bible
ra
🌐 Language
English
Español
Français
Deutsch
Português
Italiano
Nederlands
Русский
中文
日本語
한국어
العربية
Türkçe
Tiếng Việt
ไทย
Indonesia
All Languages
Home
/
Avar
/
Avar Инжил Магӏарул [Avaric]
/
Matthew 28
Matthew 28
Avar Инжил Магӏарул [Avaric]
← Chapter 27
Jump to:
Chapter 1
Chapter 2
Chapter 3
Chapter 4
Chapter 5
Chapter 6
Chapter 7
Chapter 8
Chapter 9
Chapter 10
Chapter 11
Chapter 12
Chapter 13
Chapter 14
Chapter 15
Chapter 16
Chapter 17
Chapter 18
Chapter 19
Chapter 20
Chapter 21
Chapter 22
Chapter 23
Chapter 24
Chapter 25
Chapter 26
Chapter 27
Chapter 28
1
Шамат къо индал, анкьил тІоцебесеб къоялъул рогьалилъ, ГІисал хабаде рахине рачІана Магдалаялдаса Марямги ва дойцояй Марямги.
2
Зобалаздасан гьениве рещтІун вуго Бичасул малаик. Хабал картІида цун лъун букІараб гамачІги нахъе босун, гьелда тІад гьев гІодов чІедал, кутакалда ракь багъарана.
3
Пириялъул гІадаб сурат букІана гьев малаикасул, гІазухъахІаб ретІелги букІана гьесда тІад.
4
Гьесукьа хІинкъун хъаравулзаби сородана ва хварал чагІи гІадин лъугьана.
5
Гьел руччабазда малаикас абуна: — Нуж хІинкъуге! Хъанчида ван хвезавурав ГІиса нужеца валагьулев вукІин лъала дида.
6
Гьев гьанив гьечІо. Гьес абухъе, хваралъуса вахъана ГІиса. Гьанире рачІа гьев вукъун вукІараб бакІалде ралагьизе.
7
ГьабсагІат ун нужеца ГІисал муридазда абе, гьев хваралъуса вахъун вугин, нужедаса цеве Галилеялде щвезе вугин ва гьенив вихьилин нужеда гьев. Гьале гьадин абулеб буго дица.
8
Гьеб хобалдаса рикІкІалъизе гІедегІана гьел, ва хІинкъиялъги рохиялъги куркьбал гъурал руччаби рекерун ана муридазда гьеб хабар лъазабизе.
9
Гьале, рорчІамиянги абун, гьезда данде вачІана ГІиса. АскІоре ун, гьел руччаби, ГІисае сужда гьабун, гьесул хІатІазда хурхана.
10
ГІисаца гьезда абуна: — Нуж хІинкъуге! Инеги ун, дир вацазда абе Галилеялде аян. Дова вихьила гьезда дун.
11
Гьел руччаби нахъе аралго, дол хъаравулзабазда гьоркьоса цо чанго чи шагьаралде ана ва чІахІиял кашишзабазда бицана доба ккарабщиналъул хІакъалъулъ.
12
Гьебмехалъ чІахІиял кашишзабиги чІухІби-хІакимзабиги данделъана щиб гьабилебали дандбазе. Цинги, гІурабгІан гІарацги хъаравулзабазе кьун,
13
гьезда абуна: — Нужеца бице: «Ниж кьижун ккараб мехалъ сардилъ рачІун ГІисал муридаз жаназа бикъун ана», — ян.
14
Нагагь сардарасде гьеб хабар щвани, нижеца рекъезабила гьесулгун иш ва нужее гьелъул щибго къварилъи ккезе биччаларо.
15
Босун гьеб гІарацгун, гьел рагъухъабазги жидеда малъухъе гьабуна. Ва жугьутІазда гьоркьоб жакъа къоялде щвезегІанги тІибитІун буго гьеб хабар.
16
ГІисал анцІила цо мурид, Галилеялде ун, гьес бихьизабун букІараб магІарде рахана.
17
ГІиса вихьидал, гьел суждаялда чІана, цо-цоязул рекІелъ щаклъиги бижана.
18
АскІове вачІун ГІиса гьезда гаргадизе лъугьана. Гьес абуна: — Зобалазул ва ракьалъул тІолабго ихтияр дихъе щвана.
19
Гьединлъидал киналго халкъазухъе ун, дир рагІи тІибитІизабе, ва Инсулги, Васасулги, Илагьияб РухІалъулги цІаралдалъун, лъадалъ ччун рахъун, гьезул мунагьал чуризаре.
20
Дица нужее гьабунщинаб амру тІубазабизе малъе гьездаги. Дуниял ахирлъизегІан щибаб къоялъ дун нужеда цадахъ вугевлъиги лъай. Амин!
← Chapter 27
Jump to:
Chapter 1
Chapter 2
Chapter 3
Chapter 4
Chapter 5
Chapter 6
Chapter 7
Chapter 8
Chapter 9
Chapter 10
Chapter 11
Chapter 12
Chapter 13
Chapter 14
Chapter 15
Chapter 16
Chapter 17
Chapter 18
Chapter 19
Chapter 20
Chapter 21
Chapter 22
Chapter 23
Chapter 24
Chapter 25
Chapter 26
Chapter 27
Chapter 28
All chapters:
1
2
3
4
5
6
7
8
9
10
11
12
13
14
15
16
17
18
19
20
21
22
23
24
25
26
27
28