bible
ra
🌐 Language
English
Español
Français
Deutsch
Português
Italiano
Nederlands
Русский
中文
日本語
한국어
العربية
Türkçe
Tiếng Việt
ไทย
Indonesia
All Languages
Home
/
Avar
/
Avar Инжил Магӏарул [Avaric]
/
Mark 3
Mark 3
Avar Инжил Магӏарул [Avaric]
← Chapter 2
Jump to:
Chapter 1
Chapter 2
Chapter 3
Chapter 4
Chapter 5
Chapter 6
Chapter 7
Chapter 8
Chapter 9
Chapter 10
Chapter 11
Chapter 12
Chapter 13
Chapter 14
Chapter 15
Chapter 16
Chapter 4 →
1
Цоги нухалъ синагогаялъуве вачІиндал, ГІисада гьенив ватана цояб квер бакъварав чи.
2
ГІисада хадуб хал ккурал гІадамалги рукІана, гьес гьев чи сахлъизавуни, шамат къоялъ гьабураб хІалтІийилан, гьесде гІайиб гІунтІизабизе бокьун.
3
Квер бакъварав чиясда ГІисаца абуна: — ТІаде вахъун, рукъ бакьулъе вачІа! — ян.
4
Гьел гІадамаздехун вуссун, ГІисаца гьикъана: — Шамат къоялъ лъикІлъи гьукъун бугебищ, квешлъи гьабизе изну бугебищ? Чиясул рухІ хвасар гьабизейищ кколеб, яги гьев хвезавизейищ кколев? Гьел руцІцІун чІана.
5
Цо ццидалаб берги гьезда речІчІизабун, гьезул ракІазул согІлъиялдаса пашманлъарав ГІисаца дов чиясда абуна: — Квер гІебеде битІе, — ян. Гьесги квер гІебеде битІула, гьебсагІат гьебги сахлъула.
6
Гьебмехалъ синагогаялъуса къватІире рахъаралго, фарисеялги гьеродилалги данделъула ГІиса киндай тІагІинавилаян тадбиралъе ургъизе.
7
[7-8] ГІиса жиндирго муридалгун цадахъ Галилеялъул ралъдал рагІалде ана. Гьесда цадахъ добе багъарана Галилеялъул халкъалъул кІудияб руккел. Ягьудиялдасаги, Иерусалималдасаги, Идумеялдасаги ва Иордан гІурул доб рахъалдасаги гІемераб гІалам бачІана гьенибе, ГІисал хІалкІолъиялъул хабар рагІун. Тиралъул ва Сидоналъул ракьалдаса рачІаразулги чІахІиял руккалаби гІуна гьенир.
9
Гьениб муридазда гьес тІадкъана жив тІаде вахине раса хІадур гьабеян: гІадамазул гІемерлъиялъ, гьел тІаде къан рачІине гурилан хІинкъун вукІана гьев.
10
ГІемерал унтарал гІадамал сах гьарун рукІана ГІисаца, гьединлъидал черхалда унти-гІузру бугел чагІи гІедегІулел рукІана гьесухъе, гьесда цо квергІаги хъвазе щвелародаян.
11
ГІиса вихьараб мехалъ, хъубал жундуз ккурал чагІи гьесда цере накабазда чІолаан ва ахІдолаан, мун Аллагьасул Вас кколилан.
12
Амма ГІисаца жундузда лъазабулаан жив щивали бицунгейилан.
13
Гьале ГІиса магІарде вахана. Гьес гьенире ахІана жиндиего рокьарал муридал. Гьелги ГІисада аскІоре ана.
14
Гьес анцІила кІигояв чапарзабилъун гьаруна, жиндаго цадахъ рукІинеги, Рохалил хабар лъазабизе ритІизеги,
15
гІадамазул чорхолъа жундул рачахъулеб къудрат кьезеги.
16
Гьел рукІана: ГІисаца Пётр абун тІокІцІар жиндие кьурав Симон,
17
Зебедайил вас Якъуб, гьев Якъубилго вац Иоанн (гьев кІиясего ГІисаца кьун букІана Боанергес абураб цІар — гьебги ккола «Гъугъадиялъул васал» абураб магІнаялъул рагІи),
18
Андрей, Филипп, Бартоломей, Матфей, Фома, Алфейил вас Якъуб, Фаддей, Симон КІанъанаъ,
19
хадув ГІисае хилиплъарав Ягьуда Искариотги.
20
ГІиса тІадвуссун рокъове щвана. Нахъеги гьенибе бакІарараб халкъалъул гІемерлъиялъ, ГІисаеги гьесул муридазеги санагІалъи ккечІо гІодорчІун чадил мочІу кІалдиб лъезе.
21
Гьев вуссун вукІин лъан, гьесул бетІер сверун бугилан абулебги рагІун, ГІисал цебесеб гІагарлъиялъул чагІи рачІана гьев нахъе вачине.
22
Иерусалималдаса рачІарал диниял гІалимзабазни абулеб букІана жундузул хан вугин ГІисал чорхолъе лъугьун, ва гьеле гьев жундузул ханас кумек гьабулеб бугин гьесие жундул рачахъизеян.
23
Гьебмехалъ аскІореги ахІун, ГІисаца гьезда, мисал бачун, бицана: — Кин кІолеб илбисалда жибго бачахъизе?
24
Цо пуланаб ханлъиялда жаниб кьал ккани, гьеб ханлъи биххичІого хутІуларо.
25
Цо хъизаналда жаниб кьал ккани, гьеб хъизанги биххичІого хутІуларо.
26
Гьединго илбисги жибго жиндаго дандечІун кьалда бугони, гьеб къечІого хутІуларо. Гьелъул иш лъугІулагури гьебмехалъ.
27
Цо къуватав чиясул рокъове лъугьун, гьесул боцІи-рикъзи бикъизе кІоларо, цин гьев вухь-вухьун рехун хадуб гурони. Гьебмехалъ кІвела гьесул рукъ бикъизе.
28
ХІакълъун абулеб буго дица нужеда: гІадамазул киналниги мунагьал ва кигІан кІудиял рукІаниги гьесда лъурал бугьтанал тІасалъугьун тезе руго БетІергьанас.
29
Амма Илагьияб РухІалда бугьтан лъурав чиясе тІасалъугьин киданиги букІине гьечІо. Абадиялъги тІаса ккеларо гьесдаса гьеб мунагь.
30
(ГІисаца гьедин абуна, гьез абулеб букІиндал гьев жундуз ккун вугилан.)
31
Цинги ГІисахъе рачІуна гьесул эбелги вацалги. Дора къватІир жалгоги чІун, гьев ахІизе чи витІула гьез.
32
ГІемерал гІадамал рукІана гьебмехалъ ГІисада аскІор. Гьесда абуна: — Доле дора къватІир духъ ралагьун чІун руго дур эбелги вацалги. Мун цІехон рачІун руго дол.
33
ГІисаца гьезда абуна: — Эбеллъун щий дие кколей ва вацаллъунги щал кколел?
34
Цинги жинда сверухъ гІодор чІун ругезухъ берги тІамун, ГІисаца абуна: — Гьале дир эбелги дир вацалги.
35
Щайгурелъул Аллагьасул амру-нагью тІубазе гьабулев чи щив вукІаниги, гьев ккола дие вацги, яцги, эбелги.
← Chapter 2
Jump to:
Chapter 1
Chapter 2
Chapter 3
Chapter 4
Chapter 5
Chapter 6
Chapter 7
Chapter 8
Chapter 9
Chapter 10
Chapter 11
Chapter 12
Chapter 13
Chapter 14
Chapter 15
Chapter 16
Chapter 4 →
All chapters:
1
2
3
4
5
6
7
8
9
10
11
12
13
14
15
16