bible
ra
🌐 Language
English
Español
Français
Deutsch
Português
Italiano
Nederlands
Русский
中文
日本語
한국어
العربية
Türkçe
Tiếng Việt
ไทย
Indonesia
All Languages
Home
/
Avar
/
Avar Инжил Магӏарул [Avaric]
/
Matthew 14
Matthew 14
Avar Инжил Магӏарул [Avaric]
← Chapter 13
Jump to:
Chapter 1
Chapter 2
Chapter 3
Chapter 4
Chapter 5
Chapter 6
Chapter 7
Chapter 8
Chapter 9
Chapter 10
Chapter 11
Chapter 12
Chapter 13
Chapter 14
Chapter 15
Chapter 16
Chapter 17
Chapter 18
Chapter 19
Chapter 20
Chapter 21
Chapter 22
Chapter 23
Chapter 24
Chapter 25
Chapter 26
Chapter 27
Chapter 28
Chapter 15 →
1
Гьеб заманаялда Галилеялъул ханлъун вукІарав Гьеродида рагІана ГІисал хІакъалъулъ.
2
Гьес жиндирго нукарзабазда абуна: — ЯхІя авараг ватизе ккола гьев, хваралъуса вахъун вачІун, гьединлъидал гьес рихьизарулел руго гьел мугІжизаталги.
3
Гьев Гьеродица кквезеги ккун, рахсалги ран, гвандиниве рехун вукІана ЯхІя авараг. Гьелъие сабаблъун ккана Гьеродил вац Филиппил йикІарай чІужу Гьеродиада.
4
ЯхІяца гьесда абулеб букІиндалха дуца гьей ячине бегьуларилан.
5
ЯхІя чІвазе бокьун букІана Гьеродие. Амма халкъалъукьа хІинкъана, киназго гьев авараглъун рикІкІунев вукІиндал.
6
Гьерод гьавураб къо кІодо гьабулеб рохалилъ Гьеродиадал яс цее яхъун кьурдана. Гьелдаса разилъарав Гьеродица
7
гьей ясалда гьедун абуна, дуе бокьараб сайигъат кьезе хІадурав вугин, цІар чІвай дургоян.
8
Эбелалъ малъун гьей ясалъ абуна, гьаниб гъадрида жаниб лъун, ЯхІя аварагасул бетІер кьейилан.
9
Хан пашманлъана. Амма гьалбадеридаги рагІун гьедараб гьа хвезабизе бокьичІого, кьейилан амру гьабуна гьес.
10
Гвандиниве чи витІун ЯхІял бетІер къотІизабуна Гьеродица.
11
Гъадриниб лъун босун бачІана бетІер ва ясалъухъе кьуна, гьелъги жиндирго эбелалъухъе босун ана.
12
Цинги ЯхІял муридаз гьесул жаназа, нахъеги босун, хабалъ букъана, ва лъугьа-бахъаралъул хІакъалъулъ ГІисада бицине ана гьел.
13
Гьеб хабар рагІидал ГІиса, росодаги рекІун, гІадан-чи гьечІеб бакІалде ана халкъалдаса ватІалъун. Гьев аравлъи лъараб мехалъ шагьараздаса гІадамал ракъдадасан ана гьесда хадур.
14
Ракъдаде лъугьараб мехалъ ГІисада гьениб бихьана гІемераб халкъ. ГІиса гьезда гурхІана ва унтарал сахлъизаруна.
15
Бакъанимех гІагарлъулеб букІана. ГІисада аскІоре рачІун гьесул муридаз абуна: — ГІадан-чиго гьечІеб бакІ бугин гьаб, сордоги тІаде щолеб бугин, нахъе айилан абе гьал гІадамазда, росабалъе ун жидеего квен-тІех босизе.
16
ГІисаца гьезда абуна: — Гьел кирениги ине ккеларо. Нужеца кваназаре гьел.
17
Муридаз абуна жидехъ щуго чедги кІиго ччугІаги гурони гьечІилан.
18
Гьеб жиндихъе босун рачІаян абуна ГІисаца гьезда.
19
Харда тІад гІодор чІаян гьел гІадамаздаги лъазабун, ГІисаца щуябго чедги кІиябго ччугІаги кодобе босана, зобалаздехун вуссун квантІе дугІа гьабуна ва бек-бекун муридазухъе кьуна. Гьезги гІадамазе бикьана.
20
Киналго гІорцІизегІан кванана, нахъе хутІарал кесказулги анцІила кІиго гьегь цІезабуна.
21
Руччабиги лъималги малъичІого, щуазаргогІанасев чи вукІана гьенив.
22
Гьеб халкъ нахъе биччалалде ГІисаца муридал ритІана, росодаги рекІун, ралъдал добцояб рахъалде цере-цере айилан.
23
Халкъги нахъе биччан, ГІиса живго цохІо магІарде вахана Аллагьасе гьари-дугІаялъе. МаркІачІубер рукІкІараб мехалъги живго цохІо гьенив вукІана ГІиса.
24
Дозул раса хІорил рагІалдаса чанго километралъ рикІкІалъун букІана. Данде гьури букІун карачелаз раса хьвагІезабулеб букІана.
25
Жеги хъахІлъи рехилалдего ралъдал лъеда тІасан вилълъун ГІиса гьезда хадув ана.
26
Лъеда тІасан вилълъун вачІунев гьесда бер чІвайдал, муридал хІинкъун хаган хутІана. Хваразул рухІ бугин гьебиланги абун, гІемерго хІинкъиялъ ахІдезе лъугьана.
27
— Дун вуго! Нуж расги хІинкъуге! КъвакІун чІа! — ян ахІана гьебсагІат гьезде ГІисаца.
28
— Я, БетІерчІахъад! Нижеда цеве вугев чи мун ватани, лъеда тІасан дуда данде вачІине амру гьабе диеги, — ян абуна Пётрица гьесда.
29
— ВачІа! — ян абуна ГІисаца. Росониса къватІиве вахъун, лъеда тІасан ун ГІисада аскІове щвана Пётр.
30
Амма кутакаб гьури речІчІун бачІунеб бихьун, гьев хІинкъана, гъанкъизехъин вукІана. — Я, БетІерчІахъад! Дун хвасар гьаве! — ян ахІдана гьев ГІисаде.
31
— Ле иман дагьав инсан! Щай дур рекІелъе щаклъи лъугьараб? — анги абун, гьебсагІат квер бегьун ккуна ГІисаца гьев.
32
Гьел кІиялго росонире лъугьиндал, гьури къатІана.
33
— ХІакъикъаталдаги мун Аллагьасул Вас вуго! — ян, гьесие бетІер къулана росода рукІараз.
34
Добаб рагІалдеги рахун гьел щвана Геннесареталъул ракьалде.
35
Гьеб бакІалъул гІадамазда ГІиса лъана. Гьев вачІун вугилан тІолабго сверухълъиялда лъазабизе чагІи ритІана. Киналго унтарал росун, рачун рачІана гьесухъе.
36
Дур гІабаялъул гІертелалда квер хъвазегІаги тейилан гьарулеб букІана гьез. Гьелда квер хъваралщиналги сахлъулел рукІана.
← Chapter 13
Jump to:
Chapter 1
Chapter 2
Chapter 3
Chapter 4
Chapter 5
Chapter 6
Chapter 7
Chapter 8
Chapter 9
Chapter 10
Chapter 11
Chapter 12
Chapter 13
Chapter 14
Chapter 15
Chapter 16
Chapter 17
Chapter 18
Chapter 19
Chapter 20
Chapter 21
Chapter 22
Chapter 23
Chapter 24
Chapter 25
Chapter 26
Chapter 27
Chapter 28
Chapter 15 →
All chapters:
1
2
3
4
5
6
7
8
9
10
11
12
13
14
15
16
17
18
19
20
21
22
23
24
25
26
27
28