bible
ra
🌐 Language
English
Español
Français
Deutsch
Português
Italiano
Nederlands
Русский
中文
日本語
한국어
العربية
Türkçe
Tiếng Việt
ไทย
Indonesia
All Languages
Home
/
Avar
/
Avar Инжил Магӏарул [Avaric]
/
Acts 12
Acts 12
Avar Инжил Магӏарул [Avaric]
← Chapter 11
Jump to:
Chapter 1
Chapter 2
Chapter 3
Chapter 4
Chapter 5
Chapter 6
Chapter 7
Chapter 8
Chapter 9
Chapter 10
Chapter 11
Chapter 12
Chapter 13
Chapter 14
Chapter 15
Chapter 16
Chapter 17
Chapter 18
Chapter 19
Chapter 20
Chapter 21
Chapter 22
Chapter 23
Chapter 24
Chapter 25
Chapter 26
Chapter 27
Chapter 28
Chapter 13 →
1
Гьеб заманаялда Гьерод ханас иман лъуразул агьлуялъул цо-цо гІадамал жанир тІамуна, гьел тІагІинаризе бокьун.
2
Хвалчаца бетІер къотІун чІвана гьес Иоаннил вац Якъуб.
3
Ягьудиязе гьеб рекІее гІураблъи бихьун, Пётрги тІамуна гьес туснахъалъув. (Гьел рукІана РеччичІел Панкъазул Байрамалъул къоял.)
4
Ккун вачун туснахъалъув тІамизавуна Гьеродица Пётр ва гьев цІунизе анцІила анлъго рагъухъанги тана хъаравуллъуда. Гьесда ракІалда букІана Пасхаялъул байрамалдаса хадуб халкъалда цеве вачун Пётрие суд гьабизе.
5
Гьале Пётр туснахъалъув вуго. Иман лъуразул тІолабго агьлуялъ тІадчІун Аллагьасде гьари-дугІа гьабуна гьесда гурхІаян.
6
Гьеродица метер халкъалда цеве вачинехъин вугеб сордоялъ кІиго рагъухъанасдехун рахсаца вухьун вугев Пётр кьижун вукІана. ХутІарал хъаравулзаби туснахъалъул нуцІихъ чІун рукІана.
7
Гьале вачІун гьесда цеве чІарав Бичасул малаикасул нуралъ туснахърукъ къалъ-къалъизабуна. Хьолболъ квер тункун макьидасаги вигьинавун: «Хехго тІаде вахъа!» — ян абуна малаикас Пётрида. Гьесул кверазда рукІарал маххул рахсал рортун ана гьебмехалъ.
8
Цинги малаикас гьесда абуна хьиталги парталги ретІеян. Гьес хьиталги парталги ретІана. Нахъеги абуна, мугъзаде гІабаги рехун, жинда хадув вачІаян.
9
Пётр гьесда хадув къватІиве лъугьана. Амма гьесда ракІалде кколеб букІана гьев малаикас гьабулеб бугебщинаб жо жинда цебетІамулеб бугилан.
10
Цо хъаравулзабазда, цинги цоги хъаравулзабазда цересан ун, туснахъалъусан шагьаралде бугеб маххул кавудухъе щвана гьел. Каву жибго рагьун ана. Гьениса къватІире лъугьун ун цо къватІ лъугІулеб бакІалде щведал, малаик цевеса тІагІана.
11
Гьебмехалъ гІакълуялде вачІун живго жиндаго гаргадизе лъугьана Пётр: «ХІакъикъаталдаги БетІергьанас дихъе малаик витІун вачІана дун Гьеродил квердасаги ва ягьудиязул тІолабго халкъалъе бихьизе бокьун букІарабщиналдасаги хвасар гьавизе».
12
Цинги гьеб ккара-таралъул магІна бичІчІарав Пётр ана Маркилан тІокІцІар бугев Иоаннил эбел Марямил бакІалде. Гьенибе какде гІемераб халкъ бакІарун букІана гьеб сордоялъ.
13
Пётрица каву бухидал, Рода абун цІар бугей цо гъараваш ячІана гьеб лъица бухулеб бугебали хал гьабизе.
14
Пётрил гьаракь батІа бахъизе лъайдал, гІемерго йохиялъ каву ричІизе рекІеда ятичІого, гьей жание екерун ана ва Пётр вугин кавудул кІалтІайилан бицана гьезда.
15
Дур бетІер сверун бугилан абуна гьез. Жинца гьереси бицунеб гьечІилан чІана гьей. Пётрил рухІ батилин гьебилан абуна гьез.
16
Пётрица жеги-жеги бухулеб букІана каву. Каву рагьараб мехалъ, гьенив Пётр ватидал, хІикмалъун хутІана гьел.
17
РуцІцІун чІайилан гьезие квералъ ишанги гьабун, Пётрица бицана БетІергьанас жив туснахъалъуса къватІиве вачиналъул хІакъалъулъ. Цинги гьес абуна Якъубидаги цогидал вацаздаги бицейин гьеб кинабго. Гьениса къватІиве вахъун, цоги бакІалде ана Пётр.
18
Радал, Пётр киведай тІагІанаян, кутакалда рихха-хочун лъугьана хъаравуллъуда рукІарал дол рагъухъаби.
19
Пётр валагьеян амру гьабуна Гьеродица, амма кинго кодове щвечІо гьев. Дол хъаравулзабиги ахІун, кин-щиб ккарабилан цІехана Гьеродица, цинги гьел чІвазе буюрухъ кьуна. Гьелдаса хадув Ягьудиялдаса Къайсарияталде ун, гьенив чІана Гьерод.
20
Гьесул цІакъ ццин бахъун букІана Тиралъул ва Сидоналъул гІадамазда. Гьебмехалъ цоцазда дандги бан гьез Гьеродихъе жидерго вакилзаби ритІана. Гьезул ракьалде квана-гьекъолеб жо Гьеродил улкаялдаса бачІунеб букІана. Гьединлъидал, гьесул кІалгІаялъув рагьтІателлъун вукІарав Бластилгун гьоркьоблъиги гьабун, Гьеродидасан рекъел гьарана гьез.
21
Гьелгун дандчІвазе къотІи гьабураб къоялъ, чІухІараб ретІелги ретІун, тахиде вахун гІодов чІана Гьерод ва, халкъги гІенеккун, гьездехун хитІаб гьабун кІалъана.
22
Гьебмехалъ халкъалъ ахІулеб букІана, гІадан-инсан гурин, живго аллагь вугин жидеда кІалъалев абун.
23
Амма гьес Аллагьасе рецц гьабичІелъул, гьебсагІат вачІун Бичасул малаикас жаза гьабуна Гьеродие, черхалда борохь бан хвана гьев.
24
Гьедин цІубана ва тІибитІана БетІергьанасул рагІи.
25
Барнабаги Шаулги, жидеда тІадкъараб ишги тІубазабун, Иерусалималдаса Антиохиялде тІадруссана. Маркилан тІокІцІар бугев Иоаннги вачана гьез жидедаго цадахъ.
← Chapter 11
Jump to:
Chapter 1
Chapter 2
Chapter 3
Chapter 4
Chapter 5
Chapter 6
Chapter 7
Chapter 8
Chapter 9
Chapter 10
Chapter 11
Chapter 12
Chapter 13
Chapter 14
Chapter 15
Chapter 16
Chapter 17
Chapter 18
Chapter 19
Chapter 20
Chapter 21
Chapter 22
Chapter 23
Chapter 24
Chapter 25
Chapter 26
Chapter 27
Chapter 28
Chapter 13 →
All chapters:
1
2
3
4
5
6
7
8
9
10
11
12
13
14
15
16
17
18
19
20
21
22
23
24
25
26
27
28