bible
ra
🌐 Language
English
Español
Français
Deutsch
Português
Italiano
Nederlands
Русский
中文
日本語
한국어
العربية
Türkçe
Tiếng Việt
ไทย
Indonesia
All Languages
Home
/
Avar
/
Avar Инжил Магӏарул [Avaric]
/
Mark 13
Mark 13
Avar Инжил Магӏарул [Avaric]
← Chapter 12
Jump to:
Chapter 1
Chapter 2
Chapter 3
Chapter 4
Chapter 5
Chapter 6
Chapter 7
Chapter 8
Chapter 9
Chapter 10
Chapter 11
Chapter 12
Chapter 13
Chapter 14
Chapter 15
Chapter 16
Chapter 14 →
1
ГІиса Мукъадасаб Рокъоса къватІиве лъугьиндал, гьесул цо муридас гьесда абуна: — Я МугІалим! Гьал къадазулъ лъурал ганчІазул чІахІалъи, гьаб минаялъул кІодолъи!
2
Гьесие жавабалъе ГІисаца абуна: — Гьаб кІудияб кІалгІа бихьулагури дуда? ГанчІида лъураб цониги гамачІ хутІиларо гьаниб кІалагъоркье чІвачІого.
3
Мукъадасаб Рукъалда дандбитІухъе, Зайтуналъул магІарда гІодов чІун ГІиса вугеб мехалъ, батІаго гьесда аскІоре рачІун, Пётрицаги, Якъубицаги, Иоанницаги, Андрейицаги гьарана:
4
— Гьаб дуца абулеб бугебщинаб иш кида лъугьине бугебали ва гьеб лъугьинехъин букІиналъе кинаб гІаламат загьирлъизе бугебалиги бице нижеда.
5
Гьезие жаваб гьабун, ГІисаца байбихьана: — Воре, цо лъицаниги къосинаризе гурин нуж!
6
Чанги вукІине вугелъулха, жив дун вугилан абун вачІунев чи. Чангиял гьез къосинаризеги руго.
7
Рагъал ккун ругилан ва ккезехъинги ругилан рагІани, гьелдаса нуж хІинкъуге. Гьеб цебеккунго лъугьине ккола, ва гьеб жеги ахирзаман гуро.
8
Цо халкъ цоги халкъалде, цо ханлъи цоги ханлъиялде тІаде кІанцІила. БакІ-бакІалда ракь багъарила, ракъи баккила. Гьеб ккола лъимер гьабизе хІара чІваялъул гІадинаб унтиялъул байбихьи.
9
Нужеца нужеего гІамал гьабе: щаян абуни, дун сабаблъун нуж судалде ахІила, синагогабазухъе рачун рухила, наибзабазда ва парччахІзабазда цере чІезарила, дир муридал ругилан нугІлъи гьабизе.
10
Амма ахирзаман тІаде щвелалде киналго халкъазда Рохалил хабар лъазабун букІина.
11
Судалда цере чІезе нуж рачараб мехалъ, щибдай бицинаян цебеккунго ургъел ккоге нужеда. ГьебсагІат нужерго рекІелъе рещтІараб жо абун биччай. Щайгурелъул нуж гуро гьебмехалъ кІалъазе ругел, нужер рекІелъе рещтІараб Илагьияб РухІин кІалъазе бугеб.
12
Вацас вац кьезе вуго чІвазе, инсуца вас кьезе вуго. Жидерго эбел-инсуда данде рахъун, лъималаз гьелги кьезе руго чІвазе.
13
Дун сабаблъун киналго гІадамазда рихина нуж. Амма ахиралде щвезегІан сабру гІурав чи хвасарлъила.
14
БукІинего бегьулареб бакІалда чІунтелалъул къабихІлъи бихьила нужеда, — цІалулесда лъалин гьелъул магІна, — гьебмехалъ мугІрузде лъута абе Ягьудиялда ругелал.
15
Гьеб къоялъ тІохда вугев гъоркье рещтІунгеян абе, къваригІараб-тараб босизе рокъове жаниве лъугьунгеян абе.
16
Хурив вугевги жиндирго ретІел босизе нахъвуссунгеян абе.
17
Вай, къинал руччабазе ва каранда хахулел лъимал ругел улбузе букІинаха дол къояз кІудияб къварилъи-гІазаб!
18
Хасало лъутизе ккогегиян гьари-дугІа гьабулел рукІа нуж.
19
Щаян абуни, гьебмехалъ рещтІине буго Аллагьас дуниял бижаралдаса гьанжелъагІан букІинчІеб ва хадубккун букІине къотІиги гьечІеб гІадинаб балагь.
20
Гьел къоял къокълъизаризе БетІергьанасул къадар букІинчІебани, цониги рижи хвасарлъизе букІинчІо. Амма жинцаго тІаса рищарал гІадамазе гІоло гьел къоял къокъ гьаризе хІукму буго гьесул.
21
Гьебмехалъ нужеда лъицаниги абуни МасихІ гьале гьанив вугилан, яги дова вугилан, — воре, нуж гьелда божуге.
22
Щаян абуни, гІемер рукІине руго гьебмехалъ гьересимасихІалги гьересиаварагзабиги. Бажарани, хІатта тІаса рищарал муъминзабигицин къосинаризе бокьун, чанги гІаламатал ва мугІжизатал рихьизарила гьез.
23
Воре, нуж цІодорго чІа; гьале дица цебеккунго лъазабун толеб буго нужеда!
24
Дол къоязда, гьеб гІакъуба-къварилъиялдаса хадуб, бакъул нур тІагІун ина, ва моцІрол канлъиги ссун ина.
25
ЦІваби зодиса гІодоре гъенон рачІина, ва къвакІарал зобалги гьаргьадила.
26
Ва гьебмехалда вихьила накІкІазда гьоркьосан бергьараб къудраталда ва кІодолъиялда ГІадамил Лъимер вачІунев.
27
Зоб-ракьалъул цо рагІалдаса цоги рагІалде щвезегІан ункъабго рахъалдаса жинцаго тІаса бищараб агьлу данде бакІаризе жиндирго малаикзабиги ритІила гьес.
28
Нужеца мисалалъе босе инжиралъул гъветІ. Гьелъул гІаркьалабазда гІекІ базе ва тІамах бижизе байбихьараб мехалъ нужеда лъала рии тІаде щолеб бугеблъи.
29
Гьелдаго релълъун, гьал дица рицарал гІаламатал загьирлъараб мехалъ, нужеда лъала гьеб нуцІикІалтІе щун бугеблъи.
30
ХІакълъун абулеб буго дица нужеда: дуниялалда гьаб наслу букІаго лъугьине буго гьеб кинабго.
31
Зобалги ракьалги тІагІаниги, дир рагІаби нахъе хутІизе руго.
32
Амма цониги инсанасда лъаларо гьеб къо, гьеб сагІат кида тІаде щвезе бугебали. Я зобалазул малаикзабазда лъаларо, я Васасда лъаларо, гьеб лъала цохІо Инсуда.
33
Воре, нуж рорчІуда чІа, кида бачІунебали лъаларелъул гьеб заман.
34
Масала, пуланав чи сапаралъ унев вугони, гьес щивасе хІалтІи бикьун рукъалъул иш рагьтІателазда тІадкъан тола ва кавудул кІалтІа вугев хъаравуласдаги абун тола ворчІуда чІайилан.
35
Гьедин нужги рорчІуда чІа! Нужеда лъаларелъул рукъалъул бетІергьан кида тІадвуссун вачІиневали: маркІачІумехалъищ, яги сордо бащалъараб мехалъищ, яги радакье хІелеко бахъараб мехалъищ, яги рогьа-роцІараб мехалъищали.
36
Гурони, тохлъукье тІаде рехун гьев вачІараб мехалъ, кьижун ратила гьесда нуж!
37
Нужеда гуребги, цогидаздаги абулеб буго дица: воре, нуж рорчІуда чІа!
← Chapter 12
Jump to:
Chapter 1
Chapter 2
Chapter 3
Chapter 4
Chapter 5
Chapter 6
Chapter 7
Chapter 8
Chapter 9
Chapter 10
Chapter 11
Chapter 12
Chapter 13
Chapter 14
Chapter 15
Chapter 16
Chapter 14 →
All chapters:
1
2
3
4
5
6
7
8
9
10
11
12
13
14
15
16