bible
ra
🌐 Language
English
Español
Français
Deutsch
Português
Italiano
Nederlands
Русский
中文
日本語
한국어
العربية
Türkçe
Tiếng Việt
ไทย
Indonesia
All Languages
Home
/
Avar
/
Avar Инжил Магӏарул [Avaric]
/
Matthew 25
Matthew 25
Avar Инжил Магӏарул [Avaric]
← Chapter 24
Jump to:
Chapter 1
Chapter 2
Chapter 3
Chapter 4
Chapter 5
Chapter 6
Chapter 7
Chapter 8
Chapter 9
Chapter 10
Chapter 11
Chapter 12
Chapter 13
Chapter 14
Chapter 15
Chapter 16
Chapter 17
Chapter 18
Chapter 19
Chapter 20
Chapter 21
Chapter 22
Chapter 23
Chapter 24
Chapter 25
Chapter 26
Chapter 27
Chapter 28
Chapter 26 →
1
Гьебмехалъ Зобалазул ПарччахІлъи релълъине буго бахІарасда дандчІвазе сардилъ нахул чирахъалгун бахІаралъул бакІалде арай анцІго ясалда.
2
Гьезул щугояй тохай йикІун йиго, щугояй цІодорай йикІун йиго.
3
Тохал ясаз чирахъал росун руго, чирахъазухъе тІезе нах цадахъ босун гьечІо.
4
ЦІодоразин абуни, пурччби цІун нахги босун буго чирахъазда цадахъ.
5
БахІарав кватІун вуго, гьесда дандчІвазе арал киналго ясалги гъапуллъун ккун руго, цинги кьижун ккун руго гьел.
6
Сордо бащалъараб мехалъ, цо ахІи бахъун буго, гьале бахІарав вачІунев вугин, гьесда дандчІвазе рахъаян.
7
Гьебмехалъ, тІаде рахъун, киналго ясал чирахъал рекъе-решезаризе лъугьун руго.
8
Тохал ясаз цІодоразда абун буго жидер чирахъазухъе тІезе нах кьейин, гьел свинехъин ругилан.
9
ЦІодорал ясаз гьезда абун буго, кІиязего хвараб гьабичІого, нужерго чирахъазе нах босизе нуж тукаде ун лъикІилан.
10
Нахуда хадур гьел араб мехалъ, бахІарав вачІун вуго. ХІадурго чІун ратаралги цадахъ рачун, бахІарав бертадул рокъове лъугьун вуго. Нахъасан нуцІаги рахан буго.
11
Цинги рачІун руго дол ясал. — Я, бетІерчІахъад! Я, бетІерчІахъад! НуцІа ричІе нижее, — ян ахІдезе лъугьун руго гьел.
12
— ХІакълъун абулеб буго дица нужеда: дида лъалел чагІи гуро нуж! — абун жаваб кьун буго бахІарас.
13
Гьединлъидал, рорчІуда чІа нуж: я къо, я сагІат лъаларелъул нужеда.
14
Цоги гьеб релълъинабизе бегьула сапаралъ иналде, ахІун рагьтІателалгун, гьезухъе цІунизе жиндирго боцІи-рикъзи кьурав цо пуланав чиясда.
15
Цоясухъе гьес кьун буго щуазарго месед, цогиясухъе — кІиазарго месед, лъабабилесухъе — азарго месед, — щивасухъе гьесул бажари-гьунаралда рекъон. Цинги сапаралъ ун вуго.
16
Щуазарго месед щварас, гьебсагІат инеги ун, гьелдасан щуазаргоги месед хайирлъизабун буго.
17
КІиазарго щварас гьединго кІиазаргоги месед хайирлъизабун буго.
18
Азарго месед щварас, инеги ун, бухъун гвендгун, ракьулъ бахчун буго жиндирго бетІергьанасул месед.
19
Гьелдаса гІемераб заман индал, тІадвуссун вачІун, гьезул бетІергьанас рагьтІателал ахІун руго доб меседалъул хІисаб-суал гьабизе.
20
Щуазарго месед жиндихъе кьун букІарав рагьтІателас, вачІун гьесда абун буго: «Гьале, бетІерчІахъад, дуца дихъе кьун букІараб щуазарго месед, гьале гьелдасан хайирлъараб щуазарго меседги».
21
Гьесул бетІергьанас абун буго гьебмехалъ: «ХІалчІахъаги дур, дир лъикІав ва ритІухъав рагьтІател, гьитІинаб божилъиялъе дуца дида цебе ритІухълъи бихьизабидал, кІудиябги божун тела дуда. Дурго бетІергьанасулгун рохел гІахьал гьабе».
22
КІиазарго месед жиндихъе кьун букІарав дов рагьтІателас вачІун гьесда абун буго: «Гьале, бетІерчІахъад, дуца дихъе кьун букІараб кІиазарго месед, гьале гьелдасан хайирлъараб кІиазарго меседги».
23
Гьесул бетІергьанас абун буго гьебмехалъ: «ХІалчІахъаги дур, дир лъикІав ва ритІухъав рагьтІател, гьитІинаб божилъиялъе дуца дида цебе ритІухълъи бихьизабидал, кІудиябги божун тела дуда. Дурго бетІергьанасулгун рохел гІахьал гьабе».
24
Азарго месед жиндихъе кьун букІарав рагьтІателас вачІун гьесда абун буго: «Я, бетІерчІахъад! Дида лъалаан мун дуцаго бекьичІеб лъилъулев, дуцаго кІутІичІеб бищулев, согІав чи вукІин.
25
Дукьа хІинкъун, дица доб азарабго месед ракьулъ бахчун тун букІана. Гьале нахъе босе дурго гьаб».
26
«Гьай, квешав ва кІвахІалав рагьтІател! — ан абун буго гьесул бетІергьанас. — Дуда лъалеб букІун буго дицаго бекьичІеб лъилъулев, дицаго кІутІичІеб бищулев чи дун вукІин.
27
Гьединлъидал дуца гьаб дир месед базаргабазухъе къарзалъ кьезе кколаан. Жакъа тІадвуссун вачІараб мехалъ, хайиргун цадахъ нахъе щвелаангури гьеб дихъе».
28
Цинги абун буго, гьасухъаги босун, гъоб азарабго месед дов анцІазарго месед бугесухъе кьейилан.
29
«Кодолъи бугевщинасе, гІунги тІокІлъиледухъ, тІадеги кьезе буго, кодолъи гьечІесухъа бугебги бахъизе буго.
30
Гьев пайда гьечІев рагьтІател дове бецІаб къотІнове рехе. ГІодилел ва цаби къерщезарулел рукІина дора гІадамал».
31
Киналго малаикзабигун цадахъ жиндирго хІалкІолъигун ГІадамил Лъимер вачІараб мехалъ, къудраталъул тахида гІодов чІела гьев.
32
Киналго халкъал данделъила гьесда цере гьебмехалъ, ва вехьас чахъабиги цІцІаниги ратІа гьарулел гІадин, цоцаздаса ратІа гьарила.
33
Чахъаби гьес жиндирго кваранаб рахъалда чІезарила, цІцІани квегІаб рахъалда чІезарила.
34
Гьебмехалъ ПарччахІас кваранаб рахъалда ругезда абила: «Ле, дир Инсул баркат лъурал гІадамал, дуниял бижаралдаса нахъего нужее къачІан букІараб ПарччахІлъи босизе рачІа.
35
Щайин абуни, дун вакъун хутІидал — нужеца кваназавуна, къечон хутІидал — гьекъезавуна, сапаралда вукІун, къотІнов хутІидал — рокъове вачун, гьоболлъи гьабуна.
36
ТолохІочон хутІидал — нужеца дие ретІел кьуна; дун унтараб мехалъ — нуж диде раккизе рачІана; дун туснахъалъуве ккедал — нуж дихъе хьвадана».
37
Гьел муъминзабаз абила: «Я, БетІерчІахъад! Вакъун ватун — кида нижеца мун кваназавурав? Къечон ватун — кида гьекъезавурав?
38
КъотІнов ватун — кида нижеца мун рокъове вачарав? ТолохІочон ватун — кида нижеца дуе ретІел кьураб?
39
Унтун яги туснахъалъув ватун — кида ниж духъе рачІарал?»
40
ПарччахІас, гьезие жаваб кьун, абила: «ХІакълъун абулеб буго дица нужеда: дир бищунго гІисинал вацазул цоясениги нужеца гьабурабщинаб, гьеб буго дие гьабураб лъикІлъи».
41
КвегІаб рахъалда ругезда абила гьес гьебмехалъ: «Дида аскІоса нахъе а, нагІана кьураб агьлу! Илбисалъеги гьелъул рахъ ккурал малаикзабазеги къачІан бугеб абадияб цІадулъе а.
42
Дун вакъун хутІидал — кваназавичІо нужеца, къечон хутІидал — гьекъезавичІо.
43
Сапаралда вукІун дун къотІнов хутІидал — рокъове вачун, гьоболлъи гьабичІо нужеца, дун гІицІтолохІоч хутІидал — ретІине ретІел кьечІо, дун унтараб мехалъ ва туснахъалде ккедал — дихъе рачІинчІо нуж».
44
Гьебмехалъ дозги гьесда абила: «Я, БетІерчІахъад! Вакъун хутІун — кида мун нижеда ватарав? Къечон хутІун — кида ватарав? КъотІнов хутІун, яги гІицІтолохІоч хутІун, яги унтун, яги туснахъалде ккун — кида мун нижеда ватарав? Кида нижеца дуе хъулухъ гьабичІеб?»
45
Гьес жаваб кьела: «ХІакълъун абулеб буго дица нужеда: бищунго гІисиназул цоясениги гьабичІебщинаб, гьеб буго нужеца дие гьабичІого тараб лъикІлъи».
46
Гьединазе букІина абадияб тамихІ, ритІухълъаразе букІина абадияб гІумру!
← Chapter 24
Jump to:
Chapter 1
Chapter 2
Chapter 3
Chapter 4
Chapter 5
Chapter 6
Chapter 7
Chapter 8
Chapter 9
Chapter 10
Chapter 11
Chapter 12
Chapter 13
Chapter 14
Chapter 15
Chapter 16
Chapter 17
Chapter 18
Chapter 19
Chapter 20
Chapter 21
Chapter 22
Chapter 23
Chapter 24
Chapter 25
Chapter 26
Chapter 27
Chapter 28
Chapter 26 →
All chapters:
1
2
3
4
5
6
7
8
9
10
11
12
13
14
15
16
17
18
19
20
21
22
23
24
25
26
27
28