bible
ra
🌐 Language
English
Español
Français
Deutsch
Português
Italiano
Nederlands
Русский
中文
日本語
한국어
العربية
Türkçe
Tiếng Việt
ไทย
Indonesia
All Languages
Home
/
Avar
/
Avar Инжил Магӏарул [Avaric]
/
Acts 20
Acts 20
Avar Инжил Магӏарул [Avaric]
← Chapter 19
Jump to:
Chapter 1
Chapter 2
Chapter 3
Chapter 4
Chapter 5
Chapter 6
Chapter 7
Chapter 8
Chapter 9
Chapter 10
Chapter 11
Chapter 12
Chapter 13
Chapter 14
Chapter 15
Chapter 16
Chapter 17
Chapter 18
Chapter 19
Chapter 20
Chapter 21
Chapter 22
Chapter 23
Chapter 24
Chapter 25
Chapter 26
Chapter 27
Chapter 28
Chapter 21 →
1
Халкъалъул гьеб ахІи-хІур лъугІараб мехалъ, жиндихъего ахІун муридазе насихІатги гьабун, къолъикІги гьабун, Павел Македониялде ана.
2
Гьел вилаятаздасан унаго, халкъалъе гІемераб насихІаталъул хабарги бицунаго, гьев Грециялде щвана.
3
Гьениб лъабго моцІги бан, гамида рекІун, Сириялде ине къачІараб мехалъ, Павелида лъана жугьутІаз жиндие квешлъи гьабизехъин букІин. Гьединлъидал гьес хІукму гьабуна Македониялдасахун тІадвуссун ине.
4
Гьесда цадахъ ана Бероялдаса Пиррил вас Сопатр, Фессалоникаялдаса Аристарх ва Секунд, Дербиялдаса Гай, Тимофей ва Асиялдаса Тихикги Трофимги.
5
Цере ун гьел ниж рачІинегІан Троадаялда чІун ратана.
6
Нижин абуни, РеччичІел Панкъазул Байрамалъул къоял инегІанги чІун, гамида рекІун Филиппиялдаса къватІире рахъана, щуго къоялдасан гьезда тІаде щвана ва цо анкь гьениб рехана.
7
Цо гьатІан къоялъ бекун чед кваназе данделъана ниж, цинги вацалгун гара-чІваризе лъугьана Павел. Нахъисеб къоялъ къватІиве вахъине къачІарав Павелица сордо бащалъизегІан бицана хабар.
8
Ниж данделъараб тІасарокъор рекІун рукІана гІемерал чирахъал.
9
ГортІа гІодов чІун вукІарав Эвтих абун цІар бугев цо гІолохъанчи, Павелил хабар халалъидал, кьижун ккана. Кьижухъего гьев лъабтІалаяб ригьалъул рагьараб гордухъан къотІнове вортун ана. Рекерун ун хал гьабидал, хун ватана нижеда гьев.
10
Гъоркье вачІун Павелица гьев, гъуждулги ккун, тІаде ворхизавуна ва каранде къана. Цинги гьес абуна: — Воре, нуж къварилъахъдуге, гьасул рухІ бахъун гьечІо, — ян.
11
Нахъеги тІасарокъове вахун, бекун чед кванана Павелица, хъахІлъи рехизегІан гьезулгун хабар-кІалалдаги вукІун, сапаралъ вахъана гьев.
12
Дов гІолохъанчиги, расги лъугьинчІеб гІадин, тІаде вачана ва киналго гьелдаса цІакъ рохана.
13
Цинги, гамида рекІун, ниж цереккунго Ассалде ана. Нижеда ракІалда букІана гьениса Павелги цадахъ вачине, гьес абун букІана жив гьениве лъелго вачІинилан.
14
Ассалда Павел нижеда дандчІвараб мехалъ, гьевги вачун, гамидаги рекІун, Митиленаялде ана.
15
Гьенисаги гамида рекІун ун, нахъисеб къоялъ Хиос чІинкІиллъиялъул хьолбохъан лъедон, цоги къоги нухда бан, Самосалде щвана ва хадусеб къоялъ Милеталда рещтІана.
16
КІикъоялда анцІабилеб къоялъул байрам тІаде гІунтІилалде Иерусалималде щвезе бажарилародаян гІедегІун вукІиндал, Асиялда заман инабичІого рорчІизе гІоло, Эфесалде жанире лъугьинчІого ине хІукму гьабуна Павелица.
17
Милеталдаса Эфесалде чи витІун, гьес иман лъуразул агьлуялъул бутІрул жиндихъего ахІана.
18
РачІун гьел тІаде щведал, Павелица гьезда абуна: — Асиялъул ракьалда дица тІоцебе хІетІе чІаралдаса нахъе дун нужгун цадахъ вукІаравлъи лъала нужеда.
19
Дирго хІеренлъи-хІалимлъиялда бадиса магІу чвахулаго ва, дида дандечІарал жугьутІазул питнаби цІикІкІаниги сабруги гьабун, хъулухъ гьабуна дица ТІадегІанасе.
20
Нужее пайдаяб щибго жо бахчичІо дица нужедаса: халкъалда цеве вахъунги щибаб къавулъе лъугьунги вагІза-насихІат гьоркьоса къотІизе течІо.
21
ЖугьутІаздаги греказдаги, дунго нугІлъун чІун, дица бичІчІизабуна кантІун Аллагьасде руссаян ва нилъер ТІадегІанав ГІисаде иман лъеян.
22
Гьале гьанже Илагьияб РухІалъ Иерусалималде ине гьесизавулев вуго ва гьениб щиб дир ккелебалиги лъаларо.
23
Амма кинаб шагьаралде дун щваниги, Илагьияб РухІалдасан илгьам лъугьунеб буго Иерусалималда дида рахсал разе ругилан, дие гІазаб-гІакъуба букІине бугилан.
24
Дирго гІумру хиралъун гуро дун кІалъалев вугев. Дица байбихьараб иш рагІалде бахъинабун ва ТІадегІанав ГІисаца кьураб тІадкъай тІубазабун, ай Аллагьас нилъеда цІоб лъун бугилан Рохалил хабар бицун чІалде щвезе бокьун буго.
25
Гьанже дида лъала дица Аллагьасул ПарччахІлъи тІаде гІунтІун букІин лъазабурал нужеда дун тІокІав вихьизе гьечІевлъи.
26
Гьединлъидал жакъа дица лъазабулеб буго, нужеда гьоркьоса цониги чи хвасарлъичІого хутІани, гьелъул гІайиб дида гьечІилан.
27
Щайилан гьикъани, щибго бахчичІого дица нужеда бичІчІизабуна Аллагьасул амру.
28
Воре, нужго цІуне! ГІисаца жиндирго биги тІун босараб ва Илагьияб РухІалъ нужеда тІадкъараб Аллагьасде иман лъуразул агьлуги, вехьас гІиял рехъен гІадин, цІуне нужеца.
29
Дида лъала дун нужеда аскІоса нахъе араб мехалъ, хъантІарал бацІал рачІун, нужер гІиял рехъабазда гьел гурхІизе гьечІеллъи.
30
Нужеда гъорлъги рахъина, муридал жидедаго хадур цІазе бокьун, гьел мекъи ккезаризе гаргадулел гІадамал.
31
Гьеле гьездаса цІунун чІа нуж. РакІалда чІезабе лъабго соналъ дица къасиги къадги беразул магІу тІун гІодилаго нужеда гьаранщинабги малъанщинабги.
32
Гьанже дица нуж ТІадегІанасда божун толел руго ва дир хьул буго гьесул цІобалъ нуж рехун теларилан. Гьесда кІола нужее къваригІанщинаб кьезе ва, Аллагьас тІаса рищаразего гІадин, нужееги ирс насиб гьабизе.
33
Дица лъидасаниги тІалаб гьабичІо я гІарац, я хирияб ретІел-тІех.
34
Нужеда лъала диеги дида цадахъ рукІаразеги къваригІара-тараб жо дица гьал дирго кверал квалквадун балагьараблъи.
35
Дица сундулъго нужедаги бихьизабуна дун гІадин нужги хІалтІизе кколеллъи, загІипазе кумек гьабизе кколеблъи ва «Босаралъулъалдаса кьуралъулъ баркат цІикІкІараб буго», — ян ТІадегІанав ГІисаца абурал рагІаби кІочон тезе бегьулареблъи.
36
Гьединги абун, киназдаго цадахъ суждаялда чІун, дугІа гьабуна Павелица.
37
ГІодун магІу тІолаго, гьесда тІад хурхана, каранде къан, гьесда убачал гьаруна.
38
ТІокІав киданиги нужеда жив вихьизе гьечІилан абурал гьесул рагІабаз хасго къварид гьаруна гьел. Цинги гамиде нуха регІана гьез Павел.
← Chapter 19
Jump to:
Chapter 1
Chapter 2
Chapter 3
Chapter 4
Chapter 5
Chapter 6
Chapter 7
Chapter 8
Chapter 9
Chapter 10
Chapter 11
Chapter 12
Chapter 13
Chapter 14
Chapter 15
Chapter 16
Chapter 17
Chapter 18
Chapter 19
Chapter 20
Chapter 21
Chapter 22
Chapter 23
Chapter 24
Chapter 25
Chapter 26
Chapter 27
Chapter 28
Chapter 21 →
All chapters:
1
2
3
4
5
6
7
8
9
10
11
12
13
14
15
16
17
18
19
20
21
22
23
24
25
26
27
28