bible
ra
🌐 Language
English
Español
Français
Deutsch
Português
Italiano
Nederlands
Русский
中文
日本語
한국어
العربية
Türkçe
Tiếng Việt
ไทย
Indonesia
All Languages
Home
/
Avar
/
Avar Инжил Магӏарул [Avaric]
/
Mark 5
Mark 5
Avar Инжил Магӏарул [Avaric]
← Chapter 4
Jump to:
Chapter 1
Chapter 2
Chapter 3
Chapter 4
Chapter 5
Chapter 6
Chapter 7
Chapter 8
Chapter 9
Chapter 10
Chapter 11
Chapter 12
Chapter 13
Chapter 14
Chapter 15
Chapter 16
Chapter 6 →
1
Гьале гьал щвана Галилеялъул ралъдал добаб рахъалда бугеб герасеназул улкаялде.
2
ГІиса ракъдаде рещтІараб мехалъ, цойидасанго гьесда дандчІвана хабалазул нохъаздаса къватІиве вачІунев хъубал жундуз ккурав цо чи.
3
Гьениб хабалазухъ букІана гьесул чІейи, ва гьанже щивниги вукІинчІо рахас бан гьев вухьине кІолев чи.
4
Кверазда рахсал ран, бохдузда маххал ран, чанцІулго вухь-вухьана гІадамаз гьев, амма рахсалги гьес тІутІун ралаан, маххалги гъурун рехулаан. Лъиданиги кІолеб букІинчІо гьев квегъизе.
5
Къасиги къадги — кидаго гохІал, нохъал тирулаго ахІдолев-чІчІичІчІидулев вукІунаан гьев, ганчІазда тункун лъурал ругъназул цІун черхги букІунаан.
6
РикІкІадасанго ГІиса вихьидал, векерун вачІун гьев гьасда цеве кІалагъоркье речІчІана
7
ва ахІдезе лъугьана: — ТІадегІанав Аллагьасул Вас ГІиса! Щиб дуе дидасан къваригІараб? Аллагьасул цІар бахъун гьарулеб буго дуда, дие гІазаб кьоге! — ян.
8
(ГІисаца шайтІаналъе амру гьабун букІиндалха гьесул чорхолъа къватІибе лъугьаян.)
9
Цинги ГІисаца гьикъана дуда цІар щибилан. Жаваб кьуна: — «Бо» буго дида цІар. Щайгурелъул ниж гІемерал руго гьанир.
10
Цинги ГІисада цІакъ гьардезе лъугьана, гьаб улкаялдаса жал нахъе гъогейилан.
11
Гьениб цо мугІрул ссанда кваналеб букІана болъоназул кІудияб рехьед.
12
Жундуз ГІисада гьарана жал гьел болъоназда гъорлъе риччайилан.
13
Гьес изну кьуна. Гьев чиясул чорхолъа къватІиреги рачІун, хъубал жундул болъоназулъе лъугьана. ГьебсагІат тІубараб рехьед — кІиазаргогІанасеб болъон цо борхатаб бакІалдасан цадахъго ралъдалъе кІанцІун ана ва гьенир гъанкъана.
14
Болъоназул гІухьби гьениса лъутун ана, ва шагьаралдаги росабалъги гьез бицана ккараб жо. Цинги лъугьа-бахъараб иш бихьизе гІадамалги рачІана гьенире.
15
ГІисада аскІоре щведал, гьенив гІодов чІун ватана дов жундузул боялъ гьалаглъизавун вукІарав чи: тІад ретІелги буго гьесда, камилаб гІакълу-лъаялдаги вуго. ГІадамазул рекІелъе хІинкъи лъугьана.
16
Гьенир рукІараз бицана жундуз ккун вукІарасул лъугьарабги дол болъоназул ккарабги.
17
Гьебмехалъ гьел гІадамаз ГІисада гьарана жидер ракьалдаса нахъе айилан.
18
ГІиса росоде вахиндал, дов жундуз ккун вукІарав чияс гьесда гьарана живги цадахъ вачейилан.
19
Амма ГІисаца изну кьечІо. Гьес абуна: — Гьанже мун рокъове а ва дурго агьлуялда бице БетІергьанас дуего гьабураб лъикІлъиялъулги, гьев дуда гурхІараб куцалъулги хІакъалъулъ.
20
Инеги ун гьев чияс АнцІшагьаралъул гІадамазда гьоркьоб тІибитІизабуна ГІисаца жиндие гьабураб хІалкІолъиялъул хабар. Киналго гьелда хІикмалъун хутІун рукІана.
21
Нахъеги росодаги рекІун, ГІиса ралъдал добцояб рагІалде щвараб мехалъ, гІемераб халкъ бакІарана гьесухъе. Гьев вукІана ралъдал рагІалда эхетун.
22
Гьале, гьениве вачІуна синагогаялъул хІакимзабазул цояв. Яир букІана гьесда цІар. ГІиса вачІун вихьидал, гьев гьасда цеве накабазда чІола,
23
ва кутакалда гьардезе лъугьуна: — Дир яс холей йиго, вачІун дуца цо квер хъвани, сахлъила гьей, чІаго хутІила гьей.
24
ГІиса гьесда цадахъ уна. Гъуркъун хадур рачІунел гІадамазул руккелалъ гьоркьов вазавун вукІана гьев.
25
АнцІила кІиго соналъ би къотІичІого ва черх бацІцІалъичІого йикІарай,
26
жиндир бугебщинаб боцІи-рикъзи тохтирзабазе кьуниги, дагьайги квеш лъугьун гурони, гьезда мадар лъугьинабизе кІвечІей цо пуланай чІужугІаданалъ,
27
ГІисал хабар рагІидал ячІун, халкъалъул гурулъ вугев гьесухъе нух бахъула ва нахъасан гьесул ратІлида квер хъвала.
28
ГІисал ратІлидагІаги квер хъвазе щвани, жий сахлъилин ракІалде кколаан гьелда.
29
ГьебсагІатго къотІана гьелъул чорхолъа чвахулеб букІараб би, ва гьеб гІазабалдаса жийго хвасарлъарайлъи бичІчІана гьелда.
30
Гьебго заманаялда ГІисадаги лъана цо чи сахлъизавизе кІолеб къуват жиндир чорхолъа араблъи. — Лъица дир ратІлида квер хъвараб? — абун гьикъана гьес, халкъалдехунги вуссун.
31
Гьесул муридаз абуна: — Дуда сверухъ гъуркъун бачІунеб бугеб гІалам бихьулагурищ дуда. Гьединги букІаго, жинда хъварав чи щивилан абулеб буго дуца.
32
ГІисайин абуни, жиндир ратІлида квер лъица хъварабали лъазе, сверухъе валагьахъдилев вукІана.
33
Жиндиего лъугьараб ишги бичІчІун, хІинкъун сородилаго ячІуна дой чІужугІадан ГІисада аскІое ва, кІалагъоркье гьесда цееги речІчІун, гьелъ бицуна тІолабго хІакъикъат.
34
ГІисаца гьелда абула: — Дурго божи-иманалъ хвасар гьаюна, яц, мун. Гьанже а дурго, сах хутІагийин мун!
35
Гьелдехун кІалъалев ГІиса вукІаго, синагогаялъул хІакимасул бакІалдаса ругьел бачІуна, дур яс хванилан, гІадада МугІалимасул рахІат хвезабун щайилан.
36
Гьел рагІабазул сан гьабичІого, ГІисаца ясалъул инсуда абула: — Мун хІинкъуге, божун вукІа!
37
Пётрги, Якъубги, Якъубил вац Иоаннги гурони, цогидав чиги цадахъ вачинчІого,
38
ГІиса щола синагогаялъул хІакимасул бакІалде. Гьенир гьесда ратула ахІи-хІуралда гІодилаго ва магІу гьабулаго рихха-хочун ругел гІадамал.
39
ГІисаца гьезда абула: — Щай нуж гІодулел? Щай рихха-хочулел? Гьей хун гьечІогури. Кьижун ккун буго лъимер.
40
Гьел гьасда тІад релъанхъизе лъугьуна. ГІисаца киналго къватІире гъола. Ясалъул эбел-эменги ва жиндаго цадахъ рукІаралги рачун, гьев лъугьуна яс егун йигеб рокъове.
41
Ясалъул кверги ккун, ГІисаца гьелда абула: — ТІелитаъ, кІум! (Гьелъул магІна букІана — «Дуда буго абулеб: ТІаде яхъа, ясай!»)
42
ГьебсагІат тІадеги яхъун хьвадизе лъугьана гьей яс. (Гьелъул букІана анцІила кІиго сон.) ГІемерго гІажаиблъун-хІикмалъун, битІахъе хаган хутІана гІадамал.
43
ГІисаца абуна гьей ясалъе квен кьеян, ва, воре, нужеца гьелъул хІакъалъулъ лъиданиги бицунгеянги лъазабуна.
← Chapter 4
Jump to:
Chapter 1
Chapter 2
Chapter 3
Chapter 4
Chapter 5
Chapter 6
Chapter 7
Chapter 8
Chapter 9
Chapter 10
Chapter 11
Chapter 12
Chapter 13
Chapter 14
Chapter 15
Chapter 16
Chapter 6 →
All chapters:
1
2
3
4
5
6
7
8
9
10
11
12
13
14
15
16