bible
ra
🌐 Language
English
Español
Français
Deutsch
Português
Italiano
Nederlands
Русский
中文
日本語
한국어
العربية
Türkçe
Tiếng Việt
ไทย
Indonesia
All Languages
Home
/
Avar
/
Avar Инжил Магӏарул [Avaric]
/
Matthew 11
Matthew 11
Avar Инжил Магӏарул [Avaric]
← Chapter 10
Jump to:
Chapter 1
Chapter 2
Chapter 3
Chapter 4
Chapter 5
Chapter 6
Chapter 7
Chapter 8
Chapter 9
Chapter 10
Chapter 11
Chapter 12
Chapter 13
Chapter 14
Chapter 15
Chapter 16
Chapter 17
Chapter 18
Chapter 19
Chapter 20
Chapter 21
Chapter 22
Chapter 23
Chapter 24
Chapter 25
Chapter 26
Chapter 27
Chapter 28
Chapter 12 →
1
АнцІила кІиявго муридасе насихІат гьабун лъугІараб мехалъ, ГІиса гьеб рахъалъул шагьаразде ана халкъалда дарс малъизеги вагІза гьабизеги.
2
Туснахъалда вукІарав ЯхІяда рагІана МасихІил ишазул хІакъалъулъ.
3
— Мунищ дов нижехъе вачІине кколев чи, яги цогидав вачІинегІанищ ниж ралагьун чІезе кколел? — абун гьикъизе жиндирго муридзаби ритІана гьес ГІисахъе.
4
ГІисаца гьезие жаваб кьуна: — Инеги ун, нужеца ЯхІяда бице нужеда рагІулеб бугебги бихьулеб бугебги:
5
бецазда канлъи бихьулеб бугин, бохдулъа ракъварал рилълъанхъулел ругин, барасалъ унтарал рацІцІалъулел ругин, гІинкъазда рагІи рагІулеб бугин, хварал чІаголъулел ругин, мискинзабазда Рохалил хабар бицунеб бугин.
6
Дир рахъалъ щакдаричІев чи талихІав вугиланги абе.
7
Гьел нахъе араб мехалъ ГІисаца гІадамазда бицана ЯхІял хІакъалъулъ: — Щиб бихьизе нуж добмехалъ гІицІаб авлахъалде ун рукІарал? Гьороца хьвагІезабулеб муцІи бихьизейищ?
8
Щив вихьизе ун рукІарал? Беричаб ратІлилъ вугев чи вихьизейищ? ЧІухІараб ретІел ретІарал гІадамал дора парччахІзабазул кІалгІабазухъ руго.
9
Щив вихьизеха ун рукІарал? Авараг вихьизейищ? Аварагасдасагицин кІудияв чи вихьизе ун рукІанилан абулеб буго дица нужеда!
10
Гьесул хІакъалъулъин ТІухьдузда хъван бугеб: «Гьале, мун вачІиналде дуе нух къачІазе дирго илчи вуго дица цеве витІулев».
11
ХІакълъун абулеб буго дица нужеда: эбелалъ чехь къинлъун гьаруразда гьоркьов ЯхІя авараг бищунго кІудияв вуго. Амма Зобалазул ПарччахІлъиялда ругезул бищунго гьитІинавгицин гьесдаса кІудияв вуго.
12
Жидерго мурадалде щвезе хІалица нух бахъулезе ЯхІя аварагасул заманаялдаса бахъараб жакъа къоялде щвезегІанги бокьун буго Зобалазул ПарччахІлъи кверде босизе.
13
ЯхІя авараг вахъинегІан халкъалъе нухлъун рукІана Мусал Къанунги аварагзабазул вагІзабиги.
14
Гьез бицунелда нуж божулел ругони, ЯхІя вуго кІиабизе тІадвуссун вачІине кколев вукІарав Иляс авараг.
15
ГІундул ругезда рагІизе биччанте гьеб!
16
Лъида релълъарал ругилан абилеб дица гьаб заманаялъул гІадамал?
17
Нижеца зурма пуна — Нуж кьурдизе рахъинчІо, МагІил бакънал рачана — Нуж гІодизе лъугьинчІо, — ян къотІноре рахъун жидерго гьалмагъзабазде ахІдолел лъималазда релълъуна гьел.
18
ВитІун вачІана я кваналарев, я гьекъоларев ЯхІя авараг. ШайтІабаз ккурав чи вугилан абуна гьез гьесде.
19
ВачІана кваназеги кваналев, гьекъезеги гьекъолев ГІадамил Лъимер. Гьез абулеб буго: «Гьале чехьквеш, гьекъолдухъан, магъало бакІарулел чагІазулги мунагь-хІакъалъул агьлуялъулги гьудул», — абун. Амма Аллагьасул ГІакъиллъи жиндирго ишаздалъун ритІухълъана.
20
КигІан гІемерал мугІжизатал жиндица рихьизаруниги, кантІун Аллагьасде руссинчІел шагьаразул гІадамазда гІайиб чІвазе лъугьана ГІиса:
21
— Балагьги гІазабги дуе, Хоразин шагьар! Балагьги гІазабги дуе, Байтсаида шагьар! Тиралъулгун Сидоналъул гІадамазда рихьун рукІаралани нужеда рихьарал гІадинал мугІжизатал, тІутІу-хъухъураб парталги ретІун, ботІроде рахъуги бан, церего руссинаан гьел Аллагьасде.
22
Дица нужеда абулеб буго: Тиралъулги Сидоналъулги халкъалъе къиямасеб къоялъ нужееялдаса бигьа букІине бугебха!
23
Дудаги, Капернаум, зобалазде бахине гьабилинищ ракІалде кколеб бугеб? ЖужахІалъул кІкІалахъе рехила мун! Дуда рихьарал гІадинал мугІжизатал Содомалда рихьун рукІаралани, жакъаги букІинаан гьеб шагьар.
24
Амма, дица абулеб буго, Содомалъул халкъалъе къиямасеб къоялъ дур халкъалъеялдаса бигьа букІине бугебха!
25
Гьебмехалъ ГІисаца абуна: — Дуе рецц буго, дир Эмен, зоб-ракьалъул БетІергьан, дуца, цІодораздаса ва гІакъилаздаса балъгоги гьабун, лъимер гІадиназе гьаб кинабго загьир гьабуралъухъ.
26
Уха, дир Эмен, гьелъулълъидалха бугеб дур цІобалъул гІатІилъи!
27
Кинабго дие дир Инсуца кьураб буго. Инсуда гурони, лъиданиги лъаларо жиндирго Вас. Васасда ва Эмен жидее загьир гьавизе Васасе бокьарал гІадамазда гурони, лъиданиги лъаларо Эмен.
28
ХІалтІул захІмалъи баччаралги гьир бакІлъаралги, дихъе рачІа нуж, дица хІалхьи кьела нужее.
29
Дие гІоло горбода рукь лъезе рачІа, дидаса мисал босе: дун вуго хІеренаб ва хІалимаб ракІалъул чи. Гьебмехалъ нужер рекІееги хІалхьи бачІина.
30
Нужер горбода дица лъолеб рукьги бигьаяб бугелъул, нужер мугъзада дица лъолеб гьирги тІадагьаб бугелъул!
← Chapter 10
Jump to:
Chapter 1
Chapter 2
Chapter 3
Chapter 4
Chapter 5
Chapter 6
Chapter 7
Chapter 8
Chapter 9
Chapter 10
Chapter 11
Chapter 12
Chapter 13
Chapter 14
Chapter 15
Chapter 16
Chapter 17
Chapter 18
Chapter 19
Chapter 20
Chapter 21
Chapter 22
Chapter 23
Chapter 24
Chapter 25
Chapter 26
Chapter 27
Chapter 28
Chapter 12 →
All chapters:
1
2
3
4
5
6
7
8
9
10
11
12
13
14
15
16
17
18
19
20
21
22
23
24
25
26
27
28