bible
ra
🌐 Language
English
Español
Français
Deutsch
Português
Italiano
Nederlands
Русский
中文
日本語
한국어
العربية
Türkçe
Tiếng Việt
ไทย
Indonesia
All Languages
Home
/
Avar
/
Avar Инжил Магӏарул [Avaric]
/
Mark 4
Mark 4
Avar Инжил Магӏарул [Avaric]
← Chapter 3
Jump to:
Chapter 1
Chapter 2
Chapter 3
Chapter 4
Chapter 5
Chapter 6
Chapter 7
Chapter 8
Chapter 9
Chapter 10
Chapter 11
Chapter 12
Chapter 13
Chapter 14
Chapter 15
Chapter 16
Chapter 5 →
1
Нахъеги ралъдал рагІалда гІадамазе вагІза-насихІат гьабизе лъугьана ГІиса. ГІемераб халкъ бакІарун букІана гьесухъе. Гьединлъидал, ралъдалъ бугеб росодеги вахун, гьенив гІодов чІун вукІана гьев. ТІолабго халкъин абуни ралъдал рагІалда эхетун букІана.
2
ГІемераб хабар бицана гьезие ГІисаца, батІи-батІиял мисалалги рачана.
3
— ГІенеккея: хуриб хьон хьазе вахъун вукІанила цо чи.
4
Хьалаго-хьалаго цо-цо мугьал нухде рортанила, роржун рачІун хІанчІаз рищанила гьел.
5
Цо-цо мугьал ракьул хъал гурони тІад гьечІеб тІалде кколел рукІанила. Ракь тІеренаб букІиндал, гьел гьенир хехго тІирщанила ва тІаде раккизе лъугьанила.
6
Амма бакъ тІад речІчІарабго, речІан анила гьел, ва гъваридго ракьулъе кьалбал риччан рукІинчІелъул, хеккого ракъванила.
7
Цогиги мугьал заз-хъарахъалда гъорлъе кканила, хІалигъун бижараб чІахІицаги зазицаги гьел гъанкъун реханила, ва гьезда тІад тІорги бечІанила.
8
Цогидал мугьал кканила лъикІаб ракьалда тІаде, гьездасан рижанила ва гІун рачІанила тІорал: гьезул цоялда букІанила лъеберго, цогидалда — лъабкъого ва цо-цоялда — нусгоги мугь.
9
Цинги ГІисаца абуна: — ГІундул ругезда рагІизе биччанте гьеб!
10
Жалго хутІидал, дов анцІила кІиявго чапарасги цогидал цадахъ рукІаразги ГІисада гьикъана, мун мисал бачун кІалъаялъул магІна щибилан.
11
ГІисаца абуна: — Нуж руго Аллагьасул ПарччахІлъиялъул балъголъаби лъазе рес щварал гІадамал, амма цогидазе кинабго мисалаздалъун бицуна, —
12
ралагьун ругониги гьезда бихьунгутІизе, гІенеккун ругониги рагІунгутІизе, бичІчІунгутІизе. Гьедин букІинчІебани, гьел Аллагьасде руссинаан ва гьезул мунагьалги чурилаан.
13
Цинги гьес абуна: — Унго бичІчІичІебищ нужеда доб мисалалъул магІна? Гьеб бичІчІуларел нужеда цогидал мисалал кинха ричІчІилел?
14
Хьон хьалев чи ккола рагІи хьалев чи.
15
Цо-цо чиясул иш ккола нухде рортарал хьодул мугьазда релълъун. Гьесул гІинда рагІани Аллагьасул рагІи, гьебсагІатго бачІун илбисалъ бикъун уна гьесул рекІелъе ккун букІараб рагІи.
16
Гьединго цогидал гІадамал релълъуна ракьул хъал гурони тІад гьечІеб тІалде рортарал мугьаздасан бижаралда. РагІини гьездаги рагІула ва гьебсагІат рохун къабулги гьабула.
17
Амма рекІел гъварилъуда кьалбал гьечІелъул, гьеб халат хутІуларо. Къабул гьабураб рагІи сабаблъун хІинкъабиги къварилъабиги тІаде ккараб мехалъ, гьединав чияс къо хІехьоларо.
18
Цогидал релълъуна заз-хъарахъалда гъорлъе рортарал мугьаздасан бижаралда.
19
РагІини гьездаги рагІула, амма гьезул рекІелъе лъугьарал гьаб дуниялалъул тІалаб-агъазалъ ва бечелъиялдаги тІагІам-лазаталдаги хадур хачадиялъ гьеб рагІи гъоркь къинабула. Гьединазул хІалухъенги букІунаро.
20
Амма руго лъикІаб ракьалде рортарал мугьаздасан бижаралда релълъарал гІадамалги. РагІиги гьезда рагІула, къабулги гьабула. ХІалухъенги бижула цоязе лъеберго, цогидазе лъабкъого, цо-цоязе нусго нухалъцин цІикІкІараб.
21
Цинги ГІисаца гьезда абуна: — СахІида гъоркь яги хьонбакІалда гъоркь лъезейищ чирахъ бакун рокъобе жанибе босулеб? Борхатаб бакІалда гурищ гьеб лъолеб?
22
Балъгоябщинабги тІатунеб, бахчарабщинабги загьирлъулеб.
23
ГІундул ругезда рагІизе биччанте гьеб!
24
Цоги гьес абуна: — Балагьея, гІинтІаме гьаб дир калимаялъухъ: кинаб сахІалъ нужеца борцаниги, гьединабго сахІалъ борцине буго нужееги, ва нужее тІадеги жубазе бугеб.
25
Кодолъи бугесе тІадеги кьезе буго, кодолъи гьечІесухъа бугебги бахъизе буго.
26
Цоги ГІисаца абуна: — Аллагьасул ПарччахІлъи релълъуна цо гьадинаб ишалда. Масала, пуланав чияс ракьулъе рехула хьодул мугь.
27
Цинги къаси кьижун, къад вахъун, жиндирго яшавалда вукІуна гьев, ва гьесда лъаларо кин гьеб мугь тІирщулебали, тІаде баккулебали.
28
Ракьалъ жинцаго тІалаб гьабула мугьалъул: цин гьеб тІаде баккула, хадуб тІор бала, тІоралда мугь цІубала.
29
Гьале, тІоралда мугь барщарабго, босун нилъгун вачІуна гьев лъилъаризе, хур бакІаризе заман щун бугелъул.
30
Цоги гьес абуна: — Сунда релълъунеб Аллагьасул ПарччахІлъи? Яги кинаб мисал бачун гьелъул сипат цебе чІезабилеб?
31
Масала, гьеб релълъуна горчицаялъул хьодул мугьалда. Гьеб буго ракьалде хьалел киналго хьоназда гьоркьоб бищунго гьитІинаб хьодул мугь.
32
Амма гьеб мугь ракьулъе ккани, гьелдасан лъугьуна бищунго кІудияб хъарахъ, ва гьелъул чІахІиял гІаркьалабазул рагІдукь хІанчІаз бусабицин гьарула.
33
Гьедин гІемерал мисалалги рачун, гьезда бичІчІуледухъ бицунаан ГІисаца Рохалил хабар.
34
Мисал гъорлъ гьечІеб каламго букІунароан гІадамаздехун гьесул. Цинги жалго хутІараб мехалъ, жиндирго муридазда бичІчІизабулаан гьес гьеб киналъулго магІна.
35
Гьебго къоялъ маркІачІул гІужалъ ГІисаца муридазда абуна ралъдал доб рахъалде рахине кколилан.
36
Халкъги нахъе битІун, ГІисаги вачун, гьел рахана гьев тІад вукІараб доб росоде. Цогидал русбиги рукІана гьезда цадахъ.
37
Кутакаб гьури бахъана: речІчІун рачІарал карачалабаз раса лъадал цІолеб букІана.
38
ГІиса гьебмехалъ, цо къаданибжоги лъун, росол нахъисеб рахъалда кьижун вукІана. АскІоре ун, муридаз ворчІизавуна гьев: — Я, МугІалим! Нилъ гъанкъизехъин рукІиналъул ургъелгойищ дуе гьечІеб? — абун.
39
ТІаде вахъун гьес гьорода лъазабуна, тІокІаб пугейилан, карачалабазеги: «РуцІцІун чІа!» — ян амру гьабуна. ГьебсагІат гьури къотІана, тІубанго сихІ къотІун дуниялги хутІана.
40
Цинги ГІисаца жиндирго муридазда абуна: — КигІан хІинкъарал чагІи нужго! Кибе араб нужер божи-иман?
41
Гьебмехалъни цІакъго-цІакъ хІинкъана гьел, гьуриги карачалабиги жиндие мутІигІав гьавго кинав чийилан цоцазда абулеб букІана гьез.
← Chapter 3
Jump to:
Chapter 1
Chapter 2
Chapter 3
Chapter 4
Chapter 5
Chapter 6
Chapter 7
Chapter 8
Chapter 9
Chapter 10
Chapter 11
Chapter 12
Chapter 13
Chapter 14
Chapter 15
Chapter 16
Chapter 5 →
All chapters:
1
2
3
4
5
6
7
8
9
10
11
12
13
14
15
16