bible
ra
🌐 Language
English
Español
Français
Deutsch
Português
Italiano
Nederlands
Русский
中文
日本語
한국어
العربية
Türkçe
Tiếng Việt
ไทย
Indonesia
All Languages
Home
/
Avar
/
Avar Инжил Магӏарул [Avaric]
/
Mark 7
Mark 7
Avar Инжил Магӏарул [Avaric]
← Chapter 6
Jump to:
Chapter 1
Chapter 2
Chapter 3
Chapter 4
Chapter 5
Chapter 6
Chapter 7
Chapter 8
Chapter 9
Chapter 10
Chapter 11
Chapter 12
Chapter 13
Chapter 14
Chapter 15
Chapter 16
Chapter 8 →
1
Гьале ГІисахъе рачІун, гьенир данделъана фарисеялги Иерусалималдаса цо чанго динияв гІалимчиги.
2
ГІисал цо-цо муридал «хъубал» квераз, ай квералги чуричІого, кваналел рихьана гьезда. (
3
Фарисеялги ва цогидал киналго жугьутІалги, умумуздасанго бачІараб динияб гІадат цІунун, цин кверал чуричІого кваназе гІодор чІоларо.
4
Базаралдаса руссараб мехалъги гьел кверал чуричІого кваналаро. Цогиги гІемер руго гьез цІунарал гІадатал. Масала, мухІканго чурула суркІа-щурун, парччи-гулгун, пахьул хьагал.)
5
Гьединлъидал фарисеязги диниял гІалимзабазги ГІисада гьикъула: — Умумузул динияб гІадатги цІуничІого щай дур муридал чуричІел квераз кваналел ругел?
6
ГІисаца жаваб кьуна: — Нуж гІадинал ххвелал гьаризе бокьулел чагІазул хІакъалъулъ цІакъ битІун абун бугебха Ишая аварагасул тІехьалда: «Гьел гІадамазул кІалалъ Дир цІар гІемер рехсола, Амма ракІални гьезул рикІкІад руго Дидаса.
7
ГІадада ккела гьезул Дие гьабураб тІагІат, ГІадамазул гІадатал цІунизе халкъ тІамидал».
8
Аллагьасул амруги рехун тун, гІадамазул гІадат цІунула нужеца.
9
Цоги гьес абуна: — Нужерго гІадат цІунизе бокьун Аллагьасул амру нахъчІвазени махщел щун буго нужее!
10
Мусал къануналда гурищ абун бугеб: «Дурго инсулги эбелалъулги адаб-хъатир гьабе!» Хадубги: «Жиндирго инсул яги эбелалъул хІакъалъулъ квешаб рагІи абурав чи чІвазе ккола».
11
Амма нужеца малъулеб буго: масала, пуланав чиясул ихтияр бугила инсуда яги эбелалда абизе нужее дидасан кколеб напакъа дица Аллагьасе къурбан, ай назру гьабунилан.
12
Гьелдалъун нужеца чІезабулеб буго гьев чияс жиндирго инсуеги эбелалъеги кумек гьабичІониги гІолилан.
13
Гьедин нужеца умумуздасан бачІараб гІадаталдалъун хвезабулеб буго Аллагьасул амру. Гьелда релълъаралги гІезегІан жал гьарулел руго нужеца.
14
Нахъеги халкъги аскІобе ахІун, ГІисаца абуна: — Дихъ гІенекке нуж киналго:
15
[15-16] къватІиса жанибе аралъ гуро инсан хъублъизавулев, гьев хъублъизавула гьесда жаниса къватІибе бачІаралъ. Гьеб бичІчІа нужеда!
17
Гьеб халкъалда аскІоса ун рокъоре щвараб мехалъ ГІисада муридаз гьикъана доб кициялъул магІна щибилан.
18
ГІисаца гьезда абуна: — ГьедигІанго жо бичІчІуларел чагІийищха нужги? КъватІиса жанибе аралъ инсан хъублъизавуларевлъи лъаларебищха нужеда?
19
КІалдисан чорхолъе жанибе араб жо инсанасул рекІелъе гуро унеб, чохьонибе уна, цинги гьенисан къватІибеги уна. (Гьел рагІабаздалъун ГІисаца бичІчІизабуна инсанас кваналебщинаб квен бацІцІадаб, хІалалаб букІин.)
20
Хадубги гьес абуна: — Амма инсан хъублъизавула гьесда жанисан бачІун къватІибе аралъ.
21
[21-22] Щаян абуни, инсанасда жанисан, гьесул рекІелъан рачІуна квешал къасдалги, хъахІбалъиги, цІогьги, чІвай-хъвейги, зиначилъиги, хъантІи-къарумлъиги, ццинги, хІилла-макруги, пасалъиги, жахІда-хІусудги, бугьтанги, чІухІи-пахрулъиги, жагьиллъиги.
23
Гьеле гьеб инсанасда жанисан къватІибе бачІунебщинаб квешлъиялъ хъублъизавула гьев.
24
Гьениса вахъун ГІиса щвана Тир шагьаралъул ракьалде. Пуланав чиясул бакІалда рещтІарав гьесие бокьун букІинчІо жив вачІун вукІин гІадамазда лъазе. Амма вахчун гьев хутІичІо.
25
[25-26] Цо чІужугІаданалда рагІана гьев вачІун вугилан. Гьелъул яс йикІана жундуз ккун. (Гьей йикІана мажусияй, Сириялъул ракьалдаса финикияй.) ГІисахъе ячІун, гьесул хІатІазда цее накабаздаги чІун, гьелъ гьарана жиндир ясалъул чорхолъа шайтІан бачахъейилан.
27
Гьес гьелда абуна: — Цин лъимал гІорцІизегІан чІа, лъималазул кІалдиса бахъун чед гьабзазе базе бегьуларо.
28
ГІисае жавабалъе гьелъ абуна: — Я, БетІерчІахъад! Гьебни битІараб буго. Амма лъималазухъа рортарал чадил кескал столалда гъоркь регун рукІунел рукъалъул гьабзазеги щолагури.
29
Цинги ГІисаца гьелда абуна: — Гьеб рагІи дие рекІее гІуна, гьанже дурго рокъое а; дур ясалъул чорхолъа шайтІан нахъе арабин.
30
Рокъое щведал, гьелда жиндирго яс ятана, шайтІанги чорхолъа ун, парахатго бусада егун.
31
Тир улкаялдаса вахъун, Сидон шагьарги къотІун, АнцІшагьаралъул ракьалдасан нахъеги Галилеялъул ралъдал рагІалде щвана ГІиса.
32
Гьесухъе вачун вачІана хІалица гурони кІалъазе кІоларев гІинкъав чи, гьесда цо квер хъвайилан гьарун.
33
ДовегІанги вачун, ГІисаца гьев чиясул гІинзунир килщал къазаруна, ту-тузеги ту-тун гьесул мацІалдаги хъвана килищ.
34
Цинги, зобалазде бералги тІамун, угьун хІухьелги биччан, гьес абуна: — ЭтпатахІ! (Гьелъул буго «Рагье!» абураб магІна.)
35
ГьебсагІат гъов чиясул гІундул рагьун рачІана, ва мацІалда букІараб гарацІги бичун ун, бацІцІадго кІалъазе лъугьана.
36
Гьелъул хІакъалъулъ лъиданиги бицунгейилан лъазабуна ГІисаца гьел гІадамазда. Амма гьедин цІикІкІун гьукъанагІан, дагьабги цІикІкІун тІибитІулеб букІана халкъалда гьоркьоб ГІисал хабар.
37
Ва дагьабги цІикІкІун гІажаиблъун, хІикмалъун хутІарал гІадамаз цоцазда абулаан: — Сунда квер баниги, кинабго лъикІ лъугьунеб буго гьесухъа. ГІинкъаздаги рагІи рагІизабулеб буго, мацІ лъаларелги кІалъазарулел руго.
← Chapter 6
Jump to:
Chapter 1
Chapter 2
Chapter 3
Chapter 4
Chapter 5
Chapter 6
Chapter 7
Chapter 8
Chapter 9
Chapter 10
Chapter 11
Chapter 12
Chapter 13
Chapter 14
Chapter 15
Chapter 16
Chapter 8 →
All chapters:
1
2
3
4
5
6
7
8
9
10
11
12
13
14
15
16