bible
ra
🌐 Language
English
Español
Français
Deutsch
Português
Italiano
Nederlands
Русский
中文
日本語
한국어
العربية
Türkçe
Tiếng Việt
ไทย
Indonesia
All Languages
Home
/
Avar
/
Avar Инжил Магӏарул [Avaric]
/
Mark 9
Mark 9
Avar Инжил Магӏарул [Avaric]
← Chapter 8
Jump to:
Chapter 1
Chapter 2
Chapter 3
Chapter 4
Chapter 5
Chapter 6
Chapter 7
Chapter 8
Chapter 9
Chapter 10
Chapter 11
Chapter 12
Chapter 13
Chapter 14
Chapter 15
Chapter 16
Chapter 10 →
1
Цоги ГІисаца абуна: — ХІакълъун абулеб буго дица нужеда: тІубараб къуваталда Аллагьасул ПарччахІлъи рещтІунеб куц бихьичІого, жидеца хвалил лълъар гьекъезе гьечІел гІадамалги ругелха гьанир эхетаразда гьоркьор.
2
Гьелдаса хадуб анлъго къоялдасан, Пётрги, Якъубги, Иоаннги гурони тІокІав чиги цадахъ вачинчІого, ГІиса цо борхатаб магІарде вахана. Гьелги ралагьун рукІаго, хиса-басун лъугьана ГІиса.
3
Гьесул ретІел лъугьана, гІазухъахІаб кьерги чІван, кунчІ-кунчІизе; кигІан цІакъ чураниги кІвелароан гьеб гьедин хъахІлъизабизе.
4
Цинги гьезда рихьана Илясги Мусаги. ГІисагун гара-чІварулел ругоан гьел.
5
Гьениб Пётрица ГІисада абуна: — Я МугІалим! ЛъикІ буго гьаниб нилъее! РачІа, лъабго хъощ базин гьаниб: цо дуе, цо Мусае, цо Илясие.
6
Гьедин абуна Пётрица, щиб абилебали лъаларого хутІидал. ХІакъикъаталдаги хІинкъун лъугьана муридзаби гьенир.
7
Гьебмехалъ цо хъахІаб накІкІул парча бачІун рахчизаруна гьел ва накІкІуда гьоркьосан бахъана цо гьаракь: — Гьав вуго дие вокьулев дир Вас. Гьасухъ гІенекке нуж!
8
Цинги гьебсагІат сверухъе ралагьидал, цохІо ГІиса тун батІияв чи гьезда гьенив вихьичІо.
9
МагІардаса гІодоре рещтІунаго, ГІисаца гьезда лъазабуна хваралъуса вахъун ГІадамил Лъимер вачІинегІан, гьаб нужеда бихьараб ишалъул лъиданиги бицунгейилан.
10
Гьениб бихьарабщинаб жиделъго цІунана гьез. Амма «хваралъуса вахъун вачІиналъул» магІна щибдайилан цоцазда цІехолдулел рукІана.
11
Цинги гьез ГІисада гьикъана: — Щайха диниял гІалимзабаз абулеб цин цеве Иляс авараг вачІине кколилан?
12
ГІисаца гьезда абуна: — БитІараб буго, цин цеве Иляс вачІуна ва гьес кинабго къачІанги тола. Щайха ТІухьдузда хъван бугеб ГІадамил Лъимада гІемераб гІазаб-гІакъуба бихьилилан ва гІадамаз гьев инжит-хІакъир гьавилилан?
13
Гьале дица нужеда абулеб буго: ТІухьдузда хъван бугеб куцалда, Иляс вачІана; ва жидее бокьанщинаб гьабуна гьесие гІадамаз.
14
ГІиса дол жиндирго муридазда аскІове тІадвуссиндал, гІемераб халкъ бакІарун батана гьенибе. Диниял гІалимзабиги ругоан гьасул муридалгун дагІба-рагІиялда.
15
ГІиса вихьидал, тІолабго халкъ хІикмалъун хутІана, данде рортун гьесие салам кьезе лъугьана.
16
ГІисаца жиндирго муридазда гьикъана гьазулгун нужер бугеб дагІба щибилан?
17
Халкъалда гьоркьоса вачІун цо чияс абуна: — Я МугІалим! Дун духъе вачІун вуго женалъ кІал-мацІ ккурав, кІалъазе кІоларев васги вачун.
18
Гьеб жен киб кваланиги, дир вас гІодов ккола, кІалдиб полоп бала, цаби къерщезарула, цинги гьев цІоро-гъорон лъугьуна. Гьал дур муридазда абуна дица гьесул чорхолъа жен бачахъеян, амма гьезухъа бажаричІо.
19
Гьездехун ГІисаца абуна: — ГІай, нуж иман гьечІеб уммат! КидалъагІан дун нужгун вукІинев? КидалъагІан дица нуж хІехьезе кколел? Ваче гьаниве дурго вас.
20
Вас гьесухъе вачун вачІана. ГІиса вихьаравго, хъубаб женалъ васасул щукІдул рукІкІинаруна; гьев гІодов ккана, гевегахъдизе лъугьана ва гьесул кІалдисан полоп бурана.
21
ГІисаца гьесул инсуда гьикъана: — Вас гьедин лъугьаралдаса кигІан мех бараб? — ГьитІинаб мехалдаса нахъего вуго гьев гьедин, — абун жаваб кьуна инсуца.
22
— Чанги цІадавеги рехана женалъ гьев, лъадалъеги рехана, хвезавизе бокьун. Дуда щибниги гьабизе кІолеб батани, нижеда гурхІун, кумек гьабе нижее.
23
ГІисаца гьесда абуна: — Дагьабниги божизе дудаги кІолеб батани, божа мунги. Божулев чиясда хІалкІолареб жо букІунаребин!
24
ГьебсагІат васасул инсуца ахІана: — Дун божула, кумек гьабе дие — божуларесе!
25
ТІаде гурун бачІунеб халкъги бихьун, гьеб женалъе амру гьабун, ГІисаца абуна: — Ле, мацІ лъалареб ва гІинкъаб жен! Дица дуе амру гьабулеб буго гьев васасул чорхолъа тІагІаян ва тІокІаб киданиги гьенибеги къагеян.
26
Цо гьаракьги гьабун, кутакалда гьев васги сородизавун, шайтІан къватІибе кІанцІун бачІана. Цинги хварав чи гІадин лъугьана вас, хІатта гьев хваниланцин абулеб букІана гІемерисез.
27
Амма ГІисаца квер цІан тІаде вахъинавидал, вас вахъун чІана.
28
Рокъоре щун, жалго хутІидал, муридаз ГІисада гьикъана: — Нижеда щай кІвечІеб доб хъубаб жен бачахъизе?
29
ГІисаца гьезие жаваб кьуна: — Доб тайпаялъул жундул рачахъизе кІола гІицІго дугІаялдалъун.
30
Гьениса рахъун Галилеялъул ракьалдасан унел рукІана гьел. ГІисае бокьун букІинчІо жив вачІунев вукІин лъиданиги лъазе.
31
Жиндирго муридазе насихІат гьабулев вукІана гьев. ГІисаца гьезда бицана: — ГІадамил Лъимер кьезе вуго гІадамазда кодове, цинги гьез гьев чІвала ва лъабабилеб къоялъ хваралъуса вахъина.
32
Амма гьезда бичІчІичІо гьел рагІабазул магІна, ва гьесда гьеб гьикъизеги хІинкъана.
33
Цинги гьел Капернаумалде щола. Рокъоре щведал, ГІисаца гьезда гьикъана: — Гьанире рачІунаго нухда сундул бицун дагІбадулел нуж рукІарал? — абун.
34
Гьел руцІцІун чІана. Щайгурелъул гьел дагІбадулел рукІиндал жидеда гьоркьов бищун кІудиявлъун щивдай кколеван.
35
ГІиса гІодов чІана, ва жиндаго аскІове анцІила кІиявго муридги ахІун, гьес абуна: — Бищунго кІудиявлъун лъугьине бокьарав чи цогидазда гьоркьов бищунго гьитІинавлъун вукІа ва гьезие хъулухъалъе чІа.
36
Кодобе босун, ГІисаца цо лъимер гьезда гьоркьоб эхетизабуна ва, гьеб лъимада къвалги бан, абуна:
37
— Цо гьадинаб лъимер, дие гІоло, лъицаниги къабул гьабуни, гьеб бащалъизе буго дун къабул гьавиялда. Дун къабул гьавурав чияс, цохІо дун гуревги, дун нужехъе витІарав Аллагьги къабул гьавулев вуго.
38
Гьебмехалъ Иоанница абуна: — Я МугІалим! Нижеда ватана цо чи дур цІаралдалъун жундул рачахъулев; амма гьев чи нилъеда нахъвилълъунев гьечІо. Нилъеда нахъвилълъунев гьечІелъул, нижеца гьукъана досие гьеб иш гьабизе.
39
ГІисаца абуна: — Гьукъуге гьесие гьеб. Дир цІаралдалъун хІикмат бихьизабурав чиясда кІвезе гьечІо гьелдаса хадуб гьебсагІат дир хІакъалъулъ квешаб рагІи абизе.
40
Нилъеда дандечІоларев чи ккола нилъер рахъалда вугев чи.
41
ХІакълъун абулеб буго дица нужеда: нуж МасихІил муридал рукІинги лъан, дие гІололъун нужее гьекъезе гел цІун лъим кьурав чи кириялдаса махІрумлъиларо.
42
Амма диде иман лъуразда гьоркьоса цониги лъимер гІадинав пулан мунагьалде цІалев чи ккани, гьобоги горбода бухьун, ралъдалъе рехиго лъикІаб букІинаан гьесие.
43
[43-44] Дур квералъ мун мунагьалде цІалев вугони, къотІун рехе гьеб. Цояб квер камун, алжаналде ин лъикІ дуе, кІиябго квергун жужахІалъул свин гьечІеб цІадаве рехизегІан.
45
[45-46] Дур бохалъ мун мунагьалде цІалев вугони, къотІун рехе гьеб. Цояб бох камун, алжаналде ин лъикІ дуе, кІиябго бохгун жужахІалъуве рехизегІан.
47
Дур бералъ мун мунагьалде цІалев вугони, бахъун рехе гьеб. Цо бергун Аллагьасул ПарччахІлъиялде ин лъикІ дуе, кІиябго бергун жужахІалъуве рехизегІан.
48
ЖужахІалъул борхьазе хвелги букІунареб, жужахІалъул цІадуе свинги букІунареб!
49
Къурбаналъул гьан, тІаде цІам щван, бацІцІад гьабулеб гІадин, щивав чи цІадудалъун вацІцІад гьавизе вуго.
50
ЦІам лъикІаб жо буго. Амма гьелъул цІамгІаллъи холеб бугони, кин нужеца гьеб нахъеги цІамгІаллъизабилеб? ЦІам цІуне нужелъго, ва цоцазда гьоркьор ракълида рукІа.
← Chapter 8
Jump to:
Chapter 1
Chapter 2
Chapter 3
Chapter 4
Chapter 5
Chapter 6
Chapter 7
Chapter 8
Chapter 9
Chapter 10
Chapter 11
Chapter 12
Chapter 13
Chapter 14
Chapter 15
Chapter 16
Chapter 10 →
All chapters:
1
2
3
4
5
6
7
8
9
10
11
12
13
14
15
16