bible
ra
🌐 Language
English
Español
Français
Deutsch
Português
Italiano
Nederlands
Русский
中文
日本語
한국어
العربية
Türkçe
Tiếng Việt
ไทย
Indonesia
All Languages
Home
/
Avar
/
Avar Инжил Магӏарул [Avaric]
/
Mark 11
Mark 11
Avar Инжил Магӏарул [Avaric]
← Chapter 10
Jump to:
Chapter 1
Chapter 2
Chapter 3
Chapter 4
Chapter 5
Chapter 6
Chapter 7
Chapter 8
Chapter 9
Chapter 10
Chapter 11
Chapter 12
Chapter 13
Chapter 14
Chapter 15
Chapter 16
Chapter 12 →
1
Гьел Иерусалималде щолел рукІана. Зайтуналъул магІарда аскІор ругел Бетфагиялде ва Бетаниялде гІагарлъидал, кІиго муридги аскІове ахІун,
2
ГІисаца гьезда абуна: — Гьудуб нилъеда цебе бугеб росулъе а нуж. Росулъе лъугьаралго, цо бакІалда бухьун батила жеги чи тІад рекІинчІеб кІудияб кІерт. Рухьадасаги бичун, гьебги бачун рачІа.
3
Нужеца гьабулеб щибилан гьикъулев чи ккани, гьесда абе нижер ТІадегІанав ГІисае къваригІун бугин гьеб; кватІичІого нахъе биччазе бугиланги абе.
4
[4-5] Гьел ана. Гьениб гьезда батана къотІноб цо чиясул кавуялда бухьараб кІудияб кІерт. Рухьадаса гьеб бичулел рукІаго, гьенир рахъун чІун рукІарал гІадамаз гьикъана: — Нужеца гьабулеб щиб? Щай нужеца гьеб кІерт рухьадаса бичулеб?
6
ГІисаца малъухъе кьуна муридаз гьезие жаваб. Цинги доз гьалги риччан тана.
7
КІерт ГІисахъе бачун бачІана. Гьелъул гьодиде рехана гьез жидерго партал, ва ГІисаги гьелда тІад рекІана.
8
ГІемерисез, тІаса бахъун ретІел букІана нухда тІибитІулеб. Цогидаз абуни, магъилъ ругел гъутІбуздаса къотІун, гІурччинал гІаркьалаби рукІана гьесда цере тІиритІулел.
9
Гьесда цере-цере унезги хадур рачІунезги турки ахІулеб букІана: — Гьошанна! БетІергьанасул къудраталдалъун витІун вачІунев вугесда баркат лъеги!
10
ТІаде гІунтІулеб бугеб нилъер эмен Давудил ПарччахІлъиялда баркат лъеги! Гьошанна! ТІадегІанав Аллагьасе рецц!
11
Иерусалималде щваравго, ГІиса Мукъадасаб Рокъове лъугьана ва, киса-кибего бер щвезабун, хал-шал гьабуна. МаркІачІубер рукІкІинехъин букІиндал, анцІила кІиявго чапарги вачун, ГІиса Бетаниялде тІадвуссана.
12
Нахъисеб къоялъ радакьго вахъун Бетаниялдаса вачІунаго, ГІиса вакъана.
13
РикІкІадасанго гьесда бихьана тІад тІамах бараб цо инжиралъул гъветІ. ГъотІода пихъ гьечІодайилан аскІове индал, тІамах гурони, цониги инжир батичІо: инжир барщизе заман щун букІинчІо жеги.
14
Цинги ГІисаца гъотІода абуна: — Дуда тІад бижун пихъ тІокІаб лъицаниги киданиги квине хъван батугеги. Гьеб рагІана гьесул муридаздаги.
15
Гьале Иерусалималде щвана гьел. Мукъадасаб Рокъове лъугьун, гьенир даран-базаралда рукІарал гІадамал къватІире гъезе лъугьана ГІиса; гІарац хисулел чагІазул столал ва къурбаналъе хъвезе маккал ричулел чагІи тІад гІодор чІолел бакІал кІалагъоркье чІвазаруна.
16
Мукъадасаб Рукъалъул азбаралъусан гІадамаз къайи баччизеги гьукъана гьес.
17
Цинги ГІисаца, гьезие малъа-хъвай гьабун, абуна: — ТІехьалда хъван гьечІищ: «Гьаб Дир рукъалда цІар букІине буго киналго халкъазул как-диналъул рукъ», — абун. Нужецайин абуни гьаб хъачагъазул нохъоялде сверизабун буго.
18
ГІисал гьеб калам рагІидал, диниял гІалимзабиги чІахІиял кашишзабиги ургъизе лъугьана гьев тІагІинавизе рес киндай батилаян. Гьесукьа хІинкъун рукІана гьел, щайгурелъул ГІисал гІелмуялъ тІолабго халкъ хІикмалъизабун букІиндал.
19
Бакъ тІерхьунеб гІужалда шагьаралдаса къватІире рахъана ГІисаги муридзабиги.
20
Нахъисеб къоялъ радал тІадруссун рачІунаго балагьидал, доб инжиралъул гъветІ кьолболъанго бакъван бугоан.
21
ГІисаца абун рукІарал рагІабиги ракІалде щун, Пётрица гьесда абуна: — Я МугІалим! Балагье, сон нагІана кьураб инжиралъул гъветІ бакъван бугеб куц.
22
ГІисаца гьезда абуна: — Аллагьасде божи-иман цІуне нужеца.
23
ХІакълъун абулеб буго дица нужеда: рекІелъе щаклъиги ккезе биччачІого, жинца абухъе лъугьине букІиналдаги божун, пуланав чияс гьаб мегІералда абуни, гьаниса бахъун ун ралъдалъе кІанцІеян, мегІер гьесие мутІигІлъизе буго.
24
Гьединлъидалин дица нужеда абулеб бугеб: дугІадулъ нужеца Аллагьасда щиб гьарулеб бугониги, нуж божа гьес нужер гьари тІубан бугилан. ТІубазеги бугебха гьеб!
25
[25-26] Гьари-дугІаялъе Аллагьасда цере чІараб мехалъ, нужер ццин бугел гІадамал ратани, гьезда тІасалъугьа, гьебмехалъ Зобалазда вугев нилъер Эменги лъугьине вуго нужер къосиналда тІаса.
27
Нахъеги Иерусалималде щвана гьел. Мукъадасаб Рокъов жанив тирулев ГІиса вугеб мехалъ, гьесда аскІоре рачІана чІахІиял кашишзаби, диниял гІалимзаби, чІухІби-хІакимзаби.
28
Гьез ГІисада гьикъана: — Гьаб хІалтІи гьабизе ихтияр бугебищ дур? Лъица дуе гьеб ихтияр кьураб? — абун.
29
ГІисаца гьезие жавабалъе абуна: — Дицаги кьела нужее цо суал. Нужеца гьелъие жаваб кьуни, гьебмехалъ бицина дица нужеда лъица дие гьеб ихтияр кьурабали.
30
Лъадалъ ччун рахъун гІадамал рацІцІад гьаризе ихтияр ЯхІяе кисан щун букІараб: зобалаздасанищ яги гІадамаздасанищ? Кье дие жаваб.
31
Цоцазда гьоркьоб хабар ккана гьезул. «Зобалаздасан букІанин абуни, гьес нилъеда абилагури, гьедин батани, щайха нуж ЯхІяда божичІелилан.
32
ГІадамаздасан букІанин абуни...» Гьедин абизеги, халкъалъукьа хІинкъун рукІана гьел, киназго ЯхІя хІакъав авараглъун рикІкІунев вукІиндал.
33
Жидеда лъаларилан жаваб кьола ГІисае гьез. ГІисаца гьездаги абула: — Дица нужедаги бицинаро лъил ихтияралдалъун гьаб хІалтІи гьабулеб бугебали.
← Chapter 10
Jump to:
Chapter 1
Chapter 2
Chapter 3
Chapter 4
Chapter 5
Chapter 6
Chapter 7
Chapter 8
Chapter 9
Chapter 10
Chapter 11
Chapter 12
Chapter 13
Chapter 14
Chapter 15
Chapter 16
Chapter 12 →
All chapters:
1
2
3
4
5
6
7
8
9
10
11
12
13
14
15
16