bible
ra
🌐 Language
English
Español
Français
Deutsch
Português
Italiano
Nederlands
Русский
中文
日本語
한국어
العربية
Türkçe
Tiếng Việt
ไทย
Indonesia
All Languages
Home
/
Avar
/
Avar Инжил Магӏарул [Avaric]
/
Mark 8
Mark 8
Avar Инжил Магӏарул [Avaric]
← Chapter 7
Jump to:
Chapter 1
Chapter 2
Chapter 3
Chapter 4
Chapter 5
Chapter 6
Chapter 7
Chapter 8
Chapter 9
Chapter 10
Chapter 11
Chapter 12
Chapter 13
Chapter 14
Chapter 15
Chapter 16
Chapter 9 →
1
Гьел къоязда нахъеги цІакъ гІемераб халкъ бакІарана ГІисада аскІобе. Квен-тІехги гьечІого гьел хутІидал, жиндирго муридалги аскІоре ахІун, ГІисаца гьезда абуна:
2
— Гьал гІадамазда гурхІун вуго дун. Гьале лъабабго къоялъ дида аскІор чІун руго. Кваназе жоги хутІун гьечІо гьазухъ.
3
КваначІого дица риччани, рокъоре унаго, рухІ дагьлъун ккезе бегьула гьел, цІакъго рикІкІадаса рачІаралги ругелъул гьезда гьоркьор.
4
Муридаз гьесда абуна: — Гьаниб гІалхуда гьазие гІураб чед лъица балагьилеб, киса бахъилеб? — абун.
5
Чан чед нужехъ бугебилан гьикъана ГІисаца гьезда. Анкьго чед бугилан абуна гьез.
6
Цинги ГІисаца гьел гІадамазда абуна кваназе гІодор чІайилан. Гьеб анкьабго чедги кодобе босун, тІаде дугІаги гьабун, ГІисаца бек-бекун жиндирго муридазухъе кьуна, халкъалъе бикьейилан. Гьезги гьеб халкъалъе бикьана.
7
Дагьа-макъаб ччугІаги букІана гьезухъ. Додинго тІаде дугІаги гьабун, гьебги кьуна ГІисаца муридазухъе, халкъалъе бикьеян.
8
ГІорцІизегІан кванана гьел гьенир; нахъе хутІарал чадил мочІабазулги анкьго гьегь цІуна.
9
Гьенир кванарал гІадамазул вукІана ункъазаргогІанасев чи.
10
Гьелги нахъе ритІун, ГІиса гьебсагІаталъ жиндирго муридалгун цадахъ, росодаги рекІун, Далманутаялъул ракьалде ана.
11
Гьенир ГІисахъе рачІун, цо-цо фарисеял лъугьана гьевгун дагІбадизе. Гьесул хІалбихьизелъун, гьез тІалаб гьабуна зодисан гІаламат бихьизабеян.
12
Угьун хІухьелги биччан, ГІисаца абуна: — Щай гьаб умматалъ гІаламат тІалаб гьабулеб? ХІакълъун абулеб буго дица: гьаб умматалъе гІаламат букІине гьечІо.
13
Гьел гІадамалги рукІаралъур тун, ГІиса нахъеги росоде вахана ва ралъдал добцояб рахъалде ана.
14
Квен цадахъ босизе кІочон тун батана муридазда; цо гурони чед батичІо гьезухъ.
15
ГІисаца гьезда лъазабуна: — Вореха, фарисеязулги гьеродилазулги реччеялдаса цІунун чІа нуж.
16
Цоцазда гаргадизе лъугьана гьел: — Нилъехъ чед гьечІилан абураб магІна букІине ккола гьелъул.
17
Гьезул пикру бичІчІун, ГІисаца абуна: — Чед гьечІилан щай нуж гаргадулел? Нужго кинал гьедигІан бичІчІи гьечІел ва нахъгІунтІуларел? КигІан согІлъун нужер ракІал ругел?
18
[18-19] Берал ругониги бихьулареб кин? ГІундул ругониги рагІулареб кин? Нужеца ракІалде щвезабе: дица щуазарго чиясе бек-бекун щуго чед кьун хадуб хутІарал чадил мочІабазул чан гьегь цІураб? АнцІила кІиго гьегь цІунилан жаваб кьуна гьез.
20
— Анкьго чед ункъазарго чиясе бикьараб мехалъ, хутІарал мочІабазул чан гьегь цІураб? Анкьго гьегь цІунилан жаваб кьуна гьез.
21
— Гьанжеги бичІчІичІебищ нужеда? — ян гьикъана ГІисаца гьезда.
22
Цинги гьел щвана Бетсаидаялде. Вачун вачІуна цо бецав чи. Гьесда квер хъвайилан гьарула гьез ГІисада.
23
ГІисаца кверги ккун гьев чи росулъа къватІиве вачана ва гьесул кІиябго бадибеги ту-тун, беразда квералги рахъун, гьесда гьикъана щибниги бихьулеб бугищилан.
24
Сверухъ хал-шалги гьабун, гьес абуна: — АскІосан унел гІадамал рихьулел руго дида гъутІби гІадин.
25
ГІисаца нахъеги беразда кверал рахъараб мехалъ, гьев чи цеве валагьана, — бералги сахлъун, кинабго жо баянго бихьулеб батана гьесда.
26
ГІисаца гьев гьенисанго рокъове витІана ва гьадаб росулъан унгеянги лъазабуна.
27
Гьениса вахъун жиндирго муридалгун цадахъ ГІиса ана Филиппил Къайсарият шагьаралда гІагарлъухъ ругел росабалъе. Нухда ГІисаца гьезда гьикъана: — Щивлъун дун гІадамаз рикІкІунев? — абун.
28
Гьез жаваб кьуна: — Цояз абулеб буго мун ЯхІя авараг вугилан, цояз абулеб буго Иляс авараг вугилан. Цогидаз абулеб буго аварагзабаздасан цояв кколилан.
29
Цинги ГІисаца гьезда гьикъана: — Нужеца щивлъунха дун рикІкІунев? — абун. Пётрица жаваб кьуна: — Мун вуго МасихІ.
30
Лъиданиги гьеб бицунгейилан лъазабуна ГІисаца гьезда.
31
Цинги гьес бицине байбихьана ГІадамил Лъимаца гІемераб гІазаб-гІакъуба хІехьезе ккезе бугин, чІухІби-хІакимзабазги, чІахІиял кашишзабазги, диниял гІалимзабазги гьесдаса инкар гьабизе бугин, чІвазе вугин ва лъабабилеб къоялъ хваралъуса вахъинеги вугин.
32
Гьеб кинабго ГІисаца гьезда рагьун бицана. Амма довегІанги вачун Пётр лъугьана гьедин абугейилан гьесда дандечІун кІалъазе.
33
Гьебмехалъ, кьурун вуссун, жиндирго муридазухъ валагьана гьев. Цинги, Пётрги вуцІцІинавун, абуна: — ТІагІа дида аскІоса, Илбис! Аллагьасулаб тун, инсанасулаб лъугьун буго дур рекІелъе.
34
Гьениб букІараб халкъги жиндирго муридалги аскІоре ахІун, ГІисаца абуна: — Дида цадахъ вилълъине бокьарав чи ватани, гьес жиндирго напсалдаса инкар гьабе, жиндаго тІаде ккараб хъанчил гІазабги бачче ва дида хадув вачІа.
35
Щаян абуни, жиндирго гІумру цІунизе бокьулев чи гьелдаса махІрумлъила, диеги Рохалил хабаралъеги гІоло гІумруялдаса махІрумлъизе разилъарас гьеб хвасар гьабила.
36
Жиндирго рухІги рецІалие кьун, тІолабго дуниялалъул кверщел хъатикье щвеялъул щиб пайда бугеб инсанасе?
37
Жиндирго рухІалъухъ хисизе жо щиб бугеб инсанасул?
38
Гьаб мунагьаб ва пасатаб умматалда цеве дунги дир рагІабиги сан гьаричІев чи ГІадамил Лъимацаги сан гьавизе гьечІо, жиндирго Инсул нуралъ гвангъун, мукъадасал малаикзабигун цадахъ гьев вачІунеб мехалъ.
← Chapter 7
Jump to:
Chapter 1
Chapter 2
Chapter 3
Chapter 4
Chapter 5
Chapter 6
Chapter 7
Chapter 8
Chapter 9
Chapter 10
Chapter 11
Chapter 12
Chapter 13
Chapter 14
Chapter 15
Chapter 16
Chapter 9 →
All chapters:
1
2
3
4
5
6
7
8
9
10
11
12
13
14
15
16