bible
ra
🌐 Language
English
Español
Français
Deutsch
Português
Italiano
Nederlands
Русский
中文
日本語
한국어
العربية
Türkçe
Tiếng Việt
ไทย
Indonesia
All Languages
Home
/
Avar
/
Avar Инжил Магӏарул [Avaric]
/
Matthew 23
Matthew 23
Avar Инжил Магӏарул [Avaric]
← Chapter 22
Jump to:
Chapter 1
Chapter 2
Chapter 3
Chapter 4
Chapter 5
Chapter 6
Chapter 7
Chapter 8
Chapter 9
Chapter 10
Chapter 11
Chapter 12
Chapter 13
Chapter 14
Chapter 15
Chapter 16
Chapter 17
Chapter 18
Chapter 19
Chapter 20
Chapter 21
Chapter 22
Chapter 23
Chapter 24
Chapter 25
Chapter 26
Chapter 27
Chapter 28
Chapter 24 →
1
Гьебмехалъ халкъалдехунги жиндирго муридаздехунги ГІисаца абуна:
2
— Муса аварагасул михІрабалде рахун кІалъалел руго гьанже диниял гІалимзабиги фарисеялги.
3
Гьединлъидал гьезухъ гІенекке ва гьез абурабщинаб гьабе нужеца. Амма гьез гьабураб гьабуге. Гьез абулебги гьабулебги данде кколарелъулха.
4
Гьез раччи бакІлъизабулеб буго ва гьеб гІадамазул мугъзада лъолеб буго. Жидецагойин абуни гьелда биччун килищцин хъвалеб гьечІо.
5
Хириял рагІаби тІад хъварал чалуялги гІеблъизарун, гІабаялъул гІертелалги халалъизарун, кинабго гьез гьабулеб буго гІадамазда бихьизелъун.
6
Гьезие бокьула гьоболлъухъ кванил тІотІода нахъа бищунго хІурматияб бакІ кквезе ва синагогабазда жанир киназдасаго церегІан гІодор чІезе,
7
базаркъотІноб халкъалъ жидеего салам кьезе ва гІадамаз жидеда мугІалимзабийилан абизе.
8
Амма нужедаго мугІалимзабийилан абизе биччаге нужеца. Щайин абуни, МугІалим цо вуго нужер, нуж киналго вацал руго.
9
Гьаб ракьалда лъиданиги эмениланги абуге, цо вуго нужер Эмен — зобалазда вугев Эмен.
10
Нужедаго насихІатчагІийилан абизеги биччаге, гІицІго МасихІ вуго нужер НасихІатчи.
11
Нужер бищунго кІудияв нужее хъулухъалъе чІа абе.
12
Жинцаго живго тІадегІанлъизавурав гІодовегІанлъизе вуго, гІодовегІанлъизавурав тІадегІанлъизе вуго.
13
Балагьги гІазабги нужее, диниял гІалимзаби ва фарисеял! Ххвелал гьаризе бокьула нужее! Зобалазул ПарччахІлъиялъул нуцІа рахана нужеца гІадамазда цебе: нужгоги лъугьунел гьечІо гьенире, лъугьине бокьаралги риччалел гьечІо.
14
[14-15] Балагьги гІазабги нужее, диниял гІалимзаби ва фарисеял! Ххвелал гьаризе бокьула нужее! Ралъадалги ракьалги тирула нужеца, цогІаги чи диналде вуссинародайилан. Амма диналде вуссун хадув, нужеца гьев, нуж кІигогІан цІикІкІараб даражаялда, жужахІалъул агьлулъун лъугьинавула.
16
Балагьги гІазабги нужее, бецал чагІи квер ккун хадур цІалел бецукал! Нужеца абула: «Мукъадасаб Рукъалъул цІар рехсон бараб гьа бихханиги бегьулилан, амма Мукъадасаб Рокъоб бугеб меседалхІайин бараб гьа биххизе бегьуларилан».
17
Бецал гІабдалзаби руго нуж. Мукъадасаб Рукъищ хирияб бугеб, яги Мукъадасаб Рукъалъ жиб хиралъизабураб меседищ?
18
Нужеца цоги абула: «Къурбаналъул гьан лъолеб бакІалъул цІар рехсон гьедараб гьа бихханиги бегьулилан, амма гьениб лъураб къурбаналхІаян гьедараб гьа биххизе бегьуларилан».
19
Бецукал руго нуж! Къурбаналъул гьан лъолеб бакІищ хирияб, яги гьеб бакІалъ хиралъизабураб къурбанищ?
20
ХІакъикъаталдаги къурбаналъул гьан лъолеб бакІалъул цІар рехсон гьедулаго, гьев чияс гьелдаго цадахъ гьениб лъун бугебщинабги рехсолеб бугогури.
21
Мукъадасаб Рукъалъул цІар рехсон гьедулаго, гьев чияс гьелдаго цадахъ гьеб рукъалъул БетІергьанасул цІарги рехсолеб бугогури.
22
ЗобалхІайилан гьедулаго, гьев чияс гьелдаго цадахъ зобалазда бугеб тахги тахида вугевги рехсолел ругогури.
23
Балагьги гІазабги нужее, диниял гІалимзаби ва фарисеял! Ххвелал гьаризе бокьула нужее! Нужеца садакъаде кьола сагІаналъул, анисалъул ва мучариялъул анцІил бутІа, амма Къануналъул бищунго аслиял ритІухълъиги, рахІму-хІелмуги, Аллагьасде иман лъейги нужеца рехун тун руго. Гьебги гьабизе ккола, гьабцоябги рехун тезе бегьуларо.
24
Бецал чагІи квер ккун хадур цІалел бецукал руго нуж! КІкІара ургьибе ккелебилан хІинкъун, лъим цІцІула нужеца, амма варанаби къулчІулел руго.
25
Балагьги гІазабги нужее, диниял гІалимзаби ва фарисеял! Ххвелал гьаризе бокьула нужее! Нужеца суркІа-щуруналъул тІасахун рахъ бацІцІад гьабун чураниги, гьелъул жаниса рахъ цІун буго зулмуялдалъунги хъантІиялдалъунги бакІараралъул.
26
Ле бецав фарисеяв, цин дуца суркІа-щурун жаниса бацІцІад гьабе, гьелъул къватІисахун рахъги бацІцІалъизе.
27
Балагьги-гІазабги нужее, диниял гІалимзаби ва фарисеял! Ххвелал гьаризе бокьула нужее! ХъахІаб лажбар бахараб хобалда релълъуна нуж. КъватІисахун гьеб берцинго бихьула, амма гьелда жанибин абуни, хварасул ракьа-макъарги цогидаб хъублъиги букІуна.
28
ТІасан ралагьун, гІадамазда ккола нуж вализаби ратилилан, амма жаниса нуж ххвелазул ва пасалъиялъул цІун руго.
29
Балагьги гІазабги нужее, диниял гІалимзаби ва фарисеял! Ххвелал гьаризе бокьула нужее! Цересел аварагзабазул хобазда тІад мазарал гьарулел руго нужеца, вализабазул хобазда занал чІвалел руго.
30
Нужеца абулеб буго, дол умумузул заманаялъ ниж рукІаралани, аварагзабазул би гІодобе тІеялъулъ нижеца гІахьаллъи гьабилароанилан.
31
Гьелдалъун нужеца нугІлъи гьабулеб бугогури дол аварагзаби чІваразул васал нуж рукІиналъе.
32
Умумузул мунагьазул къолода тІаде рикьиги балеб буго нужеца.
33
Гьай, чІегІераб борхьил наслу! ЖужахІалъуре рехизе бугеб хІукмуялдаса кире нуж рорчІилел?!
34
Гьале дица нужехъе ритІулел руго аварагзабиги, гІакъилзабиги, гІалимзабиги. Гьезул цоял нужеца чІвазе ва хъанчида разе руго. Цогидал нужерго синагогабазда жанир цІалаца рухизе руго, цо шагьаралдаса цогидалде лъутизаризе руго.
35
Дуниял бижаралдаса нахъе гІодобе тІураб тІолабго бацІцІадаб бидул хІакъ нужеда тІаде ккезе буго. ВацІцІадав Гьабилидаса байбихьун, цинги Мукъадасаб Рукъалъул минаялдаги къурбан хъолеб бакІалдаги гьоркьов шагьидлъарав Барахиял вас Закарияде щвезегІан нужеца чІварал аварагзабазул би буго гьеб.
36
ХІакълъун абулеб буго дица нужеда: гьаб умматалде тІаде ккезе буго дозул бидул хІакъ.
37
Вай Иерусалим, Иерусалим! Аварагзаби чІвалеб ва духъе ритІарал Аллагьасул илчизабазда ганчІал речІчІулеб шагьар! Чан нухалъха дие бокьун букІараб, къурщица тІанчІи гІадин, дур гІадамал дирго кваркьиялда гъоркье рачине, амма нужее гьеб бокьичІо.
38
Балагьея, нужер Хирияб Рукъ чІобого хутІила.
39
«БетІергьанас витІун вачІунев вугесда баркат лъеги», — ян нужеца абизегІан вихьиларо нужеда дун гьанжеялдаса хадув.
← Chapter 22
Jump to:
Chapter 1
Chapter 2
Chapter 3
Chapter 4
Chapter 5
Chapter 6
Chapter 7
Chapter 8
Chapter 9
Chapter 10
Chapter 11
Chapter 12
Chapter 13
Chapter 14
Chapter 15
Chapter 16
Chapter 17
Chapter 18
Chapter 19
Chapter 20
Chapter 21
Chapter 22
Chapter 23
Chapter 24
Chapter 25
Chapter 26
Chapter 27
Chapter 28
Chapter 24 →
All chapters:
1
2
3
4
5
6
7
8
9
10
11
12
13
14
15
16
17
18
19
20
21
22
23
24
25
26
27
28