bible
ra
🌐 Language
English
Español
Français
Deutsch
Português
Italiano
Nederlands
Русский
中文
日本語
한국어
العربية
Türkçe
Tiếng Việt
ไทย
Indonesia
All Languages
Home
/
Avar
/
Avar Инжил Магӏарул [Avaric]
/
Mark 15
Mark 15
Avar Инжил Магӏарул [Avaric]
← Chapter 14
Jump to:
Chapter 1
Chapter 2
Chapter 3
Chapter 4
Chapter 5
Chapter 6
Chapter 7
Chapter 8
Chapter 9
Chapter 10
Chapter 11
Chapter 12
Chapter 13
Chapter 14
Chapter 15
Chapter 16
Chapter 16 →
1
Дуниял рогьарабго, чІахІиял кашишзабиги, чІухІби-хІакимзабиги, диниял гІалимзабиги ва тІолабго тІадегІанаб судги данделъун хІукму тасдикъ гьабуна ва, вухь-вухьун вачун, ГІиса Пилатихъе кьуна.
2
Пилатица ГІисада гьикъана: — Мунищха кколев жугьутІазул парччахІ? ГІисаца жаваб кьуна: — Дуца абулеб бугоха гьедин.
3
ЧІахІиял кашишзабаз гьениб гІемер батІи-батІияб гІайиб гІунтІизабуна ГІисаде.
4
Пилатицайин абуни нахъеги гьикъана ГІисада: — Дуца жавабго кьолареб кинаб? Дуде гьаз гІунтІизабулеб бугебщинаб гІайиб бихьуларищ?
5
Гьел суалазеги ГІисаца щибго жаваб кьечІелъул, Пилат гІажаиблъун-хІикмалъун хутІана.
6
ГІадат букІана халкъалъ цІар чІварав цо туснахъ Пилатица байрамалъул къоялъ къватІиве виччалеб.
7
Пуланаб питнаялда гІахьаллъун чи чІварал гІадамазда цадахъ гьебго заманалда жанив тІамун вукІана Барабба абулев цо чи.
8
Кидаго гІадин жидер мурад тІубаян гьаризе рахъун ахІи базе лъугьана гІадамал, гъун-чІван Пилатихъе рачІунаго.
9
Пилатица гьезда абуна: — ЖугьутІазул парччахІ виччалищ, нужее бокьун батани?
10
(Пилатида лъалеб букІиндалха чІахІиял кашишзабазул жахІда-хІусудалъ хІал гьабун жиндихъе кьурав чи гьев вукІин.)
11
Амма чІахІиял кашишзабаз халкъ тІамуна Барабба къватІиве виччайилан гьаризе.
12
Гьебмехалъ Пилатица гьезда гьикъана: — ЖугьутІазул парччахІилан абурав чиясе дица щиб гьабизеха нужее бокьун бугеб?
13
— Хъанчида вазе витІе! — ян ахІдана гьебмехалъ гІадамал.
14
— Гьас гьабураб квешлъигІаги щиб? — абун гьикъана Пилатица гьезда. Амма гІадамал тІадеги цІакъ ахІдезе лъугьана: — Хъанчида вазе витІе! — ян.
15
Халкъ рази гьабизе бокьун, Пилатица Барабба къватІиве виччана. ГІиса цІалаца вухеян ва хъанчида ваян амру гьабуна.
16
Рималъул рагъухъабаз ГІиса вачуна сардарасул претория абулеб кІалгІаялъул азбаралъуве. Рагъухъабазул тІубараб полк бахъинабун букІана гьенибе.
17
БецІбагІараб ххамил гІаба ххола ГІисада тІад. Зазил хьухьун гьабураб тажги лъола гьесул ботІрода.
18
Жидеца ГІиса кІодо гьавулев вугев гІадин: — ЖугьутІазул парччахІ чІахъаги! — ян ахІдезе лъугьуна гьел.
19
Цинги гІонсоца бетІер бухула ГІисал, тІаде тударула, суждаялда чІун, гьесие бетІер къулулеб ххвел гьабула.
20
Инжит-хІакъир гьавун хадуб, доб багІараб гІабаги тІаса бахъун, жиндирго ретІел ретІуна гьесда тІад. Ва хъанчида вазе вачун уна.
21
Хуриса вуссун вачІунев данде ккана Киренеялдаса Симон абулев цо чи — Александрилги Руфилги эмен. Гьесда баччизабуна гьез ГІисае гьабураб хъанч.
22
Цинги ГІиса вачана Голгота абулеб бакІалде. Гьелъул магІна ккола «Гвангвара гохІ».
23
Мехтизе гьарулеб гьекъолеб жоялъул цІун щурун кьуна гьесухъе. Амма ГІисаца гьеб гьекъечІо.
24
ГІиса хъанчида вана, ва лъица щиб босилебали можоро тІамун, ГІисал ретІел жидедаго гьоркьоб бикьизе лъугьана рагъухъаби.
25
Радал сагІат ичІго тІубан букІана ГІиса хъанчида вараб мехалъ.
26
Гьесде гІунтІизабураб гІайиб рехсараб хъвай-хъвагІайги гьабун букІана хъанчида, «ЖугьутІазул парччахІ» абун.
27
КІиго хъачагъги вукІана гьесда цадахъ хъанчида ван: цояв кваранаб рахъалда, цояв квегІаб рахъалда.
28
[28-29] Цересан унел гІадамаз, гьев хІакъир гьавун, абулеб букІана бутІрулги хьвагІулаго: — Ле, щущазабун Мукъадасаб Рукъгун, лъабго къоялде гьеб цІидасан балев багьадур!
30
Мунго хвасар гьаве! Хъанчидаса гІодове рещтІа!
31
Гьебго къагІидаялда гьев хІакъир гьавун, цоцазда гаргадулел рукІана чІахІиял кашишзабиги диниял гІалимзабиги: — Цогидал хвасар гьарилилан вукІанин, живго хвасар гьавун бажаруларев чи!
32
Исраилил умматалъул парччахІ — МасихІ гьев ватани, рещтІа абе гьанже нилъеда вихьизе хъанчидаса гъоркье, гьебмехалъ божила нилъ гьесда. Гьесда цадахъ хъанчида рарал хъачагъалгицин рукІана ГІисаде хьанделел.
33
Къалъул гІужалда сверухъе тІолабго дуниял бецІлъана. Гьеб бецІлъи тІаса инчІо сагІат лъабго тІубазегІан.
34
СагІат лъабго тІубараб мехалъ, цо гучаб гьаракьги гьабун, ГІисаца ахІана: — Элои, Элои! Лема шевактани! — абун. (Гьелъул магІна букІана: «Дир Аллагь! Дир Аллагь! Щай дуца дун рехун тарав?»)
35
Гьенир рукІарал цо-цояз, гьеб рагІараб мехалъ, абулеб букІана: «ГІенекке, Иляс аварагасде ахІи балеб буго!» — ян.
36
Гьебмехалъ векерун ун гьезул цояс, цІекІаб чагъиралдаги ччун, чІорто босун бачІана, гІорол тІогьибги бухьун, гьесухъе бегьана. Гьев чияс абулеб букІана: — ЧІа, гьанже бихьилин хъанчидаса гьев вахъизе Иляс авараг вачІунищали.
37
Цоги гучаб гьаракь гьабуна ГІисаца. Ва гьесул рухІ босун ана.
38
Мукъадасаб Рукъалъул хирияб бакІалда бигъун букІараб пардав тІарадаса ахаде щвезегІан кІихІи бихъун ана гьебмехалъ.
39
Рагъухъабазул нусилбетІер вукІана ГІисал хъанчида дандвитІун эхетун. Гьедин ГІисал рухІ босараб куц бихьидал, гьес абуна: — ХІакъикъаталдаги гьав чи Аллагьасул Вас вукІун вуго.
40
Гьенир нахъегІан чІун ралагьун руччабиги рукІана. Гьезда гьоркьор рукІана Магдалаялдаса Марямги, гьитІинав Якъубил ва Юсупил эбел Марямги, Саломеяги.
41
Гьел рукІана ГІиса Галилеялда вугеб мехалъго гьесда хадур рачІун, гьесие хъулухъалъе чІарал руччаби. Гьел гурелги, гьесда цадахъ Иерусалималде рачІарал цогидал руччабиги гІезегІан рукІана гьенир.
42
[42-43] Гьеб букІана рузман къо. Шаматалда цебесеб къо букІиндал, бакъ щинкІилалдего вачІун тІаде щвана тІадегІанаб судалда гьоркьов гІахьаллъулев ва халкъалда жаниб жиндир къадру-къимат бугев Ариматеялдаса Юсуп абулев чи. (Аллагьасул ПарччахІлъиялде хьул лъурав чи вукІана гьев.) Гьев хІинкъичІого Пилатихъе ана ГІисал жаназа кьеян гьаризе.
44
ГІиса хванилан рагІидал, гІажаиблъун хутІана Пилат. Дол рагъухъабазул нусилбетІерги ахІун, гьесда гьикъана цевегойищ хваравилан.
45
Гьев нусилбетІерасдасан ГІисал хвалил хІакъикъат лъарабго, Пилатица изну кьуна гьесул жаназа нахъе босизе.
46
Бичун босун бацІцІадаб хІебетгун, Юсупица ГІисал жаназа хъанчидаса бахъана ва, хІебтил мусруги бан, гьеб букъана кьурулъ бикІун къачІан букІараб нохъодул хабалъ. Нохъодул кІалтІе цо кІудияб гамачІги гиризабун тана.
47
Магдалаялдаса Марямги Юсупил эбел Марямги рукІана ГІиса хабалъ лъолеб бакІалъухъ ралагьун.
← Chapter 14
Jump to:
Chapter 1
Chapter 2
Chapter 3
Chapter 4
Chapter 5
Chapter 6
Chapter 7
Chapter 8
Chapter 9
Chapter 10
Chapter 11
Chapter 12
Chapter 13
Chapter 14
Chapter 15
Chapter 16
Chapter 16 →
All chapters:
1
2
3
4
5
6
7
8
9
10
11
12
13
14
15
16