bible
ra
🌐 Language
English
Español
Français
Deutsch
Português
Italiano
Nederlands
Русский
中文
日本語
한국어
العربية
Türkçe
Tiếng Việt
ไทย
Indonesia
All Languages
Home
/
Avar
/
Avar Инжил Магӏарул [Avaric]
/
Matthew 7
Matthew 7
Avar Инжил Магӏарул [Avaric]
← Chapter 6
Jump to:
Chapter 1
Chapter 2
Chapter 3
Chapter 4
Chapter 5
Chapter 6
Chapter 7
Chapter 8
Chapter 9
Chapter 10
Chapter 11
Chapter 12
Chapter 13
Chapter 14
Chapter 15
Chapter 16
Chapter 17
Chapter 18
Chapter 19
Chapter 20
Chapter 21
Chapter 22
Chapter 23
Chapter 24
Chapter 25
Chapter 26
Chapter 27
Chapter 28
Chapter 8 →
1
Нужеца чияда гІайиб чІваге, Аллагьас нужедаги гІайиб чІваларо.
2
КигІанасеб гІайиб нужеца гІадамасда чІваниги, гьедигІанаб гІайиб Аллагьас нужедаги чІвазе буго. Кинаб сахІалъ нужеца борцаниги, гьединабго сахІалъ борцине буго нужееги.
3
Дурго бадиб бугеб чІалу бихьичІого, дур вацасул бадиб бугеб сум щай дуда бихьулеб?
4
Яги дуда кин кІолеб: «Ворея, вац, дур бадиса сум бахъизе биччай», — ян гьесда абизе, дурго бадиб чІалу букІаго?
5
Ле, ххвелал гьарун ругьунав чи, цин дуца дурго бадиса чІалу бахъе, цинги бичІчІила дуда вацасул бадиса сум кин бахъилебали.
6
Нужерго хирияб-мукъадасаб жо гьабзазе баге, жавгьар-якъут болъоназда цебе рехуге. Болъоназ гьеб малакь мерхьина, тІаделъун нужги тІутІун рала.
7
Гьаре нужеца — нужее кьечІого толаро; балагье нужеца — батичІого хутІуларо, нужеца нуцІа бухе — гьеб рагьичІого толаро.
8
Гьарарасе кьола, балагьарасда батула, бухарасе нуцІаги рагьула.
9
Нужеда гъорлъ вугищ цониги чи, васас чед гьарараб мехалъ, гьесухъе гамачІ кьолев?
10
Яги ччугІа гьарани, гьесухъе борохь кьолев?
11
Нужго квешал ругониги, нужеца лъималазе лъикІабщинаб кьолеб мехалъ, жинда гьарарасе лъикІабщинаб жо кигІан цІикІкІундай кьелеб зобалазда вугев нужер Инсуца!
12
ГІадамаз нужеего гьабизе бокьулеб жо, нужеца гІадамазеги гьабе. Гьеле гьебин Мусал Къануналдаги аварагзабазул ТІухьдуздаги бугебщиналъул аслу-кьучІ.
13
ЧІедераб нуцІихъан лъугьа нуж жанире, — гІебал кавабазги гІатІидаб нухалъги гІадамал хвалде рачунелъул. Халкъалъул руккелалги гьенисан унел ругелъул.
14
Абадияб гІумруялде гІадамал рачуна чІедераб нуцІицаги къваридаб нухалъги, амма дагьазда батула гьеб.
15
Гьересиаварагзабаздаса цІуне! Гьел нужехъе рачІуна чахъдал цІокоги тІад ххун. ХІакъикъаталда гьел руго хъантІарал бацІал.
16
Гьезул ишазда тІад кинаб пихъ бижулеб бугебали халгьабун, лъала нужеда гьел. Зазил хъархъидаса цІибил бетІарабищ нужеца, тІетІелоялдаса инжирги бетІарабищ?
17
ЛъикІаб гъотІоца лъикІаб пихъ кьола, турараб гъотІода бижараб пихъ квешаб букІуна.
18
ЛъикІаб гъотІода квешаб пихъ бижизе рес гьечІо, турараб гъотІоца лъикІаб пихъги кьоларо.
19
ТІад лъикІаб пихъ бижулареб гъветІ къотІун цІадабе рехула.
20
Гьедин, гьезул ишазда тІад кинаб пихъ бижулеб бугебали халгьабун, лъала нужеда гьел гьересиаварагзаби.
21
«Я, БетІерчІахъад! Я, БетІерчІахъад!» — абун дида кІалъанщинав чи гуро Зобалазул ПарччахІлъиялде ворчІизе вугев. Гьениве ворчІила зобалазда вугев дир Инсул амру тІубазабурав чи.
22
Доб къоялъ гІемерав чияс абила дида: «БетІерчІахъад! БетІерчІахъад! Дур цІаралдалъун гурищ нижеца Аллагьасул амру халкъалъе загьир гьабураб? Дур цІаралдалъун гурищ шайтІаби рачахъарал? Дур цІаралдалъун гурищ нижеца гІемерал хІикматал ишал гьарурал?»
23
Гьебмехалъ дица гьезда лъазабила: «Дида рихьарал чагІицин гуро нуж. ТІагІа дида аскІоса, квешлъиялда хьвадараб уммат!»
24
Гьединлъидал дир гьал рагІабазухъ гІенеккарав ва гьел тІуразарулевщинав чи релълъуна, тІалде щвезегІан кьучІги бухъун, мина барав цІодорав чиясда.
25
ЦІадал рана, иххал щвана, гьурал пуна, — доб минаялде тІаделъана гьел. Амма мина биххичІо, тІалда тІад букІиндал гьелъул кьучІ.
26
Амма дир гьел рагІабазухъ гІенекканиги, гьел тІуразаричІевщинав чи релълъуна салуда тІад мина барав ахІмакъав чиясда.
27
ЦІадал рана, иххал щвана, гьурал пуна, — доб минаялде тІаделъана гьел. Мина биххана, щущан ана, чІваднал хутІана.
28
Гьале ГІисаца жиндирго вагІза лъугІизабуна. Халкъ гІажаиблъун хутІана, гьес вагІза гьабулеб куц бихьун.
29
Гьезул диниял гІалимзабаз гІадин гуреб, цо хІалкІолъи жиндилъ бугев чияс гІадин малъулеб букІана гьес.
← Chapter 6
Jump to:
Chapter 1
Chapter 2
Chapter 3
Chapter 4
Chapter 5
Chapter 6
Chapter 7
Chapter 8
Chapter 9
Chapter 10
Chapter 11
Chapter 12
Chapter 13
Chapter 14
Chapter 15
Chapter 16
Chapter 17
Chapter 18
Chapter 19
Chapter 20
Chapter 21
Chapter 22
Chapter 23
Chapter 24
Chapter 25
Chapter 26
Chapter 27
Chapter 28
Chapter 8 →
All chapters:
1
2
3
4
5
6
7
8
9
10
11
12
13
14
15
16
17
18
19
20
21
22
23
24
25
26
27
28