bible
ra
🌐 Language
English
Español
Français
Deutsch
Português
Italiano
Nederlands
Русский
中文
日本語
한국어
العربية
Türkçe
Tiếng Việt
ไทย
Indonesia
All Languages
Home
/
Avar
/
Avar Инжил Магӏарул [Avaric]
/
Matthew 20
Matthew 20
Avar Инжил Магӏарул [Avaric]
← Chapter 19
Jump to:
Chapter 1
Chapter 2
Chapter 3
Chapter 4
Chapter 5
Chapter 6
Chapter 7
Chapter 8
Chapter 9
Chapter 10
Chapter 11
Chapter 12
Chapter 13
Chapter 14
Chapter 15
Chapter 16
Chapter 17
Chapter 18
Chapter 19
Chapter 20
Chapter 21
Chapter 22
Chapter 23
Chapter 24
Chapter 25
Chapter 26
Chapter 27
Chapter 28
Chapter 21 →
1
Зобалазул ПарччахІлъи релълъуна, радал хехго вахъун, жиндирго цІолбол ахикь хІалтІизе гІадамал ралагьизе арав цо бечедав чиясда.
2
Къое цо-цо динар кьезе къотІиги гьабун, хІалтІухъаби ккун руго гьес ва цІолбол ахикье ритІун руго.
3
Лъабго сагІаталдасан нахъеги базаркъотІносан унаго, цоги чагІиги ратун руго гьенир, хІалтІи щвелародайилан рахъун чІун.
4
Нуж разияб мухьги кьелин, дир цІолбол ахикье хІалтІизе айилан ритІун руго гьас гьелги. Ун руго гьел гьенире.
5
Къалъул гІужалдехунги ва къалъудаса лъабго сагІат араб мехалъги базаркъотІнове ун, додинго ритІун руго гьес хІалтІухъаби.
6
Бакъанидехунги ун вуго гьав чи базаркъотІнове. Дагьалги гІадамал ратун руго гьенир рахъун чІун. — Къойица гьанир чІалгІаде рахъун чІун щибулел нуж ругел? — ан гьикъун буго гьас гьезда.
7
Жал лъицаниги хІалтІизе рачунел гьечІилан абун буго гьез. Гьездаги абун буго гьес жиндир цІолбол ахикье айилан.
8
МаркІачІубер рукІкІараб мехалъ, жиндие хъулухъ гьабулев чиясда гьес абун буго дол хІалтІухъабиги ахІун, ахиралда ритІараздасан байбихьун тІоцере ритІаразде щвезегІан гьезие мухь кьейилан.
9
Бакъанимехалда хІалтІизе байбихьаразеги цо-цо динар щун буго.
10
Радалго хІалтІизе квер баразда ракІалда букІун буго жидее цІикІкІун кьелилан. Амма гьезиеги цо-цо динар гурони щун гьечІо.
11
Гьебмехалъ ахил бетІергьанасде гъулгъудизе лъугьун руго гьел:
12
— Ахикье ахиралда рачІарал гІадамал цо сагІаталъ гурони хІалтІичІо. Нижин абуни, радалалдаса бакъинегІан бухІараб бакъукь хІалтІана. Гьезиеги нижееги бащад кьуна дуца мухь.
13
Гьезул цоясдехун вуссун ахил бетІергьанас абун буго: — Ле, гьудул! Дуе гьабураб къотІи хвезабунищ дица? Мун разилъун вукІинчІищ цо динаралъухъ хІалтІизе?
14
Дуего кьураб мухьги босун нахъе щай унарев? Дие бокьун буго дуе кьуралда бащад тІарамагъада витІарасеги кьезе.
15
Дирго буголъиялда бокьараб гьабизе ихтияр гьечІебищ дир? Яги дир сахаватлъиялда бер бахиллъунищ мун вугев?
16
Гьедин цере рукІарал ахиралде ккела, ахиралда рукІарал цере ккела.
17
Иерусалималде унаго нухда ГІисаца анцІила кІиявго мурид батІаго ахІана ва гьезда абуна:
18
— Гьале нилъ Иерусалималде унел руго. Гьенив ГІадамил Лъимер чІахІиял кашишзабаздаги диниял гІалимзабаздаги кодове кьела, гьезги чІвазе къотІила.
19
Цинги инжит-хІакъир гьавизе, цІалаца вухизе ва хъанчида вазе цогидаб халкъалъул гІадамазда кодове кьела гьев. Ва хун лъабабилеб къоялъ чІаголъила.
20
Гьебмехалъ ГІисада аскІое ячІуна Зебедайил васазул эбел. Гьелда аскІор рукІана кІиявго васги. Гьелъ гІодое къулун цо жо гьарулеб букІана.
21
— Щиб дуе бокьун бугеб? — ан гьикъана ГІисаца. Гьелъ абуна: — Мун ПарччахІлъун ккараб мехалъ, гьав дир кІиявго вас дуца дудаго аскІор цояв кваранаб рахъалда, цогидавги квегІаб рахъалда, гІодор чІезарилин рагІи кье дие.
22
ГІисаца гьелъул васазда абуна: — Нужедаго лъалеб гьечІо нужеца гьарулеб бугеб жо. КІвеладай нужеда дица гьекъезе ккараб лълъар гьекъезе? КІвелилан жаваб кьуна гьез.
23
ГІисаца абуна: — Дица гьекъезе ккараб лълъар гьекъезе ккезе буго нужеца. Амма дир кваранабги квегІабги рахъалда гІодор чІезариялъул иш дида бараб гьечІо, дир Инсул хІукмуялда бараб буго.
24
Гьеб хабар рагІарабго, хутІарав анцІавго мурид дов кІиявго вацасде ццидахун лъугьана.
25
АскІореги ахІун, ГІисаца гьезда абуна: — Нужеда лъалагури цогидал халкъазул парччахІзабаз халкъалда тІад ханлъи гьабулеблъи, чІухІби-хІакимзабаз гІадамазда тІад жидерго ихтияр билълъанхъизабулеблъи.
26
Амма нужеда гьоркьоб гьедин букІине бегьуларо. Нужеда гьоркьоса лъиениги бищунго кІудиявлъун вукІине бокьани, гьев цогидазе хъулухъалъе чІа абе.
27
Нужеда гьоркьоса бищунго цеве вукІине бокьаравги цогидазе лагълъун вукІа абе.
28
ГІадамил Лъимерги жиндие лъицаниги хъулухъ гьабизелъун гуро вачІарав. Гьев вачІун вуго цогидазе хъулухъ гьабизе ва гІемеразе гІоло рецІалие жиндирго рухІ кьезе.
29
Иерихон шагьаралдаса къватІире гьел рахъунеб мехалъ, халкъалъул руккел букІана ГІисада хадуб бачІунеб.
30
Гьале нухлул рагІалда гІодов чІун вукІарав кІиго бецав чи, ГІиса аскІосан унев вукІин рагІун, ахІдезе лъугьана: — Я, БетІерчІахъад! Я, Давудил вас! ГурхІа мун нижеда! — ян.
31
ГІадамаз абуна гьезда руцІцІун чІайилан, амма гьел дагьабги гьаракь борхун ахІдезе лъугьана: — Я, БетІерчІахъад! Я, Давудил вас! ГурхІа мун нижеда! — ян.
32
Гьенив лъалхъун, ГІисаца гьел аскІоре ахІана ва дица щиб гьабизе нужее бокьун бугебилан гьикъана.
33
Гьез абуна: — Я, БетІерчІахъад, нижер беразда канлъи бихьизе бокьун буго.
34
Гьев кІиясдаго гурхІун, ГІисаца гьезул беразда квер бахъана. ГьебсагІат беразда канлъи бихьун, ГІисада цадахъ рилълъана гьел.
← Chapter 19
Jump to:
Chapter 1
Chapter 2
Chapter 3
Chapter 4
Chapter 5
Chapter 6
Chapter 7
Chapter 8
Chapter 9
Chapter 10
Chapter 11
Chapter 12
Chapter 13
Chapter 14
Chapter 15
Chapter 16
Chapter 17
Chapter 18
Chapter 19
Chapter 20
Chapter 21
Chapter 22
Chapter 23
Chapter 24
Chapter 25
Chapter 26
Chapter 27
Chapter 28
Chapter 21 →
All chapters:
1
2
3
4
5
6
7
8
9
10
11
12
13
14
15
16
17
18
19
20
21
22
23
24
25
26
27
28