил Магӏарул [Avaric]
/
Luke 24
Luke 24
Avar Инжил Магӏарул [Avaric]
← Chapter 23
Jump to:
Chapter 1
Chapter 2
Chapter 3
Chapter 4
Chapter 5
Chapter 6
Chapter 7
Chapter 8
Chapter 9
Chapter 10
Chapter 11
Chapter 12
Chapter 13
Chapter 14
Chapter 15
Chapter 16
Chapter 17
Chapter 18
Chapter 19
Chapter 20
Chapter 21
Chapter 22
Chapter 23
Chapter 24
1
Анкьил тІоцебесеб къоялъ, цІакъ цудунго рахъун ва цебеккунго хІадурун букІараб махІгьуинаб нахги босун, гьел руччаби ГІисал хабаде ана.
2
Нохъодул хобалъул кІалтІа букІараб гамачІ нахъе гиризабун батана гьезда.
3
Жанире лъугьиндал, ТІадегІанав ГІисал жаназаги батичІо.
4
Гьелда хІикмалъун, хаган гьел рукІаго, гьале гьезда цеве чІана цІакъго кенчІолел гІабаби ретІарав кІиго чи.
5
ХІинкъуца холаго, руччаби бутІрул гІодоре къулун чІедал, доз гьазда абуна: — Хваразда гьоркьов щай нужеца чІагояв чи валагьулев?
6
Гьев гьанив гьечІо. Гьев хваралъуса вахъана. РакІалда бугищ Галилеялда вугеб мехалъго ГІисаца нужеда абулеб букІараб:
7
ГІадамил Лъимералъе къадар бугин гьев мунапикъзабазул кверде кьезе, хъанчида ван хвезавизе ва хун лъабабилеб къоялъ чІаголъизеги.
8
ГІисаца абун рукІарал гьел рагІаби ракІалде щвана руччабазда.
9
Хабалалъа тІадруссун щведал, гьез гьеб хабар бицана ГІисал анцІила цо чапарасдаги ва киналго цогидал муридаздаги.
10
Гьел руччаби рукІана: Магдалаялдаса Марямги, Иоаннаги, Якъубил эбел Марямги ва цогидалги — гьезин бицараб гьеб чапарзабазда.
11
Чапарзабазда ккана гьез гІантал жал рицунел ругилан, ва руччабазда гьал божичІо.
12
Амма Пётр гьебсагІатго векерун ана хабалалъе. Жаниве къулун валагьидал, хІебтил мусру гурони, щибниги батичІо гьесда гьениб ва хІикмалъун тІадвуссун вачІана.
13
Гьебго къоялъ ГІисал кІиго мурид унев вукІана Иерусалималдаса анцІила цо километралъ рикІкІад бугеб Эммаус абулеб росулъе.
14
Кинабго лъугьа-бахъаралъул бицунеб букІана гьез.
15
Гаргадулел, дагІбадулел гьел рукІаго, вачІун ГІиса гьезда цадахъ вилълъине лъугьана.
16
Амма гьезда цебе пардав лъугьун букІана, гьединлъидал ГІиса гьезда лъачІо.
17
Гьес гьикъана гьезда: — Сундул бицунаго нуж рачІунел ругел? Пашманго рачІунел рукІарал гьел кІиялго лъалхъана.
18
Гьезда гьоркьоса Клеопа абун цІар бугес абуна: — Гьал къоязда Иерусалималде рачІаразда гьоркьов цохІо мун ватила гьениб ккараб ишалъул хІакъалъулъ рагІичІев чи.
19
— Сундул хІакъалъулъ? — ан гьикъана гьес. — Назареталдаса ГІисал хІакъалъулъ, — ан абуна гьез. — Гьев вукІана Аллагьасдаги тІолабго халкъалдаги жиндир ишазулги рагІулги хІалкІолъи бихьарав авараг.
20
Цинги нилъер чІахІиял кашишзабазги чІухІби-хІакимзабазги гьесие чІвазе къотІизе хІукму гьабизабуна, ва гьев хъанчида вазе витІана.
21
Вай, нижерни хьул букІана гьев Исраилил халкъ тархъан гьабизе вачІарав чи ватилилан. Амма гьелдалъун лъугІичІо иш: гьале лъабабилеб къо буго гьеб лъугьа-бахъин ккаралдаса.
22
Нижер цо-цо руччабаз бицараб хабаралъ хагазарун руго ниж. Жакъа радал цудунго рахъун ГІисал хабаде ун рукІана гьел.
23
Амма гьезда хабалъ ГІисал жаназа батун гьечІо. Зодисан рещтІун гьенир ратарал малаикзабаз гьев чІаго вугин абунин жидедаян бицине рачІана гьел руччаби.
24
Цо-цо нижералги ун рукІана хабатІе, ва руччабазда батухъе батун буго гьездаги хоб. Амма гьев живго вихьун гьечІо.
25
Гьес гьезда абуна: — Аварагзабаз цебеккунго киналъулго хІакъалъулъ бицун бугониги, гьелда божизе гІураб гІакълуги гьечІел ракІалги хІинцал гІадамал руго нуж!
26
Гьединаб гІазаб-гІакъуба гурищ МасихІица хІехьезе кколеб букІараб, гьедин гурищ МасихІ машгьурлъизе кколев вукІарав?
27
Мусадасан байбихьун цогидал аварагзабиги ракІалде щвезарун, МасихІил хІакъалъулъ Илагьияб ТІехьалда хъван бугебщинаб жо бичІчІизабуна гьес гьазда.
28
Гьанже гьел доб росулъе гІагарлъулел рукІана. Жив дагьавги цевехун ине кколеб ххвел гьабуна гьес.
29
Бакъги щинкІулеб бугин, сордоги тІаде щолеб бугин, жидеда цадахъ чІайилан тІаделъана гьел гьесде. Разилъун гьезда цадахъ рокъове жаниве лъугьана ГІиса.
30
Гьенир кваназе байбихьидал, гьес, тІаде дугІаги гьабун, бекун чед кьуна гьезухъе.
31
Гьебмехалъ борхун ана гьезда цебе букІараб пардав, ва гьезда ГІиса лъана. ГьебсагІат ГІиса гьезда вихьуларевлъун лъугьана.
32
Гьез цинги цоцазда абуна: — Нухда нилъгун кІалъалев ва Илагьияб ТІехьалда бугеб хабар бичІчІизабулев гьев вукІараб мехалъго бухІулеб-бухІулеб букІинчІищ нилъер ракІ? — абун.
33
Рахъун гьебсагІатго Иерусалималде тІадруссун ана гьел. Гьенир ратана анцІила цо чапарги гьезда цадахъ рукІаралги.
34
Гьез бицунеб бугоан хІакъикъаталдаги ТІадегІанав ГІиса чІаголъун вугин ва Симонида гьев вихьунги вугин.
35
Гьазги бицана нухда жидеда цадахъ вачІиналъулги, кванда нахъа бекун чед кьураб мехалъ, жидеда ГІиса лъараб куцалъулги хІакъалъулъ.
36
Гьелъул бицунел гьел рукІаго, тІаде вачІун, ракълида хутІагийилан саламги кьун, рукъ бакьулъ вахъун чІана ГІиса.
37
ХІинкъун, хІал хисун ругел гьезда ракІалде ккана хваразул рухІ бугин гьебилан.
38
ГІисаца гьезда абуна: — Щай нуж рихха-хочулел? Щай нуж щакдарулел?
39
Гьанире ралагье: гьале дир кверал, гьале дир хІатІал. Дун вуго нужеда цеве вахъун чІун. Квер хъван хал гьабе нужецаго. Хваразул рухІалъул рукьбиги рукьбузда гьанги букІунебищ? Дир черхалда бихьулеб бугогури нужеда гьеб.
40
Гьединги абун, жиндирго квералги хІатІалги рихьизаруна ГІисаца гьезда.
41
Рохиялъ хаган, хІикмалъун, божизе захІмалъун гьел ругеб мехалъ, цо щибниги кваназе жо гьечІищ гьанибилан гьикъана ГІисаца.
42
Гьез ГІисахъе бегьана бежараб ччугІил кесек.
43
Босун, гьалги ралагьун, квана ГІисаца гьеб.
44
ГІисаца гьезда абуна: — Мусал къануналдаги цогидал аварагзабазул тІухьдуздагун Туркабазул Хирияб ТІехьалдаги дир хІакъалъулъ хъван бугебщинаб ритІухълъана. Гьедин ккезе бугилан бицун букІана нужеда цадахъ вугеб мехалъ дица.
45
Илагьияб ТІехьалда хъван бугебаб бичІчІуледухъ, гьезул ракІал кантІизаруна ГІисаца цинги.
46
[46-47] Гьес абуна: — ХІасил, Илагьияб ТІехьалда хъван буго — МасихІица гІазаб-гІакъуба хІехьезе ккезе бугилан, хун лъабабилеб къоялъ гьев чІаголъизе вугилан ва Иерусалималдасан байбихьун киналго халкъазда, мунагьал чурулев Аллагьасде руссайилан, гьесул вакилзабилъун лъугьун, лъазабизеги бугилан.
48
Гьелъие нугІзал руго нуж.
49
Дир Инсуца нужее рагІи кьун букІарабги битІизе буго дица нужехъе. ТІасан бачІараб хІалкІолъиялъ къвалбазегІан шагьаралда чІа нуж.
50
Иерусалималдаса Бетаниялде рачана ГІисаца гьел. Квералги зодирехун ритІун, баркат лъегиян дугІа гьабуна гьезие ГІисаца.
51
ДугІа гьабулаго дагьа-дагьавккун гьездаса рикІкІалъизе лъугьана ва зобалазде восун ана.
52
Гьесие суждаги гьабун, рохуца холаго Иерусалималде тІадруссана гьел.
53
Цинги, кидаго Мукъадасаб Рокъор чІун, Аллагьасе рецц гьабулеб букІана гьез.
← Chapter 23
Jump to:
Chapter 1
Chapter 2
Chapter 3
Chapter 4
Chapter 5
Chapter 6
Chapter 7
Chapter 8
Chapter 9
Chapter 10
Chapter 11
Chapter 12
Chapter 13
Chapter 14
Chapter 15
Chapter 16
Chapter 17
Chapter 18
Chapter 19
Chapter 20
Chapter 21
Chapter 22
Chapter 23
Chapter 24
All chapters:
1
2
3
4
5
6
7
8
9
10
11
12
13
14
15
16
17
18
19
20
21
22
23
24