bible
ra
🌐 Language
English
Español
Français
Deutsch
Português
Italiano
Nederlands
Русский
中文
日本語
한국어
العربية
Türkçe
Tiếng Việt
ไทย
Indonesia
All Languages
Home
/
Avar
/
Avar Инжил Магӏарул [Avaric]
/
Matthew 27
Matthew 27
Avar Инжил Магӏарул [Avaric]
← Chapter 26
Jump to:
Chapter 1
Chapter 2
Chapter 3
Chapter 4
Chapter 5
Chapter 6
Chapter 7
Chapter 8
Chapter 9
Chapter 10
Chapter 11
Chapter 12
Chapter 13
Chapter 14
Chapter 15
Chapter 16
Chapter 17
Chapter 18
Chapter 19
Chapter 20
Chapter 21
Chapter 22
Chapter 23
Chapter 24
Chapter 25
Chapter 26
Chapter 27
Chapter 28
Chapter 28 →
1
Дуниял рогьарабго, чІахІиял кашишзабазги халкъалъул чІухІби-хІакимзабазги — киназго ГІисада дандечІараб хІукму гьабуна гьев чІвазе къотІизе.
2
Вухь-вухьун вачун ГІиса кьуна Пилат сардарасухъе.
3
ГІисае хилиплъарав Ягьудаца, гьев чІвазе хІукму гьабун букІин лъайдал, жинцаго гьабуралдаса ракІ бухІун, доб лъеберабго гІарцул гъурущ чІахІиял кашишзабазухъеги чІухІби-хІакимзабазухъеги нахъе кьуна.
4
Гьес абуна: «ГІайибго гьечІеб бидул хІакъги мунагьги ккана диде». Гьез абуна: «Нижеца щиб гьабеянха мун вугев? Дур иш буго гьеб».
5
Мукъадасаб Рокъобе рехун гьеб гІарацги тун, Ягьуда нахъе ана ва живго жинцаго гъанкъана.
6
Гьеб гІарацги кодобе босун, чІахІиял кашишзабаз абуна чиясул бидухъ щвараб гІарац, Къануналда рекъон, Мукъадасаб Рукъалъе садакъаде кьезе бегьуларилан.
7
Цинги гьез, цоцазда дандбан, хІукму гьабуна гьеб гІарцухъ «ЩагІихъанасул хур» абулеб бакІ бичун босизе ва гьеб апарагзаби рукъизе хабалазе тезе.
8
Гьединлъидал гьеб бакІалда жакъа къоялделъагІанги «Бидул хур» абун цІар хутІун буго.
9
Гьедин ритІухълъана Иеремия аварагасул гьадинал рагІаби: «Ва гьезие щвана лъеберго гІарцул гъурущ, гьез багьа чІезабурасухъ кьураб мухь, гьединаб букІана Исраилил наслуялъул цо-цо гІадамаз гьесухъ чІезабураб багьа. Гьеб гІарцухъги щагІихъанасул хур босана гьез.
10
Гьедин лъазабуна дида БетІергьанас».
11
Сардарасда цеве чІезавуна ГІиса. Сардарас ГІисада гьикъана: — Мунищха кколев жугьутІазул ПарччахІ? ГІисаца жаваб кьуна: — Дуца абулеб бугоха гьедин.
12
Амма чІахІиял кашишзабазги чІухІби-хІакимзабазги жинде гІайиб гІунтІизабулеб мехалъ, ГІисаца жаваб кьечІо.
13
Гьебмехалъ Пилатица гьесда абуна: — Дуда рагІулеб гьечІищ гьаз, дуде гІайиб гІунтІизабун, гьабулеб бугеб нугІлъи?
14
Цо рагІи абунцин ГІисаца жаваб кьечІелъул, сардар цІакъ гІажаиблъун-хІикмалъун хутІана.
15
ГІадат букІана халкъалъе бокьарав цо туснахъ сардарас байрамалъул къоялъ къватІиве виччалеб.
16
Гьеб заманаялда туснахъалъув вукІана Барабба абун цо цІар рагІарав такъсирчи.
17
Халкъ бакІарараб мехалъ Пилатица гьикъана: — Нужехъе къватІиве щив виччазе нужее бокьилеб: Бараббайищ яги МасихІилан жинда абулев ГІисайищ?
18
(Пилатида лъалеб букІиндалха жахІда-хІусудалъ хІал гьабун жиндихъе кьурав чи гьев вукІин.)
19
ХІукму къотІизе тахида гІодов чІун Пилат вугеб мехалъ, чІужуялъ чи витІун вачІана, нолъ ГІисал рахъалъ бихьараб квешаб макьуялъ гІазаб кьолеб бугин жиндие, дуца гьев щибго гІайиб гьечІев валиясе расги гьабугейилан абизе.
20
Амма чІахІиял кашишзабазги чІухІби-хІакимзабазги халкъ мукІур гьабун букІана Барабба къватІиве виччаян ва ГІиса чІвазе къотІеян гьаризе.
21
Сардарас гьезда гьикъана: — Гьел кІиязулго кинавав къватІиве виччазе нужее бокьилеб? — Барабба, — ян абуна гьез.
22
Цинги Пилатица гьезда гьикъана: — Гьедин батани, МасихІилан жинда абулев ГІисада щибха гьабилеб? Гьел киназго абуна: — Хъанчида вазе ккола гьев!
23
Пилатица гьебмехалъ абуна: — Гьас гьабураб квешлъигІаги щиб? Амма гІадамал тІадеги цІакъ ахІдезе лъугьана: — Хъанчида вазе ккола гьев!
24
Гьабизе кІолеб жо гьечІеблъи бихьун, хІатта гъалмагъир ккезехъин букІин бичІчІун, Пилатица, лъимги бачІинабун, кверал чурана, гьел гІадамазда бихьуледухъ. Цинги гьес абуна: — Щибго гІайиб гьечІев гьав чиясул бидул хІакъ дида тІад гьечІо. Гьаб иш нужер буго.
25
Кинабго халкъалъ жаваб кьуна: — Гьесул бидул хІакъ нижедаги нижер лъималаздаги тІад буго.
26
Гьебмехалъ Пилатица Барабба гьезухъе виччана. ГІиса цІалаца вухеян ва хъанчида ваян амру гьабуна.
27
Цинги сардарасул рагъухъабаз ГІиса вачана претория абулеб кІалгІаялъул азбаралъуве. Рагъухъабазул тІубараб полк бахъинабун букІана гьенибе.
28
ТІаса ретІелги бахъун, бецІбагІараб ххамил гІаба ххола ГІисада тІад.
29
Зазил хьухьун гьабураб тажги лъола гьесул ботІрода, кваранаб квералъухъе гІансаги кьола. Цинги, гІад-хочІие гьавун, гьесда цере накабазда чІола: «ЖугьутІазул парччахІ чІахъаги!» — ян ахІулаго.
30
Гьел ГІисаде тударула, гІонсоца бетІер бухула.
31
ХІалхьезегІан инжит-хІакъирги гьавун, доб гІабаги тІаса бахъун, жиндирго ретІел ретІуна гьесда тІад. Ва хъанчида вазе вачун уна.
32
Гьев вачун унаго, хуриса вачІунев вукІарав Киренеялдаса цо Симон абулев чи данде ккана. Гьесда баччизабуна гьез ГІисае гьабураб хъанч.
33
Гьел щвана Голгота абулеб бакІалде. Гьелъул магІна ккола «Гвангвара гохІ».
34
КьогІлъизабураб чагъир кьуна гьесие гьекъезе. Цо кІалдибеги босун, ГІисаца инкар гьабуна гьелдаса.
35
Гьевги хъанчида ван, можоро тІамун гьесул ретІел жидедаго гьоркьоб бикьана рагъухъабаз.
36
Хъаравуллъи гьабун гьенирго чІана гьел.
37
«ЖугьутІазул парччахІ ГІиса», — абун, гьесде гІунтІизабураб гІайиб тІад хъвараб хъарщиги чІвана гьесул бетІералда тІадехун.
38
КІиго хъачагъги вукІана гьесда цадахъ хъанчида ван: цояв кваранаб рахъалда, цояв квегІаб рахъалда.
39
Цересан унел гІадамаз, гьев хІакъир гьавун абулеб букІана: — Ле, щущазабун Мукъадасаб Рукъгун, лъабго къоялде гьеб цІидасан балев багьадур, мунго хвасар гьаве!
40
Мун Аллагьасул Вас ватани, хъанчидаса гІодове рещтІа!
41
Гьединго чІахІиял кашишзабиги, диниял гІалимзабиги ва чІухІби-хІакимзабиги, гьев хІакъир гьавун гаргадулел рукІана:
42
— Цогидал хвасар гьарилилан вукІанин, живго хвасар гьавун бажаруларев чи. Исраилил умматалъул парччахІила жив! РещтІа абе гьанже хъанчидаса гъоркье, гьебмехалъ божила нилъ гьесда.
43
Аллагьасе живго аманат гьавун вукІанин, Аллагь гьасдаса рази ватани, гьанже гьес хвасар гьавеян абе. Аллагьасул Вас вугилан гурищ гаргадилев вукІарав?
44
Гьесда цадахъ хъанчида рарал хъачагъалги рукІана гьединго ГІисаде хьанделел.
45
Къалъул гІужалда тІолабго ракь бецІлъана. Гьеб бецІлъи тІаса инчІо сагІат лъабго тІубазегІан.
46
СагІат лъабго тІубалеб мехалъ, цо гучаб гьаракь гьабун, ахІана ГІисаца: — Эли, Эли! Лема шевактани! — абун. (Гьелъул магІна букІана: «Дир Аллагь! Дир Аллагь! Щай дуца дун рехун тарав?»)
47
Гьенир рукІарал цо-цояз, гьеб рагІараб мехалъ абулеб букІана Иляс аварагасде ахІи балеб бугин гьесилан.
48
Гьебмехалъ векерун ун гьезул цояс, цІекІаб чагъиралдаги ччун, чІорто босун бачІана ва, гІорол тІогьибги бухьун, бегьана гьесухъе.
49
Цо-цояз абулеб букІана: «ЧІа, гьанже бихьилин гьев хвасар гьавизе Иляс авараг вачІунищали».
50
Цоги нухалъ гучаб гьаракьги гьабун, хвана ГІиса.
51
Гьале Мукъадасаб Рокъоб хирияб бакІалда бигъун букІараб пардав тІарадаса ахаде щвезегІан кІихІи бихъун ана, ракь багъарана, кьураби риххун ана,
52
хабал кьватІун ана, хваралъуса чІаголъун, гьениса къватІире лъугьун рачІана церего хварал гІемерал вализаби.
53
ГІиса хваралъуса вахъараб мехалъ, гьесда цадахъ Мукъадасаб шагьаралде рачІана гьелги, ва гьенир гІезегІан чагІазда рихьана гьел.
54
Ракь багъариги цогидал хІикматал ишалги рихьараб мехалъ, аскаралъул нусилбетІерги ГІиса цІунун гьесда цадахъ рукІарал рагъухъабиги цІакъ хІинкъана. Гьез абуна: — ХІакъикъаталдаги гьав чи Аллагьасул Вас вукІун вуго.
55
Галилеялдаса рахъарал гьесда цадахъ рачІун, ГІисае хъулухъалъе чІарал гІемерал руччабиги рукІана гьенир, нахъегІан чІун ралагьун. Гьезда гьоркьор рукІана:
56
Магдалаялдаса Марямги, Якъубил ва Юсупил эбел Марямги, Зебедайил васазул эбелги.
57
МаркІачІубер рукІкІараб мехалъ, гьениве вачІана Ариматея шагьаралдаса Юсуп абулев цо бечедав чи. ГІисал мурид вукІана гьевги.
58
Пилатихъе ун гьес гьарана ГІисал жаназа букъизе кьеян. Пилатица изну кьуна.
59
Юсупица ГІисал жаназа нахъе босула, бацІцІадаб хІебтил мусруги бан,
60
гьеб букъула кьурулъ бикІун жиндиего хІадурун букІараб хабалазул нохъода цІияб хабалъ. Нохъодул кІалтІе цо кІудияб гамачІги гиризабун тун, гьев нахъе ана.
61
ГІиса хабалъ лъолеб мехалъ, дандритІухъе гІодорчІун рукІана Магдалаялдаса Марямги ва дойцояй Марямги.
62
Гьеб букІана рузман къо. Нахъисеб къоялъ данделъун чІахІиял кашишзабиги фарисеялги Пилатихъе ана ва гьез абуна:
63
— Я, бетІерчІахъад! Нижеда ракІалде щвана гьанже: чІаго вугеб мехалъ гьадав гьерсихъанас абулаан хун лъабго къоялдасан хваралъуса вахъине вугилан.
64
Гьединлъидал лъабго къо инегІан досул хоб цІунизе хъаравулзаби тІаме. Досул муридаз, бикъун гьеб жаназагун, гІадамазда абизе бегьула ГІиса чІаголъун вугилан. Досулалдасаги кІудияб гьереси букІина гьеб.
65
Пилатица гьезда абуна: — Гьаниса рачун хъаравулзабигун, нужеего бокьухъе цІуне гьеб хоб.
66
Инеги ун, гьез хоб цІунизе тадбир гьабуна: ганчІида мугьру чІвана ва гьенир хъаравулзаби тана.
← Chapter 26
Jump to:
Chapter 1
Chapter 2
Chapter 3
Chapter 4
Chapter 5
Chapter 6
Chapter 7
Chapter 8
Chapter 9
Chapter 10
Chapter 11
Chapter 12
Chapter 13
Chapter 14
Chapter 15
Chapter 16
Chapter 17
Chapter 18
Chapter 19
Chapter 20
Chapter 21
Chapter 22
Chapter 23
Chapter 24
Chapter 25
Chapter 26
Chapter 27
Chapter 28
Chapter 28 →
All chapters:
1
2
3
4
5
6
7
8
9
10
11
12
13
14
15
16
17
18
19
20
21
22
23
24
25
26
27
28