bible
ra
🌐 Language
English
Español
Français
Deutsch
Português
Italiano
Nederlands
Русский
中文
日本語
한국어
العربية
Türkçe
Tiếng Việt
ไทย
Indonesia
All Languages
Home
/
Avar
/
Avar Инжил Магӏарул [Avaric]
/
Matthew 8
Matthew 8
Avar Инжил Магӏарул [Avaric]
← Chapter 7
Jump to:
Chapter 1
Chapter 2
Chapter 3
Chapter 4
Chapter 5
Chapter 6
Chapter 7
Chapter 8
Chapter 9
Chapter 10
Chapter 11
Chapter 12
Chapter 13
Chapter 14
Chapter 15
Chapter 16
Chapter 17
Chapter 18
Chapter 19
Chapter 20
Chapter 21
Chapter 22
Chapter 23
Chapter 24
Chapter 25
Chapter 26
Chapter 27
Chapter 28
Chapter 9 →
1
МагІардаса гъоркье гІемераб халкъ бачІана ГІисада хадуб.
2
Гьале барасалъ унтарав цо чи, гьесда аскІовеги вачІун, накабаздаги чІун, гьардезе лъугьана: — Я, БетІерчІахъад! Дуе бокьани, дуда кІолаха дун вацІцІалъизавизе.
3
ГІебеде битІун гьесда кверги хъван, ГІисаца абуна: — Дие бокьун буго мун вацІцІалъизе. ВацІцІалъе мун! ТІад букІараб чанхъги гъенон ун, гьебсагІат вацІцІалъана гьев чи.
4
ГІисаца гьесда абуна: — Вореха, гьаб ишалъул хІакъалъулъ дуца лъиданиги бицунге. Мусал Къануналда рекъон, мунго вацІцІалъун вукІин гІадамазда лъазе, кашишасухъеги ун, гьесда дурго черх бихьизабе ва дудасаго къурбанги хъвезабе.
5
ГІиса Капернаумалде щведал, румазул рагъухъабазул цо нусилбетІерас, аскІовеги вачІун, гьарана:
6
— Я, БетІерчІахъад! Дир цо рагьтІател вуго палижалъ ккун вагъаризе кІоларого. Кутакаб гІазабалда вуго гьев.
7
Гьев сахлъизавизе вачІинин абуна ГІисаца гьесда.
8
НусилбетІерас абуна: — Я, БетІерчІахъад! Мун къавулъе лъугьине мустахІикъав чи гуро дун. Цо рагІи абе дуца, гьелдалъун сахлъила дир рагьтІател.
9
Дунги вуго тІадехун ругезул амру тІубазабулев, дир ихтияралда ругел рагъухъабазе рагІудалъун амру-буюрухъ гьабулев чи. Айилан цоясда абуни, гьев уна. ВачІайилан цогидасда абуни — вачІуна. Пуланаб иш тІубазабейилан абуни, рагьтІателас гьеб тІубазабула.
10
Гьединал рагІабаз гІажаиблъизавуна ГІиса. Жиндаго хадур рачІунел рукІараздехун вуссун, гьес абуна: — Гьале дица нужеда абулеб буго: Исраилил халкъалда гьоркьобгицин лъилниги дандчІвачІо дида гьединаб божи-иман.
11
Машрикъалдаса ва магърибалдаса гІемерал гІадамал рачІина ва Зобалазул ПарччахІлъиялда Ибрагьимидаги, ИсхІакъидаги, Якъубидаги аскІор квана-гьекъезе гІодор чІела.
12
Аллагьас ПарччахІлъиялъе рижун рукІарал гІадамалги гьениса бецІаб къотІноре рехила. ГІодилел ва цаби къерщезарулел хутІила гьел.
13
Дов нусилбетІерасда ГІисаца абуна: — Гьанже дурго рокъове а. Мун божун вугеб жо лъугьина дуе. РагьтІател гьебсагІатго сахлъанила.
14
Цинги Пётрил бакІалде щведал, гьесул якьад цІа-кан бахун бусада егун ятана ГІисада.
15
ГІисаца гьелъул квер ккуна. ЦІа-канги ун, якьад тІаде яхъана ва гьесие квен-тІехалда квалквадизе лъугьана.
16
МаркІачІубер рукІкІарабго, ГІисахъе рачун рачІана жундуз ккурал гІемерал гІадамал. Амру гьабун рачахъана гьес жундул. Киналго унтаралги сахлъизаруна.
17
Гьеб гьедин ккана Ишая аварагасда Аллагьас абураб гьадинаб калима ритІухълъизе: «Гьесин росун арал нижер гІузраби, нижер унтабиги раччун ана гьес».
18
Жиндаго сверухъ халкъалъул руккел бихьидал, ГІисаца муридазда абуна ралъдал доб рахъалде рахине кколин нилъилан.
19
АскІове вачІун цо динияв гІалимчияс абуна гьесда: — Я, НасихІатчи, мун киве аниги, дуда цадахъ вилълъина дунги.
20
ГІисаца гьесда абула: — Царал жиндирго рукІун буго, хІанчІил бусен буго, амма ГІадамил Лъимадул бетІер бегьизе бакІ гьечІо.
21
Цоги муридас абуна гьесда: — Я, БетІерчІахъад! Дир хварав эмен вукъизе ине изну кье дие.
22
ГІисаца гьесда абуна: — Хвараца рукъизе хварал чагІиги тун, мун дида цадахъ вилълъа, — ян.
23
ГІиса росода рекІараб мехалъ, муридалги ана гьесда цадахъ.
24
Гьале кутакаб гьури бахъана, ралъад гьалаглъана, карачалабаз раса тІерхьинабизехъин букІана. Гьебмехалъ ГІиса кьижун вукІана.
25
— Я, БетІерчІахъад! Нилъ гъанкъизехъин руго! Хвасар гьаре! — янги абун, муридаз ворчІизавуна гьев.
26
ГІисаца гьезда абуна: — Я, иман дагьаб уммат! Щай нуж хІинкъулел? ТІадеги вахъун амру гьабун гьес гьури къотІизабуна. Ралъад гІодобе буссана. ТІубанго сихІ къотІун дуниялги хутІана.
27
Гьуриги ралъадги жиндие мутІигІав гьавго кинав чийилан гІажаиблъун хутІана гІадамал.
28
Ралъад бахун добехун бугеб гадареназул ракьалде щведал, ГІисада ватана жундуз ккурав кІиго чи, хабалазул нохъаздаса къватІиве вачІунев. Гьеб рахъалдасан ине лъиданиги кІолареб хІалалда гІасилъун рукІана гьел.
29
Гьале гьел ГІисаде ахІдезе лъугьана: — Ле, Аллагьасул Вас, нижедасан щиб дуе къваригІараб? Заман щвелалдего нижее гІакъуба-гІазаб кьезейищ мун вачІун вугев? — абун.
30
Болъоназул кІудияб рехьедги бугоан доба рикІкІадегІан кваналеб.
31
КІиявго чиясулъ ругел жундуз ГІисада гьарана: — Дуца ниж рачахъулел ругел ратани, гьадаб болъоназул рохьдолъе ритІе, — ян.
32
Айилан абуна ГІисаца гьезда. Гьедин ун болъоназулъе лъугьана гьел жундул. Гьале тІолабго рехьед цо борхатаб бакІалдасан ралъдалъе кІанцІун, лъадалъ гъанкъана.
33
Болъоназул гІухьби гьениса лъутун ана. Шагьаралдеги рачІун, жундуз ккурав дов кІиявго чиги рехсон, гІадамазда бицана гьеб кинабго.
34
Гьебмехалъ шагьаралъул тІолабго халкъ ГІисада аскІобе бачІана. Гьев вихьаравго, жидер ракьалдаса нахъе айилан гьарана гьез.
← Chapter 7
Jump to:
Chapter 1
Chapter 2
Chapter 3
Chapter 4
Chapter 5
Chapter 6
Chapter 7
Chapter 8
Chapter 9
Chapter 10
Chapter 11
Chapter 12
Chapter 13
Chapter 14
Chapter 15
Chapter 16
Chapter 17
Chapter 18
Chapter 19
Chapter 20
Chapter 21
Chapter 22
Chapter 23
Chapter 24
Chapter 25
Chapter 26
Chapter 27
Chapter 28
Chapter 9 →
All chapters:
1
2
3
4
5
6
7
8
9
10
11
12
13
14
15
16
17
18
19
20
21
22
23
24
25
26
27
28