bible
ra
🌐 Language
English
Español
Français
Deutsch
Português
Italiano
Nederlands
Русский
中文
日本語
한국어
العربية
Türkçe
Tiếng Việt
ไทย
Indonesia
All Languages
Home
/
Avar
/
Avar Инжил Магӏарул [Avaric]
/
Matthew 21
Matthew 21
Avar Инжил Магӏарул [Avaric]
← Chapter 20
Jump to:
Chapter 1
Chapter 2
Chapter 3
Chapter 4
Chapter 5
Chapter 6
Chapter 7
Chapter 8
Chapter 9
Chapter 10
Chapter 11
Chapter 12
Chapter 13
Chapter 14
Chapter 15
Chapter 16
Chapter 17
Chapter 18
Chapter 19
Chapter 20
Chapter 21
Chapter 22
Chapter 23
Chapter 24
Chapter 25
Chapter 26
Chapter 27
Chapter 28
Chapter 22 →
1
Гьел Иерусалималде щолел рукІана. Зайтуналъул магІарда бугеб Бетфагия росулъе гІагарлъидал, кІиго муридги аскІове ахІун, ГІисаца гьезда абуна:
2
— Гьудуб нилъеда цебе бугеб росулъе а нуж. Росулъе лъугьаралго, цо бакІалда рухьун ратила хІамаги кІертги. Рухьадасаги ричун, гьелги рачун рачІа.
3
Лъицаниги щибниги абуни, нужеца бице, гьел ТІадегІанав ГІисае къваригІун ругилан. КІалъачІого риччала гьес гьел рачине.
4
Гьеб кинабго ккана цо аварагасда Аллагьас абураб гьадинаб калима ритІухълъизе:
5
«Сионил ясалда абе нужеца: Дур хІалимав ПарччахІ вачІунев вугин Гьир баччун ругьунаб хІамида рекІун, ХІамица гьабураб кІартида рекІун!»
6
Инеги ун, ГІисаца абураб гьабун,
7
хІамаги кІертги бачун рачІана гьел. ГІиса тІад рекІине муридаз гьезул гьодиде жидерго партал рехана.
8
Халкъалъул кІудияб руккелалъ, тІаса бахъун, ретІел букІана нухда тІибитІулеб. ГъутІбуздаса рекун, гІаркьалаби рукІана гьесда цере тІиритІулел.
9
Гьесда цебе-цебе унеб халкъалъул руккелалъги хадур рачІунез туркиги ахІулеб букІана: — Гьошанна! Давудил васасе рецц! БетІергьанас витІун вачІунев вугесда баркат лъеги! Гьошанна! ТІадегІанав Аллагьасе рецц!
10
ГІиса Иерусалималде лъугьиндал, тІолабго шагьар бихха-хочун лъугьана: — Гьав чиго щив? — ан гьикъулеб букІана гІадамаз.
11
— Галилеялъул Назарет шагьаралдаса ГІиса авараг вуго, — ян жаваб кьуна гьезие гьесда хадуб бачІунеб букІараб халкъалъул руккалилъан.
12
Мукъадасаб Рокъове лъугьун, ГІисаца гьениса къватІире гъуна даран-базаралда рукІарал гІадамал. ГІарац хисулел чагІазул столал ва къурбаналъе хъвезе маккал ричулел чагІи тІад гІодор чІолел бакІал кІалагъоркье чІвазаруна.
13
ГІисаца гьезда абуна: — ТІехьалда хъван буго: «Гьаб Дир рукъалда цІар букІине буго как-диналъул рукъ», — абун. Нужецайин абуни гьаб «хъачагъазул нохъоялде сверизабун буго».
14
ГІисахъе Мукъадасаб Рокъоре рачун рачІана бецалги рекъалги гІадамал. Гьес сахлъизаруна гьел.
15
ГІисал хІикматал ишал рихьидал ва гІисинал лъималазги Мукъадасаб Рокъоб: «Гьошанна! Давудил васасе рецц!» — абун ахІулеб рагІидал, чІахІиял кашишзабазги диниял гІалимзабазги ццидахун абуна гьесда:
16
— Гьез абулеб бугеб жо рагІулеб гьечІищ дуда? — ян. — РагІулеб буго, — ян абуна ГІисаца гьезда. — Нужеца киданиги цІаличІебищ: «ГІисинлъималги керен хахулелги тІамуна Дуца Дуего рецц гьабизе» — ян.
17
Цинги ГІиса, гьелги рукІаралъур тун, шагьаралдаса къватІивеги лъугьун, Бетаниялде ана ва сордо бан гьенив чІана.
18
Нахъисеб къоялъул радакье Иерусалималде вачІунаго, ГІиса вакъана.
19
Нухда цо инжиралъул гъветІ бихьана гьесда. Амма аскІове ун халгьабидал, тІанхал гурони, пихъил гороцин батичІо гъотІода. — ТІокІаб киданиги дуда тІад пихъ бижугеги, — ян абуна ГІисаца гъотІода. Гьеб параялда бакъвана гъветІ.
20
ХІикмалъун хутІарал гьесул муридаз абуна: — Балагье, инжиралъул гъветІ хекко бакъвараб куц!
21
ГІисаца гьезда абуна: — ХІакълъун абулеб буго дица нужеда: нужер рекІелъ божи-иман бугони ва рекІелъе щаклъи лъугьине течІони, доб гъотІода гуребги, гьаб мегІералдаги нужеца абуни, гьаниса бахъун ун ралъдалъе кІанцІеян, мегІер нужее мутІигІлъизе буго.
22
Божи-имангун нужеца дугІадулъ гьаранщинаб щвезе буго нужее.
23
Иерусалималъул Мукъадасаб Рокъове вачІун халкъалъе вагІза-насихІат гьабулев ГІиса вугеб мехалъ, гьесда аскІоре рачІана чІахІиял кашишзаби, диниял гІалимзаби ва чІухІби-хІакимзаби. — Гьаб хІалтІи гьабизе ихтияр бугебищ дур? Лъица дуе гьеб ихтияр кьураб? — абун гьикъана гьез ГІисада.
24
ГІисаца гьезие жавабалъе абуна: — Дицаги кьела нужее цо суал. Нужеца гьелъие жаваб кьуни, гьебмехалъ бицина дица нужеда лъица дие гьаб ихтияр кьурабали.
25
Лъадалъ ччун рахъун гІадамал рацІцІад гьаризе ихтияр ЯхІяе кисан щун букІараб: зобалаздасанищ яги гІадамаздасанищ? Цоцазда гьоркьоб хабар ккана гьезул. «Зобалаздасан букІанин абуни, гьес нилъеда абилагури, гьедин батани, щайха нуж ЯхІяда божичІелилан.
26
ГІадамаздасан букІанин абизеги халкъалъукьа хІинкъун руго нилъ, щайгурелъул киназго ЯхІя авараглъун рикІкІунев вукІиндал».
27
Жидеда лъаларилан жаваб кьола ГІисае гьез. ГІисаца гьездаги абула: — Дица нужедаги бицинаро лъил ихтияралдалъун дица гьаб хІалтІи гьабулеб бугебали.
28
— Гьаб мисалалъул рахъалъ щиб нужеца абилеб? Цо пуланав чиясул вукІун вуго кІиго вас. «Векере, дир вас, нилъерго цІолбол ахикье а жакъа хІалтІизе», — ян абун буго гьес, аскІовеги вачІун, цояв васасда.
29
Ина, дир эмениланги, абун, ун гьечІо гьев.
30
АскІове вачІун, цогидав васасдаги абун буго гьединго. Инарилан абун буго гьес, амма гьедин абиялдаса ракІ бухІун, ун вуго гьев ахикье.
31
Кинав васасха инсул амру тІубазабураб? КІиабилесилан абуна гьез. Гьебмехалъ ГІисаца гьезда абуна: — ХІакълъун абулеб буго дица нужеда: магъало бакІарулел чагІиги хъахІбабиги нужеда цере-цере унел руго Аллагьасул ПарччахІлъиялде.
32
Щайин гьикъани: битІараб нухдасан вачІун вукІана нужехъе ЯхІя авараг. Нуж гьесда божичІо. Амма магъало бакІарулел чагІиги хъахІбабиги божана. Нужин абуни, — гьеб кинабго бихьаниги, нужер ракІ бухІичІо ва кинго гьесда божичІо.
33
Цоги мисалалъухъ гІенекке. Цо бечедав чияс цІолбол ах гьабун буго, сверун чали къан буго, чагъир жаниб цІцІуйзе чаналъе гвендги бухъун буго, хъаравуласе борхатаб хъощги бан буго. Цинги ахихъабазухъе ижараялъе гьеб ахги кьун, гьев ун вуго.
34
ЦІибил барщараб мехалъ, гьес дол ижарачагІазухъе рагьтІателал ритІун руго жиндиего кколеб бутІа босизе.
35
Амма ижарачагІаз, кквезеги ккун, гьезул цояв вухун вуго, цояв чІван вуго, цогидав ганчІал речІчІун хвезавун вуго.
36
Нахъеги ритІун руго гьес рагьтІателал, доздаса гІемерго цІикІкІун. Амма гьезиеги додинго гІакъуба кьун буго ахихъабаз.
37
Цинги жиндирго вас витІун вуго ахил бетІергьанас, жиндир васасулгІаги хІурмат гьабилародайилан.
38
Амма гьесул вас вачІунев вихьараб мехалъ, ижарачагІаз цоцазда абун буго: «Гьале гурищ ирсилав. РачІа гьав чІвазе, ирсги нилъеего хутІила».
39
Кквезеги ккун, гьез гьев ахикьа къватІиве рехун вуго ва чІван вуго.
40
ХІасил, ахил бетІергьан тІадвуссун вачІараб мехалъ, гьел ижарачагІазе щибдай гьабила гьес?
41
Гьелъие жавабалъе ГІисада абуна: — Квешал гІадамал гьес квешго чІвала. ЦІибил барщарабго жиндие кколеб бутІа босун рачІунел ижарачагІазухъе ахги кьела.
42
ГІисаца гьезда абуна: — ТІехьалда цІаличІищ нужеца: «Къадалъ лъезецин ярагьунарилан къадахъабаз нахъе рехараб гамачІ битІахъе цололъ лъун буго. Гьединаб букІун буго БетІергьанасул хІукму. Нилъер берда цебе лъугьараб кІудияб мугІжизат буго гьеб!»
43
Гьале дица нужеда абулеб буго: нужехъа бахъун Аллагьасул ПарччахІлъи кьела гьелъул пихъ барщизабулеб халкъалъе.
44
Гьеб ганчІиде вортаравги щущан ине вуго, бортун бачІун гамачІ тІад речІчІаравги чІинтІизе вуго.
45
Гьел мисалал рагІидал, чІахІиял кашишзабаздаги фарисеяздаги бичІчІана ГІисаца жидер хІакъалъулъ бицунеб букІин.
46
Гьезие бокьун букІана ГІиса ккун вачине, амма гІадамазукьа хІинкъана. Халкъалъ гьев авараглъун рикІкІунев вукІиндал.
← Chapter 20
Jump to:
Chapter 1
Chapter 2
Chapter 3
Chapter 4
Chapter 5
Chapter 6
Chapter 7
Chapter 8
Chapter 9
Chapter 10
Chapter 11
Chapter 12
Chapter 13
Chapter 14
Chapter 15
Chapter 16
Chapter 17
Chapter 18
Chapter 19
Chapter 20
Chapter 21
Chapter 22
Chapter 23
Chapter 24
Chapter 25
Chapter 26
Chapter 27
Chapter 28
Chapter 22 →
All chapters:
1
2
3
4
5
6
7
8
9
10
11
12
13
14
15
16
17
18
19
20
21
22
23
24
25
26
27
28