bible
ra
🌐 Language
English
Español
Français
Deutsch
Português
Italiano
Nederlands
Русский
中文
日本語
한국어
العربية
Türkçe
Tiếng Việt
ไทย
Indonesia
All Languages
Home
/
Avar
/
Avar Инжил Магӏарул [Avaric]
/
Matthew 10
Matthew 10
Avar Инжил Магӏарул [Avaric]
← Chapter 9
Jump to:
Chapter 1
Chapter 2
Chapter 3
Chapter 4
Chapter 5
Chapter 6
Chapter 7
Chapter 8
Chapter 9
Chapter 10
Chapter 11
Chapter 12
Chapter 13
Chapter 14
Chapter 15
Chapter 16
Chapter 17
Chapter 18
Chapter 19
Chapter 20
Chapter 21
Chapter 22
Chapter 23
Chapter 24
Chapter 25
Chapter 26
Chapter 27
Chapter 28
Chapter 11 →
1
АнцІила кІиго муридги ахІун, ГІисаца гьезие ихтияр кьуна жундул рачахъизе ва кинабго унти, кинабго щокълъи гІадамазда тІаса инабизе.
2
Гьале гьев анцІила кІиявго чапарасул цІарал: Пётр абун ГІисаца тІокІцІар кьурав Симон ва гьесул вац Андрей, Зебедайил Якъуб ва гьесул вац Иоанн,
3
Филипп ва Бартоломей, Фома ва магъало бакІарулев чи Матфей, Алфейил Якъуб ва Фаддей,
4
Симон Кананит ва хадув ГІисае хилиплъарав Ягьуда Искариот.
5
Гьев анцІила кІиявго чапар витІана ГІисаца, гьадинаб насихІатги гьабун: — Гьересиаллагьзабазе гІибадат гьабулел гІадамазухъе унеб нухдеги лъугьунге нуж, самариязул шагьараздеги хІетІе чІоге.
6
Нуж а нух къосун хутІарал чахъаби гІадин бугеб Исраилил халкъалъухъе.
7
Инеги ун лъазабе Аллагьасул ПарччахІлъи тІаде гІунтІун бугилан.
8
Унтарал сахлъизаре, хварал чІаголъизаре, барасалъ черх бацарал рацІцІалъизаре, жундул рачахъе; нужееги чІобого щвана, нужецаги чІобого кье.
9
Я месед, я гІарац, я пахьул шагьаби цадахъ росуге;
10
таргьа-къвачІаги босуге, хисизе ретІелги босуге, хьиталги росуге, гІунтІизе гІунсбиги росуге. ХІалтІухъанасе квен хІалалаб бугелъул.
11
Пуланаб шагьаралде яги росулъе щведал, нужго тІад рещтІине мустахІикъав чи валагье ва нахъе инегІан гьесухъ гьоболлъухъ чІа.
12
Рокъоре жанире лъугьунаго саламги кье.
13
Саламалъе мустахІикъаб рукъ гьеб бугони, биччанте салам гьезде щвезе, гьечІони — гьеб нужедего буссине биччанте.
14
Ваамма нуж къабулги гьаричІони, нужер рагІабазухъ гІинги тІамичІони, гьеб рокъоса яги шагьаралдаса къватІире рахъунаго нужерго хьитаздаса хІурги кІутІун те.
15
ХІакълъун абулеб буго дица нужеда: къиямасеб къоялъ Содомалъул ва Гоморраялъул халкъ гІемерго лъикІ букІина гьеб шагьаралъул халкъалдаса.
16
БацІазда гъорлъе чахъаби гІадин ритІулел руго дица нуж. Борхьал гІадин цІодорго рукІа, маккал гІадин хІеренго рукІа.
17
ГІадамаздаса цІуне. Гьез нуж тІадегІанаб судалде ахІила, жидерго синагогабазда жанир цІалаца рухила.
18
Дун сабаблъун нуж наибзабазухъе ва парччахІзабазухъе рачина, гьезда цебеги цогидал халкъазда цебеги дир муридал рукІиналъе нугІлъи гьабизе.
19
Судалде ахІидал щибдай бицинаян ургъел ккоге нужеда. ГьебсагІат нужерго рекІелъе бачІараб жо абе.
20
Щайгурелъул, нуж гуро гьебмехалъ кІалъазе ругел, нужер рекІелъе нужер Инсудасан рещтІараб РухІин кІалъазе бугеб.
21
Вацас вац кьезе вуго чІвазе, инсуца вас кьезе вуго; жидерго эбел-инсуда данде рахъун лъималаз гьелги кьезе руго чІвазе.
22
Дун сабаблъун киналго гІадамазда рихина нуж. Амма ахиралде щвезегІан сабру гІурав чи хвасарлъила.
23
Цо шагьаралда нужее гІазаб-гІакъуба кьуни, цоги шагьаралде лъуте. ХІакълъун абулеб буго дица нужеда: ГІадамил Лъимер къудратгун вачІинегІан ГІизраилалъул киналго шагьаразде щвезе бажариларо нужехъа.
24
Жиндирго мугІалимасдаса тІадегІанав вукІунаро мутагІил, лагъги вукІунаро жиндирго бетІергьанасдаса тІадегІанав.
25
Жиндирго мугІалимасда ващалъани, гІола мутагІиласе, жиндирго бетІергьанасда ващалъани, гІола лагъасеги. Рукъалъул бетІергьанасда жундузул ханилан цІар лъун бугони, гьесул рукъалъул агьлуялда кигІан квешаб цІардай лъела.
26
Гьедин бугониги, гьезукьа хІинкъуге нуж! Щайгурелъул кинабго балъгоябщинабги загьирлъулелъул, бахчун тарабги тІатунелъул.
27
Гьаб сардил бецІлъукье дица нужеда бицунеб бугеб рагІи бакъул канлъухъе бице нужеца; нужер гІинзукье дица щурулеб бугебабги тІохаздеги рахун лъазабе нужеца.
28
Нужер черх чІвазе кІолезукьа хІинкъуге нуж, — рухІ чІвазе кІоларелъул гьезда. Нуж хІинкъа нужер рухІги черхги жужахІалъубе рехизе кІолев Аллагьасукьа.
29
Цо пахьул шагьиялъухъ гурищ щолеб кІиго къадако. Амма нужер Инсул хІукму гьечІони, гьезул цонигияб хун ракьалде бортун бачІунаро.
30
Нужер хІакъалъулъ абуни, бетІералда чан рас батаниги, гьелги рикІкІунин ругел.
31
Гьединлъидал нуж хІинкъуге: киналго къудкуздаса хириял руго нуж.
32
ГІадамазда цебе дир рахъ ккурав чиясул дицаги зобалазда вугев дир Инсуда цебе рахъ кквезе бугебха.
33
ГІадамазда цебе диде инкар гьабурав чиясдаса зобалазда вугев дир Инсуда цебе дицаги инкар гьабила.
34
Нужеда ракІалде ккоге дун ракьалде рекъелги босун вачІун вугевилан. Рекъелги босун гурев, хвалченги босун вачІун вуго дун.
35
Дун вачІун вуго васасдаги инсудаги гьоркьоб, ясалдаги эбелалдаги гьоркьоб, нусалдаги якьадалдаги гьоркьоб рикьи ккезабизе.
36
Инсанасул тушман ккола гьесул рукъалъул агьлу.
37
Дидаса цІикІкІун жиндирго эбел-эмен рокьулев чи ярагьунаро дие. Дидаса цІикІкІун жиндирго лъимал рокьулев чиги ярагьунаро дие.
38
Живго тІад вазе хъанчги баччун, дида цадахъ вилълъунарев чиги ярагьунаро дие.
39
Жиндирго гІумру цІунун чІарав чи гьелдаса махІрумлъила; дие гІоло гІумруялдаса махІрумлъарас гьеб хвасар гьабила.
40
Нуж къабул гьарурав чи ккола дунги къабул гьавурав чилъун, дун къабул гьавуравги ккола дун витІарав Аллагь къабул гьавурав чилъун.
41
Гьев авараг вугилан абун, авараг къабул гьавурав чиясе аварагасе гІадинаб кири щвела. Гьев муъминчи вугилан абун, муъминчи къабул гьавурав чиясе муъминчиясе гІадинаб кири щвела.
42
Дир мурид вугилан абун, цо пуланав, пакъирав чиясе гел цІун цІорораб лъим кьуравги, хІакълъун абулеб буго дица нужеда, кириялдаса махІрумлъиларо.
← Chapter 9
Jump to:
Chapter 1
Chapter 2
Chapter 3
Chapter 4
Chapter 5
Chapter 6
Chapter 7
Chapter 8
Chapter 9
Chapter 10
Chapter 11
Chapter 12
Chapter 13
Chapter 14
Chapter 15
Chapter 16
Chapter 17
Chapter 18
Chapter 19
Chapter 20
Chapter 21
Chapter 22
Chapter 23
Chapter 24
Chapter 25
Chapter 26
Chapter 27
Chapter 28
Chapter 11 →
All chapters:
1
2
3
4
5
6
7
8
9
10
11
12
13
14
15
16
17
18
19
20
21
22
23
24
25
26
27
28