bible
ra
🌐 Language
English
Español
Français
Deutsch
Português
Italiano
Nederlands
Русский
中文
日本語
한국어
العربية
Türkçe
Tiếng Việt
ไทย
Indonesia
All Languages
Home
/
Avar
/
Avar Инжил Магӏарул [Avaric]
/
Acts 15
Acts 15
Avar Инжил Магӏарул [Avaric]
← Chapter 14
Jump to:
Chapter 1
Chapter 2
Chapter 3
Chapter 4
Chapter 5
Chapter 6
Chapter 7
Chapter 8
Chapter 9
Chapter 10
Chapter 11
Chapter 12
Chapter 13
Chapter 14
Chapter 15
Chapter 16
Chapter 17
Chapter 18
Chapter 19
Chapter 20
Chapter 21
Chapter 22
Chapter 23
Chapter 24
Chapter 25
Chapter 26
Chapter 27
Chapter 28
Chapter 16 →
1
Ягьудиялдаса цо киналалиго гІадамал рачІун гьез вацазда абуна, Мусал къануналда рекъон сунат гьабичІони, нуж хвасарлъуларилан.
2
Павелги Барнабаги гьезда тІадрекъолел рукІинчІо. КІудияб дагІба-къец ккана гьезда гьоркьоб. Гьединлъидал Павелги, Барнабаги ва цо чанго чиги ритІана Иерусалималда ругел чапарзабазухъеги диниял бутІрузухъеги гьеб суал тІубазабизе.
3
Гьедин иман лъуразул агьлуялъ ритІун, Финикиялдасан ва Самариялдасан унаго, гьенир ругел вацазда гьез мухІканго бицана цогидал халкъазул гІадамазги иман лъунилан. Кутакалда рохана гьел гьеб хабаралдаса.
4
Иерусалималде щвараб мехалъ иман лъуразул агьлуялъги, гьенир рукІарал чапарзабазги ва диниял бутІрузги рохун къабул гьаруна Павелги Барнабаги. Аллагьасул хІалкІолъиялдалъун жидер гьениб ккарабщиналъулги бицана гьазда.
5
Фарисеязул мазгьабалда ругел цо-цо иман лъураз, тІаде рахъун, абуна: — Цогидал халкъаздаги нилъеца лъазабизе ккола Мусал къанунги цІунейин, сунатги гьабейилан.
6
Чапарзабиги диниял бутІрулги данделъана гьеб суал гьоркьоб лъезе.
7
ЛъикІаланго заманаялъ дагІба-къецалда рукІана гьел. Цинги, тІаде вахъун, Пётрица абуна: — ГІенекке, вацал! Нужеда гьоркьоса тІаса вищун, дол тІоцересел къояздаго дун витІана Аллагьас цогидал халкъазухъе гьезда Рохалил хабар бицине ва гьел иманалде ахІизе. Гьеб нужеда лъала.
8
Щивав чиясул рекІелъ бугебги лъалев Аллагьас, нилъее гІадин, цогидал халкъазеги Илагьияб РухІ сайигъат гьабуна, жинца гьел къабул гьарунилан.
9
Гьезулги ракІал рацІцІалъизарун, цогидал халкъаздаги нилъедаги гьоркьоб щибго батІалъи гьабичІо Аллагьас.
10
Я нилъер умумузда, я нилъеда хІехьезе кІвечІеб рукь муридазул гарбидеги ккезабун, щай нужеца Аллагьасул сабруялъул хІалбихьулеб бугеб?
11
Амма нилъ божула ТІадегІанав ГІисал цІобалдалъун нилъ хвасарлъизе рукІиналда, гьединго гьелги хвасарлъизе рукІиналда.
12
Гьебмехалъ киналго руцІцІун чІана. Цинги гьел гІенеккана Аллагьасул хІалкІолъиялдалъун жидеца цогидал халкъазда рихьизарурал хІикматал ишазулги мугІжизатазулги хІакъалъулъ Павелицаги Барнабацаги бицараб хабаралъухъ.
13
Гьезул хабар лъугІараб мехалъ, Якъубица байбихьана кІалъазе. Гьес абуна: — Нуж дихъ гІенекке, вацал!
14
Симоница гьабсагІат нилъеда бицана, гьезда гьоркьоса тІаса рищарал гІадамалги жиндирго халкълъун лъугьине бокьун, Аллагьас тІоцебесеб нухалъ цогидал халкъазул тІалаб-агъаз гьабунилан.
15
Гьеб данде кколеб буго аварагзабазул гьадинаб калимаялда:
16
«Гьелдаса хадув Дун тІадвуссина ва биххун букІараб Давудил рукъ къачІала, гьелъул чІваднал лъугІизарила, гьеб цІидасан бала.
17
Цинги цогидал киналго гІадамал, хІатта Дица дирго халкълъун рикІкІине ругел цогидал халкъазул гІадамалги, Диде руссина».
18
Гьедин абулеб буго БетІергьанас, гьесдасан гІадамазда цебеккунго лъалеб букІарабщинаб гьабула гьес.
19
Гьединлъидал дида ракІалде ккола Аллагьасде руссунел ругел цогидал халкъазул гІадамазе нилъеца квалквал гьабизе бегьиларилан.
20
Гьанже нилъеца гьезухъе хъван кагъат битІизе ккола гьересиаллагьзабазе къурбан гьабураб квенги кунгеян, хъахІбалъиги гьабугеян, гъанкъун хвезабураб хІайваналъул гьанги, гьединго биги хІарамаб бугилан.
21
Мусал къанунин абуни, цебе заманаялдаса нахъего халкъалда бичІчІизабула щибаб шагьаралда щибаб шамат къоялъ синагогабазда цІалун.
22
Цинги чапарзабазги диниял бутІрузги, тІолабго иман лъуразул агьлуги разилъун, хІукму гьабуна Павелидаги Барнабадаги цадахъ Антиохиялде, жидедаго гьоркьоса вищун, кІиго чи витІизе. Гьез тІаса рищана жидедаго гьоркьор хІакимзабилъун рукІарал Барсаббайин абулев Ягьудаги Силаги.
23
Гьезухъе кьун, гьадинаб кагъатги битІана: «Нужер вацазул — чапарзабазул ва диниял бутІрузул — рахъалдасан салам буго Антиохиялда, Сириялда ва Киликиялда ругел диналъул вацазде — цогидал халкъаздасан лъугьарал вацазде.
24
Нижеда рагІана нижер тІадкъай гьечІониги цо-цо гІадамаз нужер рахІат хвезабулеб бугилан, нуж къосинарулел ругилан.
25
Гьединлъидал нижеца, киналго разилъун, хІукму гьабуна нижее хириял Барнабадаги Павелидаги цадахъ тІаса рищун нужехъе вакилзаби ритІизе.
26
Барнабаги Павелги руго ТІадегІанав МасихІ ГІисал цІаралъе гІоло гІумру кьурал гІадамал.
27
Гьединго ритІулел руго Ягьудаги Силаги. Гьезги кІалалъ бицина нужеда гьаб нижер кагътил мурад.
28
Илагьияб РухІалдаги нижедаги лъикІаблъун бихьун буго — паризаяб тун нахъияб жо нужеда баччизабиларилан.
29
Нужеца кунге гьересиаллагьзабазе къурбан гьабураб квен, биги гьекъоге, гъанкъун хвезабураб хІайваналъул гьанги кунге, хъахІбалъиги гьабуге. Гьелдаса цІунун чІани, — гьеб буго лъикІаб иш. Вассалам».
30
Гьеб данделъи биххун хадур гьел ункъалго Антиохиялде ана. Доре щведал, киналго данде ракІарун, кагъат гьезухъе кьуна.
31
Гьеб кагъат цІалидал, муридал рохана гьединаб насихІаталдаса.
32
Ягьудацаги Силацаги (гьел кІиялгоги рукІана кашпу-карамалъи бугел гІадамал) гІемераб жо малъана гьезда. Гьелдалъун вацазул рекІелъ иман щулалъиялъе квербакъиги лъугьана.
33
Цо заманаялдасан кІудияб хІурмат-адабгун Ягьудаги Силаги тІоритІизе рахъана вацал, ва жалго гьенире ритІарал вацазухъе тІадруссана гьел кІиялго.
34
[34-35] Павелги Барнабаги Антиохиялда чІана, гІемерал цогидал муридазда цадахъ ТІадегІанав ГІисал рагІи тІибитІизабулеб букІана гьез.
36
Цо чанго къоялдасан Павелица Барнабада абуна: — РачІа нилъ тІадруссун рилълъинин ва, ТІадегІанав ГІисал рагІи нилъеца тІибитІизабураб щибаб шагьаралде щун, вацал кин ругелали хал гьабилин.
37
Барнабае бокьана Маркилан тІокІцІар бугев Иоаннги цадахъ вачине.
38
Амма Павелида ракІалде ккана доба, Памфилиялда, гьелги рехун тун нахъе арав, гьезул ишалъе гьелдаса хадуб кумекги гьабичІев чи цадахъ вачун лъикІ гурилан.
39
Гьеб сабаблъун кІиясдаго гьоркьоб кьал ккана. Гьедин Павелги Барнабаги цоцаздаса ратІалъана. Маркги вачун, гамидаги рекІун, Барнаба Кипралде ана.
40
БетІергьанасул цІобалъ рехун тогегиян дугІаги гьабун, Павелги тІовитІана вацаз. Силаги вачун,
41
гьев Сириялдасан ва Киликиялдасан ана, иман лъуразул агьлуги щулалъизабулаго.
← Chapter 14
Jump to:
Chapter 1
Chapter 2
Chapter 3
Chapter 4
Chapter 5
Chapter 6
Chapter 7
Chapter 8
Chapter 9
Chapter 10
Chapter 11
Chapter 12
Chapter 13
Chapter 14
Chapter 15
Chapter 16
Chapter 17
Chapter 18
Chapter 19
Chapter 20
Chapter 21
Chapter 22
Chapter 23
Chapter 24
Chapter 25
Chapter 26
Chapter 27
Chapter 28
Chapter 16 →
All chapters:
1
2
3
4
5
6
7
8
9
10
11
12
13
14
15
16
17
18
19
20
21
22
23
24
25
26
27
28