bible
ra
🌐 Language
English
Español
Français
Deutsch
Português
Italiano
Nederlands
Русский
中文
日本語
한국어
العربية
Türkçe
Tiếng Việt
ไทย
Indonesia
All Languages
Home
/
Avar
/
Avar Инжил Магӏарул [Avaric]
/
Mark 16
Mark 16
Avar Инжил Магӏарул [Avaric]
← Chapter 15
Jump to:
Chapter 1
Chapter 2
Chapter 3
Chapter 4
Chapter 5
Chapter 6
Chapter 7
Chapter 8
Chapter 9
Chapter 10
Chapter 11
Chapter 12
Chapter 13
Chapter 14
Chapter 15
Chapter 16
1
Шамат къо индал, Магдалаялдаса Марямицаги, Якъубил эбел Марямицаги, Саломеялъги бичун босана ГІисал мусруялда бахине гьуинал махІазул нах.
2
Цинги анкьил тІоцебесеб къоялъ цудунго рахъун ун, гьел ГІисал хабаде щолеб мех букІана гьанжего-гьанже бакъ баккулеб гІуж.
3
Нохъодул кІалтІаса гамачІ лъицадай нахъе гиризабилаян ургъел бикьулел рукІана гьел.
4
Амма гамачІ нахъе гиризабун батана. (ЦІакъ кІудияб гамачІни букІана гьеб.)
5
Жанире лъугьиндал, гьезда гьенив кваранаб рахъалда гІодов чІун ватана хъахІаб гІаба ретІарав цо гІолохъанчи. РакІ гъанцІун лъугьана гьел.
6
— ХІикмалъуге нуж, — ан абуна гьес руччабазда. — Хъанчида ван хвезавурав Назареталдаса ГІисайин нужеца валагьулев вугев. Гьев хваралъуса вахъана. Гьев гьанив гьечІо. Гьале гьесул жаназа лъун букІараб бакІ.
7
Нужеца, инеги ун, гьесул муридаздаги Пётридаги абе Галилеялде ГІиса нужедаса цеве щвезе вугилан. ГІисаца цебеккунго лъазабун букІараб куцалда, дова вихьилин жидеда гьев.
8
Кутакалда хІинкъарал ва хІикмалъарал гьел руччаби, сородилаго гьеб нохъодаса къватІире кІанцІун, рекерун нахъе ана, гьелъул хІакъалъулъ лъиданиги бицинеги кІвечІо гьезда.
9
[8] Анкьил тІоцебесеб къоялъ бакъ баккилелдего хваралъуса вахъарав ГІиса гьебго къоялъ тІоцеве вихьана анкьго шайтІан гьес жиндир чорхолъа бачахъун букІарай Магдалаялдаса Марямида.
10
Инеги ун, гьелъ ккараб иш бицана цере ГІисада цадахъ рукІаразда — гьесда хадуб ракІ бухІун гІодилел рукІаразда.
11
Амма гьел божичІо ГІиса чІаго вугин ва гьев жинда вихьанин абураб Марямил рагІиялда.
12
Гьелдаса хадуб цоги батІияб сипаталда ГІиса вихьана шагьаралдаса росулъе унев вукІарав кІиго муридасдаги.
13
ТІад руссун рачІун цогидаздаги бицана гьез жидедаги ГІиса вихьанилан, амма цогидал муридал гьездаги божичІо.
14
Ахирги ГІиса тІаде вачІуна анцІила цо чапар кваналев вукІараб бакІалде. Гьес гьезие бадибчІвай гьабула ракІ согІал чагІи ругин нужилан ва жив чІаголъун вихьарал гІадамазда божичІилан.
15
ГІисаца гьезда абуна: — Гьаб дуниялалда киса-кирего щун, тІолабго Аллагьас бижанщиналда лъазабе нужеца гьаб Рохалил хабар.
16
Диде иман лъурав ва лъадалъ ччун вахъун жиндир мунагьал чурарав чи хвасарлъизе вуго. Амма иман лъечІезе тамихІ букІина.
17
Диде иман лъурал ратІа гьарулел гІаламатал гьадинал рукІина: дир цІаралдалъун гьезда кІвела жундул рачахъизе ва гьезухъа бажарила батІи-батІиял мацІазда кІалъазе.
18
Борхьал кодоре рачаниги, загьру гьекъаниги, тІириги зарал лъугьинаро гьезие; унтаразда квер хъвани, гьелги сахлъила.
19
Гьедин гьезие хабар бицун лъугІараб мехалъ, ТІадегІанав ГІиса зобалазде восун ана ва Аллагьасул кваранаб рахъалда рещтІана.
20
Муридалин абуни, гьениса рахъун ана киса-кибего Рохалил хабар лъазабизе. ТІадегІанасги квербакъулаан гьезие, ва гьез бицарабщинабги мугІжизатаздалъун ритІухълъулаан. Амин!
← Chapter 15
Jump to:
Chapter 1
Chapter 2
Chapter 3
Chapter 4
Chapter 5
Chapter 6
Chapter 7
Chapter 8
Chapter 9
Chapter 10
Chapter 11
Chapter 12
Chapter 13
Chapter 14
Chapter 15
Chapter 16
All chapters:
1
2
3
4
5
6
7
8
9
10
11
12
13
14
15
16