bible
ra
🌐 Language
English
Español
Français
Deutsch
Português
Italiano
Nederlands
Русский
中文
日本語
한국어
العربية
Türkçe
Tiếng Việt
ไทย
Indonesia
All Languages
Home
/
Avar
/
Avar Инжил Магӏарул [Avaric]
/
Matthew 6
Matthew 6
Avar Инжил Магӏарул [Avaric]
← Chapter 5
Jump to:
Chapter 1
Chapter 2
Chapter 3
Chapter 4
Chapter 5
Chapter 6
Chapter 7
Chapter 8
Chapter 9
Chapter 10
Chapter 11
Chapter 12
Chapter 13
Chapter 14
Chapter 15
Chapter 16
Chapter 17
Chapter 18
Chapter 19
Chapter 20
Chapter 21
Chapter 22
Chapter 23
Chapter 24
Chapter 25
Chapter 26
Chapter 27
Chapter 28
Chapter 7 →
1
Воре, нужерго муъминлъи гІадамазда цебе загьир гьабуге, гьезда бихьизелъун, Зобалазда вугев нужер Инсуца нужее кири хъваларебин.
2
Садакъа кьолеб мехалъ, гІадамаздасан цІар-рецц бокьун, синагогабаздаги къватІахъги жидедаго сверухъ ахІи-хІур бахъинабулел, ххвелал гьаризе бокьулел чагІаз гІадин, кьоге нужеца садакъа. ХІакълъун абулеб буго дица нужеда: гьезие гьелъухъ мухь гьанибго щвана.
3
Дуца садакъа гьабулеб мехалъин абуни, кваранаб квералъ кьолаго квегІаб квералдацин лъазе биччаге.
4
Балъго хутІизе те дурго садакъа, балъгоябги лъалев нужер Инсуца кири кІодо гьабила дуе гьелъухъ.
5
ДугІа гьабизе бокьани, гІадамазда бихьизе гІоло, синагогабаздаги къватІахъги рахъун чІун Аллагьасде ахІдолел, ххвелал гьаризе бокьулел гІадамаз гІадин, гьабуге нужеца дугІа. ХІакълъун абулеб буго дица нужеда: гьезие гьелъухъ мухь гьанибго щвана.
6
Дуца дугІа гьабулеб мехалъин абуни, къан нуцІагун жанивги чІун, гьаре вихьуларедухъ дуда аскІов вукІунев дурго Инсуда. Балъгого гьабулебги бихьулев дур Инсуца кири хъвала дуе.
7
ДугІа гьабулаго, гьересиаллагьзабазе гІибадат гьабулел гІадамал гІадин, гІемерав гъулгъудизеги гъулгъудуге. Гьезда ккола халат гьабунагІан дугІа къабуллъулебилан.
8
Гьезда релълъун лъугьунге: нужеца гьарилалдего лъала нужер Инсуда сунде хІажалъун нуж ругелали.
9
Гьединлъидал дугІа гьадин гьабе: Я, Зобалазда вугев нижер Эмен, дур цІар гІадамаз мукъадасаблъун рикІкІаги, дур ПарччахІлъи тІаде щваги.
10
Зобалаздаго гІадин ракьалдаги дур амру билълъанхъаги.
11
Жакъа нижер бетІербахъиялъе хинкІ-чед кье нижее.
12
Нижер налъи-хІакъалда тІасаги лъугьа, нижерго налъулазда тІаса нижги лъугьарал ругин.
13
Нижер хІалбихьизеги биччаге, Квешалдаса цІуне ниж.
14
Квешлъи гьабурал гІадамазда нуж тІасалъугьани, Зобалазда вугев нужер Эменги нужеда тІасалъугьина.
15
Нуж гІадамазда тІасалъугьинчІони, нужедасан ккараб мунагь-хатІаялда тІасалъугьинаро Зобалазда вугев нужер Эменги.
16
КІал ккураб мехалъги нуж, дол ххвелал гьаризе бокьулел чагІи гІадин, тату хун рукІунге. Жидеца кІал ккун букІин гІадамазда бихьизе, букІкІинабун гьумергун, рукІуна гьел. ХІакълъун абулеб буго дица нужеда: гьезие гьелъухъ мухь гьанибго щвана.
17
Мунин абуни, кІал ккураб мехалъ, махІ гьуинаб нахги бетІералда бахун, гьумерги чурун, чІинкьа-кІитІун вукІа.
18
ГІадамазда бихьизе гІоло гурелъул дуца кІал ккун бугеб, вихьуларедухъ дуда аскІов вукІунев дурго Инсуе гІололъидал. Балъгого гьабулебги бихьулев дур Инсуца кири хъвала дуе.
19
Ицицаги кунеб, кьавуги чІвалеб, къед борлъун вачІун цІогьорасги бикъулеб гьаб дуниялалъул хазина данде гьабуге нужеца.
20
Ицицаги кунареб, кьавуги чІвалареб, къед борлъун вачІун цІогьорасги бикъулареб зобалазул хазина данде гьабе.
21
Дур хазина бугеб бакІалда букІине бугелъул дур ракІги.
22
Бер — гьеб буго черхалъул чирахъ. Дур берал канал ругони, дур тІолабго черхги канлъила.
23
Берал канлъукъал ругони, тІолабго черхги бецІлъила. Дулъ бугеб канлъиги бецІаб бугони, кигІан бецІабха жибго бецІлъи букІинеб!
24
Лъиданиги кІоларо кІиго бетІергьанасе лагълъи гьабизе; цояв гьесда рихина, цогидав вокьила; яги цоясе лагълъи гьес ракІбацІцІадго гьабила, цогидасе тІаса-масаго гьабила. Гьедин нужедаги кІвеларо Аллагьасеги дуниялалъул боцІи-рикъзиялъеги лагълъи гьабизе.
25
Гьединлъидалин дица нужеда абулеб: щибдай кваналаян чохьое гІологи, щибдай ретІинаян чорхое гІологи хъалхъадуге. Квандаса цебесеб гьечІищ рухІ, ратІлидаса цебесеб гьечІищ черхги.
26
Зобалазул хІанчІазухъ ралагье нуж: гьез я бекьуларо, я лъилъуларо, я царгъахъе баларо. Зобалазда вугев нужер Инсуца хьихьун руго гьел. Гьездаса гІемерго хириял гьечІищ нуж?
27
Лъида кІвезе бугеб, кигІан хъалхъаданиги, жиндирго гІумру цо къоялъниги халалъизабизе?
28
РатІлие гІологи щай нуж хъалхъадулел? ТІугьдузухъ ралагье нуж, кин гьел рижун ругелали. Гьел я хурир хІалтІуларо, гьез я кун дургъуларо.
29
Амма дица нужеда абулеб буго: жиндирго машгьурлъиялъул завалалдаги Сулайман парччахІасул букІинчІо бокьараб тІогьол гІадинаб ретІел.
30
Ле, божи дагьаб уммат! Жакъа гІалахалда бугони, метер цІадабе рехулеб тІегь-хералдагицин Аллагьас гьединаб берцинаб ретІел ретІунеб бугеб мехалъ, кигІан берцинабдай нужер букІинеб!
31
Гьединлъидал щибдай кваналаян, яги щибдай гьекъелаян, ялъуни щибдай ретІинаян абун хъалхъадуге.
32
Гьеб кинабго бугелъул Аллагь лъаларезги тІалаб гьабулеб жо. Зобалазда вугев нужер Инсуда лъала гьеб кинабго нужее хІажалъулеблъи.
33
Нужеца цин тІалаб гьабе нужго Аллагьасул ПарччахІлъиялде рорчІизе, гьесул амру тІубазабизе. ХутІараб кинабгойин абуни нужее тІадеги кьела.
34
Метерисеб къоялъул ургъел гьабуге. Метерисеб къоялъ жинцаго гьабила жиндирго милат. Щибаб къоялъ нужее гІунги тІокІ букІина гьеб къоялъ гьабизе жо.
← Chapter 5
Jump to:
Chapter 1
Chapter 2
Chapter 3
Chapter 4
Chapter 5
Chapter 6
Chapter 7
Chapter 8
Chapter 9
Chapter 10
Chapter 11
Chapter 12
Chapter 13
Chapter 14
Chapter 15
Chapter 16
Chapter 17
Chapter 18
Chapter 19
Chapter 20
Chapter 21
Chapter 22
Chapter 23
Chapter 24
Chapter 25
Chapter 26
Chapter 27
Chapter 28
Chapter 7 →
All chapters:
1
2
3
4
5
6
7
8
9
10
11
12
13
14
15
16
17
18
19
20
21
22
23
24
25
26
27
28