bible
ra
🌐 Language
English
Español
Français
Deutsch
Português
Italiano
Nederlands
Русский
中文
日本語
한국어
العربية
Türkçe
Tiếng Việt
ไทย
Indonesia
All Languages
Home
/
Avar
/
Avar Инжил Магӏарул [Avaric]
/
Acts 24
Acts 24
Avar Инжил Магӏарул [Avaric]
← Chapter 23
Jump to:
Chapter 1
Chapter 2
Chapter 3
Chapter 4
Chapter 5
Chapter 6
Chapter 7
Chapter 8
Chapter 9
Chapter 10
Chapter 11
Chapter 12
Chapter 13
Chapter 14
Chapter 15
Chapter 16
Chapter 17
Chapter 18
Chapter 19
Chapter 20
Chapter 21
Chapter 22
Chapter 23
Chapter 24
Chapter 25
Chapter 26
Chapter 27
Chapter 28
Chapter 25 →
1
Щуго къоялдасан кІудияв кашиш Ананияда цадахъ гьенире рачІана чІухІби-хІакимзабаздасан чанго чиги Павелиде гІайиб гІунтІизабизе вачарав адвокат Тертуллги. РачІун гьез Павелида тІасан сардарасде гІарз бахъана.
2
Павел вачун цеве чІезавидал, Тертуллица байбихьана гьесда ккараб гІайиб бицине. Гьес абуна: — Дур бетІерчІахъаяв Феликс, дуцаги дур тІалаб-агъазалдалъун гьаб нижер халкъалъул гІумруялъулъ ккезарурал лъикІал хиса-басиязгийин ниж щулияб ракълиде рачарал,
3
гьеб киналъухъго кидаго ва кибго нижер кІудияб баркала буго дуе.
4
Цинги, гІемер халат гьабун, дур рахІат хвезабиларо. Гьарула дуда нижер къокъабго гІарзалъухъ, дур сабруялда рекъон, гІинтІамейилан.
5
Нижее баянлъана гьав чи кІудияв вабаалъул унти вугевлъи. Христианазул гьересияб мазгьабалъе бетІерлъиги гьабун, гьас дуниялалда ругелщинал жугьутІазда гьоркьоб питна багъаризабулеб буго.
6
ХІатта гьас къасд гьабуна Мукъадасаб Рукъ хъублъизабизецин, гьенив нижеца ккуна гьав.
7
[7-8] Дуцаго гьасул цІех-рех гьабуни, якъинлъила щай нижеца гьасде гІайиб гІунтІизабулеб бугебали.
9
ТІад рекъон, цогидал жугьутІазги абуна гьеб битІараб бугилан.
10
КІалъазе изну бугилан сардарас ишан гьабидал, Павелица абуна: — ГІемерал соназ мун гьаб халкъалда тІад къадилъун вукІин лъалелъул, дун вохун вуго дидаго гІайиб гьечІолъи чІезабун дуда цеве кІалъалев вукІиналдаса.
11
Иерусалималде зияраталъе дун вачІаралдаса анцІила кІиго къо гурони ун букІинчІо. Гьелъул мухІканлъи балагьизе кІвела дуда.
12
Гьеб заманаялда я Мукъадасаб Рокъов, я синагогабазда, я къотІнов ватичІо гьазда дун щивгунниги дагІбадулев, яги гІадамал данделъизарулев.
13
Гьанже диде гІунтІизабулеб бугеб гІайиб тІад чІезабизе кІвезе гьечІо гьазда.
14
Амма дуда цеве дун мукІурав вуго: гьаз гьересияб бугин абулеб Нухдасан ун гьабула дица тІагІат нижер умумузул Аллагьасе. Гьединго дица иман лъола къануналда бугебщиналдеги Аварагзабазул ТІухьдузда хъварабщиналдеги.
15
Гьазул гІадин, дирги хьул буго Аллагьас муъминзабиги мунапикъзабиги хваралъуса рахъинаризе рукІиналде.
16
Гьединлъидал дица хІаракат бахъула Аллагьасда цебеги гІадамазда цебеги дирго яхІ-намус цІунизе.
17
ГІемерал соназ къватІивги вукІун, дун Иерусалималде тІадвуссун вачІана дирго халкъалда гьоркьоса мискин-пакъирасе садакъа кьезеги къурбан хъвезеги.
18
Дунго вацІцІалъизавиялъул гІадат тІубазабулев Мукъадасаб Рокъов вугеб мехалъ ватана гьазда дун. Гьениб дида аскІоб халкъалъул руккелги букІинчІо, щибго ахІи-хІурги букІинчІо.
19
Асиялдаса вачІарав чанго жугьутІасда ватана дун гьенив. Гьеле гьел рукІине кколаан гьанир дуда цере чІун, диде гІунтІизабизе гІайиб бугони, гьеб дуе баян гьабизе.
20
Яги гьаз жидецаго бицине биччанте, кІудияб судалда цеве чІезавидал, дида батараб гІайибалъул.
21
ЦохІого цохІо дица гьениб ахІана: «Хваралъуса тІаде рахъинаризе рукІиналда дун божунилан жакъа нужеца дие суд гьабулеб бугоха!» — ян.
22
ГІисал Нухалъул хІакъалъулъ дагьаб мухІканго лъалев Феликсица абуна, азарилбетІер Лисий вачІинегІан жинца суд нахътІамун толеб бугилан ва гьебмехалъ гьабилин хІукмуйилан.
23
НусилбетІерасеги буюрухъ кьуна Павел жанив тІамизе вачеян, амма гьесие бигьалъи гьабеян ва гьесухъе раккизе рачІарал гІага-божаразеги щибго квекІен гьабугейилан.
24
Чанго къоялдасан рачІун Феликсицаги гьесул чІужу жугьутІай Друзиллацаги, жидехъего ахІун, Павелида бицинабуна МасихІ ГІисал диналъул хІакъалъулъ.
25
РитІухъго хьвадизе ккеялъулги, жиндаго квелъ базе ккеялъулги, Аллагьас суд гьабизе букІиналъулги Павелица бициндал, Феликс хІинкъана. КъваригІараб мехалъ ахІилиланги абун, гьес гьев нахъе витІана.
26
ТІаде жоялъеги гьесда ракІалда букІана Павелица ришваталъе гІарац кьелиланги. Гьединлъидал гІемер ахІулаан гьес Павел жиндихъего, гьевгун гара-чІварулаан.
27
КІиго соналдасан Феликсил бакІалде сардарлъун вачІана Порций Фест. Жиндасаго жугьутІал разиго хутІизелъун, Феликсица Павел туснахъалъувго тана.
← Chapter 23
Jump to:
Chapter 1
Chapter 2
Chapter 3
Chapter 4
Chapter 5
Chapter 6
Chapter 7
Chapter 8
Chapter 9
Chapter 10
Chapter 11
Chapter 12
Chapter 13
Chapter 14
Chapter 15
Chapter 16
Chapter 17
Chapter 18
Chapter 19
Chapter 20
Chapter 21
Chapter 22
Chapter 23
Chapter 24
Chapter 25
Chapter 26
Chapter 27
Chapter 28
Chapter 25 →
All chapters:
1
2
3
4
5
6
7
8
9
10
11
12
13
14
15
16
17
18
19
20
21
22
23
24
25
26
27
28