bible
ra
🌐 Language
English
Español
Français
Deutsch
Português
Italiano
Nederlands
Русский
中文
日本語
한국어
العربية
Türkçe
Tiếng Việt
ไทย
Indonesia
All Languages
Home
/
Avar
/
Avar Инжил Магӏарул [Avaric]
/
Matthew 1
Matthew 1
Avar Инжил Магӏарул [Avaric]
Jump to:
Chapter 1
Chapter 2
Chapter 3
Chapter 4
Chapter 5
Chapter 6
Chapter 7
Chapter 8
Chapter 9
Chapter 10
Chapter 11
Chapter 12
Chapter 13
Chapter 14
Chapter 15
Chapter 16
Chapter 17
Chapter 18
Chapter 19
Chapter 20
Chapter 21
Chapter 22
Chapter 23
Chapter 24
Chapter 25
Chapter 26
Chapter 27
Chapter 28
Chapter 2 →
1
Ибрагьимил наслуялъул Давудил кьибилалъул вас ГІиса МасихІил умумузул цІаразул рахас гьадинаб буго:
2
Ибрагьимие гьавуна ИсхІакъ, ИсхІакъие гьавуна Якъуб, Якъубие гьаруна Ягьуда ва гьесул вацал.
3
Ягьудае Тамарица гьаруна Перецги Зараги, Перецие гьавуна ХІецрон, ХІецроние гьавуна Рам,
4
Рамие гьавуна ГІаминадаб, ГІаминадабие гьавуна НахІшон, НахІшоние гьавуна Шалмон,
5
Шалмоние Рагьабица гьавуна БогІаз, БогІазие Рутица гьавуна Йобед, Йобедие гьавуна Йишай,
6
Йишаие гьавуна парччахІ Давуд. Уриял йикІарай чІужуялъ парччахІ Давудие гьавуна Сулайман;
7
Сулаймание гьавуна Регьобоам, Регьобоамие гьавуна Абиягь, Абиягьие гьавуна Аса;
8
Асае гьавуна Иегьошапат, Иегьошапатие гьавуна Иегьорам, Иегьорамие гьавуна Уззия;
9
Уззияе гьавуна Иотам, Иотамие гьавуна Агьаз, Агьазие гьавуна Гьезекиягь;
10
Гьезекиягьие гьавуна Манассегь, Манассегьие гьавуна Амос, Амосие гьавуна Иосиягь;
11
жугьутІал Вавилоналде гочинарилалде Иосиягьие гьаруна Йехониягь ва гьесул вацал;
12
Вавилоналде гочун хадув Йехониягьие гьавуна Шеалтиэл, Шеалтиэлие гьавуна Зеруббабел,
13
Зеруббабелие гьавуна Абиуд, Абиудие гьавуна Элиаким; Элиакимие гьавуна Азор;
14
Азорие гьавуна Садок, Садокие гьавуна Ахим, Ахимие гьавуна Элиуд;
15
Элиудие гьавуна Элиазар, Элиазарие гьавуна Маттан, Маттание гьавуна Якъуб;
16
Якъубие гьавуна жинда МасихІилан цІар лъурав ГІисал эбелалъул — Марямил — рос Юсуп.
17
Гьедин Ибрагьимидасан Давудиде щвезегІан анцІила ункъо наслу лъугьана; Давудидасан байбихьун жугьутІал Вавилоналде гочинаризегІанги лъугьана анцІила ункъо наслу; Вавилоналде гочараб заманалдаса МасихІиде щвезегІанги лъугьана гьебго анцІила ункъо наслу.
18
ГІиса МасихІ дуниялалде вачІин гьадин ккана: гьесул эбел Марям йикІана Юсупие абурай яс; амма гьес гьей ячиналдего Аллагьасул Илагьияб РухІалдалъун гьелъул ургьибе лъимер ккун букІин лъана.
19
Гьелъул абурав Юсупица, яхІ-намус бугев чи вукІиндал, хІукму гьабуна гьей халкъалда суризе бокьичІого, балъгого гьелъулгун ригьин хвезабизе.
20
Гьединаб пикруялда гьев вукІаго, макьилъ тІаде вачІун Бичасул малаикас абуна: — Я, Давудил наслуялъул вас Юсуп! Марям лъадилъун ячине мун хІинкъуге. Гьелъул ургьибе ккараб лъимер Аллагьасул Илагьияб РухІалдалъун букІин лъай дуда.
21
Гьелъ дуе вас гьавила; ГІисаян цІарги лъезе ккола дуца гьесда, гьес жиндирго халкъ мунагьаздаса хвасар гьабизе бугелъул.
22
Гьеб кинабго ккана цо аварагасда Аллагьас абураб гьадинаб калима ритІухълъизе:
23
«Гьале ясгІаданалъул ургьибе лъимер ккела ва гьелъ вас гьавила. Гьесда цІарги лъела Имануэл». (Гьелъул магІна ккола «Аллагь нилъгун вуго» абураб.)
24
Гьале Юсуп макьидаса вигьана, Бичасул малаикас абураб гьабун, жиндирго бахІарайги рокъое ячана.
25
Амма гьелъ вас гьавизегІан, аскІов вегун, гьелда квер хъвачІо Юсупица. Васасда цІарги ГІиса абун лъуна.
Jump to:
Chapter 1
Chapter 2
Chapter 3
Chapter 4
Chapter 5
Chapter 6
Chapter 7
Chapter 8
Chapter 9
Chapter 10
Chapter 11
Chapter 12
Chapter 13
Chapter 14
Chapter 15
Chapter 16
Chapter 17
Chapter 18
Chapter 19
Chapter 20
Chapter 21
Chapter 22
Chapter 23
Chapter 24
Chapter 25
Chapter 26
Chapter 27
Chapter 28
Chapter 2 →
All chapters:
1
2
3
4
5
6
7
8
9
10
11
12
13
14
15
16
17
18
19
20
21
22
23
24
25
26
27
28