bible
ra
🌐 Language
English
Español
Français
Deutsch
Português
Italiano
Nederlands
Русский
中文
日本語
한국어
العربية
Türkçe
Tiếng Việt
ไทย
Indonesia
All Languages
Home
/
Avar
/
Avar Инжил Магӏарул [Avaric]
/
Acts 14
Acts 14
Avar Инжил Магӏарул [Avaric]
← Chapter 13
Jump to:
Chapter 1
Chapter 2
Chapter 3
Chapter 4
Chapter 5
Chapter 6
Chapter 7
Chapter 8
Chapter 9
Chapter 10
Chapter 11
Chapter 12
Chapter 13
Chapter 14
Chapter 15
Chapter 16
Chapter 17
Chapter 18
Chapter 19
Chapter 20
Chapter 21
Chapter 22
Chapter 23
Chapter 24
Chapter 25
Chapter 26
Chapter 27
Chapter 28
Chapter 15 →
1
Икониялдаги гьез, жугьутІазул синагогаялъуре лъугьун, вагІза гьабуна, ва гІемерисел жугьутІалги цогидал халкъазул гІадамалги божана гьезда.
2
Амма гьезда божичІел жугьутІаз, иман лъуразда данде гьусун тІамун, цогидал халкъазул гІадамазул рекІелъ гьездехун ццин багъаризабулеб букІана.
3
Павелицаги Барнабацаги гІезегІан заман бана гьениб. Гьез хІинкъичІого бицунеб букІана ТІадегІанав ГІисал хІакъалъулъ. Гьесул баркатаб рагІуда божизе гьезул квердалъун лъугьунел рукІана хІикматал ишалги мугІжизаталги.
4
Шагьаралъул халкъ кІийиде бикьана гьебмехалъ: цоял жугьутІазул рахъалда рукІана, цогидал чапарзабазул рахъалда рукІана.
5
Жидерго церехъаби-бутІрулгун цадахъ лъугьун, цогидал халкъазул гІадамазги жугьутІазги хІаракат бахъулеб букІана Павелги Барнабаги инжит-хІакъир гьаризе, цинги ганчІал речІчІун чІвазе.
6
Гьеб хабар лъарабго, гьел гьениса Ликаониялде лъутун ана. Гьел рукІана Листра ва Дербия шагьараздаги гьезда сверухъ ругел бакІаздаги.
7
Гьенибги бицунеб букІана гьез Рохалил хабар.
8
Листраялда вукІана эбелалъ гьавуралдаса нахъего палижалъ ккурав, гІумруялъ жиндирго бохдузда вахъун чІун вилълъанхъичІев цо чи.
9
Павелихъ гІенеккун вукІана гьев. ЛъикІго гьесухъ валагьидал, Павелида бичІчІана живго сахлъизе вукІиналда ракІ-ракІалъго божарав чи гьев вугевлъи.
10
— ВитІун дурго бохдузда вахъун чІа! — ян ахІана гьесде Павелица. ГьебсагІат кІанцІун тІаде вахъун, вилълъанхъизе лъугьана гьев.
11
Павелица гьабураб иш бихьидал, гьенир рукІарал гІадамал ликаоназул мацІалда ахІдезе лъугьана инсанасул сураталда аллагьзаби рещтІун ругин жидехъеян.
12
Барнабада гьез Зевсилан цІар лъуна. ВагІза-насихІат гьабун цІикІкІун кІалъалев вукІиндал, Павелида цІар Гермесилан лъуна.
13
Шагьаралъул каву бахун къватІибехун букІараб Зевсил сураталъе хъулухъалъе тарав цо динияв чи, оцалги цере къотІун, тІугьдузул горалги росун, гІемераб халкъги цадахъ бачун, гьав кІиясулго хІурматалда къурбан хъвезе кавудухъе вачІана.
14
Гьелъул хабар рагІидал кІиявго чапар — Барнабаги Павелги, — тІад бугеб ретІелги тІутІун бан, гьеб халкъалда аскІоре рекерун, ахІдезе лъугьана:
15
— Ле, гІадамал! Нужеца гьабулеб щиб? Нужго гІадинал гІадамал руго нижги. Ниж нужехъе рачІун руго Рохалил хабарги босун. Гьеб нужер расги пайда гьечІеб динги рехун тун, зобал-ракьал рижарав, ралъадал рижарав ва гьенир ругелщиналги рижарав хІакъав Аллагьасде руссайилан абизе рачІун руго.
16
Цересел наслабазул халкъал Аллагьас тун рукІана жидеего бокьараб нухдасан ине.
17
Амма жиндирго лъикІлъабаздалъун Гьес живго вугевлъи бихьизабичІого течІо. Гьес зобалаздасан цІад базабулаан, ах-хуралъул нигІматал рижизарулаан. Нужее квен-тІех кьолаан, нужер ракІал рохизарулаан.
18
Гьединаб хабар бицун хІалицаго кІвана Павелидаги Барнабадаги жидер хІурматалда къурбан хъвеялдаса гьел руссинаризе.
19
Амма гьениреги рачІун Антиохиялдаса ва Икониялдаса жугьутІаз Листраялъул гІадамал жидерго рахъалде руссинаруна. Павелида гьез ганчІал речІчІана, хун вугиланги тун, вехъерхъун шагьаралдаса къватІиве рехана.
20
Амма муридал рачІун аскІор чІедал, тІаде вахъун, шагьаралде ана Павел. Нахъисеб къоялъ Барнабаги вачун гьев Дербиялде ана.
21
Гьеб шагьаралдаги Рохалил хабар бицана гьез ва гІемерав чияс гьезде иман лъуна. Цинги гьел тІадруссун Листраялде, Икониялде ва Антиохиялде ана,
22
муридазул ракІал къвакІизарулаго, гьезул иман щулалъизабулаго. Чапарзабаз абулеб букІана: — ГІемераб гІазаб-гІакъуба хІехьон гурони нилъ Аллагьасул ПарччахІлъиялде лъугьинаро, — ян.
23
Иман лъуразул щибаб агьлуялъе диниял бутІрулги тІамун тун, какал ран, кІалал ккун, нахъе унеб мехалъ гьез муридал толаан жидеца иман лъурав ТІадегІанасул цІобалда божун.
24
Писидиялдасан ун гьел Памфилиялде щвана.
25
[25-26] Пергаялъул халкъалда Рохалил хабарги бицун, цинги гьел Атталиялде ана. Гьенисаги, гамидаги рекІун, Антиохиялде тІадруссана. Гьеб букІана гьанже гьез тІубазабураб ишалда тІоцебе Аллагьасул цІоб лъураб бакІ.
27
Гьенире щвараб мехалъ, иман лъуразул агьлуги бакІарун, гьаз бицана Аллагьас жидеда бихьизабунщиналъул хІакъалъулъ, бицана цогидал халкъазеги Аллагьас диналъул нуцІби рагьанилан.
28
Цинги гІемераб мехалъ Павелги Барнабаги гьел муридазда аскІор гьенир чІана.
← Chapter 13
Jump to:
Chapter 1
Chapter 2
Chapter 3
Chapter 4
Chapter 5
Chapter 6
Chapter 7
Chapter 8
Chapter 9
Chapter 10
Chapter 11
Chapter 12
Chapter 13
Chapter 14
Chapter 15
Chapter 16
Chapter 17
Chapter 18
Chapter 19
Chapter 20
Chapter 21
Chapter 22
Chapter 23
Chapter 24
Chapter 25
Chapter 26
Chapter 27
Chapter 28
Chapter 15 →
All chapters:
1
2
3
4
5
6
7
8
9
10
11
12
13
14
15
16
17
18
19
20
21
22
23
24
25
26
27
28