bible
ra
🌐 Language
English
Español
Français
Deutsch
Português
Italiano
Nederlands
Русский
中文
日本語
한국어
العربية
Türkçe
Tiếng Việt
ไทย
Indonesia
All Languages
Home
/
Avar
/
Avar Инжил Магӏарул [Avaric]
/
Matthew 4
Matthew 4
Avar Инжил Магӏарул [Avaric]
← Chapter 3
Jump to:
Chapter 1
Chapter 2
Chapter 3
Chapter 4
Chapter 5
Chapter 6
Chapter 7
Chapter 8
Chapter 9
Chapter 10
Chapter 11
Chapter 12
Chapter 13
Chapter 14
Chapter 15
Chapter 16
Chapter 17
Chapter 18
Chapter 19
Chapter 20
Chapter 21
Chapter 22
Chapter 23
Chapter 24
Chapter 25
Chapter 26
Chapter 27
Chapter 28
Chapter 5 →
1
Цинги гьеб РухІалъ ГІиса гІицІаб авлахъалде вачана. Илбисалъ хІалбихьана гьев къосинавизе кІвелародайилан.
2
Гьенив кІикъого къоялъ ва кІикъого сордоялъ кІал ккун вукІарав ГІиса ахирги вакъана.
3
БачІун илбисалъ абуна гьесда: — Мун Аллагьасул Вас ватани, чадазде сверайилан амру гьабе гьал ганчІазе.
4
Гьелъие жаваб гьабун, ГІисаца абуна: — ТІехьалда хъван буго: «ЦохІо чадица гуребин чиясе чІаголъи кьезе бугеб, Аллагьасдасан бачІараб щибаб рагІиялъин».
5
Цинги Мукъадасаб шагьар Иерусалималде вачун, илбисалъ ГІиса Мукъадасаб Рукъалъул сиялда тІад лъола.
6
Гьелъ абула: — Мун Аллагьасул Вас ватани, гъоркье кІанцІе! ТІехьалда хъван бугелъул: «Аллагьас малаикзабазе дур рахъалъ амру гьабун буго» ва: «Гьез мун кодов ккун восила, ганчІидацин дур хІетІе тункичІого букІине».
7
ГІисаца абуна: — «Дурго БетІергьан Аллагьасул хІалбихьуге!» — янги хъван буго ТІехьалда.
8
Гьанже илбисалъ ГІиса цІакъго борхатаб мегІералъул тІогьиве вачуна ва дуниялалъул киналго пачалихъалги ва гьезул кинабго кІодолъи-къудратги бихьизабула гьесда.
9
Цинги ГІисада абула гьелъ: — Гьаб кинабго дуе кьела дица, бетІер къулун дуца дие сужда гьабуни.
10
ГІисаца гьелда абула: — ТІагІа дида цебеса, шайтІан! ТІехьалда хъван буго: «ЦохІо Аллагьасе — дурго БетІергьанасе — гурони сужда гьабуге. ЦохІо Гьесие гьабе гІибадат!»
11
Гьебмехалъ илбисалъ ГІиса живго тола. Гьале малаикзаби рачІана гьесие хъулухъалъе.
12
ЯхІя гвандинив тІамун вугилан рагІидал, ГІиса Галилеялде ана.
13
Амма Назареталда чІечІо гьев. Забулонил ва Нафталимил ракьалда, Галилеялъул ралъдал рагІалда бугеб Капернаум шагьаралде ун, гьенив чІана.
14
Гьеб гьедин ккана Ишая аварагасда Аллагьас абураб гьадинаб калима ритІухълъизе:
15
«Забулонил ракь ва Нафталимил ракь! Ралъдахъе унаго нухда бугеб ракь! Иордан гІурул доб рахъалда бугеб ракь! Галилея — цогидал халкъазул ракь!
16
БецІлъуда букІараб нужер халкъалъе гвангъараб нур загьирлъана, нужер улкаялда хвалил рагІдукь рукІаразе рогьалил бакъ баккана».
17
Гьелдаса хадуб халкъалъе вагІза-насихІат гьабизе байбихьана ГІисаца. — Нуж кантІе, Аллагьасде русса! — ян абулеб букІана гьес. — Зобалазул ПарччахІлъиялъул заман тІаде гІунтІун бугебин!
18
Галилеялъул ралъдал рагІалдасан унаго, ГІисада вихьана ччугІие гьин рехулев кІиго вац: Пётр абун гьес тІокІцІар лъурав Симонги гьесулго вац Андрейги. Гьел рукІана ччугІихъаби.
19
— Дида цадахъ рилълъа, — ян абуна гьезда ГІисаца. — Дица нуж лъугьинарила гІадамал кколел ччугІихъабилъун.
20
Гьенибго гьинги тун, гьебсагІат гьел ГІисада цадахъ уна.
21
Гьениса унаго кІиго чи вихьана гьесда. Гьел рукІана Зебедайил вас Якъубги гьесулго вац Иоаннги. Жидерго эмен Зебедайгун цадахъ лъугьун ччугІа кквезе гьин къачІалел рукІана гьел росода тІад. Дида цадахъ рилълъайилан ахІана гьездеги ГІисаца.
22
Росода тІад эменги вукІаралъув тун, гьебсагІатго гьелги ана ГІисада цадахъ.
23
Цинги гьев хьвадана тІолабго Галилеялда: гьезул синагогабазда гІадамазе вагІза-насихІат гьабулаан, Зобалазул ПарччахІлъиялъул хІакъалъулъ Рохалил хабар лъазабулаан, кинабго унта-щокълъиялдаса гІадамал сахлъизарулаан.
24
ТІолабго Сириялда тІибитІана гьесул цІар. Гьесухъе рачун рачІунаан унтуца гІазаб кьолеб бугелги, шайтІабаца ккуралги, унти бачІунелги, палижалъ ккуралги, — батІи-батІияб гІузру бугел гІемерал гІадамал. Гьел киналго сахлъизаруна ГІисаца.
25
Гьесда хадур рачІунел рукІана Галилеялдасаги, АнцІшагьаралдасаги, Иерусалималдасаги, Ягьудиялдаса ва Иордан гІурул добаб рахъалдаса цІакъ гІемерал гІадамал.
← Chapter 3
Jump to:
Chapter 1
Chapter 2
Chapter 3
Chapter 4
Chapter 5
Chapter 6
Chapter 7
Chapter 8
Chapter 9
Chapter 10
Chapter 11
Chapter 12
Chapter 13
Chapter 14
Chapter 15
Chapter 16
Chapter 17
Chapter 18
Chapter 19
Chapter 20
Chapter 21
Chapter 22
Chapter 23
Chapter 24
Chapter 25
Chapter 26
Chapter 27
Chapter 28
Chapter 5 →
All chapters:
1
2
3
4
5
6
7
8
9
10
11
12
13
14
15
16
17
18
19
20
21
22
23
24
25
26
27
28